Авторизация

Щибдайха гьабилеб?

 

Цояб кабинеталдаса цояб кабинеталъуре рилълъун, цояб школалдаса цояб школалде рилълъун, библиотекаялде ун, институтазде щун, борхатаб гIадаб бакI балагьун, гохI-щобалде рахун, валлагь холеб бугоха нилъер мацI, тIагIине рес бугоха, цIунизе кколаха, рачIа цIунизе, рахъа цIунизе, - илан кигIан цIакъ нилъ ахIданиги жо кколареблъи нилъеда бичIчIана. АхIиялъ гьабулеб жо букIунеб гьечIо, гурун гъуждулгун цадахъ рахъун хIалтIичони ва жив-жив чияс цо-цо гьитIинабниги жавабчилъи жиндаго тIаде босичIони.

Щибха гьабилеб?

Гьеб щибха гьабилебилан абураб суалалда цебе бачIуна, щай нилъее эб хIалалъ цIунун магIарул мацIилан абураб суалги. Гьеб суалалъе жаваб дицаги ва дидасаги анцIго нухалъ гIакъилазги чанцIулго хъвана, ва гьел гохIал-щобаздасан чIалгIинегIан бицана. Кидаго цого жо бицунел рукIунин алилан нужеца абичIого букIине, дица гьаб нухалъ гьеб гьоркьоб биччала.

Щибха гьабилеб?

Цин кинаб ахIвал-хIал шагьараздаги, гIатIиракьалдаги, мугIрузул районаздаги авар мацIалъул бугебали бихьизе къватIире рахъине ккеларищ?  Бихьаралда гурони, бицаралда нилъги божуларелъул, бихьичIого лъолеб жо диагнозги букIунарелъул…

Гьаб ахираб кIиго анкьалда жаниб дун щвана кIиго мугIрузул районалде авар мацIалъул ахIуца йосун.

Балъхъадерил фестиваль

2I апрелалда Авар мацIалъул фестиваль тIобитIулел ругила жалилан Болъихъан бачIараб хабаралъ гьенире щвана: лъай кьеялъул министерствоялъул рахьдал мацIазе квербакъулей Раисат МухIамадрасуловна, МахIачхъалаялъул 39 лицеялъул авар мацIалъул учитель ПатIимат ИсмагIиловна, Тахо-Годил цIаралда бугеб институталъул гIелмияй хIалтIухъан Разият ХIамзатовна, лъай кьей цебетIезабиялъул институталъул хIалтIухъан Залиха Идрисовна ва «ХIакъикъат» казияталъул кIиго мухбир Шамай Хъазанбиева ва Кавсарат Сулейманова. Дунгиха.

Балъхъадерица районалда ругелщинал школалги гIахьаллъизарун лъикIаб программа хIадурун бугоан. Цин рагьарал дарсал рихьизаруна Муни школалъул авар мацIалъул учитель ХIажиева Сапиятица, Кьохъ школалъул авар мацIалъул учитель, АнсалтIа школалъул авар мацIалъул учитель ХIайдарбегова ХIайнатица ва Кьохъ школалъул авар мацIалъул учитель ГIабдулмажидова Бахумеседоца.  Гьенибго, цохIо «ХIакъикъат» газета гурони кодоб гьечIониги, тIадегIанаб даражаялда авар мацIалъулги адабияталъулги жуба-гъубараб даср кьун бажаруленблъи бихьизабуна Сулейманова Кавсаратицаги.

Гьелдаса хадуб Болъихъ 2 школалъул азбарги цIакъ чIухIизабун къачIан, багIараб къатIипа тIад тIамураб столалда нахъа гьалбалги чIезарун, Болъихъ районалъул батIи-батIиял школазул лъималаз бихьизабуна кутакалда рекIее асар гьабулеб церерахъин. Кьурдана, кIечI ахIана, кицаби тIамуна, гIадатал рихьизаруна, гIандисез буртинацин бугIана… Гьел лъималаз бицунеб берцинаб магIарул мацIалъги, бацIадаб мугIрул гьаваялъги, гьабураб адаб-хIурматалъги хIайранлъун нижги рукIана.

Гьелдаса хадуб Авар мацIалъул учительзабазул цолъиялъ тIобитIана данделъи. Цере чIарал масъалаби, ракIалда ругел мурадал, мурадалде щвезе нухда ратизе бегьулел квал-квалал, цоцазе гьабун бажарулеб кумек… Гьел гурел цойгидалги авар мацIалъул ругел щинал унтабазулги, гьабилеб дарманалъулги бицунеб кутакалда пайдаяб данделъи букIана гьениб. 

ЦIумаде сапар

Гьениса руссун анкь иналде, ГIалибег Тахо-Годил цIаралда бугеб гIелмияб институталъ, чара гьечIого мун ЦIумада районалда цIи-цIиял (инновационныял) технологиялги хIалтIизарун авар адабияталъул дарсал кин кьолел ругел, кьолелго ругищали хал гьабизе инчIого рес гьечIиланги абун, яхъана къватIие. Цо речIчIаралъ кIиго чIвалеб гIадатги бугелъул дир, добго Авар мацIалъул учительзабазул цолъиялъул данделъиги букIине ккеларищха, Агъвалие щвезегIан ине йигей пирсидателалъул.

ЦIумада районалъул координатор Шагьрурамазан Насрудиновичас Авар мацIалъул учительзабазул цолъиялъулги бицун, гьелъул персидатель ячIиней йигиланги абун, рохун ратана гьел. Лъай кьеялъул управлениялъул кIалгIаялда жанир данделъул ругоан гьелъул нухмалъулев Муса АхIмадовичги, киналго учительзабиги, директоралги.

Божулелцин рукIинчIила. Ахираб анцIила щуго, къогогIан соналда жаниб авар мацIги, гьеб кьолев учительги цIехон цониги чи ваккичIила жедер мухъалде. РухI кьун, хIал кьун авар мацI лъималазда малъулел учительзаби гIемер ругила жедер, амма гьеб лъиениги къваригIун гьечIила, лъицаниги тIалаб гьабуларила. ХIасил-калам, я баркала гурила, я кири гурила.

 ГIемерал гIарзал ратана учительзабазул. Жиб-жиб росулъ жедерго рахьдал мацI бугеб районалда гIузраби гьечIого авар мацI букIинищ? Амма, тIадругезул кIварги кумекги гьечIолъиялъул бугила бищунго кIудияб зарал жедее. Авар мацIалъул дарсазде кIвар кьоларила, лъидаго гьикъичIого кIиабилеб цIалул планалде анила чанго школа, тIасан буюрухъ бугиланги абун, авар мацIалъул учительзабазе харжалде тIаде бачIунеб I5 процентги щоларила, гъира базабизе кьолел кепкалги цIакъ мукъсанал жал рукIунила. Авар мацIалъул кIвар нухмалъулезда гуребги, улбуздаги бичIчIулеб гьечIила. Гьезда гьикъани 90 процент эбел-инсуцаги авар мацI къваригIун гьечIилан абизе бугила… (гьабни божизе захIматаб жо буго).

ЦIумада районалъул лъайкьеялъул нухмалъулев Муса АхIмадовичас, гьеб I5 процентги нужер харжалда гъорлъе унилан абуна. Гьелдаги щивниги божичIо. КIиабилеб цIалул планги нужеца тIаса бищанилан абидал, гIажаибго цоцахъ ралагьана учительзаби, гьикъизего гьикъичIеб жо кин тIаса бищулебилан абураб гIадин… Пачалихъияб мацIалде кIварги кьезе кколила, гьелда журналалги цIезе кколила, гьеб пачалихъияб мацIги нилъер гIурус мацI бугилан кьварун лъазабуна Муса АхIмадовичас. Авар мацIги пачалихъияб мацI бугилан абураб дир рагIиги гIадахъго босичIо.

Бугеб хIалалъ бицани, рохизе жо дагьаб буго. Лъабго сон баралги лъималаз къотIнор расандулелъул бицунеб буго гIурус мацI. Авар мацI цIакъ къанагIат гурони дида гьениб рагIичIо. Я жедерго рахьдал мацI, я гIурус мацI бицунеб буго цIумадисез. Амма щив миллаталъул чийилан гьикъани цIакъ кьварун «аварец» - иланги абулеб буго. Валлагь ватилаха авар мацI лъаларев чи «аварецищ» вукIунев, мун гIурусав вугилан абуни, кутакалда квешги букIунеб буго. Жив магIарулав гурин багу-чIамалав вугиланги абулеб рагIула цо-цояз. Дун гIурусавги гурин, гIурус мацI лъазабиларинги щайдайха чIоларев, эдигIан бахIарчияв чи.

Агъвали школалда дун йикIана Зиявудинова ПатIиматица ва Сажидова Зульфияца кьолел авар мацIалъул дарсазда. КучIдул рикIкIинеги, цIализеги, учителас гьикъараб суалалъе жаваб кьезеги гIедерал лъимал ругоан гьенир. МагIарул мацIалъ маргьу бицун бажарулищилан дица кьураб суалалда данде гIажаибго берцинго гьимана лъимал, цоцазда гаргадилелги дида гьел рагIичIо.

Журнал кинаб мацIалда цIелебилан абураб суалги гьаниб рехсон тIаса бихьулеб суал гуро. Гьелъул хIакъалъулъ нилъеца батIаго хъвала макъала. Гъажаибаб суал буго. Дол цIи-цIиял технологиязул отчет институталъе кьела, чIамучI гьабичIого.

Рокьукъаб цIалул план

Гьаб бакIалда бицинин щиб жо кколеб доб нилъее гIадалъ чIвазе магIгIанги бокьулареб кIиабилеб цIалул планали.

КIиабилеб цIалул план ккола, авар мацIалъул дарсалги кIиго нухалъ дагьлъизарун, гьел сагIталги гIурус, ингилис мацIазе кьун, ЕГЭйилан абураб гIоралъ унаго, жиндир миллатги, мацIги, тарихги, адабиятги, маданиятги, гьелдаго цадахъ яхI-намусги билараз школазда билъинабулеб политика. Гьеб ккола тарбияги гьечIел, гIакълуги щвечIел, амма ЕГЭ кьун бажарулеб лъай ботIронибе бугIарал гIинккунбачал нилъер лъималазул лъугьинарулеб цIалул план. Гьеб планалде школа, живго лъикIав лъугьун, бачине, я лъай кьеялъул управлениялъул нухмалъулесул, я школалъул директорасул, хIатта министирасулцин гьечIо ихтияр. Гьеб буго эбел-инсул комитеталъул ва школалъул педсоветалъул хIукму бугони гьабизе бегьулеб жо. Гьеб хIукму къотIизе кканани, учительзабаздаги эбел-инсудаги бицине ккола гьелъул лъикIалги квешалги рахъал ва цIехезе ккола щибдай, гьудулзаби, нилъеца гьабун лъикIилан. ЦIехезеги цIехон нужеца гьеб планалда гъоркь гъулбасун батани…

Аллагьас цIунагиха нилъги, нилъер лъималги.

P.S. КIиабилеб цIалул планалде Болъихъ районалъул цониги школа ун гьечIо. ЦIумада районалъул 9 школа хIалтIулеб буго кIиабилеб планалда рекъон, I4 школа хIалтIулеб буго тIоцебесеб планалда рекъон.

Педагогикиял гIелмабазул кандидат,

Тахо-Годил цIаралда бугеб гIелмияб

институталъул гIелмияй хIалтIухъан,

авар мацIалъул ва адабияталъул учительзабазул

Ассоциациялъул пирсидатель

Баху МухIидинова

29.04.I6.


Автор: Баху Мух1идинова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook