Авторизация

РакI

ГъазимухIамад ГъалбацIов Дие бокьиларо дирго хоб хинаб бук1ине. Дир х1исабалда, жаназа ц1акъ рах1ат хун бук1ине ккола гьединаб бак1алда, гьединаб хинаб ракьулъ. Амма дида бихьана гьединаб, жаназаялъул щиб гурин, ч1агоясулцин рах1ат хвезабулеб цо г1ажаибаб хинаб ракь. Гьеб бук1ана сверухъе хъархъалги гъут1биги рижараб, г1ат1идаб, унго–унго хабзал гьабизег1адаб майдан. Амма хинаб бук1ана...
Т1оцебе дида гьеб бихьана автобусалъул гордухъан. Ц1аг1иниб росулъе нух лъун буго маг1ардасан, бат1ияб бак1алъан гьеб бахъизе ресги гьеч1о. Цин росулъе жанире щвелалде, гьелъухъ т1асан, маг1ардасан ралагьун рук1ине ккола анц1го–анц1ила щуго минуталъ, Ц1аг1иниб ругел рукъзал рик1к1унев. Дица кидаго рик1к1унаан гьел, ялъуни рукъзал рик1к1унев вук1унаан, ялъуни дирго гьоболасул рукъ балагьулев вук1унаан т1асан валагьун. Амма гьаб нухалъ дун гьеб росулъе ккана хасел бакьулъ, киса–кибего г1азуги бегун, гвангъун, берцинго бугеб мехалъ. Циндаго дир берч1вана росдада аск1об, доба гъоркь бугеб цо ч1ег1ераб горалда. Маг1ардасан унеб бугеб автобусалъул гордухъан валагьун, гьеб бак1 к1удиябищ гьит1инабищ бук1арабали дида лъазе к1веч1о, амма х1исаб гьабураб мехалъ, гьеб горалде жанибе ич1го–анц1го рукъ инаан... Ц1ик1к1унцин  инаан. Гьедиг1анасеб майданалде бараб г1азу биунеб 6ук1ана. Киса–кибего бегун бугеб г1азуца хъах1 гьабураб дунялалда цох1о гьеб, г1азуги биун, ч1ег1ерго хут1араб ракьалъ дун кивениги валагьизего толев вук1инч1о. Дида аск1ор, автобусалда жанир ругездаги гьеб бак1 бихьич1ого рес бук1инч1о, амма гьез «интересго» гьабич1о. Автобусалъул горда к1алги ч1ван, хъант1ун валагьун вугев дунцин г1абдалилан тун ватила гьез...
Росулъе щун, гьоболасулъул рокъов г1одоцарав мехалъ, дица гьикъана гьадаб дида бихьараб жо щибин, щибин нужеца гьелда абулебилан.
– Гьа–гьа... – илан абуна Шамилица, – буго аниб цо гьединаб бак1. «Рак1» Амма г1азу щай гьениб биунебали дида лъаларо... Биунаха... Бокьилеб батани дица мун гьеб бак1 бихьизе вачина...
Х1акъикъаталдаги, гьеб «Рак1» – илан абулеб бак1алда, ризал хъархъалги, гьут1биги рижараб майданалда г1азу биунеб бук1ана.
– Бицен буго, цо сон гьоркьоб бахъун, гьеб бак1алда рух1 лъолилан. Рух1 лъураб мехалъ ракь хинлъулин ва гьеб майданалде ине бегьуларилан. Гьелни гьерсал ратиларищха, амма г1адамазул цо к1удияб гъира бук1унаро гьенире ине… Гьенире ине г1адамал х1инкъулилан абунигицин мекъи ккеларо... Ц1амх1алаб ракь буго гьениб, гьелъг1аги батила х1айваналъеги бокьуларо гьенибехун сверизе... Гьеб бак1 сверухъе ругел хъархъазги риччаларо, хасго риидал... –ин дие бицунев вук1ана Шамил. Дица г1ажаиблъи  гьабулеб бук1ана гьесул г1одове виччаялда, гьес гIажаиблъи гьабунгутIиялда.
– «РакIилан» щайха гьелда абулеб?
– Лъаларо дида... Цо–цо зама–заманалдасан рач1уна анире г1адамал, ц1ехолдула, гьаб щибин, доб щибилан... Гьеб г1азу биин ракьулъ ц1ам г1емерлъиялъул жо бугин абула... Амма щибилан бицаниги, нижее ц1акъ бокьуларо гьел хъархъалги рахун жанирехун лъугьине... Бокьилеб батани мунго а...
Бокьич1о дие гьеб. «Мунго а» – йилан гьес абураб мехалъ, дун т1урк1ун вач1анилан абуни, ц1акъгоги ккезехъин буго, амма циндаго дир рах1ат хванищин абуни – хванаха.
Нижеда цере ругел ризал хъархъалъан, щибни¬ги жо бихьизе толарел ризал хъархъалъан раккун рук1ана рорхатал гьут1би. Гьел гьут1бузул цоялдеги вахун хал гьабуни бихьизе бегьулаан гьеб майданалда щиб бугебали. Щиб эниб батилеб? Дун т1асан валагьун вук1аравлъидал, автобусалъусан. Сверухъе гъвет1–хъарахъги бижараб, кагьат г1адин бит1араб, хабзал гьабизе унго–унгояб май¬дан бук1ана…
– Дуего бокьани жанивс лъугьине бегьула, – ян цо дие изну кьураб г1адаб жо гьабуна Шамилица.
Ккараб ккун бук1инилан рак1алдеги ккун, дица хъархъаздехун цо гали т1амуна, амма т1ок1аб к1веч1о. Рак1бац1ц1адго абуни, х1инкъана. Хъархъал ругеб бак1алде дун г1агарлъаравго дир гьурмалъ реч1ч1ун бач1ана бух1араб гьури. Киса–кибего г1азу, январь моц1, ц1орой – гьурмалъ реч1ч1ун бач1ана бух1араб гьури ва гьебсаг1атго т1аг1ана. Дида гьаналъ бицунеб бук1ана хъархъал ругеб рахъалдехун дица цойгиги гали босизе г1амал гьабуни, гьадабго гьури гьанжесалаги реч1ч1ун бач1унеблъи, гьединлъидал дун ч1ун хут1ана.
– Щиб ккараб? – илан гьикъана Шамилица.
– Дуда щибниги лъалеб жо ккеч1ебищ? – ан гьикъана дица.
–  Ккеч1о...  Щиб ккараб?
– Гьури ч1вана дир гьурмалъ... Хъар¬хъалъан реч1ч1ун бач1ана, – ян бицунев вук1ана дун, Шамилихъги валагьун, Шамилин абуни, хъах1лъунги ун, цо тамахлъарав г1адин лъугьана. – Щиб ккараб, Шамил?..
Росулъе т1ад руссунаго, нухда гьес бицана:
– Дуца... Мун гьединан г1ажаиблъи гьабизс лъугьунге... Мунагьал чурад, дир эмен ч1аго вугеб мехалъ, досда цадахъ щун рук1ана ниж гьанире, майданалде... Гьанже дида рак1алде щолеб гьеч1о щиб къвариг1елалъ къват1ире рахъун рук1аралали, амма гьадинабго хасалил заман бук1ана… – янги абун Шамил дагьаб мехалъ вуц1ц1ун ч1ана. Гьев хабар бицине лъик1ав вук1инч1о, сундул  бицунев вугониги гьес ч1амуч1 гьабулаан. Заманалдасан, ниж росулъе г1агарлъулаго гъес ц1идасан байбихьана:
 – «Рак1алде» аск1оре щвараб мехалъ, жакъа мун г1адин, циндаго гьурмал кьерги т1ун хъах1лъун вач1ун вук1ана дир эменги,  мунагьал чураяв... Дуралда релълъун лъугьун бук1ана гьумер... Хъах1лъун ун... Щиб ккарабилан гьикъараб мехалъ абуна, жиндидадила гьурмалъ бух1араб гьури ч1ванила... Дуца г1адин абуна... Досул щибаб раг1ицин такрар гьабунин дуцайин ккана дида…
Гьава бук1ана бац1ц1адаб, гьадинго, ххвалиего к1ал гьак1к1аниги, гьуърулъе жибго унеб. Нижер х1ат1икье ккараб г1азул угьди гурони, гьаракьги бук1инч1о. Хасго квешаб гьаракь бахъунеб бук1ана Шамилил х1ат1акье ккараб г1азул, цо бат1иял чакмаби рук1ана гьесул. Цойги дида байбихьудаго бицине к1очон тана – ц1ах1илал бераразу чи вуго Шамил. Гьес ццидахун мерхьунеб бугин  г1азуйилан кколеб бук1ана.
– Шамил, – илан абуна дица. «Рак1илан» абулеб бак1 рик1к1алъараб мехалъ. – Цо гьикъизе жо буго... Дур инсул хвелалъулги, гьадаб «Рак1илан» абулеб бак1алъулги щибниги...
Шамилида суал бич1ч1ана.
– Бич1ч1ана дида... Гьеч1о щибго, дир эмен бусада хвана.  
Рокъоре щвезег1ан ниж цоцазда к1алъач1о. Цо ц1акъ  нахъег1анаб,  х1алихьатаб  ишги  гьабун т1адруссунел чаг1азда релъун рук1ана ниж. Щвана рукъалъул к1алт1е. Каву рагьулеб мехалъ, Шамил абуна:
– Амма, – ян абуна гьес ц1ах1илал бералги дидаса рахчулаго,–  гьаб каву рагьулеб мехалъ, инсуца дида гьарун бук1ана, доб къоялъха гьарун бук1араб, жив хвараб мехалъдила хинлъулареб, бакъго реч1ч1улареб бак1алда бугеб ракьулъ вукъейилан... Диеги гьабсаг1ат щибниги х1ажатаб жо гьеч1о, хабалъ квачан бати гурони...
Дие бат1ияб асар гьабуна гьел раг1абаз. Киб бак1алъинха инсул хоб бугебилан гьикъизеги к1веч1о дида. Амма Шамилида дица гьеб бак1алдаго, кавуялда нахъаго гьарана:
– Шамил, гьанже киг1ан рекъон гьеч1ониги, духъе вач1ине рак1алда буго цойги нухалъ, цо моц1г1анаб замана рехизе... Бегьилеб батаниха... Санаг1алъи ккани...
– Санаг1алъи ккеч1ониги, вач1уна мун...  Гьадаб бак1 щиб бак1али раг1а–ракьанде щун бич1ч1ич1ого ч1езе к1оларо гьанже дуда... Вач1а дурго...
Шамилица абураб жо бит1араб бук1ана, гьадаб «Рак1» – илан абулеб бак1алъ дие рах1ат толеб бук1инч1о. Дица Шамилида абуна дун, Бичас биччани, август моц1алдехун вач1инилан.
– Агьа, – илан абуна Шамилица.

2

Августалда Шамилихъе щвараб мехалъ бич1ч1ана дида гьезул рокъов дун х1ажат вук1инч1еб куц: Ростовалда мединституталда ц1алулей йигей гьесул яцги ятана рокъое яч1ун, к1иявго гьит1инав вацги ругоан рокъор, каникулал ругиланги абун. Дугъдан г1адамазул ц1ураб рокъов дун х1ажат вук1инч1о, нагагьлъун вач1ун вук1инч1евани дида хадув чи вач1инареблъи рак1ч1араб жо бук1ана. Шамилил эбелалъги живго Шамилицаги х1ал лъазе телищха, теч1о, амма дир рак1алъе рах1ат  бук1инч1о. Дун доб мехалъ ц1алулев вук1ана художественнияб училищеялда. Риидал нижер группа унаан муг1рузде суратал рахъизе, гьанжесалаги гьедин гьабун бук1ана. Ам¬ма дица гьарун бук1ана дун группаялдаса ват1а т1ун виччайин, дица гьел сураталги рахъун росилин, Ц1аг1иниб росулъе инин дун х1алт1изе – ян. Виччана. Гьединлъидал дие ц1акъ бокьун бук1инч1о т1ад вуссине. «РакIилан» абулеб бак1 рак1алде щванщинахъе (дида гьеб к1очонебго бук1арабищали лъаларо) т1ат1ала ккун Шамилил рукъ батаниги, росуго данде бахъун вачахъулев вугониги, т1ад вуссунареб х1ал лъугьунаан дирги. Дун ц1акь рах1атхун лъугьинавулев вук1ана гьеб бак1алъ. Цо сордоялъ макьуцин бихьана; г1емерал г1исинал лъимал ругоан, х1упрул г1адин, цоцазде т1аде рахун хъерщелел, женжедилел гьеб майдан ц1ун киса–кирего. Къокъ гьабун абуни, киг1ан ц1акъ нич бахъараб иш дун Ц1аг1иниве вач1ин батаниги, т1ад вуссун ине рак1алдаго бук1инч1о. Т1адежоялъе Шамилица гьадинги абуна:
– Дуда цадахь лъугьун дунги вук1унаро, дуде рег1арав чи нижер анивги гьеч1о, щивасул жинеди–жиндир ишги буго... Дир заман бук1инаро... Клубалда цо къед кьун буго дихъе, халтура щун буго...
 Дунго г1адав художник вуго Шамилги, гьесулги лъуг1ана училище.
Дун хут1ана дунго дит1аго, дие т1ок1аб х1ажатаб жоги бук1инч1о.
Нахъияб къоялъ, «Рак1алде» аск1ове ине г1оло къват1иве вахъунаго, данде ккана Шамилил яц Пат1имат.
– Ворч1ами...
– Йорч1ами...
– Мун суратал рахъизе «Рак1» бугеб рахъалдехунищ  унев?
– Лъалароха кивехун ккелевали...
– Унге.
Пат1иматица гьеб абуна циндаго, абизе рак1алдаго гьеч1сб жо борч1ун араб г1адин. Дун, г1абдал г1адин, щибго жоги бич1ч1уларого г1унун хут1араб мехалъ, гьей, свсрухъеги ялагьанхъдун, щивго чиги вихьич1ого, аск1оег1ан яч1ана:
– Бит1араб бицани, бат1иял г1адинан дун щайт1абаздаги, къех1аздаги божуларо, бералда бихьич1ого, сунданиги божуларо... Амма мунго г1адинан, гьадаб бак1алде хьвадулаан дир эменги... Дида Шамилица бицана, инсудаго г1адин, дудаги бух1араб гьури ч1ванилан. Дица бицунеб жо дуда бич1ч1ун батилин ккола... – Пат1имат, юкъун арай г1адин, т1аг1ана.
Гьезул эмен г1адин дун хвеч1о, Аллагьас бат1айиса хъван бук1ун буго, хун вук1аравани гьабсаг1ат гьаб ц1алулсв чи вук1унароан, амма гьадай ясалъ абураб гьадаб к1иго–лъабго раг1иялъ дун  т1убан хисизавуна.
«Рак1алде» аск1ове инч1ого ч1езеги к1веч1о.
Гьеб «Рак1ин» – ин абулеб бак1 т1убан хисун бугоан. Дагьабги ц1акъ ризлъун, жанибехун щибго жо биччаларилан гъункун ч1ун рук1ана хъархъал, гьединго ризлъун ругоан гьут1би – ч1ах1алъун, г1урччинлъун. Амма, щаяли лъаларо, дир щаклъи кколеб бук1ана дагьабги жанирег1ан араб бак1алда ругел хъархъал г1урччинлъун ратиялда. Гьединищ гьеб бугеб, ялъуни киналго хъархъалищ г1урччинлъун ругелали «Рак1алда» аск1овег1ан къазе дихъа бажарулеб бук1инч1о. Х1инкъун вук1анилан абизеги к1веларо, амма цо бат1ияб асар гьабулеб бук1ана «Рак1алде» аск1ове г1агарлъарабщинахъе. Нагагьлъун хъархъалъе лъугьани ц1акъ бокьулареб жо данч1валин кколеб бук1ана.
Гьеб къоялъ дица х1алт1иго гьабич1о; цо ххвалиего гъот1ол суратги бахъана, хадуб, ссанда вегун, зодове валагьун, г1адада заман хвезабулев вук1ана. Г1иц1го гьеб къоялъ дида бич1ч1араб жо ккана гьеб «Рак1» – ин абулеб майданалда т1асан х1анч1и роржанхъулел гьеч1олъи. Ссандаги вегун дун зодове валагьун вугебг1ан заманалда жаниб цониги боржунеб жо инч1о гьелда т1асан.
Нахъияб къоялъ дун радакь вахъана «Рак1илан» абулеб бак1алъул бакьулъе щвезег1ан ине нигаталда, киг1ан зах1малъаниги. Лъалаан зах1малъулеблъи.
  Рак1алда аск1ове щварабго пикру ккана, цин гъот1одеги вахун гьенисан  хал гьабизе, сунца дун гьениве ц1алев вугев ва сунца дир рах1ат хвезабулеб бугебали бихьун г1аги бук1ине. Дир хьул бук1ана гъот1оде вахун хал гьабуни дида гьеб бихьилилан.
Сверухъеги валагьахъдун, дица цин бищунго хъархъал лъедераб, жанивехун ворч1изе бигьаяб бак1 балагьана. Бата¬на. Гьенибго борхатаб гьвет1ги бугоан. Амма гьеб гъот1оде аск1ове къазе ккани, лъедерал рук1аниги, хъархъал рорлъизе кколаан. Дица гьел рорлъана, амма лъедерго ругин ккеялъул г1езег1ан санаг1алъи гьеч1ел хъархъал ратана. Рек1ел х1алги лъик1 бук1инч1о; хъархъил г1аркьел, заз рат1лида барабщинахъе, ургъунго виччалев гьеч1ин аз дун, ккун ч1езабулев вугилан кколеб бук1ана. Т1адеялдаса т1аде ц1ик1к1унеб бук1ана гьеб асар. Хъархъалъе лъугьаравг1ан хинлъиги ц1ик1к1унеб бук1ана. Цин х1исаб гьабуна, гьаниб, хъархъалъ жаниб, гьури–муч гьеч1елъул дида баг1арун бугилан кколеб батилилан, амма хадуб гьот1ода аск1ове щолаго гьулчун бач1араб бух1араб гьуриялъ бич1ч1изабуна дун мекъи вук1ин. Дун гьаниса т1урулаан, нахъ валагьич1ого т1урулаан, т1ок1ав гьаб «Рак1» бихьулеб бак1алде къазеги къалароан, хинлъиялдаса рихараб жо дунялалда бук1инеги бук1инароан хъархъаз т1уризе толев вук1аравани. Дун хъархъалъ къан хут1ана. Х1икъизеги х1инкъана дун, т1оцебе гьури реч1ч1ун бач1араб мехалъ х1инкъана дун, амма  гьеб бук1ана цо лах1зат, цойгиги лах1зат бук1ана т1урун бажарулареблъи бич1ч1араб лах1зат – дагьабги ц1акъ рах1ат хун лъугьана. Дида бич1ч1ана, цойгиги нухалъ карачел реч1ч1ун бач1иналде гъот1оде харизе кколевлъи, бич1ч1ана гьедин гьабич1они дун гьаниса т1урун уневлъи ва т1ок1аб гьаб «Рак1» бугеб рахъалдехун дун валагьулареблъи.
Лъаларо щиб бихьизе дие бокьун бук1арабали, амма гъот1одасан валагьаниги дида щибниги бат1ияб жо бихьич1о. Гьеб майданалъул ц1ар г1ажаибаб бук1ин гурого бат1иял майданаздаса т1ок1аб жо гьениб щибниги бук1инч1о. Гъот1одеги харун дун валагьун вук1ана ризго рижарал хъархъазги, гъут1бузги гор гьабун жанибе бачараб, чахъаби гъезе гьабураб чали г1адаб бак1алъухъ. Яги, дица цебеги абухъе, хабзал гьаризе г1адаб унго–унгояб майданалъухъ... Гьеб цо хинго бук1инч1ебани...
Гьеб «Рак1» – илан абулеб бак1алъул, цойгидал бак1азде дандеккун, бугеб цох1ого цо бат1алъи бук1ана гьелъ рах1ат хвезабулеб бук1ин. Дида гьеб якъинго, киданиги к1оченаредухъ бич1ч1ана гьеб гъот1одаса гьоркьеги лъугьун, хъархъалъан къват1ибе  нух балагьулев вук1араб мехалъ. Хъархъаз гьанжеги дун ккун ч1езавулев вук1ана. Гьез ккунаг1ан, х1инкъун хехдарулевги вук1ана дун. Циндаго дир гъванщида нахъа цо рух1ч1аголъиялъ хъант1ун х1ухьел ц1алеб гьаракь бахъана. Бекерун бахъараб мехалъ бук1уна гьединаб гьаракь, мисалалъе чол, гьединаб гъеки–гьунщи. Киг1ан ц1акъ х1инкъаниги дида к1вана нахъ валагьизе. Гьениб щибниги батич1о. Амма х1алуцун х1ухьел ц1алеб гьаракь къат1инч1о, гьеб бач1унеб бук1ана майданалдасан, щиб доба бугебали бихьулебги бук1инч1о.
Дун хъархъалъа къват1иве вахъинег1ан, гьениса рик1к1алъизег1ан, гьеб гьаракь  т1аг1инеги т1аг1инч1о...

3

Шамилил къавулъ рутездаги, живго Шамилидаги лъалеб бук1ана дир унтулеб бак1, гьадаб майданалъе г1оло дун вач1ун вук1ин. Амма я гьес жиндицаго, я гьесул яцалъ сундулниги ц1ар бахъулеб бук1инч1о. Дида лъалаан дирги «Рак1алъулги» щиб кколебали Пат1иматиеги лъазе бокьун бук1ин. Т1убараб къоялъ рахъарал суратал рихьеян гьарулаан к1иязго, дица гьабулебщинаб ишалъул интерес бугеб ххвел гьабулаан, амма майданалъул ц1ар бахъулароан. Гьединаб бак1го гьеч1еб г1адин рук1ана. Дие рек1ееги г1олеб бук1инч1о гьез «Рак1»– илан абураб майдан гьеч1еб ххвел гьаби, рек1ее г1олеб бук1инч1о дурги майданалъулги щиб кколеб бугебилан гьез ц1ехонгут1и. Рак1алде ккана Шамил гаргадизавизе.
Шамил вук1ана жиндирго гьойде вуссун. «Аргъут» – илан абураб гьой бук1ана гьесул. «Аргъутилан» гурони гьведа бат1ияб ц1арго лъезе бегьуларин ккола нилъер г1адамазда. Гьеб «Аргъутица» бекерун ун босун бач1унеб бук1ана гьес рехараб т1ил, чан нухалъ гьеб реханиги, кибе реханиги. Дида Шамил зама–заманалда гьеб ишалда ватулаан.
– Рак1алда бугищ? – илан гьикъана Шамилица, дун аск1ове г1агарлъаравго, салам кьезег1анцин ч1еч1ого, – дица бицун бук1ана гьадаб бак1алъулги, мунагьал чураяв дир инсулги щиб ккун букIарабали?
– Буго, – ян жаваб кьуна дица, г1ажаиблъиги гьабун. Г1ажаиблъи гьабуна дица жакъалъаг1ан ц1арго бахъулареб бук1араб «Рак1алъул» жакъа гьикъилалде бицине лъугьиналда. Ц1акъ суракьаб, цо габурги гьеч1еб гордеги бугоан гьес рет1ун.
– Дица доб мехалъ гьереси бицана...
Хьуризабун т1илгун, гьелда хадуб гьойги бит1ун, гьев вуц1ц1ун ч1ана. Дунги вуц1ц1ун ч1ана. Лъица бугониги к1вар бугеб жо бицинехъин бугеб мехалъ суалал кьеч1ого ях1 гьабун ч1езе кIвани, гьес жиндицаго бицуна, суалал кьуни бат1ияб бак1алде хабарги сверун ун, г1емерисеб мехалъ жаваб щвеч1ого хут1ула.
Шамил заманалдасан к1алъана:
– Дица доб мехалъ лъалароян абизе кколаан...
Гьесие гаргадизе бокьун гьеч1олъи бихьулеб бук1ана. Гьединго бихьулеб бук1ана цебегоялдаса нахъе абизе къвариг1араб, цо кIвар бугеб жо бици¬не бокьун бук1инги.
– Дур эмен дове жаниве ун вук1аравищ? – илан гьикъана дица. Дун щаклъулев вук1ана Шамилил эмен майданалде ун вук1иналдаги ва гьесул хвел «Рак1алда» бараб бук1иналдаги. Шамилида гьеб бицине к1олеб бук1инч1о. Гьес дида гьеб киданиги бицинеги бицинч1о.
Т1ад буссун бач1ана «Аргъут» к1алдиб ккун т1илгун. Шамилица гьеб гьанжесалаги т1илида хадуб бит1ана.
– Дуе дир эмен щай? Дида льала дове жаниве ун вук1арав чи...
Гьале, гьале доб Шамилие бицине бокьун бук1араб. Гьале доб дида лъазе кколеб, дие къвариг1араб жо. Дун гьанжесалаги суал кьеч1ого ях1 гьабун ч1ана жиндицаго бицинег1ан.
–  Мадугьалихъ бугеб росулъ вуго Г1абдулагьин абулев чи...
– Вихьизе... Цо к1алъазе щоларевищ гьев чи?
 Шамил   велъана.   Велъана   г1ажаибго,   цо дун  х1ач1ого г1адин.
– Щай щоларсв, щола...
Пат1иматица ниж  кваназе ахIана.
Г1абдулагьин абулев чи х1ажат вугин, гьесул рукъ бугеб бак1 бихьизабеян гьаригун, росулъ данде ккара–ккарас г1ажаиблъи гьабураб мехалъго бич1ч1улеб бук1ана дида ц1акъ санаг1алъи гьеч1еб бак1алде вач1инев вук1ин. Гьедин батизеги батана. Г1абдулагьил рокъовс жаниве лъугьаравго, дирго къвариг1ел бицун бахъиналде цо г1олохъанчияс (хадуб лъана гьев Г1абдулагьил вас вук1ин) дида  лъазабуна:
– Гьадаб цо майданадъул х1акъалъулъ ц1ехезе мун вач1ун  ватани, гьабсаг1атго т1ад вусса...
– Дун  х1акъикъаталдаги гьелъул ц1ехезе вач1ун вук1ана.
– Дур щибниги кколаро...
– Щай?
Г1олохъанчияс жаваб кьеч1о. Г1абдуллагьил вас рах1ат хун лъугьана. Амма, кин бугониги, гьес дун жиндидаго цадахъ, г1ат1идаб рагъидасан Г1абдулла вегун вугеб рокъове вачана. Жиниве лъугьарабго, бич1ч1ана дида гьев унтабаца ккурав, бусадаса вахъине к1оларев чи вук1ин. Т1аса квер босун тараб кьайи–свериялъги, гьесул х1алакълъиялъги бицунеб бук1ана жиндидаго Г1абдулагьидаги т1ок1ав т1аде вахъунаревлъи бич1ч1улеб бук1ин. Дие г1ажаибго бокьич1о гьесул бакьвараб куцги, жанире рортун арал ч1ах1иял, сварал бералги, гьесде т1аде рехун бугеб юргъаналъул чороклъиги.
– Дада – ян абуна г1олохъанчияс Г1абдулагьида, – гьав вас вач1ун вуго мун ц1ехон, гьадабго бак1алъул бицине...
Дида лъаларо  Г1абдуллагь г1адин лъугьине ккани щиб балагь чиясде бач1ине кколебали – гьев цин гьункьун вач1ана, хадуб, лъик1 заманалъ ч1варкьун дихъги валагьун, хаган ч1ана, квералги рач1ана дидехун рит1ун, цинги ц1идасан вегана.
– Хинлъи... хинлъи.,. хинлъи.., хинлъи... – ян бачунеб бук1ана гьес.
Хадуб, заманалъ дихъ валагьунги ч1ун, гьаваялда цо дида бихьулареб  к1удияб торг1о бугеб г1адинан, квераз дида гьеб торг1оги бихьизабулаго, гьес абулеб бук1ана:
– Гьа–а–а–а–динаб хинлъи, – ян.
Циндаго вуц1ц1ун ч1ана, дир бадивеги валагьун, ц1акъ кеп щун велъана. Дун киве ккарав ва щиб гьабизе кколебали лъаларого, г1абдал г1адин хут1ана.
– Мун къват1ивехун а цо минуталъ, дун гьабсаг1ат вач1ина...
Гьединги абун, мугъзада кверги лъун, дун г1олохъанчияс къват1ивехун вит1ана.
Заманалдасан къват1иве вач1ана Г1абдуллагьил вас
– Гьадале гьададин лъугьуна... Гьадаб бак1алъул бицунеб гьеч1они мадар бук1уна, г1одове виччан хабар–к1алалда вук1уна. Т1аде вахъун къват1и–рокъове унги бажаруларо, унтабаца ккун вуго, амма бицунеб жоялъе квал–квал бук1унаро, нижгун хабар–к1алалда вук1уна. Цониги чияс гьадаб цо бак1алъул ц1ар бахъани, гьададинан, унти бач1ун бицунеб жо бич1ч1улареб ах1вал–х1алалде ккола... Гьединлъидал нижеца к1вараб жигар бахъула гьесухъе чи виччач1ого тезе. Мунги виччалароан... Мунги виччалароан гьобол вугелъул... Гьанже цо т1убараб сордо–къоялъ рук1алиде кколарого вук1уна дов...
– Т1аса лъугьа...
– Гьеле гьедин буго иш...
Вуц1ц1ана. Инсуда пархен бугоан гьесул, амма дагьав жанив ц1урав логода ворхатав чи вук1ана. Дида бич1ч1анихъе гьесда ч1алг1ун бугоан «Рак1алъул» х1акъалъулъ ц1ехезе г1адамал рач1ин гуреб, инсуе хъулухъ гьабизе ккей, гьесда бич1ч1улеб бугоан жиндица гьабич1они гьабизе чи гьеч1евлъиги, амма инсул унти васасда ч1алг1ун бугоан.
– Кидаялдаса нахъе гьедин лъугьарав дур эмен? – илан гьикъана дица.
– Гьадаве аралдаса нахъеха... — ян жаваб кьуна гьев васас.
– Дуцаго х1ал бихьич1ебищ дове ине? – ниж к1иязго «дове» – ян абун бич1ч1изабулеб бук1ана цоцазда, "Рак1илан» абизе ниж щай х1инкъулел рук1аралали дида лъаларо.
Гьесие дир суал бокьич1о. Гьес бахчулебги бук1ана суал бокьич1олъи, амма дида бич1ч1ана, жиндирго эмен хисизавураб, эмен бусалъе ккезавураб жо щибалиг1аги лъач1ого, гьеб ц1ехеч1ого ч1езе васада к1вараблъи. Гьеб х1алихьалъи батич1они, цо бич1ч1улареб г1амалг1аги буго. Гьелъго батила гьесие дир суал бокьич1ебги.
Г1абдулагьил васас дун цогидаб рокъове вачана, столалда нахъа ч1езавуна, гьебсаг1атго цо ясалъ, (дида бич1ч1анихъе хъизан ятизе ккола) цебе квенги лъуна. Ниж к1иязулго рагьа–рашари цо к1вар бугеб ишалъул бицинехъин ругел чаг1азул г1адаб бук1ана. Гьедин ккезеги ккана. Гьес дида абуна:
– Дуда кколеб батила, гьав щив чийинн, инсуе ккараб ц1ехезе к1веч1ев, гьадаве ине х1инкъарав чийилан. Цо рахъалъ дове ине мунги х1инкъана, х1инкъич1евани, мун гьаниве вач1унароан. Амма дица гьабсаг1ат гьадинан абила ду¬да, дуда бич1ч1илеб батани. Доре, майданалда жанире ине ккани, нилъго нилъехъго ралагьизе кколел руго. Дуца х1исаб гьабе гьелъул. Дуда кинаб бугониги мунагь бугищ гьеч1ищ? Мун щив? Г1адамазда рихарав чийищ ялъуни... х1асил–калам, мунго духъго валагьизе кколеб буго... Цойгиги, мун жанивеги ани, бит1а–бишун кинабгоги ккун мун т1адги вуссани, элъул щиб ккезе бугеб? Щиб элъул ккелеб? Г1ела. Т1ок1аб дица щибниги дуда абиларо. Дица абуралдаса ц1ик1к1ун жо лъазе бокьун батани, дица бицаралда т1ад лъик1 ургъе...
Хадуб бич1ч1ана дида гъел раг1абазул маг1на.
                                                       
4

Дун х1акъикъаталдаги х1инкъулев вук1ана г1адамаз «Рак1» илан ц1ар лъураб гьеб майданалде ине. Дун х1инкъулев вук1инч1о диего щиб бугониги лъугьиналдаса, х1инкъулев вук1инч1о аралъуса т1ад вуссинарилан, ялъуни г1адаллъилин, ялъуни жеги лъиениги ккеч1еб ккелилан. Дун х1инкъулев вук1ана балъголъиялдаса. Дида к1ванани гьадал хъархъалги рахун, жаниве лъугьун, гьеб майданалда цо свери бахъизе, дие рагьизе бук1ана цо балъголъи. Гьеб рагьизе г1оло дица хъархъазда гъоркь ц1аги лъун гьелги рух1ун, яги цойги щиб бугониги жо гьабизе бегьилаан, амма гьедин гьабизеги к1олеб бук1инч1о. Т1оцебего бач1ун бук1араб, хабзал гьабизе лъик1аб майдан бугин  гьеб бак1илан абулеб пикру зама–заманалдасан т1ад буссун бач1унеб бук1ана дихъе. Дун цо балъголъиялда цеве эхетун вук1ана. Нагагьлъун жанивеги ун, дун къват1иве ворч1ани, дида к1везехъин буго цо лъиданиги лъалареб балъголъи г1адамазе рагьизе, цо  к1вар бугеб жо гьабизе.  Г1адамазда бич1ч1улареб балъголъи гьениб бук1иналда дир кинаб бугониги щаклъи бук1инч1о.
Щайха дида «Рак1» – илан ц1ар тараб майданалде ине к1оларого бугеб? Х1инкъун. Балъголъиялъукьа, хваликьа, дидаго бич1ч1изе к1олареб жоялдаса х1инкъун. Дица чанго нухалъ х1исаб гьабулеб бук1ана Г1абдулагьил васас абураб мунагьин абураб раг1улги. Рак1ч1ун жинда кинаб бугониги мунагь гьеч1илан абизе к1олев чи ватаниги, гьесдаги к1везе бук1инч1о гьениве ине. Инсанасул г1умруялда г1емерал ккола мунагьал, жиндидаго лъач1ониги. Жиндаго лъач1ого ккарал мунагьаллъун рик1к1унел гьеч1ониги, гьелги му¬нагьал ккола. Бат1алъи щиб?
Гьеб майдан сверун женжедулеб мехалъ, хъар¬хъазда аск1ове вач1ун, нахъе къан вугеб мехалъ бич1ч1ана дида бах1арчилъи щибжояли. Гьединго бич1ч1ана дида дирго рух1 дица сундасаго цебе гьабулеб бук1инги. Дир бах1арчи вахъунареблъиги. Бич1ч1ана ц1одорав чи бах1арчи вук1унарин абулеб раг1ул маг1на, бокьана дие гьеб аби. Гьел къоял рук1ана, дидаго лъан дун х1алихьалъарал, инжитлъарал къоялъ. Нусго нухалъ гьесана дун гьениве    жаниве    лъугьине,    нусабго нухалъ т1адвуссана. Нусго нухалъ, букъун заргун, къамарт1лъана дун, нусго нухалъ дицаго дидаго абуна бихьинчи гурин дунилан, нусабго нухалъ, г1ет1уцаги виччун, нахъег1ан къан ч1ана.
Гьеб бук1ана дир х1алихьалъи, дида бихьулеб, дидаго лъалеб х1алихьалъи. Амма гьеб гьадингояб жо батана хадубккун дица гьабураб х1алихьалъиялда данде.

5

Радал хехго т1адеги вахъун, рахсидаса Шамилил гьойги бичун, гьебги цадахъ бачун, гьезул рокъов щивниги ворч1илалде, лъиданиги лъаларедухъ дица «Рак1» бугеб рахъалдехун нух босана. Талих1алъ «Аргъут» дида рекъолаан, гъелъ данде ч1ейго гьабич1о. Лъаларо гьеб пикру кида ва кинан дихъе бач1арабали, амма дида рак1алде ккана доб майданалде гьой бит1изе. Дихъе бач1араб гьеб пикруялъул вах1шилъиялъул дица т1оцебе пикруго гьабичIо.
Гьеб бук1ана, дица абухъе, радал мех. Бит1ун ниж хъархъазда аск1оре щвараб мехалъ, аск1обго бугеб пионеразул лагералда лъимал т1аде рахъинаризе зурма пуна – саг1ат 7 т1убан бук1ун батизе ккола. Жеги харилъ реччел бук1ана. Т1абиг1атги бук1ана ц1акъ г1одобе биччан, щибниги ккезехъин гьеч1еб г1адин.
Цин дица т1ил рехана цо щуго–анлъго галул манзилалъ,  бич1ч1изабуна  «Аргъутида» т1илги босун т1адбуссине кколеблъи. Бич1ч1ана гьойда. Гьанжесала дица дагьабги рик1к1адег1ан рехана – гьойда   гьанжесалаги   бич1ч1ана   жиндидасанго щиб къвариг1ун бугебали. Дие бокьа–бокьараб гьабулеб бук1ана «Аргьутица», дие бокьа–бокьараб гьабизехъин бук1иналда рак1ч1араб мехалъ, дица гьеб т1ил хъархъазда т1асан майданлде рехана. Гьойда бихьана дица т1ил рехараб бак1; гьеб цин т1илида хадуб балагьана, цинги хадуб, г1ажаиблъи гъабураб г1адин дихъ балагьана. Къват1ибе мац1ги рехун дихъ балагьун ч1ун бук1араб «Аргъут» циндаго к1анц1ун ана т1ил рехараб рахъалдехун, амма хъархъазде аск1обе щвараб мехалъ лъалхъана. Цинги кьурун дидехун буссана, кваранидехун бекерана, хадуб бекерун дида аск1обеги бач1ун бегун ч1ана. Гьеб сункьаялиго х1инкъулеб бук1ана. Хадуб циндаго гьеб т1аде бахъана, добе–гьанибе бекерахъдана, цо лах1заталъ дида бералги реч1ч1изарун, хъархъалъе т1ерхьун ана «Аргъут». Бищунго раб батани  минутг1ан заман ун батила, хъархъазда нахъасан, майданалдасан цо г1асияб ч1ч1и–ч1ч1и бахъана.  Цин дун, щибго бич1ч1уларого, ц1орон хут1ана, хадуб рак1алде ккана, цевего г1адин, гъот1оде вахине. К1веч1о. Дун гьанжеги х1инкъана.  Дун гьедиг1ан  ц1акъ х1инкъич1ого вук1инеги бегьулаан «Аргъутил» ч1ч1ич1ч1и бук1инч1ебани. Гьениб щиб кколеб бугебали бихьулеб бук1инч1ониги, бич1ч1унеб бук1ана яги гьой сунца бугониги т1у–т1ун балеб батулеблъи, ялъуни сунца бугониги кодо–кодобе рехулеб батулеблъи. Цониги т1амах, хер, г1аркьел – сверухълъиялда шурулсб жо бук1инч1о. «Аргъутил» ч1ч1и – ч1ч1и лъуг1улеб бук1инч1о. Гьединаб, черх ц1орозабулеб гьаракь дида киданиги раг1ун бук1ун батиларо, раг1изеги батиларо. Гьойца майданалда г1емераб заман бач1о, хехгого къват1ибе рехун бач1ана гьеб. Къват1ибе рехун бач1ана бит1ун дун ч1ун вугеб бак1алде. Т1илги гьеч1оан к1алдиб ккун. Дун вихьарабго гьеб ц1орон хут1ана, хадуб, заманалдасан, цо киданиги бихьич1еб квешаб жоялда берч1вараб г1адин, дида аск1оса нахъе к1анц1ана ва кьандиб рач1ги къазабун, гьодилъ т1ил щвараб таращ г1адин ч1ч1и–ч1ч1идилаго т1урун ана.
«Аргьутида» хадувго дунги т1урана. Т1ок1аб майдан бугеб рахъалдехун валагьизего к1веч1о ди¬да. Т1урана дун гьойда хадуб майданалдаса къват1ибе к1анц1ун цойгиги щиб бугониги жо бач1инилан х1инкъун. Щибго жо бач1инч1о. Т1уризеги дун гьениса «Аргъутил» лъалк1ал ккун т1урана; гьелъул лъалк1да хадув вач1унев вук1ин дида лъана, гали ч1а–ч1аралъуб хариде т1инк1арал бидул т1анк1ал рихьигун.

6

Т1убараб анкьица дун гьеб майдан бихьулеб бак1алде къач1о. Гьеб анкьица кканщинаб жо бицунеб бугони, ц1акъ г1емераб жо бицине ккола. Амма бицинч1ого г1оларо «Аргьутил» г1амал–хасият хисараблъи, дун вихьанщинахъе, кьанди рач1ги къазабун гьеб бахчаризе лъугьунаан, дир берзукьа борч1изе г1амал гьабулаан. Нахъияб къоялъго вач1ана Шамил дида аск1ове, жиндир гьойдила рахсидасаги борч1ун, т1урун ун, багъизеги багъун, бач1анила т1ад буссунилан бицине. Шамилил ц1ар бахъун бук1аго, бицине ккола цо чанго раг1и дирги гьесулги ккараб гара–ч1вариялъул х1акъалъулъги.
Къаг1ида гъеч1ого вугилан багьанаги батун, дун рокъоса къват1ивего вахъунев вук1инч1о, г1емерисеб мехалъ бусалъгоцин вук1унаан, т1аде чи вач1ани ц1алдолеб ххвелги гьабун. Т1аде вач1ана Шамил.
– Х1алакълъана мун ц1акъ... – илан абуна гьес вач1инахъего.
– Х1алт1улев вугелъулха...
Дида х1алакълъун вук1ин бицине гурелъул Шамил вач1ун вугев – дун вуц1ц1ун ч1ана гьесул аслияб г1илла къват1ибе бач1инег1ан. Бач1ана.
– Дица дуда абун бук1ана, мунагьал чураяв дир инсулги гьадаб цо бак1алъулги бук1араб хурхен дида лъаларилан... Дун мекъи вук1ун вуго... Мекъи кканиланги абизе бегьуларо... Дида рак1ч1ун лъала дир эмен гьадаб майданалда т1аде вахинч1олъи. Амма майданалъулгун цо хурхен бук1ун буго гьесул. Гьал къояз эбелалъ бицана дида гьеб... Долда вихьун вуго мун «Рак1алда» сверухъ женжедилев, рокъое щвараб мехалъ бицана долъ, дида гьикъана, щибила гьадав дур художникасе бокьун бугеб... Гьадава женжедилев вугила... Дица цинги бицана долда доб цо къоялъ дур гьурмада бух1араб гьури ч1вараб куц...
Жиндирго къаг1идаги гьабун Шамил дагьаб мехалъ вуц1ц1ун ч1ана. Гьабсаг1ат дида рак1ч1ун абизе к1олеб гьеч1о, кинаб гурде гьесда бук1арабали, дида к1очон тана, амма гьелъул к1вар бук1анилан кколеб буго. Гьанже–гьанжеги гьеб рак1алде щвезабизе бокьун вук1уна дун. Нижер, художниказул, рук1уна хиналги квачаралги кьерал, дида рак1алде щоларого буго хинаб кьералъулищ досда гурде бук1араб яги квачараб кьералъулищали.
– Эбелалъ абуна дуда, – ц1идасан байбихьана Шамилица, – т1ок1ав дове унгейилан. Дица би¬цун бук1инч1ищ дуе, дир эмен гьадаб... гьадаб хинаб гьури ч1варабго, нахъе к1анц1ун ч1анилан... эбелалъги абуна гьедин бицейин дудаян. Гьелдаса нахъейин дир инсуда хинлъи рихараб.
– Гьеб дуца бицун бук1ана цебеги, – ян абуна дица. Дида ккун бук1ана цойги кинаб бу¬гониги дида лъалареб ц1ияб жо бицинин дуцаян...
Дихъа дагьабго хъач1го ккараб лъаларо, Шамилие бокьич1о дица абураб жо.
– Щиб дица дуе ц1ияб жо бицинеб? – ан гьикъана гьес ва, жаваб кьезег1ан ч1еч1ого, лъазабуна. – Унге дове жаниве.
Шамил къват1иве анна нуц1а реч1ч1изабич1о.
Г1иц1го гьеб гара–ч1вари ккана анкьида жаниб дагьа–макъабниги гьадаб бак1алде канлъи рехизе к1олеб, майданалда хурхараб гара–ч1вари. Амма гьеб гара–ч1вариялъги, бич1ч1анихъе, балъголъи рагьич1о. Ч1ванкъот1ун гьаб бак1алдаго абун тезе ккола гьеб балъ¬голъи киданиги рагьизеги гьеч1илан. Гьаб ц1алулев вугев чиясда дица гьанжего лъазабун толеб буго – гьеб майданалъул балъголъи гьаб хабар анц1го нухалъ ц1аланиги рагьизе гъеч1о. Гьеб август моц1алдаса нахъе гьале чан сон сверулеб бугеб, дида жеги бич1ч1ич1о щиб доба ккарабали, щиб доба бук1арабали. Майданалда щиб бук1араб ва щиб майдан гьебали лъазе г1оло хабар ц1алулеб батани, ахиралда гьеб лъач1еб мехалда дида ццинги бахъунеб батани цойгиги нухалъ лъазабулеб буго – ц1алич1ого те.
Гьанже, гьал раг1абаздаса хадубги дуца хабар ц1алулеб бугеб батани, дун дуда божула, гьединлъидал дица бицина дирго х1алихьалъиялъул, инжилъиялъул, нахъег1анлъиялъул ва ц1улъиялъул.

7

                 Дица гьеб майданалде гьит1инаб лъимер бит1ана!
Дида лъалеб бук1инч1о майданалде аск1ове гьев вас кинан ккун вук1аравали; аск1об бук1араб пионерлагералъул тиризе бачараб отрядалдаса ват1алъарав, виларав вас ватана. Эбги бищунго г1исиназул отряд – гьединал г1исинал лъималги пионеразул лагералде  рачунилан киданиги ккелароан рак1алде.
Къо къалъулеб бук1ана. Ц1акъ баг1арун бук1ана, ургъунго раг1адал бец1 гьаризе г1оло баккун бугилан кколаан бакъ. Виххун хут1ана дун гьев вас майданалда аск1ов, доб къоялъ гьой къват1ибе рехун бач1араб бак1алда ч1ун ватараб мехалъ. Дун аск1овег1ан къана... Гьев воххана; гьеб мехалъин дида бич1ч1араб отрядалдаса ват1алъарав, виларав вас гьев вук1ин. Бералги ругоан баг1арлъун.
– Мун гьанив щиб гьабулев? – илан гьикъана дица т1адеги къулун.
– Дун вилана... – янги абун гьев г1одун виччан тана.
– Вуц1ц1а... вуц1ц1а...
Гьев вуц1ц1инабулеб мехалъин дир бот1ролъе пикру бач1араб вас майданалде вит1изе. Цо рахъалъ гьав вилун вуго, гьасда киве ине кколебали лъаларо, гьединлъидал, ав живго ккезе бегьула майданалде, дица вит1аравлъи лъида лъалеб; цойгидаб рахъалъ вас т1ад вуссун вач1ани, ас щибилан бицинеб, асда дун лъаларелъул. Гьабсаг1ат гьав васги майданалде виччан гъот1оде вахун ч1ани, дида кинабго бихьула ва бич1ч1ула.
Дида, гьанже, гьал мухъал хъвалеб мехалъ бич1ч1улеб буго, дирго х1алихьалъи, бич1ч1улеб бук1ана доб мехалъги, амма...
    – Вилълъаха, дица щвезавила мун дурго отрядалде... Чанабилеб отряд дур?
    – Анкьабилеб отряд буго... Дуда дил отряд бу¬геб бак1 щиб лъалеб? – илан абуна лъимаца, маг1уги бац1ц1унаго.
    – Дида кинибго лъала... вилълъа, – илан дица гъесухъе квер бегьана.
Васас дихъе квер кьеч1о, дихъе кьезе кколеб квер гьес мугъзада нахъа бахчана.
    – Дуца квер щай бахчулеб? Вилълъа...
    – Дун х1инкъулев вуго...
    – Щай? – иланги гьикъулаго, дун сверухъе валагьахъдана. Ниж лъиданиги рихьулел рук1инч1о. – Щай мун х1инкъулев?
    – Дуца гьерсал рицунел луго... Лагерадейиланги абун, дуца локъовеги вачун, лъим баччизе т1амула... малъалаб гьабич1еб мехалъ, вухизеги вухула... Учительницаялъ дие гьединаб малгьу бицун бук1ана...
Дун велъана.
 Дида лъала, лъала дирго нахъег1анлъи, амма бицине байбихьараб хабар дица лъуг1изабила. Дун велъана гьеб лъимералда.
– Дуца дун лагералде щвезавилев ватани, – янги абун, циндаго ч1аголъарав г1адинги лъугьун, жиндирго т1аждал гъваридаб кисинив гелгедизе лъугьана гьев. Гьенисан, г1емераб къоги бихьун, х1ала–билахъе къват1ибе бахъун бач1ана хинаб бак1алда биун унеб бук1араб конфет. – Ма...
Дица, риччалъ г1адин, гьеб кодобе босана.
– Гьанже вачиневищ дуца дун лагелалде?
Дун гьанжесалаги велъана. Пайда щиб, пайда щиб т1ад буссинабизе к1олебанищ доб заман, доб лъугьа–бахъин! Пайда щиб... Нахъ буссинабизе к1олебани дун к1иябго накуги г1одоб ч1ван гьесда цеве ч1олаан т1аса лъугьайин, х1алихьатаб жо рак1алде ккун бугин. Ялъуни т1урилаан гьениса, ч1ч1и–ч1ч1идилаго... яги... лъаларо цойгиги щиб гьабилеб бук1арабали, амма доб мехалъ дица гьабуна т1убан бат1ияб.
– Гьанже, дица малъараб гьабуни, вачина мун лагелалде... Гьабилебищ малъараб? – Дун г1одовеги къулун, гьесул баг1арлъарал беразухъ валагьун вук1ана.
Лъимер бохана.
– Гьабила...
Цин сверухъе валагьана дун, хадуб, васасдехунги вуссун, щурун г1адин к1алъана:
– Гьале гьаниб хъархъада нахъа буго дир т1агъур... гьороца босун ана... Дида дове ине к1олеб гьеч1о. Мун гьит1инав вугелъул, дуда к1ола хъархъазда гъоркьан довехун ине... Дуца балагье доба киб бак1алде дир т1агъур ккун бугебали...
Дида лъаларо, гъедин абулеб мехалъ кинаб гьаракь дир бук1арабали, кинаб куц бук1арабали, амма рак1алда буго гьев васасул гьумер. Лъималазе маргьу бицунеб мехалъ, лъималазул гьурмахъ валагьун вук1арав чиясе бигьа бук1ина гьеб гьумер ц1ебе ч1езабизе. Гьединаб интересги, божилъиги дида киданиги лъилниги гьурмада бихьич1о. Бихьизеги батиларо.
– Гьабилищ малъараб? – илан гьикъана дица гьанжесалаги.
– Гьабила... Дуцаги гьабеха...
– Щиб дица гьабизс кколеб?
– Дуца Лаисатида бицунге…
– Бицинаро...
Ч1аралъувго дунги тун, гьев векерун ана цо гoxl ккараб бак1алда бижараб гъот1окье. Гьеб гъот1окь бугоан гьит1инаб, амма ц1акъ ризаб хъарахъ... Дун гьесда хаду–хадув вилълъана. Гьев вас хъархъалъ цо жо балагьизе лъугьана ва заманго иналде хъархъалъа къват1ибе бахъун бач1ана т1асан хъах1илаб мухъги ц1араб, билбаг1араб синул торг1о. Гьабсаг1ат гьал мухъал хъвалев вугев дида цебе столалда лъун буго гьеб торг1о.
– Дица гьаниб бахчун тела аб, дуца Лаисатихъе кьоге, гули? – ила иланги абун, гьес торг1о ц1идасан бук1арабго бак1алъ бахчана. – Гъолъул денлождение бугилан абуна вожатияс, долъие кьела дица гъоб... Дуца бицунгеха, гури?..
– Мун х1инкъуге... Т1ад вуссун вач1араб ме¬халъ, нахъе босила нилъеца торг1о... Т1ад вуссун вач1инарищ мун...
Лъаларо щай гьедин щаклъи ккеледухъ «т1ад вуссун вач1инарищ мун» – илан абурабали, рек1елъ бук1араб щаклъи къват1ибе борч1ун ун батила, амма васас абураб жоялъ дун ц1орон хут1изавуна. Гьес гьеб абуна дир раг1и лъуг1илалде, т1адцун. Ккараб куц мух1канго бич1ч1изе дица такрар гьабулеб буго:
– Мун х1инкъуге... Т1ад вуссун вач1араб ме¬халъ нахъе босила нилъеца торг1о... Т1ад вуссун вач1инарищ мун...
– Вач1унсвищ? – илан гьикъана гьес.
Гьеб мехалъин дун ц1орон хут1арав. Г1ажаибго бук1ана лъимадул гьеб суал.
– Вач1уна, вач1уна... – ян абураб лъаларо, рак1алде ккараб лъаларо, цо жо гьабуна дица; ч1ванкъот1ун гьабсаг1ат бицине лъалеб гьеч1о.
Дида к1веч1о, к1веч1о гъот1оде вахине; гьев вас хъархъалъе т1ерхьаравго дун т1урана. Т1урана жеги киданиги т1уруч1ев х1алалда. Данде щив вугониги ккун вук1аравани, гьев, дунги вихьун, рак1 кьвагьун хвелаан.
Къаси сардилъ ана дун доб торг1о добаго бугебищали хал гьабизе. Вас нахъ вуссун гьеч1оан – торг1о батана, гьале дида цебе гьаниб столалда лъун буго.
Дида бич1ч1ана, дида бич1ч1ана ккарабщинаб жо лъида бугониги бицинч1они дихъа г1умру гьа¬бун бажарулареблъи. Бич1ч1улеб бук1ана доб сордоялъги. Дун рогьинег1ан, гьадаб васас торг1о бахчараб гъот1окьги вук1ун радакь вахъун виллъана лагералде, гьелъул начальникасухъе. Дие бокьун бук1ана начальникасда цевеги ч1ун, кинав чи гьев ватаниги, начальникасда це¬веги ч1ун нечезе, лагерги, сверухъ ругел росабазул г1адамалги данде гьарун кинавниги чиясда вихьиледухъ, гьес дун киназдаго цеве эхетизавизе, гьезда дун щивали бицине... Дие бокьун бук1ана... Дие... Дица диего къот1ич1еб тамих1 хут1ич1о.
Амма дун лагералъул начальникасухъе щвеч1о. Аллагьас хъван бук1ун буго лагералъул тсрриториялде щваравго бищунго цебе дов вас дида дандч1вазе. Щибниги хисараб жоги гьеч1о, гьадабго гурдеги, гьадабго дал–далараб т1ажуги буго, дихъги валагьун, дунги лъан  гьим–гьимидилев вуго.
Гьанжесала г1одана дун…
– Даци г1одуге... Дица дилго кьела дуе т1агъул,.. Гули...
Цойгиги щиб гьес бицунеб бук1арабали дида лъаларо, дун гьесухъ г1енеккунго вук1инч1о...
Гьес дие цойгиги конфетги кьуна... Дун вуц1ц1инавулев вук1ун ватила...
Лъимер гьадаб бак1алда бит1изе к1олев чиясда майданалде ине к1унгут1иялда дица г1ажаиблъи гьабуларо. Гьанже бич1ч1улеб буго дун г1адав чи унеб бак1 доб гуреблъи, гьадаб майдан буго лъимералъе щибниги гьабич1еб майдан. Гьадаб «Рак1» – илан абулеб бак1алъ лъимадуй щибниги гьабич1о.

                                                             
8

Щай майданалда хинлъи бугеб ва «Рак1» – илан г1адамаз щай гьелда ц1ар лъун бугебали лъазе к1олев чи дида дандч1вач1о. Дидаги гьеб лъаларо.
Г1иц1го дида лъазе к1олеб жо – унго–унгояб бак1 бук1ана гьеб хабзал гьабизе. Хабалъ хинлъи бокьулеб бугони…

Автор: ГъазимухIамад ГъалбацIов

оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook