Авторизация

"АхIулгохIда" тIаде гьерсазул тIупан

АхIулгохI бихьулеб борхалъиялда рагьана араб рузман къоялъ ракълилгун ракIалдещвеялъул мемориалияб комплекс - музей ва мажгит. Мажгит бан буго мемориалияб комплексалдаса цо дагьаб добегIан. Гьеб базе хIукму гьабурав, тIоцебе гьелъие миллион гъурущ кьурав ва цогидал гьеб гIарац кьезе тIамурав чи вуго республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIипов. Цо копек гьеб ишалъе республикаялъул бюджеталдаса гIарацги харж гьабун гьечIо. 

Щибха ккараб гьеб ишалда хурхун? Мажгитгун музей рагьараб рузман къоялъул бакъаниде кинабго республика букIана гьерсазул ва къватIул харбазул гъоркьлъаликь. ГIабдулатIиповасда данде социалиял гьиназда гьабулеб информациялъул рагъда магIарулазда данде гъеж гурун рагъана магIарулалги. Гьаб жумлаялъул магIна нужеда дагьаб гъоркьегIан бичIчIила. 


ТIоцебе абуна гьаниб ГIабдулатIиповас килиса балеб бугин, хадуб тIибитIизабуна гьереси, килисагун мажгит цадахъ бан бугин, жеги хадуб абуна музеялда жанир АхIулгохIда бусурбаби чIван рукIарал гIащтIичагIазул суратал ругин, ахIи букIана "АхIулгохI гIурусазе бичана" абураб. БугебгIан мекъаб информацияги, гьерсалги тIиритIизарулел рукIана магIарулаз. МагIарулазулги гIадатиял чагIаца гурел, даим яхIалъул ва рахьдал мацIалъул бицун цеве вахъунев ТIаса Жунгуталдаса АхIмад МуртазагIалиевасги, палугьан, артист, шагIир, кьурдухъан, ай анкьгьунаралъул бахIарчи АсхIабгIали ХIасановасги. Цояс хитIаб гьабуна, кIиабилес кечI хъвана, гьеб магIарулал "нечезе" кколеб хIужаялда хурхун. АхIмадица фейсбукалда бугеб жиндир страницаялдаса магIарулазе цIияб хабар бицана ахир-къадги АхIулгохI гIурусаз бахъанин нилъехъаян, чин-хъулухъалъухъ ва шагьабахъ бичанин гьеб хIакимазабаца абураб. Гьел хIакимзаби чин-хъулухъги рихарал, шагьабиги рокьуларел чагIи ругин абизе гуро дица хъвалеб бугеб гьаб сагIат макъала. 

Гьенир ругел дандеккунгутIиязулги, гьерсазулги бицине бокьун. ТIоцебесеб - кигIан нилъее рагIизе рокьухъаб бугониги АхIулгохI нилъехъа гIурусаз араб рузман къоялъ гуреб, 1839 абилеб соналъул августалда бахъана, АхIмад мекъи ккун вуго 178 соналъ. 

КIиабилеб фесбукалда цо-цояз тIибитIизабураб къватIул хабар букIана килиса бан бугин. Гьениб килиса гьечIо, мажгит буго, ракъилилгун ракIалдещвеялъул мемориалияб комплекс- музейги буго. АхIулгохIалъул тарих лъазе бокьарал гIадамал гъазизабазул биялъ белъараб баракатаб ракьалда тиричIого ва гъогъол гохIде рачинчIого кинабго дуниялги бихьулеб жанир тарихгун сураталги ругеб, жибго АхIулгохI бихьулеб бакIалда рачине санагIат гьабун буго. 

Лъабабилеб - гьенир гьечIо хъвавухъе "гIащтIичагIазул" суратал, гьеб буго гьереси. Гьениб буго лъабго гIурусасул сурат: князь Барятинскиясул, гIурус пача Александр кIиабилесул ва ва В.Путинил. Гьав ахирисев гьоркьов виччаниги бегьилаан, амма гьедигIанго кIодо гьабизе гьевги дагъистаниязул тушман гуревлъи нилъее хIакъаб жо буго. Князь Барятинский вуго Шамилихъе ракълил кверги кьурав, адабалда гьев пачаясухъеги вачарав чи. Александр кIиабилев вуго гIорода вазе рес букIаго къадруялда тIад ярагъгун Шамилги къабул гьавурав, гьесул хъизан хьихьизе харжги гьабурав, ахиралда кIудияб адабалда хъизан-агьлугун ХIежалде имам тIовитIарав чи. Гьенир гьечIо я Граббе, я Розен, Пулло, тIоцеве Кавказ мутIигI гьабизе вачIарав гIащтIичи Ермолов ва зулмучи, рагъ байбихьарав НикIолай ТIоцевесев. Щибха гьабун батараб ГIабдулатIиповас? НикIалайихъе, яги Алесандр КIиабилесда хадув вукIарав Александр лъабабилесухъе имам щун вукIаравани щакаб жо букIана гьез чIаго тей, гьел вахIшиял чагIи рукIана. 

ГIабдулатIиповас гьабуралъул хIасил босани, гьес АхIулгохIда рагъун рукIарал чагIиги тун, бищунго имамасул адаб гьабурал ва ракълил квер кьурав кIиго чиясул сурат чIван буго музеялда. Щибниги бегьулареб жо букIинчIо дол дица тIадехун рехсарал чагIазул чIваниги, щай гурелъул гьезул сурат чIвай буго тарих бихьизаби. Гьеб бакI буго музей. Масала, гIандалаз бараб Надиршагь щущахъ виххизавиялъул комплексалда буго Надиршагьасул сурат. Гьев кIодо гьавун чIвараб гуро гьеб, гьеб буго тарих лъазе чIвараб сурат.  

Щайха какдолел? Гьелъие кьолеб къимат лъаларо. Лъалаго гьереси бицунеб батани гьеб буго хIалихьалъи, лъавукълъиялъ бицунеб батани - ахIмакълъи. Гьезул цонигиялъ тIадеххун рехсарал бахIарзал ритIухъ гьаруларо. Кин доб букIараб ХIамзатовасул?

"ГIадада гIумру ана, ахIмакъзабазда гьоркьоб.

АхIмакъги хIалихьатги, кидаго хисуларо... - ян гурищ?

Жакъа Щулалъул гохIда бараб си буго нилъер миллатги халкъги Кавказалдаги, Россиялдаги бищунго бахIарчиял чагIи рукIин бихьизабулеб гIаламатлъун. Гьаб бугин Кавказалъул рухIалъулги, яхIалъулги, къохIехьеялъулги центр, мисал абураб ишара, цIарал ва суратал гьенир лъил ратаниги. Нужер ГIабдулатIипов рихинеги какизеги ихтияр буго, амма ахIамакъал гIайибалги чIван гIадамал къосинаризе гьечIо. Шамил лъабго моцIица къеркьезеги къеркьон хIалица дагьал хутIарал чагIигун ворчIун вукIана гьениса, къеркьеялъе къуват гIечIого. 178 соналдаса гьениб бараб сиялде гьесул тарихги, хвалченги, чуги, гьесул бахIарчилъиги, гьев бахIарчи вукIанин абулел гIадамалги тIад руссинари квешаб иш бугин рикIкIунев чи метерго тIад ярагъги бан шагьидлъизе ине ккола. ГIурус ханас кьураб чедги кванан магIихъанлъи гьабулев вукIинчIого. Гъасда чIун пача реххулел къеркьохъаби гIемерлъун руго, гьез гIакълуялъул гьаракь къинабулеб буго. Нагагь метер кьалде иш ани чоде вахине хIадурарав чи чан гьезда гьоркьов вугевали лъазе кIудияб шайихлъи хIажалъилин кколаро. Хабар лъикIаб рагIаги.


Автор: Мухlамад Бисавгlалиев

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +7
  • Нравится
Оставить комментарий
Гьев Т1аса женгъутлисевги,х1абщисевги тун,раг1изе бокьилаан бищун к1удиял аналитикал Москваялдаса, к1иявго, тохтурзаби лъаларо,жамг1иял х1аракатчаг1и лъаларо,цо к1иго к1удиял "демократаз"щиб гьелда т1асан абураб?)
Макъала лъикІго, бичІчІуледухъ хъван буго. Амма, ахиралда бугеб, гьаб "ГIурус ханас кьураб чедги кванан.."-абураб жумла букІинчІебани. Дида бихьула гьеб, нилъецаго нилъерго къимат гІодобегІан ккезабилъун. Лъица абулеб бугеб гІурус ханасада чедги кьун нилъеегун, нилъеда кверщей гьабулев вукІаян?
Кин бугониги, БисавгІалиевасе баркала бичІчІи кьуралъухъ.
eldar suguri,
Дов кlиявго кlудияв тохтур трамп тауэралда Гlодор чlун руго, Трампица еъабул гьаризегlан Гlабдулатlиповасд тlассан гlарз хвазе, Путиницаги жидех пикру гьабулеб гьечlилан абун.  ldar suguri
,eldar suguri,eldar suguri,
Цитата: eldar suguri
Гьев Т1аса женгъутлисевги,х1абщисевги тун,раг1изе бокьилаан бищун к1удиял аналитикал Москваялдаса, к1иявго, тохтурзаби лъаларо,жамг1иял х1аракатчаг1и лъаларо,цо к1иго к1удиял "демократаз"щиб гьелда т1асан абураб?)
eldar suguri,


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook