Авторизация

Хвелги «учузлъун» буго

Хвелги «учузлъун» буго ГIицIго 15-20 соналъ цебецин росулъ чи хведал, къотIулаан чIиргъи-хъуй, рагIулароан гьаракьги гьабун велъулев чи, бертин гьабулес гьеб нахъе бахъулаан хвалил адаб гьабун.

РакIалда буго, ункъойилъаги жиндир сонал арай, мунагьал чурад кIодоэбел Аллагьасул къадаралде щведал, моцIги хадубгигIан мехалъ нижер рокъоб лъун букIана магIирукъ. ТIинчIай чIужуялъ дица таманаб заманалдасан радио биччанилан умумул дидего рагъун рукIараб куц, гьаб жакъа гIадин, ракIалда буго. Амма гьагал I990-абилеб соназдаса хадуб дица абила, кинабго гIакса сверанилан ва битIахъего абуни, - хвелги учузлъанилан. ГIолохъанчIужу жидер классцояй къадаралде щун анкь данде сверилалде встречаби гьари, къед цурав мадугьаласул рокъоса жаназа къватIибе иналде мадугьалзабаз ихтилат – кеп гIуцIи, жиндиргун гIелбащадав росуцоясда ракь тIупун бахъиналде гьесул хIалтIи-хъулухъ  жиндиего тIалаб гьабизе ин, бухIараб хвалил магIирокъобги кверкьавудаги хочIал рицин … - гьел гурелги гIемерал цойгидал  тIомбиццалъиялъул гIаламатал рачине кIола дида жакъа бусурбабазул «чилъиялъул» мисаллъун. Йохъ, дун кколаро лъагIалабаз чIегIер баялъул, гьабулеб магIишат рехун тунги магIирукъ лъеялъул рахъ кколей чIужу. Лъабго къо индал зигара гьабизецин какараб буго исламияб диналда. Амма гIажаибго берцин бихьула хвалил кьогIлъи ракIалде щун тIинкIулеб магIу, «жакъа гьав мунагьал  чурад анин гьадигIан берцинаб бакъул дуниял тун, метерисеб ирга жиндидеги бугилан» гьеб пашманаб заманалда кантIулев  инсан. Хуриб чIвараб гIанхвараялда хадубгIанги хварасда хадуб ракIхунгутIи буго ахирзаманалъул гIаламатазул цояб.

Абу Гьурайратидасан бачIараб хIадисалда Аварагас (сваляллагьу тIагIала гIалайгьим вассалам) абулеб буго: «Нужеца гьоркьо-гьоркьобгIаги хвалил пикру гьабичIого тоге» ян. Дунги цее гьаюн, жакъа киналго бахиллъун руго дунявияб гIумруялда, абадиялъго гьанир рукIинехъин руго, гIицIго гьалбаллъун гьаб дунялалда кколел гъаримзаби. Дол тIадехун дица рачарал мисалаздасан бижана дир, хIакълъунго жакъа къоялда, гIаданлъи, яхI-намус, къо-асали щай гурин, хвелцин учузлъун  букIиналъул хIакъалъулъ пикраби. Лъаларо, кинаб ахир дир букIинебали … ккезе бегьула дов нилъер машгьурав  шагIир МухIамад ПатахIовасул кочIолъ гIадин:

«Унев вуго восун – гьасухъ балагьун
Буго гIадатияб шагьаралъул гвенд,
МагIарухъ хоб гIадин, киридахъ гуреб
Киналали чагIаз гIарцухъ бухъараб» - илан.

МагIарухъги тIубанго иманги,  чилъиги хвалил адабги тIагIун, гIалахалда хвараб чанил бакIалде инсан ккараб  заманалде.

БачIине бегьула заман доб Аварагасул хIадисалда гIадин, «лъикIал гIадамал цо-цо ккунги хун нахъе гIадамазул хутIелал, пурчIинадул ва чамасдакалъул хутIелалгIанги жидер пайда гьечIел» хутIараб. Къо бахъанагIан вахIшилъулел, гIасилъулел руго хвалил хабарал, гьел кьогIлъиялда цадахъго бицатаб хъал къалеб буго инсанасул ракIалдаги. Учузлъулеб буго хвел. Дида лъаларо кинаб ахир дир  букIинебали,  цебе чIезабизе кIоларо къадаралде дунго щвараб къо, хабалъ лъолеб лахIзат… Амма бокьиларо, Камилил яс ФатIимат къадаралде щвараб бакIалда  къватIул харбал рицине данделъарал руччабиги кверкьавуда  абундачал рицунел бихьиналги цере чIезаризецин…

КантIе, тIуркIе, динцоял!

Автор: ФатIимат МухIамадова

оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook