Авторизация

Миллияб ретIел букъи-ракI жаниб лъураб иш

Миллияб ретIел букъи-ракI жаниб лъураб иш Къисматалъ гIемерал лъикIал, гIажаибал гIадамалгун дандчIваял сайгъат гьаруна дие гIумруялда. Йохарай йиго, гьединазул хIакъалъулъ нужедаги бицине, Аллагьас дие мухбиралъул хIалтIи сайгъат гьабиялдасаги.

Квачараб хасалил къоялъ диего къваригIараб тараб босизеян «ЦУМ» дармил рукъалъул кIиабилеб тIалаялда хьвадулаго, дун тIаде ккана макъракъаркъалабазда Дагъистаналъул миллияб партIал-хьит ретIун, гьеб жиндирго павильоналда цебе сокIкIарай юкъарухъаналде. Циндаго ракIалде бачIана кватIичIого тIаде щвезе бугеб рахьдал мацIалъул къоги, гьелде санайил магIарулазул миллиябгун маданияб автономиялъ хIадурулеб лъикIаб тадбирги, гьенибе ретIине дирго гьечIеб юкка-хъабалояли щай гурин, капутгурдегицин. Лъугьана жание, цIехана юкъарухъаналда гьелъул хIалтIи-пишаялъул. Гара-чIвариялда загьирлъана Таибат магIарулай йикIин. Рахьдал мацIалда суал кьедалин абуни гаргаралдасан якъинго бичIчIана гьей Хунзахъ районалдаса йикIин. Кутакалда йохана дун гьеб къанагIатаб махщел ракьцоялда кодоб букIиналдаса, миллияб форма, маданият цIуниялъулъ Хунзахъа чIужугIаданалъ бутIа лъолеб букIиналдаса. ГьамиштIаса ГIабдулатIипова Таибатие гьитIинаб къоялдаса нахъего бокьулеб букIун буго рукIкIен-куналъул хIалтIи. ЯсикIабазе батIи-батIияб партал букъулей чIорто-къехьалъул щиб-щибниги гьабулей йикIунаанин жий, цойгидал лъимал цоцаца кквей гьабулел, расандилел ругеб мехалъан бицана гьелъ дида.

Шагьаралъул батIи-батIиял районазда, рукъарулел  ательеяздаги хIалтIун, Таибатида лъикIаблъун бихьана жиндирго хасаб иш рагьизе. Ва гьей цIияб къуватгун жуяна бокьулеб ишалде.

 Беразда жеги лъикIаб канлъиги, кверазда тирилъиги бугеб дагьаб гIолохъанаб мехалъ «Лезгинка» ансамблялъе хIадурулел лъималазе кьурдухъабазул формат букъулаанин жинцаян бицана Таибатица. ЦIакъ лъикI лъалеб бугоан гьелда Шималияб Кавказалъулго халкъазул форма, лъачIеб балагьизе щибаб горде-чухъаялъул мухIканаб хъвай-хъвагIайгун сурат бахъараб бицатаб тIехьги бугоан устарчIужуялъул (гьанже дида гьединал пайдаял тIахьал ричулелго рихьичIо).  Дие хъабалоялъул бокьун бугеб сипат-куц бициндал, Таибатица чIванкъотIун «МагIарулалдаса дагьаб чачаналъе ккараб къагIида бугинха дур алъулан» мугьру чIвана. ХIакъикъаталдаги, Чачан Республикаялъул интернет-сайталда батун берцин бихьараб букIана дида гьеб хъабало. Дир кIалдиса ккун бахъиналдего бахъана устаралъ, киналго гIисинал дахIазде гIунтIун гъорлъе бачараб хъабалоялъул сурат. Таибатица хIалтIи лъугIизабиялъе цебе букIана…..гIицIго щуго къо. Унго-унгояб рокьигун, хIалаккун жуяна гьей дир миллияй яс лъугьинайиялде. ЧанцIулго хъабало борцине ахIун, щибаб нухалда сверун лъугьун гьеб щущулей йикIун, цIараб болжалалдасаги къоялъ цебе лъуна гьелъ дида цебе «ВахI!» илан дир гьаракь кIанцIизабураб берцинлъи. Цо кинаяли ханасул бикаялъул парталалда релълъараб, беричаб жо лъугьун бугоан хъабало. Цониги букъиялда тIад гьабураб накъищалда цIар чIвазе бакIцин батичIо дида, кигIан балагьаниги. «Жиндица аслияб масъалалъун цебе лъун букIанин доб нужер тадбиралда дур формаялъ киналго сагьвил гьаризеян» гьимана Таибат дие. Щибаб хIалтIи гьабулелъул гьелда жаниб цо-цо гьитIинабго рекIел бутIа тIун лъун унин жиндиран йикIана ракьцояй. ЦIакъго йохулила лъималазе чухъаби рукъизе эменал рачIунелъул, гьитIичазеян тIаса бихьухъе гьабичIого, жиндицаги чIахIиязего гIадин, букIа-букIунеб хIалалъ букъулила, гьезда нилъерго миллаталъул хаслъи лъазелъун.Миллияб ретIел букъи-ракI жаниб лъураб иш 
Гьединай магIаруллъи хирияй, жиндирго миллаталъул мацIги ратIлил хаслъиги цIунарай ва Аллагьас сонал кьурабгIан мех цIунизе хIадурай гIаданалъулгун къо-мех лъикIги гьабун, хъабало жаниб лъураб  къиматаб къвачIаги каранде  къан нахъе къокъана дун «ЦУМ»алда жаниб бугеб «Артриум» дармил рукъалъул 8I «г» павильоналдаса, жеги чанцIулго нахъюссине щулияб нигатгун. БатIи-батIиял нухаздалъун, къагIидабаздалъун миллиябщинаб цIунизе хIаракат бахъулезул гьабулеб иш данде билъаги.

Автор: ФатIимат МухIамадова

Баяналъул кьучI: Казият "Росдал захIматчи". Хунзахъ мухъ

оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook