Авторизация

Пенсиязул фонд, гьелда сверухъ къеркьей ва гIащтIичагIигун гIадамал

Республикаялъул Пенсиязул фондалъул нухмалъулев хисана. Гьенив тана Дагъистаналъул туризмалъул министрлъун вукIарав Хунзахъ районалъул ТIагьада росулъа МухIамад ГIисаев. Машгьурав речIчIухъан, Олимпиялъул чемпион Сагид МуртазагIалиев улка тун къватIив ун хадув гьесул хъулухъ ккун букIана Азнаур ХIажимирзоев абурав чияс. Гьев хъулухъалда теялъе квербакъи Думаялъул депутат ЧIарадаса МухIамад ХIажиевас гьабунинги тIибитIун букIана хабар. Амма, нижехъе щварал баяназда рекъон, гьев МухIамад ХIажиевасул асаралда гъоркьа цевеккунго ун вукIун вуго.  

Сагид МуртазагIалиевас Москваялъул Пенсиязул фондалъул нухмалъиялъулгун гIаммаб мацIги батун жиндир политикияв дандияв МухIамад ХIажиевас ккезавурав чи гьесдаса ватIа гьавуна. Азнаур ХIажимирзоев МухIамад ХIажиевасул асаралда гъоркьаги ун лъугьана живго жиндаго чIарав нухмалъулевлъун. Сагид МуртазагIалиевасулгунги Москваялъул нухмалъиялъулгунги гьезул лъугьана политикияб союз. Гьеб къагIида данде кколеб букIинчIо республикаялъул лъабго аслияб къуваталъе: Рамазан ГIабдулатIиповасе, МухIамад ХIажиевасе ва вацал Зиявудин ва МухIамад МухIамадовазе. ГIадатияб бакI гурелъул 50 миллиард гъурущ сверулеб бакI, гьеб жидер гъоркьлъалие босизе бокьиларищ азие? Пенсиязул фондалъул нухмалъуда Азнаур ХIажимирзоев вугеб заманалда Москваялъул коридоразда олигархазул къеркьей унеб букIана гьеб жидерго кверщаликье босиялда тIад. МухIамад ХIажиевас гьениве тункулев вукIана, цеве «Дагъавтодоралъул» нухмалъуда вукIарав, «Родина» партиялъул цевехъан, даргияв МухIамадрасул ГIумаров. Зиявудин МухIамадовас тункулев вукIана туризмаялъул министр МухIамад ГIисаев. КигIан къеркьаниги гьезул жо ккечIо гьеб масъала рагIалде бахъинабизе. Ахиралда, гьел цоцалъ тенкон свакарабго, суалалда гьоркьове Рамазан ГIабдулатIиповги жуван тана МухIамад ГIисаев. Гьеб политикияб къеркьеялъулъ ГIабдулатIиповас нахъойги бихьизабуна тIадегIанаб пилотаж ва живго гьеб къеркьеялда тIад вукIин. ГIабдулатIиповас байбихьуда ГIисаевасул кандидатураялъул рахъ кколеб букIана. Щайха тун вукIинчIев араб соналъ? Щайгурелъул, араб соналъ тун вукIаравани, гьев вукIинаан Зиявудин МухIамадовас тарав чи. ТIоцебесеб - ГIабдулатIиповас бихьизабуна жив гьоркьов жувачIого иш роцIцIунареблъи ва гьев хъулухъалда тарав чиги жиндир чи вукIин. КIиабилеб - жалго цоцалъ къеркьолел къокъабазе республикаялъул бетIерас лъуравин рикIкIунев чи санагIатав вуго, жал дандияздаса къунин рагIиялдаса. Лъабабилеб - Сагид МуртазагIалиевасул къокъаялъеги гьев рекъон ккела жидер политикияв дандиясул чиясдаса. Республикаялъе, хIалтIуе, заманаялъ халкъалъе кколеб пенсия щвеялъеги захIматаб масъала букIинарин ккола гьев вачIин. Щайгурелъул хъулухъалда тарав МухIамад ГIисаев вуго цевехун чанго болжалалъ Хунзахъ районалъеги нухмалъи гьабурав, вице-премьерлъун хIукуматалдаги хIалтIарав, министерлъиги гьабурав, ишги лъалев, лъайги бугев чи. ХIасилал заманаялъ рихьизарила.

Буго республикаялда цойги гьалдолеб тема. АхIулгохIда бараб сиялда тIасан къацандун кIал-мацI бакъварал дагъистаниял гьаб анкьалъ лъугьана цойги цIияб хабаралъ гъоркьлъалие росараллъун. Гьаб нухалда халкъалъул ракI гурхIана МахIачхъалаялъул паркалда музей базеян къотIизехъин ругел гъутIбузда. БатIаго гIадамазул гьеб рахIатхвеялда гIайиб чIвазе ресги гьечIо. Щайгурелъул гьадингоги къоябго соналъ мэриялъул гIащтIичагIаз гIурччинлъигун гъутIбиги гъурун бакъалда бараб шагьаралъе цохIо гъветIги къиматаб хазина буго. Амма, пачалихъалъул чагIазул пикруялда рекъон, паркалда базе бугеб музеялъул территориялда къотIараб 60 гъветIалъул бакIалда чIезе рагIула 600 гъветI.

БитIараб бугищ гьез бицунеб жо абураб суал хутIулеб буго рагьараблъун. Гьеб музей балеб бакIги рагIула Москваялъ рихьизарурал бакIазда тIаса бищун тасдикъ гьабураб бакI. Щибха нилъее рагьулеб бугеб гьеб парк цIунун къватIиб бахъараб  халкъалъги лъугьун бугеб ахIвал-хIалалъги? Гьалъ нилъее рагьулеб буго нилъее Дагъистаналда гражданазулаб жамгIият хIакъикъаталдаги гIун бачIунеб букIин. Хадубго цун ихтиярал цIунулеб пачалихъги, законалдаса тарулареб халкъгун тIалъиги бачIани, релълъинаан нилъ унго-угояб жамгIияталда ва халкъалда. Хабарал лъикIал рагIаги.


Автор: Мухlамад Бисавгlалиев

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий
Ц1акъ лъик1аб анализ буго!


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook