Авторизация

Афгъанистан буго унтун дир рекIелъ

Афгъанистан буго унтун дир рекIелъТIаде кIанцIарал тушбабаздаса ватIан цIунизе гуреб, жидеда тIад лъураб интернационалияб налъиги ракIбацIцIадго, унго-унгояб магIаруласул яхI-намусгун тIубазабуна нилъер гIолохъабаз. Гьединазул цоявлъун ккола Хунзахъ районалъул рикIкIадаб ТIадколо росулъа НурмухIамадов Сурхайги.

Дагьаб цебегIан дир лъай-хъвай ккана гьесул хъизан Узлипатгун ва яс ПатIиматгун. «Лебалав чи рагIулагури нужер рукъалъул бетIер»-ан дица махсаро гьабидал, лебаллъиги бахIарчилъиги гьанже лъиего хIажатги гьечIин, гьесул гьунаралги некIого тIалъиялдаги Афгъанистаналъул  боркьараб корониве гьев витIараздаги кIочонги танин рекIекълъана гьел. Унголъунги чияр ракьалда дозул гIадатаб халкъ цIунун къеркьарал рагъухъаби-интернационалистазе пачалихъалъ гьабулеб я кIудияб кумек, я моралияб квербакъи дида бихьулеб гьечIо. Социалияб ритIухълъи гьечIолъи. ТIекълъи. КIочон тарав багьадурасул чорхол сахлъи гьечIолъиялъ ккечIо дун, мухбиралъулги гьесулги лъай-хъвай. Узлипатицаги бицана, ракIалдещвеяз Сурхай цIакъ къварилъахъдулин. БокьичIо ругънаде цIам щвазе, битIараб бицани. Хъизамалъул чагIазе дос рицарал ракIалдещвеяздасан, архивалдасан байбихьана макъала хъвазе. Гьелъиеян абуни, гьаб ВатIан цIунулезул ва Афгъаналъул рагъул гIахьалчагIазул байрамкъояз биччалеб газеталда Сурхай лъидасаго цIакъ мустахIикъав вукIин бицуна гьаб шапакъатазул сияхIалъ:

-20 июнь I985 сон- «За отвагу» медаль

-21 март 1986 сон- «БагIараб цIва» орден

-СССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул грамота.

-15 май 1988 сон- «Рагъухъан-интернационалистасе баркалагун Афгъанистаналъул халкъ» медаль.

-28 январь 1988 сон- «СССРалъул яргъилал къуватаз-70 сон тIубаялде» медаль.

 Сурхайил эмен армиялде гьев иналдего чанго соналъ цевехун вукIана. КIудияв вац АсхIабгIали I980 соналъ уна армиялде хъулухъ гьабизе. ГIорутIе гочун гьениб балеб минаялъул ургъел, тIолабго гьабулеб хIалтIи Сурхайиде ккола. Гьеб бан лъугIараб I983 соналъул октябралда гьевги уна Советияб Армиялде.

Микьго классалъул лъай бугев НурмухIамадовасе бигьалъичIо ярагъ ва къуватаб техника лъазабизе. Рагъулаб хъулухъалде ахIилелде Сурхай гугариялде машгъуллъулев вукIуна, Харахьи участкаялда къецазда цо нухалда тIоцебесеб бакIцин ккун букIун буго. Гьединаб, магIарулаз абухъе, къамартIаб черх букIиналъ кIудияб кумек гьабун буго гьесие къохIехьезе. КIиго соналда дагьабищха гьеб хIехьезе, багьадурлъи бихьизабизе ккун батилеб?

-Цо нухалъ душманаз гьабун батараб вахIшилъи гIумруялъго кIоченаро-ян бицунеб буго жиндирго ракIалдещвеязда Сурхайица. Ротнияс буюрухъ кьуна Кишлак (росу) сверун кквезе, гьениса душманал тIуризаризе. Бицана гьез гIадамазда зулму-хIал гьабулеб бугилан. Батизеги батана. ТIоцебесебго рукъалъул къадазда нахъасан кьвагьулеб букIана нижеде. Халатккун кIвечIо гьезда дандечIей гьабизе. Гьениб батана яргъил склад, гIадамазухъа бахъараб давла. Щугояв чIван ватана гьез, руччаби-лъимал ругоан лъукъ-лъукъун. Гьелде щвезегIан рекIелъ цо кIудияб ццимги букIинчIо душманаздехун. ГIолохъабаз бицунаан гьез квешлъиялъул, нагагьлъун нилъеразул чи жидехъе щвани, рахIму гьабунгутIиялъул. Амма жидеразего гьедин, фашистаз гIадин, гIакъуба кьолеб батилин божун вукIинчIо. Божизавуна Сурхай цогидал лъугьа-бахъиназги. КIиабилеб сон букIана интернационалияб налъи тIубазабулаго. Сурхай гъорлъ вугеб гьитIинабго къокъаялъе кьун букIуна буюрухъ Пакистаналдаса яргъил цIун бачIунеб караваналъе нух къазе. Сурхай тана, лъикIаланго цевехунги вачун, гъоркьчIел гьабизе.

-Воре, кьижун ккезе гурин, Саша-ян буюрана командирас, кьурабазда гьоркьов гьев вахчун вугеб куцалъул мухIканго халги гьабун,-тIоцересел гранатаби караваналъул рачIалде риччай, нахъ руссун ине тезе бегьуларо гьел, рихха-хочи ккарабго речIаризабизе дурго «агеэс».

-Ургъел ккоге, Игорь Васильевич, кинабго тIубазабила,-ян Сурхай, щаялиго ротаялъул командирасдехун инсул цIарги абун кIалъана. Ветровасда гьеб бичIчIана магIарулас жиндиргун къо-мех лъикI гьабулеб бугеб гIадин. ГIадатлъун батухъе, постазе яги гъоркьчIел гьабизе унезда тIокIцIарал абун толаан. Гьедин Сурхайидаги командирас кIиабизеги «Кинабго лъикI букIина, Саша»,-ян абун тана.

-Бищунго рахIат хвараб жо батана гьедин халккун чIей. РакIалде кколаан, сордо рогьине заман щолеб бугилан, балагьидал, анцIгоги тIубан батулароан. Къаси сагIат анцIила кIиго тIубараб гIадаб мехалда бачIана караван. ЛъикIаланго чагIиги ругоан гьелда цадахъ. Буюрухъ кьовухъе тIоцебесеб граната щвезабуна гьелъул рачIалда, хадуб биччана лъеберабго граната. Ккана цо лахIзат анилан. Дун вугеб рахъалде кьвагьдезе журана душманал. Хех гьабун ярагъ бакIаризе лъугьана. Гьебги босун векерана нижерго къокъаялъухъе. Хадуб афгъанистаналъулазул батальоналде гъорлъе журана ниж. Цадахъ нахъ чIвана караваналъе кумекалъе рачIарал душманал. Ярагъ бакIаризе дагьалъ рукIнилъа эхеде ворхарав Сурхайил квегIаб гъеж душманасул гуллица борлъула гьеб сордоялъ. Лъукъун вукIин гьесда лъала гIицIго  гьалмагъзабазухъе щун хадуб. Радал балагьилалде караваналъулаз рехун тун батула 48 автомат, 8 кIудияб калибралъул пулемет, 6 гранатомет. Гьеб букIана Сурхайица риччарал гранатазул хIасил. НурмухIамадовасул гьеб гьунар кIодо гьабуна I985соналъул январалда «ХIинкъи гьечIолъиялъе гIоло» медальги кьун. Гьебго соналъул маялда каранда гьебги бан, гIагараб росулъе тIадвуссуна Сурхай. Ва гьесда ракIалдецин ккун букIинчIо жиндие цойги рагъулаб шапакъат битIун бачIинилан.

Рагъ лъугIун санал ун хадурги ратула шапакъатазда бахIарзал. Гьелъухъего, лъагIалидасан валагьана, цойги шапакъаталъ- «БагIараб цIва» орденалъ нилъер Сурхайги. Иш ккун буго Кандагар провинциялда. Боркьараб рагъ букIана гьениб душманазулгун, гьезул кIикъогояв асир гьавуна, гьедигIаналго чIванги ратила. Сурхайидаса дагьавго довегIан кьвагьдолев вукIана рагъулав гьалмагъ Веселов. Циндаго кьвагьана гьениб аскIоб граната. Сурхай вортана гьалмагъасухъе. Гьалмагъасул кIиябго бох лъукъун батана. Гьевги мугъзада рекIинавун кIиясулго ярагъги баччун хIалицаго гIадин векерулев вукIана НурмухIамадов. КIинусго метр тараб мехалъ Сурхайил жиндирго бохги лъукъана. Гьес жеги нусго метралъ хъамуна гьалмагъ. Хвасар гьабуна гьесул гIумру. Гьеле гьеб багьадурлъи рикIкIун буго доб орденалъе мустахIикълъараб бахIарчилъун.

Гьеле гьединал бахIарчиял ишазул багьадурасул мисалалда куцазе хIажат ругоан жакъа дол «ХъахIилаб китилан», «Сасараб рукъилан» цIар тарал, чIвай-хъвеялде, жалго жидецаго къотI-къотIун сакъат гьариялде гьесизарулел хIаяз кIотинарурал гIолилал, лъимал.

Гьале гьав Сурхай гIадал рукIине кколин магIарул васалилан малъизе хIажат буго школалда-мугIалимаз. Рокъоб-умумуз. ТIалъиялъ кIодо гьаризе хIажат бугоан гьев кIочон тарав бахIарчи гIадал, анцI-анцI, нус-нус ватIаналъул васал. ВатIаналъе ритIухъал, гьелъие гIоло рухI кьезе хIадурал. Сурхайида, ва гьев гьоркьов ккун тIолалго районцоял-афганцазда араб байрамги баркулаго, щулияб сахлъиги баракатаб гIумруги гьезие гьарулаго, лъугIизе толеб буго дирго хъвай-хъвагIайги. 

Ф. МухIамадова.    


Баяналъул кьучI: Казият "Росдал захIматчи". Хунзахъ мухъ

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook