Авторизация

Динищ, тарихищ?

Маг1арул чиясе жакъа бищун зах1матаб жо буго умумузул тарихалда хъат1улеб, рекъеч1еб иш-пиша лъугьин. Нилъ киналго ч1ух1ула умумуздаса, амма щаялиго нилъго гьезда релълъине ях1 бахъуларо. Щиб жо бугеб нилъее тарих? Т1оцебесеб иргаялда имамзабазул гъазаватал ва к1иабилеб иргаялда гуржиялъе гьужумал. Гьел унго-унгоги ч1ух1изе карал ишалги руго.  Кинниги гьеб к1иябго х1ужаги буго исламияб дин щулалъун, гьелъул кьуч1алда лъугьарал. Амма, к1иябго цоцаздаса бат1ияб буго. Т1оцебесеб бук1ана гьужум, к1иабилеб – дандеч1ей. Кинабго жо г1иц1го исламалда борцун т1убаларо, сиясияб рахъги лъезе ккола ц1адирабазда. Имамзабазул гъазават босани, т1оцебесеб иргаялда цебе бач1уна шариг1ат ва дин ц1унулаго гьабураб къеркьей бук1анин гьеб абун. Гъорлъе-гъорлъе раккидал гьеб батулеб буго шариг1аталъул кьуч1алда г1уц1араб пачалихъ (имамат), амма киналго диналги маг1ишат яшавги жинда жанир рук1араб ва щивав чиясул ихтиярги ц1унараб.  Нилъер миллаталда кидаго к1очонареб тарих буго гьеб. К1оченарин абун нилъ руц1ц1ун ч1унги т1убаларо. Нилъеца гьелъул бицине ккола ва г1елаз г1елазухъе кьезеги ккола.

Ах1улгох1да г1агарда бараб сиялъул гьаб казияталда г1езег1ан хъван батила, амма цо гьадинаб пикруги абич1ого бегьиларо. Жакъа Ах1улгох1 нилъее тарихищ  иман щулалъиялъе х1ужайищ. Цояз абила тарихилан цогидаз х1ужжайилан. Дора хварал шагьидзаби Аллагьасда аск1ор бук1ине кколеб даражаялда ратиялда нилъер щибго шаклъи гьеч1о. Нилъее абуни доз ирсалъе тун буго кин ват1ан ц1унизе кколебали мисал. Бах1арчилъиги ях1ги иманалъ кьурал бусурбаби ват1ан ц1унулаго шагьидлъарал бах1арзал рукъараб г1ох1 буго гьеб.

Кин бугониги, жакъа бараб сиги буго гьеб тарихияб иш рак1алда ч1езе бигьалъиялъе, доб заманалда бук1араб рагъ цебе ч1езабиялъе кумек бук1ине бараб. Лъиданиги рак1алде ккезе бегьиларо гьениб исламги динги имамзабиги г1одорег1ан гьарулел ругин. Щибго исламалда хъвараб бак1 гьеч1о гьеб сидул. Гьеб буго дагъистаналъул бах1арчияб тарихалъул аслияб нуг1 Ах1улгох1 бихьизе бук1ине бараб бак1. Как базеги цоги диналда хурхараб мажлис-зикруялъе бук1ине дагьаб г1одобег1ан киг1анги лъик1аб мажгитги буго. Гьединлъидал, х1урматиял маг1арулал, дида ккола цо-цо г1адамаз дин хвезабулеб бугилан гурел жалги рицун г1адамал ралъаргъич1ого тани лъик1 бук1инилан.  


Автор: МухIамадрасул ГIумаров

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook