Авторизация

Кире щваниги, щолеб жоялъул бицунел!

Цого хабар! Бадиса баккана гIарцул хабар! ХъантIи- гьале гъоб унго- унгоги сах гьабун бажарулареб унти. Квешго бахунеб, хехго тIибитIулеб унтигиха. ЦIияв хIаким хисун вугин рагIани хадурго гъола харбал, гъос чамалиго миллион кьун рагIулила хъулухъ щвезеян. Кьурал миллионал нахъруссинегIан гьеб хъулухъалда хутIунгутIиялъул хIинкъи бугинги гаргардула. Кредит босулаго-откат, грант щвараздаса-магъало, сакъатлъи чIезабулезе - чIванкъотIун чIезабураб багьа! Больницаби, школал, сельсоветал, садикал, нухал…-щибаб идараялдаса шагьи рикIкIун къунцIулеб мугь. Гьаб щиб баллагь халкъалде рещтIараб?! ХIикмат, гIаламат, хIалтIизе кидал ругьунлъулел? ЦIалун лъарабги кIоченабулеб бигъараб гIомо гIадаб, гIинкълъараб, гIалагъважаяб дуниял! Киназего къваригIараб гIемераб гIарац, гIемер хIалтIун хIалухъин бакIарун гуро, гьадинго чIалгIаде, гьересиял кагътал гьарун, нилъго цоцаца махсароде ккун. ТIелищ улка, республика цебе гьаб даран-базаралъ?! ГIажаиблъулел щай хурзал рекьун гьечIин, росдал магIишат, заводал чIунтIун ругин? Щив гьенив хIалтIулев, лъие кверда пинкь бахъизе бокьилеб. ГIодор хIунчун тIаде рахъинегIан гIемер кьолеб буго хIукуматалъ гIарац халкъалъул гIумру цебетIеялъе! Щоларого буго бихьизабураб адресалда рекъон. Адрес цIехезе лъугьарасеги камуларо кверда бахине нах. Нахги кIваричIин, ритIухълъиян чIчIарав чIаран нахъе рехула цебесеб мухъилъа. ГIажаибаб гIумру, гIадамасде рещтIун бугеб балагьаб унти! ГIемерал миллионал риччан ругила пуланаб идара къачIазеян лъала хабар, къачIараб идара бихьидал рагIаралдаги бихьаралдаги божи хвараб хIал лъугьуна. Жидер цIияб минаялъул кьучI бухъизе, къед базе, хIажатхъана бахъизецин таджикалги руго щун. Бахчиниб бараб хIажатханаялда гIодов чIезе бегьулев гьас гьеб бахъизе бегьилищ! Къеда хIарч чIвачIел, кодоб газа- рахан кквечIел аристократал рукIаралъул нилъер умумул! Гьал жеги гIурусал какулелги рукIуна, пача квешавила! Нужищ цIакъал, чияца гьабун хоно хинлъилаго кодобе щвезе бокьарал?! Цо лъагIелгун бащдалъ цее Туркиялда ругел магIарул росабалъе щун йикIана дун. Халкъалъул рукIа-рахъиналъул бицун хабар ккана гIумру бихьарал, гьанибги добаги бугеб яшав лъалел мугьажирзабазулгун. Цояс абуна: «Дагъистан 20 соналъ нахъе ккун буго Туркиялдаса. Доба хIукуматалъ халкъалъул гIумру лъикIлъиялъе, республика цебетIеялъе биччалеб гIарцул 80 процент бикъулеб буго хIакимзабаз. Гьаниб 20 процент бикъулеб батила, амма халкъалъухъе 80 процент щола». Цогидав, Дагъистаналде гIезегIанго щолев туркиялъул магIарулас абуна: «ЛъикIал чагIи руго Дагъистаналъул магIарулал. Гьоболлъухъ щведал гIемер хIурматги гьабула. Амма гьелгун цадахъ дармил иш гьабизе бегьуларо. ХъантIарал, божилъи гьечIел руго. Гьелда дир ракIчIана.» РикIкIадаб чияр улкаялда чIарал миллатцояз нилъее кьураб къимат рекIелъ къана. ХIакъикъат гьединаб буго. ХъантIун руго, бикъулеб буго, жакъа щолелъул гурони метер нахъе толелъул пикру гьечIо. «Хватит грабить Дагестан!» - анцIго ахIул ишара хадуб лъуниги гIинкълъун буго гIалам гьаб ахIиялъе. Чурулеб буго квералъ квер…

Аллагь гурхIаги.


Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий
Щивас жидеда цебе,гьеб суал лъуни,эб мехалъ хисила кинабго,киг1ан ц1огьал,ц1огьал ах1аниги,г1аибиял г1иц1го нилъ руго,цогидал гуро,киназего рихарал магърибалъул улкабаз г1адин,щибаб кепекалъухъ,жаваб гьабизе т1амулел рук1анани,гьединаб х1ал бук1инароан,т1олабго цивилизацияониб рик1к1улеб дуниялалда,х1акимчи вуго халкъалъул хъулухъчи,гьанибин абун,г1аксалда,халкъ буго,х1акимчиясул хъулухъчаг1илъун.


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook