Авторизация

ЧIорогоял къучIбузул къвахьиялъ ккураб улка

Нужеда гIумруялда дандчIванищ ирга щоларелъуре кIанцIолел, церехъахъдунел, тIокIгIусал гIадал чагIи? ЧIвачIо-я? Гьедин батани, нуж талихIал чагIи ругоха. Дидайин абуни-щибаб къойил ва батIи-батIиял. Михаил Пришвинил бугин ккола, «Выскочка»ян цо къокъаб хабар. Гьелда чаргъудузул тIелалда гьоркьоса цоялда ракIалде ккола жиндаса кутакаб хIинчIги гьечIин, гьойдул кIалдиса ракьа бахъизецин гIураб бахIарчилъи жиндир тIинаб къаркъалаялдаги бугилан. Гьеб, цIакъго жиндаго ракIчIеялъ, ахир-къадги рачIги хIулун хутIараб гъарим ракIалде щола дида гIамалги кIудиял, хабарги гIемерал, бицунелдаса гьабулебги дагьал инсанияталъул цо-цо вакилзаби рихьидал. Гьелин абуни камураб бакI гьечIо: Кремлиялъул чIухIарал кIалгIабахъа байбихьун, кIиго чи вуссараб рикIкIадаб кули-мархьуялде гIунтIунцин! 


ХIакимзаби руге-ругелъуре жункIун ун, гьел тIокIгIусаз кьолел церелъеязги,«гIакълабазги»,рецц-бакъазги долцоязда ккола гьаздаса бегIерал (рахъи кьолел, хIалтIул ургъел бугел, мухь цIехоларел, ишалда ракI унтарал…сияхIалда лъикIав хIалтIухъанасе кьолеб характеристикаялъул бокьараб прилагательное тIаде жубазе  бегьула жеги) гьавудухаби жидее щвезего щоларилан ва хIалбихьи бугелги нахъе цун, гьадинал жидерго хьолбохъ ккола. РикIкIен тун соназ руцIцIухIунги чIун ракIбацIцIадго жидерго иш тIубазабулел рукIаразул захIмат къинабула цо гьитIинаб квербагъарицин инкъилаб бахъараб хIисабалда кодо-кодобе кьолел «махщелчагIазул» хIаракатчилъиялъ.


 «ЧIобогояб къвачIил къвахьи кIудиябин» кициялъухъего, жиндего кIвар буссинабизе гьаз лъалебги-лъаларебги бицуна, гIумруялъ жалго гъорлъе журан гьабизецин бажарунареб, пищтIиялда гьабулеблъун чIезабула. Абула ничгьечIолъи кколин гIакълугьечIолъи бахчизе бищун лъикIаб алатилан. Гьелъухъего, гIакълу гьечIел ничгьечIал бигьаго рахун уна тарбиягун сабру кодосел, калам дагьал, ишал цIикIкIарал захIматчагIазул «бутIрузул» болъодухъан карьераялъул тахиде. Цо киб букIаниги жидецаго жидеего гьабураб рекламаялдалъун, къо бихьичIого церетIей, гьункьилъидалха гьазул гIумрудул мурад?!   КIал бахьиназул ургьиб бугеб чIегIераб махьа бихьизе захIматаб жо гуро, лъикI балагьани. Гьезул хIаракатчилъи буссараб букIуна хIасилкьеялде гуреб, жалго рихьизариялде. 


Рихьизе, сурат бахъизе рес гьечIеб бакIалда гьал церего рахъунаро, балагье нужго. Гьезул «кIола» ва «бокьун буго»ялда гьоркьоб кидаго тIину гьечIеб кIкIалги букIуна,борхатаб магIарде тохлъукьего  рахун ратарал гьазда кинабго сверухълъиги гIиссинго, бер-ракIго щвечIого бихьула. Нагагьлъун цо щиб букIаниги рагIалде бахъинчIого, лъугьинчIого хутIани, «гIайибиязул» сияхIги хIадурун букIуна гьал хIалихьатазул.Цо кIудияб хъулухъалдаги вукIун хIалхьиялде витIарав гIакъилав хIакимчиясул гьал тIадехун рехсаразул къавмалъул цо гIаданалдехун хитIабалъул нугIлъун лъугьун йикIана дун дагьал церегIан соназ. ТIокIав чи дунялалда хъулухъ-пиша кодосев гьечIев киниги, киназдаго пахруго, хъачIго, дандиял гIабдалзаби гьарун кIалъалей гьалда сонисев хIакимас абуна: «Гьеб хIалтIул болъодул тIасияб хIокIиде рахине цIакъ захIматаб, гъоркье лъугьине цIакъ бигьаяб ишинха жинда батараб»илан. Къого бихьичIого, тIокгIусазул цIияб гIелалъ хисизеян дой хIаким тIадчагIаз гиризаюлей йихьичIого хвана дов мунагьал чурад. КIалгьикъиял исламалда реццарал гьечIониги, чанго хIакъаб рагIи абилаанха дос гIамалкIодода. ПонцIозабураб, учузаб хIалтIуда нахъа рахчарал, бачил къаркъалаялда жанир ганщил гьуърул лъурал чIухIухъабазухъе паркъ-паркъараб маххул гъурущги кьун, нужерго багьа лъайдал, сдача нахъбуссинабеян телаан дицани, Толстоясухъего.


Автор: Ф.МУХIАМАДОВА

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий
Жиде -жидерго бак1алда кинавго вук1аравани,кинабниги жакъа бихьулеб г1унгут1и бук1инароан,кинабго г1аксалде ккун,гьелъ буго ,нилъ жакъасеб ах1вал-х1алалде рачун(


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook