Авторизация

Умумуз цIунарал лъикIал гIадатал


ЛъарагIлъиялда гIумру гьабулей йигониги, ракIалдаса киданиги унаро дун гьаюраб, дун гIураб гIагараб Гьоор росу. 


Замана анагIан гIажаибаб гIищкъугун цере тIамула умумул, гьезул рукIа – рахъин, гIадатал. ЦIакъ бокьула гьезул хIакъалъулъ хадуб гIолеб гIелалъе бицине.


Дун хIалтIулей йигеб Ленинкенталъул 35 абилеб гимназиялда кIудияб кIвар кьола гIолохъанаб гIелалъе умумузул лъикIал гIадатазул кьучIалда тарбия кьезе. Нижеца цIалдохъабазе бицуна бертадул, лъимада цIар лъеялъул, рукIа- рахъиналъул, хIалтIи- ишалда хурхарал ва гь. ц. гIадатазул. Гьелъ лъималазул рекIелъ бижизабула ВатIаналде рокьи, куцала цIикIкIарасде адаб- хIурмат, хIалтIуе сахвагIатлъи.

Жакъа ракIалъ ахIулей йиго дирго гIагараб росдал хвел- рукъиялда хурхун умумузул рукIарал, гьабсагIатги цIунун ругел гIадатазул бицине.


Дагъистаналъул киналго халкъазе, щибаб росдае хасиятаб буго къварилъи ккаразе хIалае рахъинги, хIалтIулъ кумек гьабун гвавулъ инги, рохел гIахьал гьабизе инги.


Гьаадерил жамагIаталъ батIаго кIудияб кIвар кьола магIирокъоб гьабулеб хIалтIуе. Гьениб лъицаниги лъиданиги хIалтIи тIад къаларо. ГIагарлъиялъул щивав чиясда лъала лъица щиб гьабизе кколебали.

Гьанже заманалда цо-цо росабалъ   баккун бугеб, бертаде гIадин столал тIиритIулеб гIадат Гьоор росулъ букIинчIо, гьабсагIатги гьечIо.

Чи хун лъабабилеб къоялъ хъола ресалда рекъараб хIайван ва гьан белъуна. Гьеб къоялда абула «лъабрай» абун. Бакъанида зикруялде рачIарал бихьиназеги гьеб гьан бащад гьабун, чедгун цадахъ бикьула. ГIодор чIараб бакIалдаго кваназе щагIил дугълузухъеги тIун кьола гьагIоги. Дугълулги ккола жамагIаталъул гIаммаб цIарагI. ЦIунунгирукIуна росдал мажгиталда. Гьан белъуна росдал кIудиял хьагазухъеги бан. Гьелъул хIалтIиги гьабула бихьиназ.


Ункъабилеб къоялъул хаслъилъун ккола гьи (мугь) бай. Гьи балеб къоялъ гIемерисел руччабаз жидерги садакъаян бачIуна цояз цIоросаролъ, цогидаз багIаргьоло, ролъ. Гьебги белъуна долго кIудиял росдал хьагахъ, къватIиб цIулал цIаги бакун. Бакъанида зикруялдаса хадуб, чедгун цадахъ гьебги бикьула.



КIудияб чIухIигун абила хвел – рукъиялъул жидерго гIадатги хаслъиги гьаадерица росулъ гуребги, шагьаралдаги лъарагIлъиялдаги цIунун бугилан. Амма цого – цо кIочон толеб жо буго умумузул къагIидаялъ чед бежи.



Мадугьалихъ бугеб КъахIиб росулъа дир кьерилаз гьабсагIатги  ракIалде щвезабула гьаадерил чадил тIагIамалъул. Зигараялъги ун, Гьоориса эбел тIад юссиндал, тIоцере жал чед бугищали балагьулаанила бицуна гьез.

Чед бежилалде кIиго къоялъ цебе гьабула реччеб (опара). Гьелъиеги дрожж хIалтIизе гьабуларо. Ролъ буцизе букIине ккола кIиго бутIа ханждал ва цо бутIа гIатIал( цIоросаролъул ханждал). Метер чед бежизе ролъги буцула къасиго. ЧIахIиял ххамил къандалъабазда жанибги лъун тIупун тола беччизе. Бежула корохъ гуреб, къватIиб цIаги бакун, ганчIил къаназда.


Инсул васигат тIубазе 20I5 соналъ нижер хъизамалъ гьединаб чед бежун букIана садакъаде бикьизе. Унго- унголъунги харабаз гьеб кваналеб букIана херлъи нахъ чIвалеб дару гIадин. Чанги гIолилазе гьеб букIана жеги мацIалде щун букIинчIеб гьуинаб тIагIам. Гьединаб чед анкьалъ таниги холаро. Печалъул коронибги лъун хинлъизабуни, цIигьабураб гIадин лъугьуна.

МагIирокъор кванаялдаги гьениб бикьулеб садакъаялдаги хурхун батIи- батIиял вагIзабиги бахIсалги рукIуна гьанже заманалъ. Цебе букIараб умумузул гIадатги цIунун, гьабсагIатги гIагарлъиялъул руччаби магIирокъоре уна батIи – батIияб квенги босун. БачIа- бачIараб квен ирга гьабун киназего бикьула. ТIоцебе бисмилла гьабула рукъалъул бищун цIикIкIарас.


Радал хабадаса кьулгьуги гьабун рачIунел бихьинал кваназе жидерго рокъоре рачуна инсухъа гIагарлъиялъул чияс; гIаданлъи гьабизе бокьани, бокьарав чиясги. Гьедин гьабизе бокьарав чи цо къоялъ чанго ккани, гьез хIукму гьабула хадусел къояз ахIизе.

Хварав чи вукъулеб къоялъ росулъ ругелаздаса тIаде рачIарал росуцоял цIикIкIун рукIуна. Гьединлъидал магIирокъоб квен гьабизе рекъараб гьечIилан абуниги, чурпаги чедги камун гьелги толаро.


Умумузул гIадатал цIунизеги, гьел цIунун хьвадизеги гьаадерил жамагIаталъеги тIого дагъистаниязеги талихI кьеги. Кьураб садакъа рухIалъе щун хваралги ратеги.


 

 

 

 

Дир  гьоорисел

Мокъокъил ханида хъахIракьги буцун,

Кьурда сиял рарал дир гьоорисел.

Хъатица ракь баччун, кьурда хур гьабун,

Ахал гIезарурал, дир гьоорисел.

Жидеда бер чIвани, ракIал рохулел,

Лебалал, гьайбатал, дир гьоорисел.

РекIелъ щибго жахIда, хIалхъублъи гьечIел,

РакIал аваданал, дир гьоорисел.

Ихтилат- бертада данделъаниги,

Какий хилиплъичIел, дир гьоорисел.

Мекъаб бицунесда бухIараб рагIи

Бадибе абулел, дир гьоорисел.

Гьабулеб ишалъулъ магIна - гIен бугел,

Сундулъго кIвахI гьечIел, дир гьоорисел.

Къварилъиялъ, квачалъ кверде росичIел,

Чармил ракIал ругел, дир гьоорисел.

Умумузул гIадат гIасрабаз цIунун,

ЦIияб модаялда хадур лъугьинчIел,

Жидер ратIлил форма цIунун хьвадарал

РетIараб рекъарал, дир гьоорисел.

Эбел- ВатIаналде тIаде къо ккедал,

ТIоцебесеб кьерда чуял кьолорал,

Кьалда чIел босарал, чучи лъаларел,

Чилъи тIадегIанал, дир гьоорисел.

Гьабураб реццалъе жал мустахIикъал,

Гьудул-гьалмагъасде божилъи тIокIал,

Гьобол вачIанани, бахъун ракI кьолел,

Рокьула дие нуж, дир гьоорисел.

ХIайдарбегова (ХIасанова) ПатIимат М.


Автор: ПатIимат ХIайдарбегова, Ленинкенталъул 35 гимназиялъул директорасул заместитель, авар мацIалъул мугIалим.

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook