Авторизация

Доб дунялалдаги Wi-Fi батаял

Доб дунялалдаги Wi-Fi батаялГьа-гьа. Интернеталъул хъулухъаздаса инкар гьабиялъул къойила байрамалда цIар...Бищунго цIакъ гьелъул ахIи балеб буго хьвараб бакIалдецин дунялалъулаб нусиречалде нух рагьулеб алат кодоб гьечIого унарез. Я басмаханаялъул щакъидул, я кагътил махI кинаб букIунебалицин лъаларез нилъеда малъулеб буго библиотекаялде, музеязде айилан, гIелму-лъай, рухIияб бечелъи борхизабиялде кIвар кьейилан. Статистикаялъул баяназда рекъон, гьоркьохъев россиялъулас сордо-къоялда жаниб ункъго сагIат тIамулеб буго доб гIала-гъважаялда жаниб.ХIакъикъаталдаги гьеб тарих  гургинаб 24 сагIтиде сверула. Дида лъала цо саламатав хIакимчи, жиндир хIалтIул къо цIвакарал жалазулгун скайп-накъиталда жиндир унев, цойгияв-гIицIго доб интернеталда лъураб сураталъе гIебеде битIизабун паракъалъараб килщидалъун (лайкин абулеб буго аз долда) жиндего бугеб адаб борцунев, лъабабилев-гьенисан  жиндирго рахъалдехун пулеб гьорол махI чIвайдал, заралги рукъун тухумго жиндир «инжит гьабураб» напс цIунизе бахъинабулев. Рокьи-интерналъ, кьал-интернеталъ, хIалтIул тIадал ишал-интернеталда цевехъахъдун бер бухьиналдалъун. Гьебали щиб, цояс цIияб  «мазгьаб» рагьун бугоан интернеталдасан магьари лъезе бегьулин. Вихха-викаяв-я! Росасда тIадал ишалги гьенирго тIуразехъини рукIарал кинха?! ГIумруго инеб буго онлайналда (гьеб интернетин абулеб илбисалда жанив гьаб параялъ вугилан паркъолеб гIурччинаб чирахъги бакун).ЧIагоял хIажат гьечIо­-гIицIго экран тун дорехун ругел гурого, квер хашун, махI сунтIун цIалдоларо-гIицIго бералги багIарлъун, килищги бахъун гурого. Гьереси щай, дицагоцин тIохьода, казияталда килищ бахъулеб батула цо-цо,хадусеб цIализеян.Расниги Дагъистаналдаса батIияб халкъ, яшав гьечIеб Турциялда, кагътил версиялда къватIибе бачIараб газет-журнал цIалиялде кьолеб буго сордо-къоялда жаниб 74минут,Россиялда-9, мугIрузул улкаялда (ракI чIун абизе кIола)-гьелдасаги дагь. Дун гуро бецIлъиялде гIалам ахIулей, цIилъабазде данде чIарай гIадан, амма щибаб жоялъул гIорхъи-зани чIван бугони, сонисеб къоялъул тарихги цIунун хутIула, метерисеб къоялъул тIалабазеги жаваб кьезе кIола.Гурони, машгьурал классиказул цо асарцин цIаличIев табулдияс гIасиго гIакъилав чилъун живго халкъалда цеве вихьизавизе лъугьиналъ ракI эхеде бачIинабула, Т9ги(гьанжесел цIодорал телефоназул словарь)гъура-чункун, «долъие квешезе»гъалатIалгун хъвадарулездаса тIури щола. Динияб карачелалъул тIогьир жалго ругин щивас бихьизабизе хIаракат бахъулеб букIараб  дагьаб цебе заманалъцин гьоболлъухъ рачIиндал, къилба цIехолаан, гьанжейин абуни-вайфаялъул пароль. Бегьилищха, чIагого инсан инсанасда кIалъалеб гьеб къанагIатаб мехги «гIадада» ине?! Щиб лъалеб, мун офлайн вугебгIан лахIзаталъ, цо кинаб букIаниги чороклъи республикаялъул нухмалъиялде тIун, ресги хъулухъги бугев цонигиясул  цIогь, такъсир, иргадулай йокьулелъулги анцIабилеб хъалаялъулги балъголъи рагьун сенсация ккун батизе бегьулагури  цониги интернетчиясул(гIемериселъ-кьучI гьечIеб) комментариялда?!Дие рокьула гIадамал кинабго рахъалъ цере тIуралги сундулго бичIчIи-кантIи бугелги, умумузул гIадатал цIунаралги цIилъаби цIехолелги.  Щибаб чвантиниб айфонги лъун гIицIго виртуалияб нусиречалда бессаралъул гурого ургъелги санги  гьечIездайин абуни «Вай нуж доб дунялалдаги wi-fi батаял»ан зигараги бала. Доб интернеталъул хъулухъаздаса инкар гьабиялъул къоги гьелда жаниб кIусунго, гIадада ана. ЧIалгIадисеб, кIал гьогьомиялъе рехсараб байрам. Щиб элда гьабилеб, тIаса араб цойги лъагIалил къойин телаха. ЛъикIаб рагIаги, баракат бугеб гурого дандчIвагеги. Амин.


Автор: Ф.МухIамадова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий
Квеш ккараб жо буго,цох1о гьаниб рехсараб гуреб, буго лъималаз гьаб интернеталда сардал т1ами гуреб,т1олабго г1умру т1амулеб буго(.эбел-инсул т1алаб-агъазги гьеч1ого ,эзул г1аибги батиларо эб,лъималги кваназаризе кколелъул,лъималазги гьениса бугеб-гьеч1еб хъублъи бихьун хадуб бугеб х1асил киназдаго бихьула( worried 


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook