Авторизация

Гьидерил щобазда щубалъул къат1ра…

Т1оцебесеб къо

Реч1ч1улел г1ачиги г1иял рехъайги, -

Г1адамал урхъула нужехъ ралагьун.

Хъолеб гьоркьо-гьоркьоб кьарияб жоги, -

Кьуразе батила талих1 бук1унеб…

  Щибго жо лъач1ого хъвараб жо гурин Ц1адаса Х1амзатица гьабан, ах1аралъуй рач1инч1они х1инкъунилан кколин гьидеридаян раг1унги бук1ун, рач1инел рук1арал гъоркь хут1ун, хапелел цинциял тун, квеш-лъик1 рорч1ана гьелегьараб лъараг1лъиялдаса гьаваги бац1ц1адаб лъимги ц1орораб нилъерго гьидерил мухъалде.

Гьеб бах1арчияб экипажалда гъорлъе, машгьурав тарихчи, кьесеразул мугъч1вай Маркъо Шабановас гъулбасги гьабун рачун ратана нилъеего хирияй, хундерие к1удияй, къородисел ч1ух1арай главред Зульфия Х1ажиева, ахадерилгун ч1ик1асезул маулх1аяталъул х1ор, бералгин к1ал г1ужилай мэриялъул пресс-центр Зайнаб Г1алимирзаева ва нечон хварай, дидаго абизе раг1игицин батич1ей дунгиха))).

 Гъунисезул муг1рул гелун, Дарадаялгун Мурадаял рихьун, щварал г1орал рихьун, кьвагьарал нухал рихьун щвана Шамил районалде Гьит1иновалъухъе. К1алт1е щвелалдего ч1вана Муъминатил пурщабазул мах1 ва гьит1инай Фатимкал «бабууууу» йилан гьаракь. Данде йортун яч1ун Пат1иматица к1удияб рохел загьир гьабуна, цере ч1ун рук1аниги ниж рач1иналда божуларого йигей г1адинги йик1ана. Рач1ун рукъ ккун ниж ч1ч1араб мехалъ божич1ого ресги щибха гьелъул.

Г1ор щун бук1аго ц1ул бахъейилан абухъе, к1алдиб жо т1ерхьиналде, хант1ан рахъана бит1ун Пат1иматил рукъалда нахъа бугеб XVII г1асруялъго бараб Гьидерил мухъалда бищунго басрияб мажгитги Лъахъ росдал ч1вадналги рихьизе.

Бихьарабщиналъ ниж хагазаруна. Мажгит цо дагьа-макъаб т1ад х1алт1и гьабуниги ц1унун хут1илеб х1алалъ бугоан… Риххарал рук1аниги рукъзал… рукъзабахъ гъанситоял… ц1акъ берцинго махщалида рарал къадал… т1ад цо г1ажаибал жал хъварал, накъищал рахъарал, чода рек1арал рик1арал ганч1ал… анц1го г1аршиналдасаги халалъи бугел ц1акъ риццатал рук1зал т1ад рарал рахал, кинал рохьахъг1аги гьададинал рижаралали… киса-кирего гордазда, нуц1бузда, кавабазда сверун гьарурал к1к1армал…

Росун заманаялъулъ 300-500 соналъ церехун лъураб г1адаб асар лъугьана чорхое. Замана, ч1ч1ун, бакъвалъун, мармалад г1адин лъугьун бугилан кколеб бук1ана гьениб… Гьабсаг1ат цололъан, гъалгъалараб т1агъурги лъурав, чухъаги рет1арав, ханжар-рачелги барав чи чуги хадуб ц1ан ваккилев г1адин ялагьун ч1ун йик1ана дун… Гьидерил чабаги къарай, г1ажаибго берцинаб гордеги рет1арай цо беричай гьидалъей цеесан арайго, дун кинаб г1асруялдадай йигейилан, гьаруна пикраби. Гьебго рет1а-къаялда х1еренаб гьимигун дихъ ялагьун ятана Пат1имат. Кваранидехун ялагьидал аск1ой ч1ун ятана Зульфия, кодоб ккун телепонгун. К1удияб потоаппаратгун гох1да ч1ун Зайнабги йигоан. Цо г1ажаибаб рет1елги бугоан гьезда т1ад. Гьанже бикьакълъана дир бет1ер... Дун кий йигей? Дун гьанийищ – дояйищ? Дун гьазулищ – дозулищ? Гьанже к1век1ун бералгун дихъго ялагьана… Кодоб ккун телепонги буго, добго г1ажаибаб рет1елги буго…

Гьединан руссана нек1о заманалде бухьараб сапаралдаса.

К1иабилеб къо

 Расги барахщич1ого т1олеб гъармухъчаялъги, гьоц1о г1адинал Муъминатил г1ат1ахинк1азги, гьарзаго ц1алеб муг1рул гьаваялъги г1урдада кьаг1и г1адин лъугьана Зульфиягун Зайнаб радалго. Дунги йик1инарищха хух г1адин. Маркъони гьениве щваралдаса ч1ег1ераб церг1анги ч1еч1о вихьизе… Басрияб кьер ч1ванщинаб жоялда сверун лъугьун, занал лълъулълъан, ганч1ал хъарсун, гьениб щиб хъван бугебали лъач1ого ч1еларилан лъугьун ана гьесулги таманабго заман. Т1адежоялъе, т1адго арав гьобол Мач1адаги ватун, гьесги теч1о гьев г1одов хъвазе. 

 Нижни т1убанго анирго рук1арал чаг1и г1адин лъугьана, амма цо рек1ей рах1ат гьеч1олъи бук1ана. Щибдайилан ургъидал, гьаб сверу-хъверун бугеб жоялъ рек1елъ лъугьараб асаралде сабсем данде кколеб батич1о нижер рет1а-къай. Ралъдалъе биччараб х1елкил г1адин бук1ана рак1. Гьедин ниж Пат1иматица телищха, гьарзаго рагьана жиндирго ишкапалъул нуц1би, бокьараб рет1ейила, бокьараб ч1вайила… Кьер-кьерал чабаби къан, чар-чарал гурдал рет1ун, нижго нижедагоцин лъалареб х1ал лъугьана…

Гьедин рук1аго бач1ана ах1и гьент1асезул рохьосан, ц1ет1а хьагал ругила, белъунеб гьан бугила, помидор, охцер,  х1ан, нах, бахъухъ, гьоц1о, камитал, камураб жо гьеч1ила… Вабабааай, гьент1асез рукъ бух1ун теч1ого росугодай бух1анаян ургъелги ч1ван, хант1ан рахъана т1аде. Гьеч1о гьанжеги Шаг1бан, Удуратил хабаде вахине анилан…

 Г1емер мехалъ гьеб къварилъиялдаги Пат1иматица ниж телищха… Вач1ун цеве ч1ана Г1али маххул чодаги рек1ун, т1аде рахайила, бокьараб бак1алде щвезарилила, бер къапилалде… Машинаялъуе яхунаго бер к1ут1ана дидаго… бадий к1анц1ун бач1унха гьеб машинаялъул мат1у… Гьайго щийдайилан г1ажаиблъана, Г1аршин-малаланил ч1ужуйин ккана… Г1арац бугищ?... Г1арац бугищ?... Г1арац бугищ??? – илан ах1дон ч1оларого, гьайго кинай гьай къажарайилан, къан ккун гьейги к1к1алахъе хьваг1ана… гьидерил пормагун хундерил Баху гьент1асезул рохьой щолей ятана… Хут1аралгиха кидаго дида хаду-хадур.

Рохьил г1одоблъиялда т1ибит1ун т1ут1гун, т1огьода найг1адин нижехъ ялагьун ч1ун ятана, гьент1асезул гьунар камилай муг1алим, г1елмугун маг1ишат цадахъ бачине лъалей, берцинай Г1айшат. Мах1ачхъалаялдаса т1адег1анал гьалбалилан йик1анила Гьит1инова, гьалго щалила гьал гьидерил ясалилан, г1ажаибго ялагьана гьей нижехъ. Рихьизего хъах1илаб экраналдасан гурони рихьич1ел Зульфияги Зайнабги алда кисанха лъалел, лъабц1ул гъоркьан т1аде ялагьидал гурони лъач1о дунгицин. Вуйгь, мунищила йик1арай, щийдай гьай булка г1адинай берцинай ясилан ккун бук1анила…

Анивго вук1арав г1адин Г1алиги жувана шашлык1ал режизе.

Ах1улаго гьидерил нек1сияб кеч1гун, ниж машинаялдацин х1алицаго рахараб борхалъиялде, х1урулг1инзаби г1адин раккун рач1ана, къисматалъ к1век1арай амма къуркьич1ей, камилго махщелал жиндилъ рессарай, г1ун бач1унеб г1елалъе гьеч1ого г1оларей, рахьдал мац1алъул камилай муг1алим ва тарбияч1ужу, Дабди Ах1мат1ил яс, берцинай Кусумги, гьент1асезул гьит1ичазул рукъ рокьигун т1алабалъ т1егьазабулей цойги дагьайги берцинай Г1айшатги. Гьайги щийдай, ундай, гуродайилан дихъги ралагьун, гьай нилъерайго йигилан ккараб лъаларо, кеч1 цадахъ рекъезабейилан ишан гьабуна гьез диде. Рес щибха дирги… ах1анаха… г1алхул чундулцин х1айранлъилеб х1алалъ… Ах1ун бахъарабго бич1ч1ана азул жедерго мац1алда ах1улеб кеч1 доб бук1ин.

Гьикъарана, бакъарана, гьанже мун ание яч1инч1ого ч1олерейлъи лъан бук1анилан к1алал гьикъана, Г1айшатил соус ххуна, Г1алил шашлыкал квана, киналдаго т1ад ташк1удал чай гьекъана, гьанже журана гьидерил каш кьурдизе… Ц1ад бана, гьеб къат1ана, амма нижеца нижерго пиша теч1о. «Зобал гъугъан гьури пун, Гьавадул куц хисидал, Гьалагал нак1к1алги лъун, Т1алъи х1абургъун лълъвиндал…» дица къолода кьабун, Кусумица кеч1 ах1ун, киназго рекъезабун кашалъул свери бахъун… квешаб х1ал бук1инч1ого таманаб заман бана. Дуниялги роц1ц1ана, ниж киналгоги г1орц1ана.

Гьание щвезег1анги гьаб цо цебе жинда бихьараб г1адаб бак1 бугила, ахадерил сверухълъиялда релъараб бугила, вай гьаб бак1 жинда кибалиго бихьун бук1анилан ккун ч1езе гьайизе к1оларого йик1арай Зайнаб, Г1айшатица гьидалъез жедерго ракьал г1ат1ид гьаризе рит1арал чаг1аз кьуч1ч1 лъурал росаби ругин Ч1ик1абги Ахакьгийилан бициндал, аний доя гьунарого лъугьана… Жияли жиндирго умумузул ракьазда йигила, нужг1аги гьаний кир рук1аралилан ч1ух1ун гаргадана. Рицинехъинги рук1ана нижеца нижерго ихтиярал, амма рицинч1о. Нужееги рицинаро.

 Авал ахир гьеч1еб жо бук1унарелъул, щвана рокъоре. Пат1иматил рокъореха. Нижедани гьеб нижергойилан кколеб бук1ана, т1ад к1алъай гьелъулги бук1инч1о. Киналго журана жинда-жинда т1адаб жо гьабизе… Муъминат богорокъой, Пат1имат бабул ясгун, ниж лъабалго, ц1идасан рохьорго ругел г1адин, цере сураталги лъун бихьа-лъараб бицунел… Т1аде щварав Маркъое бицана бихьараб, тараб, лъараб… Гьев ц1акъго воххана нижеда лъан ратарал тарихалъул т1анчаздаса.

Лъабабилеб къо

Буц1рае щварав чи Щураве щвеч1огонищ вук1иневилан рук1уна хунз. Гьединго йик1ун ятилаха, Датунаялъул килиса бихьич1ого, г1одор ккун нуж хваниги, жий эххей йилъинарилан ч1ана Зульфия. Рес щибха… Радалго рахъана нухда… Дуниял сверун сапаралъ ниж унел ругелиланищ ккарабали, Пат1иматицаги рокъоб хут1ун батараб щинаб жо лъуна машинаялъуб нижеда цадахъ, жиндир х1алги кверги ч1ахъаяй…

Данде ккаразда нухги ц1ехон, цо г1ажаибаб гьимигун Маркъо валагьана нижехъ. Ясалила, лъабго киллометраялъ рилъун ине кколел раг1улила, бакъуцаги бух1араб заз-хъарахъалъулги ц1ураб майданалдасан, цо-цо гурони борхьалги рук1унарила, т1адги ч1ч1еч1они, рач1ч1ги ц1ц1ач1они гьезулги къварилъи бук1унаребила, цо г1орищ лъарищалиги бахине кколеб раг1улила… Х1ал лъазабилищха нижецаги, ерундайилан рилъана цере… Валлагь, ч1орг1ан бит1араб бицун батана гьес, манзил хут1изег1ан.  Т1ирт1ирун къанщун бералгун, жагъанадул хъархъалги доре гьанире ч1вазарун, жеги инсанас х1ет1е ч1ч1еч1еб г1адаб бак1алдасан щвана цо лъарахъе. Цоял гьелъ росун ине рахъана, цояз гали т1амун бахана, амма ками ккеч1ого рорч1ич1о… Зайнабил импортный баг1араб щвата, хадур ралагьун нижги тун, ана г1оралъ босун.

Кьварун рак1ги бакъван ругел нижеда цебе бач1ун ч1ч1ун батана килиса. Лъик1го мадар лъугьана. Нуц1ихъан жанире лъугьана, гордухъан къват1ире раккана, сверун рекерахъдана, суратал рахъана… Нижедаги тарихчиясдаги бихьулеб жо бат1и-бат1ияб бук1инарищха… Расги нечеч1ого дида цебесан ц1ух1ун к1ич1ардилаго ана цо борохь. Дица, рек1едеги яч1ун, борхьида раг1иларедухъ Зайнабида «бороооохь» - илан абидал, екерун ун гьелъ рач1ч1 ккуна, амма, талих1алъ, борч1ун ана. Расги х1инкъугейила, гадюка бук1анила рак1-мак1ги гьабуна гьелъ нижее, рахъана т1ад руссун долго хъархъалъан. Хъарса-къат1ун, амма цо к1удияб зарал ккеч1ого, амма, гьабураб бах1арчияб х1алт1ийилан нижедасагоги ч1ух1-ч1ух1ун рорч1ана гьениса къват1ире.

 Г1иссинккун биччараб маг1арул кеч1-бакъаналда гъоркь Маркъоца бицунеб г1ажаибаб Дагъистаналъулги къажаразулги тарихалъухъги г1енеккун, Зайнабил махсарогун, Зульфиял релъигун, Пат1иматил хинк1алгун, гьидерил лъингун щвана рокъоре.

Валлагь, лъалеб бук1ун буго Ц1адаса Х1амзатида… Авгийищ гьидерил щобазде щолев вук1аравали.
















 

Баху Мух1идинова

гьадингояй ч1ужуйилан ккеч1ого йик1ине – г1елмияй х1алт1ухъан)))

 19.06.15

Автор: Баху Мух1идинова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий
Машаалагь! Т1аса вич1ич1ого ц1аланаха.Пат1иматида гьари буго, хасусеб нухалъ нуж Х1отот1еги рачеян....


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook