Авторизация

ГьечIила магIарул чиясе чехенбеле гIадаб жо…

 

Нужеца чехенбеле кварабищ? Валлагь бегьана… Чехенбелеги квинчIого араб гIумруялъул пайда щиб?

Эб букIунеб цIакъаааб… Бищунго цIакъаб жо буго чехенбелеялъул, чанцIул гьабуниги, сундул гьабураб ва кинаб тIагIамалъул гьаб нухалъ лъугьинебали лъангутIи. Гьединлъидал жакъа нужее бицунеб чехенбеле буго – цо чехенбеле. Чехенбелеялъул тайпабазул гIорхъи-рахъго гьечIо.

Рукъалъул яги хIалтIул къваригIелалъ эбелги шагьарлде ун, рокъор хутIигун, инсуца нижее гьабулаан рокъоб батанщинаб нигIматги жубан цо гIажаибаб квен – чехенбеле. (Кисан бачIараб цIар ва нигIматали гIелмияб цIех-рех дица жеги гьабичIо. РакIалда бугоха). КигIан лъикIаб квен эбелалъ гьабуниги мекъдарулел нижее, сундул гьабураб букIаниги, гьеб чехенбеле цIакъ бокьулаан. Гьелдаса нахъе дицаги гьабула гьеб.

Гьаб, кигIан ургъаниги, кинаб гIоралъ росун инел ругелали бичIчIизе кIолареб заманаялъ, свера-хъверун лъугьунеб бугеб щинаб хIапу-чапуралъ сваказаюн, гIадамазул гIемергьумерчилъиялъ хагазаюн, гIорхъи-рахъго гьечIеб хIалтIуца собозаюн, лъикI гьечIого гIадин лъугьарайго, расги барщичIого дица гьабула чехенбеле... Лъалаго мадар лъугьуна. ХIал бихье нужецаги.

Дица босана цо гIанчIаб гIанкIуялъул бащалъи. Маххулгелалда жаниб гьебги лъун, тIаде буссана щуго заргIанаб пер. Гьанже тIад тIалъелги лъун, доб гIолохъанаб ва гIанчIаб гIанкIуялъул сокалда гъорлъ белъун бежун, пералъул ражи гIадаб жо лъугьинегIан, гIодобе биччараб цIадутIа, кIочон тана букIинесеб чехенбеле.

РакIалде щварабго, цIам бана, пил-пил гьарщезабуна, багъа-бачарана ва кинаб тIагIамалъул жо лъугьун бугищали халгьабизе, кIалдибе босана. Ммм… БукIараб цIакъааааб… бицун пайда гьечIо. (Гьеб бакIалда нужецаги щивго аскIове къазе виччаге. ХIалбихьизейилан сверун лъугьараз кун эбги лъугIун, гьанжеги чехенбеле щибжоялицин лъачIого гIумру иналда хIинкъи буго).

Цо гьитIинаб жо хIалги бихьун, дица гьелде тIаде, хъусун ламадурги буссун картошкаги бана. Гьеб бежа-белъарабгIадаб заманаялъ, помидор, гIурдахIан, бечIараб чIакIултIан… вай, гуро… белъараб багIаргьологи тIаже жубана. Гьаб бакIалда лъалхъичIони, кинабго чехенбеле дицаго квине ккеялъул хIинкъи букIинги бичIчIун, дица, бахIараб заманаялъго рукIарал никIалайил гьушхъабахъеги бахъун, тIаже гIурччинлъиги гъенезабун, рагIалда лъаб-лъаб зайтунги лъун, охцералъул къотIелги хIукизабун, цогидаб рахъалде лъабго нухалъ жадул гьоцIоги тIинкIизабун, бакьулъе тIорахьги чваххизабун, тIанкIан лъуна цебе. Лъурадайилан ккелалде кунги бахъана.

Гьеле гьединаб хIикматаб жо букIуна чехенбеле.

Кванил тIагIамалги ричIчIулел, хIалбихьиялги рокьулел, киданиги цебе квинчIеб гIадаб жо балагьулел рукIунел цо гурманалилан хIикматал чагIи рукIуна. Гьезие бицун телин. Гьаб чехенбелеялде гъорлъе жубазе бегьулареб жого букIунаро. Масала: цIулакьо, ананас, цIикIва, гени, лъолъол хьон, лимон, гьоцIо, хIеккараб гьоло, баккараб пурчIина, белъараб хоно ва гьелда релъараб цойгидабги.

Амма, совет хIукуматалъул заманаялъго рукIарал чагIазе чехенбеле гьабулеб бугони, гьадаб дун чIараб бакIалда лъалхъани, беццараб букIуна. Доб заманалъул гIадамал бетIер бекун чIола жидеца буржуязул квен кваналарилан, ананасалъул махI чIвани. Воре.

Кванарал кьаралъаги, кьурал бечелъаги, гьабулеб данде билъаги, баркат лъеги. Кинаб жогIаги нужер чехенбеле букIарабали почалда цо кагъатгIаги битIизеги кIочонге, суратни нужеца киса гурин бачIунеб…

P.S. Дие тIидул карщгиха бокьулеб.



Автор: Баху Мух1идинова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +3
  • Нравится
Оставить комментарий
Гьеб чехенбели гьабиялъул,хасаб цо бого-рукъ(Ашбаз)рагьиялъул пикру ккеч1ищ Баху?


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook