Авторизация

Нухал лъикIлъанагIан цIикIкIунел занал..

Цойги магIирукъ, машинаялъ авария гьабун хварал рукъизе гьаругьин рачIунел машинабазул читIир..  Базаралде арай юссинчIо эбел, хIалтIул сордо-къо лъугIун, хъизан-лъималазда аскIоб хIухьбахъизе анишгун вачIунев лъикIав махщелчи ана абадияб хIалхьуде, бертаде хIадурлъулел рукIарал гIолохъаби ккана гъура-чункун чурхдулгун больницаялде..

 Жидер лъималазул гIайибалдалъун хваразул рокъор накабазда эбел-эмен, полиция гьоркьобе лъугьине биччагеян маслихIаталъе кIалъалел хараби.. Анкьида жаниб рагIараб анцIго авария, авараго гьечIого хъамулел машинаби, гьезул хъаравуллъуда харж кьун таразе гьечIеб ургъел. Щибалъул батIа-батIа хъвазе (хъвараб цIалун тамихI гьабулебани) хIужжабазул гIемерлъи! Шагьаралдаса рахъарал нижер мухъалде щвезе ккани анлъго районалъул ракь къотIун ругел нухал тола нахъе. Щибаб росдада аскIоб хIинкъи, хIинкъи гьечIого хъамулел машинаби..

 Хъил тIурал, гIатIидал шагьранухал руго магIарухъ. Гьелдасан чанги лъикIлъи буго, хекко щолелги руго, ракIбагъаризабулеб кIанцIейги гьечIо, машинабиги гIемер холел гьечIо.  Квешлъиги буго лъикIлъи кIоченабулеб, занал руго цIикIкIунел нухлул рагIалда. Аллагьасул къадар-ин абун тезе бегьила. Гьелда разилъунгутIи Аллагьасда божунгутIи гуро дирги.  Аллагьас инсанасе гIакълу щай кьун бугеб, аварагасул хIадисаз нух щай бихьизабун бугеб, нилъее гIумру гьабиялъе бигьалъиялъе гурищ?  ХIукуматалъул гIуцIи, законал ругел сундулъго тартиб цIунизе гурищ?

ГIала-гъважаялде сверараб гIумру! Къуръангун хIадисал гIадахъ росулареб, хIукуматалъул тIалабаз чангит бан чIолареб пахрулъи буго инсанасулъ согIлъун. 

Щибго квал-квал гьечIого, ричун росулел руго машина бачине изну кьолел документал, документго кодоб гьечIелги руго рулалде рахине гIурабго кодобе машинаги кьун. Ругелщинал мисалал сверухъ, бицун хIалкIвеларо.

 Эмен тохлъаравго гьесул машина хъамулеб буго васас къватIахъе. Эбел васасдаса чIухIун аскIой рекIуней йиго. Бегьилищ I3 сон барав васасухъе машина кьезе бегьилищин  абулеб якьадалъул хабаралъе нусалъ жаваб кьолеб буго «Гьедин ругьунлъичIони гьесда машина бачине кин лъалеб»-ин жаваб. «Шоферлъиялъе цIализе гьесул эмен Шураве витIун вукIана дица» ян къварилъахъдулей йиго якьад. «Гьанже лъимал цIодорал руго»-ян кьвагьулеб буго данде нусалъ.  Хадусел къоязго инсул чIухIараб машинаялъул чухIараб банка гIадаб жо гьабуна «цIодорав гьанжесев васас», живго цо бох бекун хвасарлъана..

 Эмен гьечIолъи лъазе теларин, васалги гIолохъаби гIолел ругинги абун, налъукье лъугьун гIарацги гIезабун, босун буго эбелалъ школалда цIалулел лъималазе машина. ЦIалунгIаги рахъинчIел васазда машина бачине божилъи гьабизе бегьилищин абулезулги рагIи къотIизабулеб буго гьелъ: «КIудияб квегIенлъи буго магIишаталъе рокъоб нижерго машина букIун, чияда гьардезеги кколел гьечIо..» Эбелалъул рохел къокълъана панкъгIадаб машинаги гIурул рагIалде рехун, лъукъа-къотIун вас больницаялде ккараб къоялъ.. «АльхIамдулиллагь, вас чIаго вуго..ГIадамаздаса намус ккана. Аллагьасул къадар гьадин букIун бугоха»,- ян бецIцIулеб буго гьей пакъиралъул магIу.. Мискинаб хъизаналда бесдаллъун руго лъимал гьелъул васасул гIайибалдалъун, жиндирго кIваргьечIолъиялдалъун. Гьеб кин бецIилеб?!  Гипсалъулъ лъурав васул къаданийги чIун шурулеб буго эбелалъ: « Я, дир вас, бегьилищ гьалъал сверабалъан машина хъамизе? Сверуда нахъа гIадан, хIайван, машина, гIодобе тIун кьуру батизе рес бугелъул..» КватIун йиго эбел васасе вагIза гьабизе..

Авария гьабураб бакIалда гьоркьоре лъугьун гIайибияв тамихIалде цIцIалеб гIадатги нилъер гьезего гьечIо! Гьенибги иш гIарцуца, гIаданлъиялъ тIубала. ХIажатго бугищ гьеб нилъго нилъецаго чIвалеб гIаданлъияли лъаларо дида.

ЩАЙ?!-ин абураб чанги суал буго жаваб гьечIого!  Щай, праваго гьечIел гIисинлъимал рулалда нахъа ратани эбел-инсуе гIадлу гьабулареб?! Щай, мехтун тохлъарал праваялдаса махIрум гьаруларел?! Щай, щибго бичIчIи гьечIел, цIалун шоферлъиялъул махщелго щвечIезе ричун праваби кьолел?! Туснахъазда рахачIониги, щай бегьулареб гьезие гIумруялъго машина бачине гьукъизе?! Щай кьваризабулареб тамихI машинаби хъамулезе?! Районаздаялъи гьеб гIадлу-низам  гьабизего гьабуларин.  Шагьараздаги гъурщаз тIубала гьеб суал. Жалго полициялъул хIалтIухъаби мукIурлъула, кинилаха гьабилеб тамихI, гьанир киналго нилъерго чагIи ругеб мехалъ!

Руго «лежачий мент»-ин абулел, машина хъамиялъе квал-квал гьабулел жал. Гьелги законалъ риччалел рагIуларо. Эхетарал, чIагоял ментаз законги цIуничIони, «регарал ментал» законалъеги бегьичIони кин чангит балеб гIаданиб нах гьечIел махул чуязда, пахруял гIолохъабазда?!

Сабру насиб гьабе, Аллагь, нижее.


Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook