Авторизация

Гонконгалдаса кагъат


Сон багIар байрахъ борхун, жакъа гIурччин байрахъ борхараз, метер щиб байрахъдай борхила...?

Ана 23 февралги, хадубго 8 мартги. Нилъеда лъала 23 февраль ВатIан цIунулезул ва аскариязул гIид гуребги, цо-цо нилъер Кавказалъул халкъазе тази- яталъул къо букIин, 23 февраль – чачанал ва гIалгIаязе , 8 март - балкаразе ва цоги- дазеги. Гьелда хурхун бокьун буго дирго, гIадатияв магIаруласул, цо-кIиго пикру загьир гьабизе.

Гьал ахирисел къояз соци- алиял гьиназда хал гьабуралдасан, гьанже кигIан бокьичIониги, ракIалде ккана гьалда тIасан кIалъачIого бегьиларин. Гьелго гьиназда хал гьабуралдасан дида кколеб буго нилъеда нилъерго тарих лъалебго батиларин: МагIарулазулгIан гIемер гIалимзабиги, имамзабиги, шайихзабиги: ХIоцоса имам Нажмудинидаса байбихьун , 1937 соналъ тIагIинарурал чIахIиял тIарикъаталъул устарзаби КъахIиса ХIасан афандиги, МухIаммад ЯгIсубиги, жал рукъараб бакIцин лъаларел, аза-азар гIадатиял магIарулалги гьезул наслабиги, нилъер миллаталъул бищун цебесеб кьер Сталинил тIадкъаялдалъун ва гьесул бакIалъулал чукъбуз тIагIинеги гьарун, сахаб

 Кавказалдаго чачаназдаги, гIалгIаяздаги гурони нилъедагIан къо би- хьун батилароха. Гьазда гьоркьоре цогидал киналго Дагъистаниял рачани нилъеда гьездаса дагьги гIакъуба бихьун батиларо. Гьанир хас гьарун рехсезе ккола багIарал гъачагъаз цIунтIадерил росабалъ ва хундерил ГиничIукь гьарурал такъсиралги. Дида лъаларелги рукIинарищ жеги гIемерал хIужаби, дун тарихчи гурелъул. Аллагьас гьел киналго шагьидзабазе Жиндирго бищун кIудияб даража насиб гьабеги!

ЧIахIияб гIелалъул гIадамал дида, кин рукIаниги, ричIчIизе кIвела ва квер хъвагIун тела, гIумруялъ хIама гIадин колхозалда хIалтIарав дирго инсул эменги кколин гьезда гьоркьове, кигIан диего бокьичIониги ва захIмалъаниги. Амма дирго гIелалъул гIолохъаби гьев малгIун веццулел рихьарал мехалъ цIа-махх бахуна ва цIакъ захIмалъула сабру гьабизе.

Цо-цояз абула, хварал арал чагIазул бицунгейилан, хварал чIагIазда данде рагъ балев вукIунгейила ва гьелда тIаде нуцIа къан тейила. Теларо кидаго! Тари- хиял лъугьа-бахъиназе ва хасал персонабазе мустIахикъаб къимат кьей тарихалде рагъ бай кколаро, гьеб ккола тарихчагIазул борч, гьедин абиги жагьиллъи ккола.

Цогидаз абула, Сталинида гIайиб щибила, Сталин живгойищила вачIун вукIарав магIарухъе мацIалги гьарун, магIарулал чIвазе ва Сибиралде къотIизе - нилъераздаго бугила гIайиб.

Гьал пакъиразда бичIчIуларо, Сталинил буюрухъги щвани, шартIалги чIезаруни, "враг народа" абун цIар чIваразул сияхI бакIалъулал бахIриязул хIаракаталдалъун цIикIкIун гурони дагьлъулареблъи. Гьазулго далил буго, Сталинил квешаб рахъ гурони щайдила бихьулареб, магIарухъ больницаби,школал, ГЭСал ра- рав эв гуревищила? Гурун гъуждулгун живго вачIун вукIинчIищха "Халкъазул эмен" аниве свак тун хIалтIизе. ГIадамал тIагIинариялъулъ - бакIалъулал гIайибиял, больница, школа, ГЭСал рай, бакIалъулаз ва нилъер умумуз гьабураб ва бараб гуро – живго Сталиница бараб кинабго гьал пакъиразул пикруялда рекъон.

Цогидазул далил жиндир заманалда Черчилица гьев веццун абурал: "Ста- линица Россия пуруцгун кодобе босанин, ва атомная бомбагун нахъе кьунин" рагIабиги гIочIода чIван тIирун чIей.

Я, гъарин, магIарулал! Дир халкъалъул ва умумузул бищунго цереселги лъикIалги тIагIинарун, масжидал, мадрасабиги колхозалъул бокьазде ва нахърукъазде руссинарун хадуб, дие Сталинихъе щвараб атомный бомбаялъул бигьалъиго щибали лъалебани? БичIчIизе ккола живго Черчиль щив чияли. Жив Британиялъул империялъул колониязул вазирлъун вугеб мехалдаса нахъе, гьев ккола бусурманаб ГIусманизул империя биххизабизе туркалги гIарабалги цуцада данде гьусизе макьу тун хIалтIарав, жиндир буюрухъалда гъоркь миллионал Индиялъул бусурбаби Британиялъ гъурарав Аллагьасул тушман.

Гьесдаги Сталинидаги гьоркьоб буго гIицIго цо батIалъи — гьасда тIад жидерго ингилисазул цо чиясул би гьечIо. Цойги хасаб тайпа - витIун вукIанила Сталин ва гьес гьабулеб щинаб жо, жакъаги чара гьечIого хIажат вугин нилъее Сталинин абулелги.

Гьелги, дир пикруялда, руго мацIихъабазулги ва цере рукIарал бакIалъулал бахIрабазулги наслаби. Гьелда дир щибго щаклъи гьечIо. Гьел жакъаги руго Сталиние гIарасал рагьулел цо-цо росабалъ. Цоги цIакъго рахIат холеб жо, жал бусурбабийин, тIарикъаталъул мурид- забийин ва мутагIилзабийин ахIдолелги рукIун, АхIулгохIда мажлисазда цересел кьераздаги рукIун, дунго кигIан загIипав вукIаниги муридги вугев мехалъ, гьезул цо-цоялзул социалиял гьиназул гьумеразда рихьулел коммунистал, Сталин какизе бегьиларин, гьеб нилъер тарих бугин, хIатта веццунцин хъвалел цо-цо ком- ментариял ва шархIал рихьараб мехалъ. Гьездаги бокьун буго абизе, я диналъул вацал,те гьел жагьилал харбал!

Имам Шамил ва цогидал имамзабазда, Аллагьас жал тIадегIан гьареял, нилъ жакъа рихьун рукIаралани щибиндай абилаан? Кье нужеего цо цо гьеб суал! Муридзабазулги, бусурбабазулги, магIарулазулги, дагъистаниязулги букIине ккола цо "борхараб байрахъ".

Жакъа АхIулгохIда гIурччинаб байрахъ борхун, метер "багIараб байрахъ" борхун, сезе "Единая Россиялъул" байрахъ борхун жо кколаро диналъул вацал! Гьедин байрахъал хисулев чияс гIемер кватIичIого доб "ра- дужный" байрахъги борхула. Жакъа гьаб дуниялалда щал рокьун щиб "байрахъ" борханиги, метер ахираталдаги гьезда ва гьеб байрахъалда гъоркь рахъинари- зе рукIинги кIочене бегьиларо.

"Аллагьас цIунаги цIечIеб цIурахинкIаздаса», -йин рукIунаан нилъер мустахIикъал умумул. Гьел "цIечIел цIурахинкIал" нилъеда гьоркьор гIемерлъун тату хун буго жакъа къоялъ.

ХIакълъунго, дир ракI чIараб буго  –  нилъ магIарулалги бусурбабиги ратани, жакъа нилъеда гьоркьов исталин веццулев чи ватани, гьев чи вугин нилъер араб бакI лъачIого тIагIинарурал ва шагьидлъарал аза-азар умумузул тарих ва ракIалдещвей бичарав чийин. Алллагьас бичIчIи кьеги хIакъаб хIакъаблъун, батIулаб батIулаблъун бихьизе ва кIантIизарегиха киналго!


Автор: Камал Салманов

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +3
  • Нравится
Оставить комментарий


ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook