Авторизация

Таксичиясул хабарги хадуйго гъоларей дунги…

Таксичиясул хабарги, хадуйго гъоларей дунги…

 

«Анайдай дун, гуродай,

Гунзаридай, бетIердай?» )))

Зайнабил рагIаби


Кутакаб гьороца хъамураб гIадин, бекерун бачIана ЦIияб сон. ГIедегIугееее - йилан абураб жоги бичIчIичIо. БачIинищиланги гьикъичIо.

Гьебго гьуй-чIваялъ хъамун арал гIадин ана щунго рукIарал гIодоркъоялги… ВахI, щибха алъул ккарабилан хIисаб гьабигун, тIанкIан ракIалде рачIана таксичагIи.

РакIцин гурхIана дир эзда. ЗахIматаб хIалтIи букIун буго таксичагIазул. 

 

Таксичи вугоан хабаргIали

 

ЦIияб сон тIаде щвезе цо къо хутIараб мехалъ, мандариналги жоги росун, ахирисеб хутIараб шагьи-гьараги бугин чвантинибилан, расги барахщичIого ахIана такси.

Валлагь, цо минуталъги чIечIо гьев чиясул кIал буцIцIун.  Гьес бицана, гьал къоялила кутакалда захIматал, щиб бихьилебали лъаларел, гьаб кIочон тараб бихьугегийилан жиб-жиб къоялъ Аллагьасе щукруги гьабун рукIине кколел къоял ругила.

- ВахI!?  Нухда чIвараб цIералъищ, цIакъго гIемерал заказазищ,  гьекъарал-мехтарал бихьиназищ гьедин дур дунялалдаса рокьи бичизабун бугеб, - илан, ракI унтун лъугьана дун. (ГьебсагIат, гьекъон тарулев чи вихьичIого щуго-анлъгониги сон ун батилилан пикраби сверана ботIролъ).

- КиргIаги, яц, дуда эл гьекъарал бихьинал рихьарал, - илан гIажаиблъана гьев, - цониги рекIинчIо гьекъарав бихьинчи таксиялда… (БитIараб бугоха, гьекъарал бихьиназе таксиялъухъ кьезе гIарац кисайилан гьабуна дица пикру). Гьекъарал руччабаз буго чара хвезабун. (Руччаби гIантал гьечIелъулха кинабго гьекъезейилан ккана дида ракIалде)))). Гьал къояз гьекъарай гурони килиентцин щвечIо. Цоялъ, гьаюраб къоялдаса нахъе жакъа къоялде щвезегIан кинабго жиндирго гIумруялъул бицана, цо гьитIинабгIаги хIужа гьоркьоб биччачIого. Цойгиялъ, якьадалъул гIамал-хасияталъул мекълъиялъул… Лъабабилелъ, кинго бичун унареб, кибалиго бугеб, лъабго нухалъ жиндицаго Амировасухъе нухги бахъун щун букIараб, рукъ базе ракьул…

Цойги йикIун йиго тIубанго хIикматай.

- Машинаялда жание йортунги ячIун тIанкIан кьижун ккана цояй… Я унеб бакI лъаларо, я гьабилеб дарман лъаларо, лъабго сагIат бана йорчIизайизе кIоларого… Хадубги, хIалил зулмуялъ машинаяллдаса къватIиеги яхъинаюн цо хIобода язаюн тана… Цоцаца ккун, рортун инчIого рукIине, - йилан таксистасул хабарги лъугIана, дун рокъоеги щвана.

Гьеб таксичиясул харбидаса хадуб, я макьу щвечIо, я квен эхебе инчIо (цодагьаб жо гурони), ЦIияб сонцин кин бачIарабали лъачIого бачIун батана, риччалъе ккун. Путинги берда цеве паркъанин ккола.

Амма, букIаниги, дица хIукму къотIана, гьел руччаби нилъерал рукIун ратуларин. Гьел рукIун ратула инопланетянал – батIиял цIвабзаздаса рештIарал вакилзаби.  Таксичиясда мехтунилан кканиги, цо тIадкъай тIубазабулел чагIи рукIун ратула дол. Долъ къвал бараб антенаги хIубийилан ккун буго ав пакъирасда…

 

Цоги таксист – кIалбазар

 

- ВахI, ясал,  нуж цIодорал гIадал жал рихьула. Щибха ккараб аб нилъер хIукуматалъул? Путинил заманги цо-кIиго соналдасан уна. Эсдаго цадахъ михъичги гетизавула. Гьеб мехалъ вачIуна нилъерго Амиров президентлъун ва букIина нилъер Алжаналъуб гIадаб гIумру… 

- Цо-цо чагIазе жидедаго тIад хIатIал рацIунел чагIи гурони бетIерлъуда данде кколаро, - ян дица абигун, гьебги цIакъ рекIее гIечIо таксичиясе.

- Гьанже цIакъ гIемер ракъарал чагIи руго… Нижер мадугьалалъ чай гурони гьекъоларо...  Гьаб мусорги нилъер бетIерасулги, гьесул васасулги буго аниб къватIазда щущан, - илан, гIемерал ахIмакъал гьесул харбазухъги гIенеккун,  талихIалъ, щвана щолеб бакIалде.

Гьанже ав, чехьчурад, вуго, кигIан хIаракат бахъаниги кIвечIила дуда хIукуматалде данде чIараб цо рагIи абизабизе, мунгоги правительствоялда хIалтIилей ятилила.

- БитIун тIаде ккана. Гьаб правительствоялъул рахъалдасан ракъаразе, - йилан, кколелда тIадеги таксичиясе анцIго гъурущги кьун, яхъана къватIий.

Рокъое щвейгун кIодоэбелалда бицанаха таксичагIазул харбил. - Вай, дир яяяяяс – илан абуна гьелъ, - эл таксичагIи ишпионал рукIунилан рагIун букIана дида, ворегиха мун цIодорго йикIа. - ВахI – илан ккана нахъойги дида ракIалде. КIодоэбелалдацин лъалеб букIун буго… дида щайха щибго рагIичIеб?!

Ишпионалги инопланетяналги цого чагIидай яги цадахъ рукIунел чагIидай? Вай, дида дандчIван рукIарал гIадамал щалдай? Йикъун ун йикIарайани, кинаб цIваялтIасандай нужехъ ялагьун йикIинаан?

Воре, ясал, цIодорго рукIа, нагагь гьекъани, инопланетянал лъугьине рес буго… Яги ишпионаз рикъун ине…

Аставпируллагь! Аллагьас цIунагиха!



Автор: Баху МухIидинова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий
Таксистал унго-унгояб можоро г1адаб жо буго ,цо нухалъ лъик1 ва гъира базабудедухъ хабар бицизе лъалев чи ватизе бегьула,цогидаб нухалъ унгояв ах1макъ.


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook