Авторизация

Кижу эл тIахьал руги?

Гьанже ругел гIадамаз сундулго гIажаиблъи гьабуларин рагIун букIана. Дица гьабулаха... Жиб-жиб къойил.Гьале жакъаги, гьал нилъер тIадчагIазул гIакълуялъул камиллъийилан, гьабураб гIажаиблъиялъ, рекIеде ячIине кIоларого йиго.Бицинин нужееги, нужги гIажаиблъизе.
Хундерил тIалъиялда цо данделъиялда вугеб бакIалда нилъер Республикаялъул БетIер Рамазан ГIабдулатIиповасухъе бачIун буго цIакъ лъикIаб пикру. Гьесда ракIалде ккун буго Дагъистаналда ругел киналниги миллатазул цIар рагIарал хъвадарухъабазул ва шагIирзабазул тIахьаз цIезаризе киналго росабазул, районазул, шагьаразул ва школазул библиотекаби.
Кутакалда лъикIаб пикру буго. «Нормальный» хIукумат нилъер букIарабани, гьедин букIинеги кколаан.
Амма, ал нилъер торгIо кколел чагIаз, «кижу эл тIахьал руги» - йилан цIехезе кколеб бакIалда, киналниги министралги гъорлъе рачун гIуцIцIун буго цо чIухIараб, кIуркIургIараб комиссия, ритIун руго рахъ-рахъалде кагътал, бахъинабун буго ахIи-хIур. РитIунчагIи щун руго министерствабазде, гьез ритIун руго замахъе, замаз - гIелмиял хIалтIухъабахъе, директорахъе, лъалезухъе, лъаларезухъе, мируде, чIируде…  Дос царада малъун, цараца рачIчIалда малъун… Кутакалда ургъун тIаса рищейила, кинал авторазул тIахьал гьел библиотекабазда рукIине кколелали ва исписок хIадурейила.
Гьагъаб кагътида берчIвайгун дир чехь унтана. Унтиларищха, гьаний рачIчIалда йигей дихъе гьаб кагъат щвезегIан, цониги чияс гьикъун гьечIо, киргIаги, вац,  эл тIахьал ругелин ва кисагIаги эл росилелин. ТIубанго гIадада хун рукIинчIогоян, жидерго кепкалги данде рехун,  живго авторас, яги гьесул гIагарлъиялъ бахъараб, яги, 5-6 соналъ иргаялдаги чIчIун, Дагкнигииздательствоялъ бахъараб 200-300 тIехьалдейищ азул хьул бугеб.
Гьезего гьечIел тIахьал библиотекабазда лъезе тIаса рищизе, рекерахъдилел руго лъабго министерствоги, хъвадарухъабазул Союзги, гьел министерствабазул кверщаликь ругелщинал идарабиги. ТIаса рищулелги руго, списокал хIадурулелги руго, кутакаб пачалихъалъулаб кIвар бугеб хIалтIи гьабулеб  гIадал куцалги руго киназулго.
- Щай, вац, гьаб хIалалъ хIадурун нилъее гьаб список, гьел тIахьазда гьел библиотекаби рихьулареблъи нилъеда ракI чIчIун лъалагун – илан мекъдарула дун.
- Рахъизе ракIалда ратилаха – йилан угьун биччала аскIов вугес.
- Лъималазе цIалул тIахьал рахъизе гIарац гьечIеб хIукуматалъ, гьал эркенаб заманаялъ цIалулел тIахьал сундухъдай рахъулел? Лъицадай эл хIадурулел? ХIадурулел чагIиги чIобогойищ хIалтIулел… Эдинаб бигьаяб жо эл тIахьал рахъи букIараб батани, щайха урхъаниги цIализе Муса МухIамадовасул тIехь щолареб, кир ругел ГIабдулмажид Хачаловасул тIахьал, ХIажи Гъазимирзаевасул бихьизабе цогIаги тIехь бицун босизе бегьулеб бакI… Къудукьа Мусаласулги, ГIамакиса Абубакарилги бицинего бицинарин. Валлагь дида бичIчIуларо.
РогIраз тIаде гIарацги чваххун, бакъ аги - къо агиян ругезеги, рухI хвассарлъиялъе чвантидаго хъвалареб харжги тIинкIизабун хIалтIулезеги гIададисеб хIалтIи цого жо гуро! ГIададисеб хIалтIи нижеца гьабила, нужей гIадин гIадада гIарац кьолеб бугони.
Унха цо! Щиб гьабулел ругелилан ругелали…

Автор: Баху МухIидинова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий
Эл Бахуца гьанир рехсарал авторазул т1ахьал ,ричулеб бак1 буго цох1о Мах1ачхъалаялда жаниб,гьеб паркалъул к1алт1а ругел басриябл т1ахьал ричулел ункъо-шуго чи,гьале эзухъа гурони ,нужее рес гьеч1о,йа мусал,йа расулил,йа фазул,ыв гь.ц асарал рахьдал мац1алда росизе. worried 


ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook