Авторизация

Календаралда тарих

Календаралда тарихГЬЕЧIО МАЙГИ, ГЬЕЧIО ЗАХIМАТХАЛКЪГИ, ГЬЕЧIО ГЬЕЛЪИЕ ГЬАБУЛЕБ РЕЦЦГИ...
РикIкIадаб лъимерлъи... Бищун гвангъарал, рокьулел байрамаздасан цоялда цебесеб рахIатхвей, «унго щибдай метер лъикIаб бихьилеб-рагIилебан» цудунаб лазатбоси... Ана замана, хисана хIукуматалъул гIуцIиги, гIадамазул политикияб бичIчIиги, жалго гIадамалги.
ЗахIматхалкъги, гьелъул цолъиги кIодо гьабулеб, пачалихъалъул кидагосеб тIалаб-агъазалда ва къиматалда гIадатаб халкъ букIин бихьизабулеб букIараб байрамалъулги хутIана гIицIго календаралда багIараб тарих.
ТIоцебе маялъул байрам кIодо гьабизе байбихьана I889 соналъ къабул гьабураб кIиабилеб Интернационалалъул тIоцебесеб Парижалъул конгрессалъул хIукмуялдаса хадуб. Гьеб кIодо гьабиги бухьараб букIана Чикагоялъул захIматхалкъалъ цолъун, полициялъ жидеда данде гьарулел мекъал ишазде данде рагъ бараб куц ракIалде щвезабиялда (гьеб иш ккана I886 соналъул маялъул тIоцересел къоязда).
Узухъда, жидерго гIумруялъе бугеб хIинкъиялдеги, сакъатлъи ккезе бегьиялдеги рачIинчIого цо чи гIадин гьунки, лагълъиялде, чияр гъийин кваналезде данде къеркьезе рахъин мустахIикъаб буго кигIанги кIудияб реццалъеги, ракIалдещвеялъеги, байрамкъолъун кIодо гьабиялъеги. Гьеле гьеб «дун» абураб рагIи кIочон тараб цолъиялъулъ букIана цебе захIматхалкъалъул къуватги, къадруги, низамги. Щуго килищги данде къан лъугьунеб букIанамекъаб-тIекъабщиналда гучаб кьаби щвезабизе кIолеб, къуватаб зар. Гьанжейин абуни?
Жакъа щивав чи квалулев вуго цохIо жиндиего гIоло, магIишатияб хъантIиялъ кIочон тун буго цолъи щиб жо кколебали. Гьеб циндаго ссун араб гьудуллъи-вацлъиялъулаб асаралда цадахъго хун ун батизе буго доб гIадамазул ракIалдещвеязулъ бищунго бокьулеб ва рохалилаблъун букIараб байрам кIодо гьабиги. Гьайгьай, тIалъиялъул рахъалдасан кинаб бугониги рецц-бакъ гьабун, шапакъатал кьун захIматчагIи кIодо гьари, хIалтIулев чиясул ургъел-агьаз, къимат гьаби бихьулеб гьечIони, хабарго букIине рес гьечIо хIалтIулаб цолъиялъулги, цоцаца кквеялъулги хIакъалъулъ. Гьаниб дица бицунеб гьечIо «ЧIахъаги май! ЧIахъаги захIматхалкъ!» ян ахIулел зирарал лозунгазулгун транспарантазул хIакъалъулъ. ГIицIго нухмалъулесул хIалтIухъанасдехун инсанасулаб бербалагьи, гIицIго рухI кьун хIалтIулесул захIмат бихьи, гьелъул хIурмат гьаби-гьеле гьеб хIажат буго жакъасеб обществалъе. Цинги баккизе бегьула доб цIар рагIараб «солидарностьги». Дагьал церегIан соназ тIоцебесеб маялъул байрамалда хурхун дица гара-чIвариял гьарун рукIана батIи-батIияб гIумрудул ригьалъул, хъулухъ- пишаялъул, дунялалде бугеб балагьиялъул районцоязулгун. ГIажаиблъизе ккараб жо! Гьез киназго цокIалго такрар гьабуна тIоцебесеб май гIадаб, гьудуллъи-вацлъи бижизабулеб, ракIал авадан гьарулеб, рихьун-лъан гIадамал цоцазе гьуинлъулеб байрам жакъаги хIажат бугилан. Щивасул рукIана лъугIун араб Первомаялда хадуб ракIхвейги ракIалдещвеялги.
ЧIобогояб, гIицIго митингалъулал кIалъаяздасанги рихьдае гьарулел демонстрацияздасанги гIуцIараб байрам гьеб букIарабани, хутIилароан гIадамазул рекIелъ гьединаб хинаб асарги. ГьабсагIатин абуни, гьеб байрамалъул кинаб букIаниги идеология гьечIо, хъулухъчагIазе хIухьбахъи гьабизе, рекьул хIалтIабазда квализе гIодоркъоял щвей гурого, щибго магIнаги гьечIо.
Кин букIаниги, байрам буго байрам. Гьелда байрамалъулаб асаргун дандчIвай гьабизе ракIазулъ аваданлъигун таги киналго. Амма дидаго кинго ракIалдаса унаро байрамалъулаб ретIа-къайгун, гIуцIадго демонстрациялде рахъунеб рукIараб, гьуинаб «квасквасалъул» махIалъги, байрахъал чIван къачIарал къватIазул берцинлъиялъги рекIелъе пахрулъиги, рахIатги лъугьинабулеб букIараб, метерисеб къоялда божилъи цIикIкIараб, къадруяб советхIукуматалда агъаз гьечIеб гIумру тIамулеб букIараб-рикIкIадаб лъимерлъиялъул заман...

Баяналъул кьучI: Казият "Росдал захIматчи". Хунзахъ мухъ

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий
Жакъа къоялъ,гьеб къо сверун буго,зах1матчаг1азул къоялде гуреб,шашликъ бежулеб къоялде!


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook