Авторизация

ГIакълу бугила нилъее къваригIараб мехалъ чияхъ батулеб, чияе къваригIараб мехалъ нилъехъ батулеб жо

 

Цо-цо мехалъ гьал хIакимзабазда бицине жоцин лъаларого, гьакIкIан кIалгун хутIула дун. Вабаааабай, гIажаиблъи, хIикмалъи… Дида бичIчIулеб жоцин бичIчIуларогойищха рукIине ккелел саламатал чагIи.

ГIалибег Тахо-Годил цIаралда бугеб педагогикияб гIелмияб институт цIалул тIахьал (учебникал) рахъулеб бакI гуро! Гьаб буго учительзабазе методикияб кумек гьабулеб институт. ХIукуматалъул тIадкъаялда рекъон нижеца хъвала учителасе кумекалъе гIелмиял хIалтIаби ва бицуна учительзабазда гьеб методикаги хIалтIизабун кин дарсал кьелелали.

Дица пуланаб классалъе цIалул тIехь хъвалеб бугилан чи вачIани, щиб тартибалда, кинаб программаялда ва кин методикаялда данде кколедухъ гьеб хъвалебали гьев авторасул хIалтIуе нухмалъиги гьабула гьаб институталъул гIалимзабаз. Цо-цо хIухьбахъиялъул ва макьил заманги тIаса тIезабун жидецаго цIалул тIахьал хъвалел авторалги рукIуна гьанир. ГIемер рукIунароха. ГIемер гьел кирниги гьечIо. РукIине ресги гьечIо. Жиндирго заманги, сахлъиги, нервабиги хвезарун, рахъилел-рахъиларел лъаларел, мухь кьеле-кьеларел лъаларел тIахьазда тIад хIалтIуларо цIодорал чагIи. ЧIванкъотIун гьаб жо щвела дуейилан авторасулгун договор гьабилебгIанасеб таваккалги гьечIо учебникалилан керен бухулел ругезул.

КигIан гIемерал форумал, конференциял, гургинал столал гьаруниги щибго кколаро, кьочIчIокье раккичIони. КьучIчIдасанго байбихьизе ккола рахьдал мацIазе щиб гIоларого бугебали хал гьабун, дару-сабаб гьабизе.

ХIукуматалъ методика хъвайин абичIого, цин цIалул тIахьал хъваян тIадкъайги кьуни, гьаб заман бугоха нужее ва гьеб хIалтIухъ авторасе тIамач рикIкIун гьаб мухьги кьезе бугоян хъвараб договоралда гъоркь гъулбасги гьабун печатги чIвани, гьеб заман тIаде щвейгун бегьилаха «Киб бугеб, вац, доб тIехьалъул рукопись?» - илан суал кьезе. Гьанже кьолел суалазул магIна бичIчIуларо, кигIан ургъаниги.

Жиб-жиб къойил авторас рукописал хъваниги, хIукуматалъ гIураб гIарацги биччан рахъун, жив-жив цIалдохъанасухъе тIахьал щвезарулел гьечIони, авторасда бараб жо букIунаро гьелъулги. Гьебго жо буго методикаялъулги. КигIан гIемер хъвани щиб нижеца методика, бахъизе гIарацги гьечIони, нижер архивалъул полка гурони гIелмияб хIалтIудаги бихьулеб гьечIони?

Нуж щиб гьабулел чагIийила… кирила ругел цIалул тIахьал, методикиял пособиял, учителасе кумекалъе къваригIанщинаб… Элги хъваларого щиб гьабулебила рукIунел тIубараб институт цIурал гIелмиял хIалтIухъаби. Гьаб дуниял хиса-сверулеб бугеб хехго бихьуларищила. КIи-кIи лъаб-лъаб соналдаса цIиял ФГОСазда рекъон щайила цIалул тIахьал киналго классазе къватIире риччаларел? Риччаралги ругила нужер гIажаибал… Росдал школазейилан дол риччалеб мехалъ, шагьаразул школазеги къваригIунеллъи лъалеб букIинчIищила нужеда. Я гIурус лъаларел, я авар лъаларел, жидерго мацI бугел магIарулалги ругила нилъер, эзие щайила хасал тIахьал риччарарел…? Рахьдал мацIалилан гьоркьоса къотIичIого зурзудилел ругила нуж, кьейилаха рукописал, нижеца Москваялдеги ритIун, къалигIан гIарацги дозие биччан, партIан къватIире риччалила… ТIаде-ххариялъул ричунги ани, эзухъ цо кинаб букIаниги шагьи-параги щвани, гьелдасан цо 5-6 процентгIаги камунги теларила. ЛъикIаб бералда бихьани. ТIокIабги гьобо базе бакIищила нужее къваригIун бугеб. ГьедигIан яхI гьечIого рукIине бегьилищила…

- Вабаааабай, вададай, гьабилеб дарман щиб, гьаб гурони бичIчIи гьечIел чагIазда? Нужеда лъалищ, бетIерчIахъадал, гIурус мацIалъул цIалул тIахьазда тIад нилъер хIукуматалда хIалтIилев вугевщинав чи? ГIурус мацIалъул цIалул ва методикиял тIахьазда тIад хIалтIилел руго анцI-анцI институт ва нус-нус гIалимчи. Гьезие хIукуматалъ биччан буго миллиардал гIарац.

ГIурус мацI букIаниги, авар мацI букIаниги, цахур мацI букIаниги, гьеб мацI лъазабулезул къадаралъухъ балагьичIого, гIалимчагIаз гьабизе ккола цого кIудииииияб хIалтIи. ТIахьазул тиражалда бараб жо букIунаро гьениб щибниги. Гьанже данде кквеха нужецаго. ГIурус мацIалъул цIалул тIахьазда ва гьеб тIехьалда рекъон кин дарс кьелебали малъулеб, гIатIидал дарсил планал хъвараб, кумекалъе тIадеги материалал хъварал, кверзул, берзул, гIинзул алатал, ва цIи-цIиял технологиял хIалтIизарулеб куц хъварал тIахьазда тIад хIалтIилел руго нус-нус чи жанив вугев тIубарал гIелмиял институтал. Авар мацIалъул гьебго хIалтIиги тIаде бегизабун вуго ЦО чи. ЦО ЧИ! Цо институт гуро, цо институталъул отделцин гуро… ЦО ЧИ!

Гьев, гьедигIан къанагIатав, тIубараб миллаталъул мацIалъул къисматгицин жинда барав чиясе кьолеб харжги буго хIелкил магIу гIанасеб, маршруткаялъухъ кьуни къадиквание гIолареб, амма тIалабал руго дол киналго институтаз гьабулеб хIалтIиялдаса къечIел.

ЦIакъго цIодорал хIакимзабаз малъула, учительзабазда гьоркьоса рачейила нужеего кумекалъе чагIи. Амма, дозиеги къваригIунин хIалтIухъ мухьилан абуни, квешал берал речIчIизарула. ГIарцул цIар бахъугеян кьварун лъазабула. ЦIакъго хIалимав хIакимчи вугони, хIалтIи гьабун бахъарабго цо щиб букIаниги кьеларищха эзиегиян ракI-макI гьабула. Бица-бицаралда божулел гIабдалзабиги дагьлъун ругинха гьанже учительзабазда гьоркьоргийилан абуни, гьебги рекIелъ рекъоларо гьал хIакимзабазда. Валлагь гьудулзаби, щиб мацI нужеда бицинебали лъалареб бакIалде ккун ругоха.

Гьелда тIадеги, гьоркьоса къотIи гьечIел, хIакимзабазда берцин рихьиялъе институталъ гьаризе кколел тадбиралги. Конференциялила, семинаралила, форумалила, фестивалалила…. РуцIцIухIунги чIун гIелмуялде тIаде къулун ругони, ниж рукIин щибха лъалеб. ЦIакъго цIакъ хIалтIун тIахьал къватIире рачIине лъугьани, хIакимзабазе зарал гуреб жо элъулги гьечIелъул. ТIахьал рахъизе гIарац къваригIун бугиланги толарелъул нижеца дол хIалхьиялда.

Аслияб хIалтIуде регIичIого рукIине, нусго батIияб жо ургъун рекерахъдизарула аз ниж. Эдинги хIалтIичIого чIолел гьечIони, комиссиял ритIун, параверакаби гьарун, обяснителниял хъвазе тIамун, хъвараб батани – щай хъварабилан ахIтIон, хъван батичIони – гьаб щай хъвачIебилан ахIтIон, цIумур кьабун жанире рачун, цIумур кьабун къватIире риччан, мухъ ккун рилълъинарун… гIемееерал расанкIаби ургъула нижее.

Гьеле гьебго хIал буго анлъабго Дагъистаналъул хъва-хъвагIай бугел ва школазда малъулел рахьдал мацIазул ва эзие тIахаьзда тIад хIалтIулел гIалимзабазул. Анкьие гIолареб харжица хьихьарав пакъирав ЦО гIалимчиги, гьесул бадибе балагьараб миллатги, кьан бан гьодитIаги рекIун, мун щай хIалтIуларев, дуда гIурусал хIалтIилел ругел куц бихьуларищилан тIасан бетIер бухулел  хIакимзабиги.

Гьабгощинаб хабар бицине кколеб жойищ гьеб бугеб. Хъван приказгун кье институталъе цIалул тIахьазда тIад хIалтIизе хIукуматалъул тIадкъайги, цIай заманги, хъвай договорги, цIараб болжаладе нужеда цере рукIина тIахьал. Гьеб мехалъ рукIине кколеб хIалалъ рахъизеги рахъун цIалдохъабазухъе нужецаги щвезаре. Вассалам.

Педагогикиял гIелмабазул кандидат,

ГIалибег Тахо-Годил цIаралда бугеб гIелмияб

институталъул гIелмияй хIалтIухъан,

авар мацIалъул учительзабазул

Ассоциациялъул нухмалъулей

Баху МухIидинова


Автор: Баху Мух1идинова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий
Гьелеха нилъер х1акимзаби,нужеца гьабе,нилъ балагьула ч1ела,гьале гьезул г1акълу,шарт1ал гьеч1о ,г1иц1го т1алабал


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook