Авторизация

МиллатчагIаздасан салам хIажат букIанищ нилъее?

Цо гIамал кIудияв продюсер директорлъун вугеб федералияб каналалдасан байбихьун буго «Салам, Масква!»ян хъачIаб, дагъистаниялго инжит гьарураб гIадаб цIар жинда бугеб криминалияб драма бихьизабизе. Балагьана нолъ дун гьелъул байбихьиялъухъ. КъабуллъичIо. ГIакълуялъ мукъсанал, такъсирчилъи-гъалмагъиралде гьесарал чагIилъун рихьизарун ругоан тIолалго дагъистаниял гьелда. Авар мацIалъул гара-чIвариял тIоцебесеб бутIаялдаго рагIидал,-хас гьарун магIарулал. Сюжеталда рекъон, миллияб такъсирчилъиялде данде(гьединабги букIунеб рагIулаха эб)рагъ гьабиялъул отделалда цадахъ хIалтIизе ккун ругоан дагъистанияв Рустамги, скинхедасул гIамалал чорхолъ рессарав Саня Ребровги. Къалъул как хIалтIуда банилан суждаялда Рустамил бетIер пишацояв операс тенкезабиялдасан «рагьана» рокьукълъиялде нуцIа. Бахъун лъугIун хадуб лъабго соналъ хIурулъ гелделеб хутIун букIараб «шедевр», гIицIго интернеталдасан гурого балагьизе рес букIун гьечIо гьанжелъагIан. ГьедингогIаги хутIун букIарабани гьеб, байбихьиялъе киназего хирияв Гъуниса Муртузица сси бачIинабун букIаниги. 


Гьудуллъи-вацлъи бижизабулел, квешаб-тIекъалдаса рикIкIад гьарулел ва, хIатта, такъсирчагIицин жиделъ кIарчамал советкинабаз куцан гIурай дида гIалхулаблъун, битIахъего абуни-панзалъулаблъун бихьана, Аллагьасул Калимаялдаса бисмилляби-суратазда цадахъ бицунеб чорокаб мацIалда, рагъ-мучалда, ришватчилъиялда,хIалихьалъи-мунапикълъиялда буцараб гьеб «искусство». Бицунеб буго, сериалалъул ахиралда кIиго цоцазда рихарал героязул гIассияб гьудуллъи ккезе бугилан, амма 16 сагIаталъ Дагъистанги квешаб рахъалъ бихьизабун лъугьараб гьеб «маслихIаталъ» дие кьезе жо гьечIо щибго.ГIизудиновасул макъалаялъ росахинарурал  лъарагI миллаталъул цо-цо вакилзабиги, лъабго соналъ цебего, гьаб хъахIилаб экраналдасан бихьизабураб «гьунаралъ» росахинаруралани, дида бергьун кIудиял патриоталин ккелаан. БатIаго тIолалгоял лъарагIал гурелъулха авторас цо коцонир чIванги рукIарал, гIицIго рикьалаби гьарулеллъидал. Гьазие дица гIадаб жавабха дов сериал бахъарав Павел Бардиница гьаб пикруялъе диеги кьезе бугеб, гьесухъе таржама гьабун гьаб макъала  щвезабулев чи ккани.


 Амма, дир пикруялда, гьечIо гьесул хIалтIуда гьоркьоб цониги гвангъараб сурат,тарбия-лъай кьеялъул лахIзат, гIицIго хъубаб-бацIцIадаб цо парацин гьоркьоб биччачIого,чIагояб эфиралдасан гIадин бихьизабулеб лахIчIегIераб гIумру тун батIияб. Бугищали бихьизе, хIалтIул къоязул сордо бащалъун хадуб, нужго балагье гьелъухъ,ва дун мекъи йигин,магIарулал гIасиял чагIилъунги рихьизаризе, машгьурги гьаризе( кинаб рахъалъдай?) бахъараб фильм гьебги бугин кантIизае дун. Аллагьасе рецц, лъимал балагьизе рес дагьаб ригьалдани программаялда лъун букIин. Гуребани, доб цо заманалъ рагIараб «Школа» фильмалъ гIадал кьелаан гьалъги «насихIатал».


Автор: Фатима МухIамадова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий
Г1еларищ г1адамал гьел лъараг1азул бицине,гьезда цереги ,т1аса лъугьаян гьардезе,миллалчилъиялъулъ т1ерхьун ругел гъозул информ-алатазда а ралагье,щиб нилъер х1акъалъулъ доз хъвалеб бугебали,лъалез лъараг1 мац1алдаса гьезул геббельсаз хъвалеб жоялъул таржамаги гьабун киназдаго цебе бихьизабе!


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook