Авторизация

«Тухумцоял»…

Саламатал гIадинал чагIи рукIуна гьал гIадамал… хIакимлъи щвезегIан.

Гьабулеб бицунеб жоялдаги нур букIуна, битIараб-тIекъабги бичIчIулеб гIадин букIуна, гьереси-рекIкIги нилъедаго гIадин рихун букIуна, рищватчагIиги чIвазегIанги рокьуларо…   Бадиреги ралагьун, ракI рагьараб хабарги бицун бажарула.

Нужер иш лъаларо, дида жеги дандчIвачIо жиндирго ракIалда бугеб жо гIадамазда бицине кагъатги цебе ккун вахъунев гIадатияв чи. РакIалда бугеб жо бицине кагъат щибизеха? Кагъат къваригIуна ракIалдаго гьечIел жал рицун гIадамал гуккизе цере рахъунел хIакимзабазе. Гьебги жинцаго хъварабгIаги букIунебани… Цо лъицаялиго хъван къачIа-кIатIан бачIуна, бетIергьанчихвад.

Дов хIакимчиги цодагьаб цебегIан гIадатияв саламатав вукIарав чилъидал… Щайдай дол хисулел?  ХIакимлъун тун чан къоялдаса, сагIаталдаса, минуталдасандай дов хиса-сверун лъугьунев?

Руго хисуларелги. Цереги рукIана. Цере гIемер рукIана. Гьанже къанагIат гурони гьечIо. Амма, руго. ГIемерисел хисулаха, гьаюрай эбелалдацин лъалареб хIалалъ. Гьел хисуларел хIакимзаби наслабаз-наслабахъе кьун, халкъалъ мисалалъе рачунел хутIула ва гьез жидехъго букIараб ресаздаса пайдаги босун халкъалъе гьабураб лъикIлъи лъидаго кIочон толаро. Амма эзул гIумру бигьаяб букIунаро. РахIатабги букIунаро. СанагIатабги букIунаро.

Гьанже ругел гIемерисел хIакимзаби руго «гIор щун букIаго цIул бахъулел», «хадув хварав хадув вукъилилан» ругел чагIи.

Гьезда гIайиб гьечIогоги батизе бегьула. ХIакимлъуде ккезегIан, гIезегIан гIадамалги ричIчIулел, гьезул проблемабиги лъалел, ракI унтун гьезие кумек гьабизейиланги къеркьолел, саламатал гIадал чагIи рукIуна гьел. Ва, гьале гури дов нилъее къваригIун вукIарав цевехъанилан лъола цо хIакимлъуда. Нилъго гIадав гIадатав чи вугила, хьулазул лъорги цIун, гIадамалги рукIуна асул кIалдире ралагьун…  

ВачIунаха… ЦIияв шоферас бачунеб цIияб машинаялда, цIияб костюмалда гъоркьан цIиял хьиталги кенчIезарун, каранчвантиниса цIиял цIоробералги рахъун, чанго тIамачги цебе ккун, ракIалдаго гьечIел, живгоги жеги хадур гъечIел, амма гIассиго «гIакъилал» рагIаби цIалула, цIияв замас хъварал. Гьа, гьанже ана ав нилъедасайилан, рукIаралго хьулалги хIорлъун, гIадамалги руссуна рокъоре.

Щай аб гьадигIан берцинго бачIине букIараб жо додин ккараб? Щайгурогоха, гьав бетIерчIахъад ккана санагIалъабазул цIураб гохIде. Гьанже дол цойгидазеги сагIалъаби гьарейилан ав лъугьани, жинго гьадигIан санагIатаб бакIалдаса махIрумлъиялда хIинкъиги буго. Гьединлъидал гьас хIукму гьабула (гьале доб аслияб, яхIалъ къо хIехьолареб бакI), кIварабщинаб жо гьабизе гьаб тамахаб бакIалда гIемераб мехалъ хутIизе.

«ХIур тамахалъуб бегула хIама» - йилан кици буго магIарулазул. Ал нилъер хIакимзабиги ругоха «хIур тамахалъуб регун», кагътидаса чияр гьерсалги нилъее цIалун.

ВахI, азул «тухум» цого бугодайилан, санагIат гьечIеб суал бачIана гьанже…



Автор: Баху МухIидинова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +4
  • Нравится
Оставить комментарий
Гьеб макъала ц1алигун рак1алда щвана ,Расулил аб кеч1.

ЧИ ХЪУЛУХЪАЛДАСА НАХЪЕ ВАХЪАНА
Чи хъулухъалдаса нахъе вахъана, –
Чодаса рекIарав гъоркье вортана.
ГъалбацIил лъугьана мимилеб кету,
БацIида чIана къо къунцIараб чахъдал.
Чи хъулухъалдаса нахъе вахъана, –
Чиго гьечIев гIадин хутIана живго.
Кив вугев мадугьал, гьечIо «ВорчIами»,
Гьудулзабаз ахIи, «занят, некогда».
Чи хъулухъалдаса нахъе вахъана,
Честь кколел лъугьана критикаллъун.
КIалтIа машин гьечIо, шофер тIагIана,
ТIокIаб дача гьечIо, паекал гьечIо;
ГьечIо аппаратги трибунаги,
Телефонал, цIумур, рахараб тукен.
Вилълъана некIсияв тохтирасухъе,
Даптаралдаса дир хъвагIан буго цIар.
Чи хъулухъалдаса нахъе вахъана, –
Михъал хутIана цо цере рукIарал;
Гьелгицин далана, гьас бетIер ккуна...
Огь, кватIараб гIакълу, пайда гьечIеб яхI.
Кинаб гьаб дуниял! Гьалмагълъи чадилъ,
Чилъи хъулухъалъулъ, огь гьанал вацлъи...
Мун хIаким ватани хIурмат барилан,
Мун хIаким гьечIонн хIурмат йохъилан,
Расул ХIамзатов.


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook