Авторизация

Авлахъал тун, мугIрузде рахъунел магIарулал…

ЦIалана радал яхъун Зайнаб ГIалимирзаевалъул «Ахирги магIарухъе руссине ккечIони…» ва «БухIаяб дуниял!» абурал макъалаби ва ракIалде щвана дирго кIодоэбел. Дой мунагьал чурад йикIунаан, гIажалалда гъураб болъон гохIде бахунилан. Гьеле гьеб гохIде рахун руго нилъ.

Гьаб ахираб нусго соналда жаниб гIемееераб жоги бихьун: НикIалайил заман, Ленинил заман, Сталинил заман, Брежневасул заман, Горбачевасул заман, Ельцинил заман, цойги гIиси-бикъинал заманалгиха, нилъ щвана жакъа къоялде, Путинил заманалде. ХIасил, нилъ рахана гохIде. ЛъикIаб гохIде. СанагIалъабазул цIураб гохIде.  

Гьеб гохIде рахинеги нилъее бигьалъанагIан захIмалъана. КигIан захIматалги рагъулги, кьалулги, ракъулги соназ букIинчIебгIадаб зигарди буго гьанже нилъер. Доб заманаялде данде ккун азарго нухалъ лъикI рукIаниги.  ЦогIаги доб заманаялъ вукIарав чи вахъинавизе лъикIан жакъа тIаде, досда Алжаналъувин жив вугевилан ккелаван.

Нилъер рукIзабазухъ ралагье, рокъоб бугеб къайи-къоноялъухъ ралагье, гъоркь рекIун ругел машинабазухъ ралагье, нилъеца кунеб бугеб кванихъ ралагье, тIад ретIун бугеб ратIлихъ ралагье ва данде ккве. Техникаги, информатикаги, интернетги цебетIеялда бан, кIигIан цIакъ гIумру гьабизе бигьалъун бугебалиги ралагье. АлхIамдулиллагь щукру, щибаб рецц Аллагьасейилан чан чиясха абулеб? Гьанже гIадин, щванагIан гIоларого доб заманаялъ букIанадай? Гьанже гIадин хъантIун жидерго чвантинибе хIукуматалъул магIишат хъвалел чагIи рукIанадай? Гьанже мискин-пакъирилан рикIкIунев чиги вуго, цеве хан-паччахIасдасаги лъикI.

ЗахIмалъиялда, квачан, ракъун, хохон ругел мехалъ, гIадамал цоцазе къваригIун рукIана, цоцазе кумекалъе рортулел рукIана, цоцазда гурхIулел рукIана ГIадан гIадамасде кколевила, мегIер мегIералде кколаребилан кици буго нилъер умумузул... Гьанже гIадан гIадамасде кколареб заман бачIун буго. Кинавго чи живго жинцаго тIувалев вуго ва лъилниги кумек къваригIун гьечIо. ЛъикIалъегIаги батагиха.

Бекараб мугъалда михир бачине, кинавго чиясул кодор руго телефонал, щивасул чвантиниб буго интернет. Риччан те рукIине. КигIанги нилъер гIумру бигьалъизабураб эз. Амма нилъ гIорхъолъа ун гогьлъана, хIаладаса ана, дагь-дагьккун гIадамасул унго-унгояб гIумруги кIочон тун, гьениб интернеталда ургъун бахъараб гIумруялде ругьунлъизе лъугьана. Зайнабил «БухIаяб дуниял!» макъалаялда бугеб инстаграммалъулги, гьенир суратал лъолел чагIазулги, гьел суратазда гъоркь лайкал лъолел чагIазулги, гьел лайказул къадар рикIкIун къадру борхулел чагIазул цIалигун, дунялалдаса рокьи бичана. Унгоха нилъ ругел гьедигIан пикру мукъсанал чагIи, кинабалиго сураталъги, гьелда гъоркь лъураб лайкалъги чиясул даража борхулин абураб жоялда божулел чагIийищха нилъ? Яги, нилъерго рокъоб киб, щиб, кин бугебали хал гьабизе регIуларого ругел нилъее, кинаялиго кочIохъаналъул васасе яс абуниги, абичIониги щиб? Гьелъие щиб кьуниги щиб? Гьей берцинай йигониги гьечIониги щиб? Гьебни кин букIаниги кIвар бугеб жо батизе бегьилаан, амма, гьелъул сураталда гъоркь чан лайк лъун бугебалигIаги нилъее щай? Щиб гьелъ кьолеб? Гьелъухъ нилъие гIарацищ щолеб, рухIияб бечелъийищ? Гьеб жо гIакълуйищ, гIадаллъийищ?

Гьабизе жо тIагIараз гIомо борлълъулиланги йикIунаан дир кIодоэбел. КидаллъагIан рукIинел гIомо борлъулел? ГIабдалзабиги гурелъул.

ГIумру лъикIлъанагIан квешлъана нилъ. Мукъсанлъана гIакълу. ГIабдалзаби лъугьана. Гьанже хIинкъи буго дагьабги гIумру лъикIлъани, тIубанго нилъер иш лъугIилилан.

Эхеберай гьечIеб эхедерай букIунарелъул, ва гохIилцин гуреб, борхатаб кьурул тIогьире рахун нилъ рукIиналда бан, ракIалде ккола росабалъе тIад руссин бугин нилъее цохIого цо бугеб битIараб нух. ТIадруссинчIого цере рилълъани ва дагьабги лъикIаб гIумру тIаде бачIани, гьеб кьурулъа гъоркье кIанцIи гурони, тIокIаб нух гьечIо нилъее ва нилъер миллаталъе ва гьеб буго жиндаса рорчIизе рес гьечIеб хвел. ЦIакъго церетIурал цивилизациязул къисматги лъалелъул нилъеда.

Гьанже нилъее дару буго гIумру захIмалъи. Долларги зодобе бахун, кинабго жоги хиралъун, босизе кIвеялдаса эбги ун, нилъ, дойго Зайнабица «Ахирги магIарухъе руссине ккечIони…» - ян абураб макъалаялда бицунеб бугеб гIадин, магIарухъе рахъине ккани, гьеб буго нилъее хвасарлъи.

ЦIидасан хIалтIизеги, хурзал рекьизеги, боцIи хьихьизеги, гьабихъ ххенезеги, бокьал рахъизеги нилъ лъугьани, цIилъила нилъер росаби, рухI лъела нилъер умумузул рукъзабазда, цIидасан нилъеца лъай-хъвай гьабила нилъерго гIагарлъиялъулгун, росу-ракьалъулгун. БацIадаб гьаваялдаги хIалтIун, щибго химия гъорлъ гьечIел, нилъецаго гIезарурал нигIматалги кун, сах-саламатал чагIи нилъги лъугьина.

Гьанже нилъ, гьаб кодоб бугебщинаб информациялъги, Интернеталъги, цIали-къалиялъги цIодорлъунги ругелъул, цере умумуз гIадин захIматго гьабичIого, информатикагун технологиялги хIалтIизарун магIишат гьабизеги, хIалтIул бакIал гьаризеги, гIумру цебетIезабизеги нилъее захIмалъилин кколаро.

Нилъер мунагьал чураяв ЖабрагIил ХIасановасул руго, цIалигун нилъедасаго ракI буссунел, рагIаби:

Чол хIихIи тIагIараб, гьвел хIапи гьечIеб,
БукIа абе гьанже дир магIаруллъи,
МугIрул гIидра кунеб гIи бихьулареб,
ГIухьбузул кIкIалабахъ гьаракь къотIараб.

Хурзал лъилъулареб, хер гьабулареб.
Гул къазе къулараб гьод бихьулареб,
МаркIачIул гIужалда мугъалда магьгун
Магъилъа юсуней яс дандчIваларей…

Гьобол вачIунарев сордо бан ине,
Гьудул вачIунарев берталъ кьурдизе 
– илан. Хьул буго гьадин хутIиларин.

Щибго жо бичIчIичIого гуро нилъер республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас аб сон мугIрузул Сонлъун лъазабураб. «Рахъа магIарулал магIарухъе» - йилан абулеб жо буго доб, дос цIодорал чагIазда бичIчIуледухъ МУГIРУЗУЛ СОНилан абун теялъул...



Автор: Баху Мух1идинова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook