Авторизация

ЦIиял «бахIарзал»

ТIоцебе чахъма таманча бихьарабго имам ГъазимухIаммадица абун бугилан бицуна: «Гьанже бихьинчилъи лъугIана» - йилан. Гьединго таманчаги ургъун жиндирго цIар гьелда лъурав Кольтица васият гьабун зонода хъван бугила: «Дица гIадамал ращад гьаруна» -абун.  Гьеб буго доб квер гIунтIулареб ва ханжар щолареб рикIкIалъиялдаги вукIун танчица чидае зарал гьабизе рес щведал абурал рагIаби. Гьелдаса хадуб цоялдаса цояб вахIшиябги гучабги ярагъ ургъана инсанас живго чIвазе вукIине. Кинниги магIарулазул аби буго яргъил ругъуналдаса рагъул ругъун захIматаб ва сахлъулареб букIунилан. Гьеб абиялъе гIиллаги буго гIадамасул яхI-намус борцунеб роцен гьесул рухIияб рахъ букIин, гьесул рагIиялъ ва каламалъ гьев гIадамазда гьоркьов   жиндиего мустахIикъаб бакIалда лъолев вукIиналъ. Нилъеда умумуздасанго батараб жо буго нахъасан речIчIи яги кьагIби къабихIаб жолъун рикIкIунеб. Гьелдасаги къабихIаблъун рикIкIуна нахъасан рагIи аби, бугьтан лъей, мацI гьаби. Замана хисиялда цадахъго гьел пишабиги хисулел руго нилъеда гъорлъ. Жакъа ярагъги цоги-цоги зарал гьабулел алаталги хIажалъулел гьечIо гIадан гIодовегIан гьавизе, бугьтан лъезе, мацI гьабизе. Гьелъие цохIого цо телефон бугониги гIолеб буго инетернет жинда жаниб бугеб. Гьеб баккаралдасани гIадамазул гIамал дагьабго хисана. Цебе щибго абизе кIоларого рукIарал «бахIарзаллъун» лъугьана, ракIалдаги кIалалдаги бугебщинаб къватIибе чIвана, бегьи-бегьунгутIиялъухъ балагьичIого.     Кинавго чи циндаго гIалимзабиги политикалги лъугьана. Жидер рекIее къабуллъулареб жо гьез бегьулареб, мунагьаб жолъун чIезабула.          

ХIукматалъул бетIерас яги динияв цевехъанас щиб жо гьабуниги гьезда тIад кIалъазе гIайиб чIвазе бакI батула «балъгобахIарзазул». ХIатта, купру гIунтIизабула жидеего гьелъухъ букIунеб хIакъги кIочон тун. Гьале гьаб нухалдаги Дагъистаналъул Муфтий, шайих АхIмад-хIажиги Республикаялъул БетIер ГIабдулатIиповги цадахъ АхIулгохIда аскIоб бараб комплекс рагьизе ин гьезие бакIлъун буго хIехьезе кIолареб хIалалъ. ХIисаб гьабеха кIиго цевехъан (рухIияв ва дунялияв) аскIор цо ишалда гIахьаллъи букIун бугеб вахIшияб иш! Гьеб буго тIоцебесеб иргаялда жахIдачиясул хасият - цоясе лъикIлъи ккун бихьани гьеб тIаса инчIого чIезе кIолареб. Гьаниб абуни магIарулазе тарихияб мемориал бан буго, гьеб хIехьезе захIмалъун «бахIарзал» лъугьана какдаризе. Дора гьарурал кIалъаял (видео) росун кесказде    къунцIун, гьоркьоса калимаби нахъе рехун жидеего данде ккараб хIалалда къватIибе кьолеб буго. Ахиралдаги гьадинал чагIи бусурбаби кколищали гьикъулеб буго. Гьел хIамабагьадуразда лъазе ккола Дагъистаналъул Муфтий умматалъул ургъалида вугевлъи, гьединго БетIерги халкъалъул ургъел гьабизе тIамурав вукIин гьаниве.  Гьел хъубал пишабазда нахъаги гIемерисел магIарулал ратулел руго. Гьелда щиб цIар лъелеб? Гьезие миллат цолъиги Дагъистан цебетIезеги бокьун батани гьебищ гьелъие нух? Питнаги, гIадамазул рекIелъе вас-вас рехиги, хиянатлъи бецциги буго гьезул пиша. Гьеб жоялда абула жасусазул пишайилан. МагIарухъ кидаго рукIун руго жасусал, гьанжеги гьел камилищха (дозул наслаби нахъе рукIинарищ), амма гьезул нунудиги хиянатги нилъ церетIеялъе киданиги квекIенлъун букIинчIо, гьанжеги букIинаро.  Аллагьас лъикIаб хъван батаги.


Автор: МухIамадрасул ГIумаров

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +3
  • Нравится
Оставить комментарий
Гьаб интернет унгоги цоязе дару дару буго,цогидазе загьру буго(


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook