Авторизация

ЛъикIалъул бицинин ццин чучиялъе

ЧIвалел гьаби, политикаялъул гьобо, гьечIелъуса рахъун рицунел къватIул харабал – унгоха, къанагIатлъи ракI чучулеб, гIумруялде гъира балеб харбил.

Цоцазде рокьукълъиги бижизабун цидаллъи гурони пайда щиб бугеб гьел харбазул?

Рамазан Раджабов цо мустахIикъаб бакIалда лъун вугин абураб рохалилаб ругьелалъ лъикIаб хабар бицине гъира ккана жакъа дирги.

Нилъер заманалъ гIемер рагIулеб хабар: минаби чIахIагьариялъ нухал къва- рид гьарулел руго! Лъидаха рагIараб кIитIалаяб минаялъул къедги дагIагьун, рукъзалги къварид гьарун къватI гIатIид гьабурав чи? Дида рагIана, бихьизеги бихьана.

Нижер, Шамил мухъалъул Гьандихъ буго гьединаб чанго мисалазбаразул ригьзазул къадал риххун жанире цIцIан цIидасан бараб чанго бакI батана, халкъияв хъвадарухъан Муса МухIамадовасул росулъ.

Цоги рехсечIого бегьулареб мисал батана Гьандихъ - росдал бегавулас тIубараб лъагIалица босичIого жиндирго харж буссинабун буго росулъ ралел жамгIиял бакIазде, лъагIалида жаниб цо моцIрое бачIунеб пенсия, харж росдае гIаммал хIалтIаби гьаризе кьолеб буго тIубараб жамагIаталъго. Божуларев бихьизе Гьандихъе а. ТIекьадерил цо-цо хъизаназда батана бицинчIого бегьулареб гIадат баккун.

Мисалалъе, цо кIудияб хъизаналъул бетIерас тIаде босулеб буго чIахIиял, гIурал жиндирго ва яц-вацазул лъималазе дарсал лъезе. ЧIезабураб заманалда хъизаналъул кIудияс аскIосеб гIагарлъи ахIулеб буго жиндихъего.

Гьениб лъолеб буго хасаб цо темаялдаса дарс. Дарсил экзамен босизе данделъулел руго иргадазул рукъзабахъ. Дарсазул тема- исламалъул кьучI, чIахIиязда ва гIисиназда аскIоб цIунулеб адабгун тIалаб, рослъадуца цоцазул хIумат цIуни, рокъоб гIицIго рахьдал мацIалда кIалъай. КIудияб кIваралъул, магIнаялъул иш буго гьеб нилъер заманаялъ. Цо бугони, иман-исламалъул бичIчIи щула гьаби, кIиабизе- умумузул лъикIал гIадатал малъи, лъабабизе -хъизан гъунки, рухIияб рахъалъ къуватаблъун лъу гьин.

Гьидерил Хочбарил ватIан-ХIотода росулъги бижун буго, гьал ахирал соназ, гIадамазда гьоркьоб гьуинлъи цIикIкIинабулеб гIадат. Гьениб щибаб рузман сордоялъ киназго инкар гьабула телефоназдаса, киналгIаги гаджетаздаса. Гьел илбисазде руссун, гIагарлъи цуцадаса рикIкIалъулеб букIинги хIисабалде босун, хIотодисез ургъун буго «Гьи (мугь)» кваназе гIагарлъи данделъулеб сордо.

Кьолбол кIудияс бахъула хасаб сияхI, гьеб сияхIалда рекъон иргадаз белъун хIадурула тIагIамаб мугь, гьеб кваназеян гIагарлъиги ахIула. Узухъда, аслияб ханлъиялда «гьи» бугониги, цогидал миллиял кванил нигIматалги камуларо остолалда. Телефонал тун руссараб тепсиялда нахъа хабарги рекIее хIалхьи кьолеб букIинарищха. Росу бахъун къватIирехун, шагьаразда ругел хIотодисездеги бахун буго гьеб «лъикIаб» унти.

Цуцазухъ тIагIам кваначIони гIагарлъи цуцадаса тIолеблъи нилъеда исламалъги бицунеб гьечIищха. Къелдерил росабазул бегавуласул ва гьесул заместителасул буго жидерго аслияб жавабчилъиялда тIаде тIадабго гьечIебги гIемераб хIалтIи жубалеб.

Ахираб лъабго соналда жаниб, хасалил халатал сардаз гьел щолел руго жидерго росабалъ ругел захIматалъул ветераназухъе, гIуцIулеб буго «цIадахъруссен». Цадахъ сурат, видео бахъулел чагIиги, жидерго маданияталъул вакилзабиги. Харабаз бицунеб буго жидерго гIумруялъул, гIолилаз гьеб кинабго камераялдеги босун росдал архивалъе цIунулеб буго. Гьединго, ихдалил заманаялъ тIабигIаталда тIобитIулеб буго харабазул къо. Жалго ветераназ тIаса бищулеб буго хIухьбахъи тIобитIизе бакIги.

ГIемерисебго мехалъ гьеб кколеб буго гьел жалго колхоз-совхозазда хIалтIулаго магIишат гьабурал, гьанже чIунталиде ккарал кулаби. ЧIваднахъги балагьун, угьун хIухьелги биччан бицунеб буго гьез гьеб къоялъ жидер- го гIолохъанлъиялъул. Гьедин буго нижер мухъалда.

Нужехъ кин бугеб?


Автор: ПатIимат ГьитIинова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +3
  • Нравится
Оставить комментарий
Гьебни лъик1аб жо гьабун ва гьабулеб буго,эл росабалъ,амма Аллагьасул х1алк1олъиялдалъун нилъер г1умру бигьа гьабулел алатазда ,гьединал жал абизе бит1ун бихьуларо blush 


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook