Авторизация

Балагьаразда батула!

ГIин тIуниги бетIер тIаде борхилареб хIалалъ хIалтIилел рукIарал ниж, ГI.ГI. Тахо-Годил цIаралда бугеб гIелмияб институталъул хIалтIухъаби…

РачIайила, цо цIиял къагIидаби хIалтIизарун, жедер учительзабаз кьолел дарсалги рихьизе, битIун гьабулеб бугищали къиматги кьезе, лъаларебги малъизе, суалазе жавабалги кьезейилан Кизилюрталъул ТУНОялдасан Нуцалай СайгидахIмадовнаялъул ругьелги бачIун, рахъана Гъуниб районалъул СафаргIали хъутуналъул школалде. Нухасан ГIайшат Малачиеваги ячана. БатIи-батIиял школазул учительзабиги ратана нижедасаги цере щун.

БитIун авар мацIалъул дарсиде тIаде ккана. ЦIакъ махщалида ва лъималазул гъира балеб къагIидаялда бачана дарс гьеб школалъул авар мацIалъул учитель Хадижат Тажудиновналъ. Цониги вукIинчIо дарсида гъорлъ гIахьаллъи гьабуларев цIалдохъан. Гьелдаго хадуб, цойги классалъул лъималазе рагьараб авар мацIалъул дарс кьуна бекьечIдерил ГIарада хъутаналда бугеб школалда авар мацI кьолей учитель Шамай Камаловналъ. Гьелъги гIажаиблъизаруна авар мацIалда предметияб цIаралъул къагIида (правило), лъималазда ракIалде чIезе гIоло, кочIохъего ахIун ва гьезда ахIизабун. Бищунго аслияб, дица кIвар кьураб жо - цониги цIалдохъан ракIгъоларого, щиб гьабилебали лъаларого вукIинчIо гьел дарсазда. КIиябго дарсида хIалтIизаруна компьютер, проектор, слайдал ва гьел гурел цойгидал алатал. ХIасил калам: ТУНОялъул школазда авар мацIалъул дарсазулгун гьоркьоблъи лъикI букIин нижеда бичIчIана. Гьеб СафаргIалиялъул гьоркьохъеб школалъул директор МухIамад Рамазановичасги цIакъ кIудияб кIвар кьолеб буго лъималазул цIалуде гуребги, рухIияб рахъалдеги. Авар мацIалъул учителасе чIезарун руго киналго шартIал лъикI хIалтIизе ва лъикIал хIасилал рихьизаризе.

 Амма, нижее рагIи кьейгун, ХIайбула Сулеймановичас абуна жиндие рокьичIила дарсал, ФГОСалда рекъон кьечIила, дагьалги лъикI кьезе бегьулаанила… Унхайилан абуна дицаги… Суалал ругони жавабал кьезе ниж кидаго хIадурал ругилан абуна Разият ХIамзатовнаялъги. Абу-абураб диктофоналдеги бахъун, цо хIарп гьоркьоб биччачIого жинца магIарул радиоялдасан кьелила, «Лачен» журналалда бахъилилан лъугьана ГIайшат Малачиеваги. Хъвайила ва цIалейила, лъимал, «Лачен» журнал, нужедаго хадуб «ХIакъикъат» ва «Миллат» газетаги цIалун бажаризе.

Гьеб ФГОС (федералный государственный образовательный стандарт) щибжоялиги, гьелда рекъон гьанже цIиял рахъарал программабазда рекъон дарс кин кьелебалиги, гьел программабазде данде кколел цIалул тIахьал рахъизе ккеялъулги, кидал гьел школазде щвезе хьул бугебалиги, хIукуматалъул ва лъай-кьеялъул идарабазул рахьдал мацIазде ва гьезда хурханщинаб жоялде бугеб бербалагьиялъулги… гьениб гIемераб жо бицана, дандбана, бичIчIизабуна. Амма, бищунго аслияб цебе чIараб масъала батана, щай къваригIараб жо авар мацI, щай эб лъазе кколеб, щиб элъ кьолебали цIалдохъабазда ва эзул эбел-инсуда бичIчIизаби. Гьанже цо-цо гьеб бичIчIулелги ратулел ругилан, рекIее цодагьаб бигьалъиги лъугьана.

РачIаха нилъ, нилъеего дарсалги рихьизарун, цойгидал учительзабаздаса элги рахчун рукIинчIого, гьел авар мацIалъул учительзабазул Ассоциациялъул сайталдаги лъун, киназдаго рихьулел ва пайда босун бажарулеб хIал гьабизейилан дица абигун, гьеб пикруги цIакъ рекIее гIуна учительзабазе. Жеги киназдаго рагIун букIун гьечIо эб.

Гьалбал рачIингун, жедер кинабго махщел бихьизабилилан, лъималаз лъикIаб концерт кьуна… Цо Шамилилан цIар бугев гьавуралдаса нахъего канлъи бихьуларев васас ахIараб кечIалъ ниж кверде росана, цо-цоязул магIугицин хулана бадиб. ЦIакъ махщалида ахIулеб бугоан, гIажаибго берцинаб гьаркьидалъун. Живго Синдикъовас малъулила эсда кечI ахIизейиланги бицана. Бугоан гьесул Аллагьсго кьураб кутакаб гьунар. РагIила нилъеда киназдаго жеги гьесул цIар.

Гьеб школалъул директорасеги учительзабазеги кьезе бокьун буго кIудияб баркала гьадаб адаб-хIурматалда ниж къабул гьарурал. Гьединал семинараз кIудияб кумек гьабула учительзабазе цоцаздаса цIи-цIияб жо лъазе, ва нижее, сунда тIад хIалтIилел ва кинал тIахьал, программаби, кумекалъе хIалтIизарулел жал учительзабазе къваригIун ругелали лъазе.

Гьабулеб данде билъаги!

P.S. Рокъоре щолаго ХIайбула Сулейманович вуго, жеги я программаби жидехъе щвечIел, я цIалул тIахьал гьечIел, сундаса росун жидеца ал ФГОСалда рекъон дарсал кьелелилан абизе лъачIила дол учительзабазда))).

Балагьаразда батула!


Автор: Баху Мух1идинова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook