Авторизация

Ккана нилъ къоринире!


Цо кинабалиго 20-30 соналъ цебе, нилъеда цебе чIезабизецин кIолароан, дунялалъул киб бакIалда нилъ ругониги, бокьарав чиясулгун хурхен нилъер чвантиниб букIунилан абураб жо. ЦIакъ хехго ккуна нилъ аб тIолгодунялалъул гьиналъ. Алдаса рорчIизе кIвейги щакаб жо буго. Гьабилеб дарман щиб?

Ккун рукIахайилан тезеги бегьилаан, алъ нилъер бащдаб гIумру бахъун унеб гьечIебани. Гьаб гордунисан баккун гьимун, доб гордунисан баккун жирун, берцинал бакъанал рачун, гIажаибго берцинал тIабигIаталъул суратал цере рехун, йорчIамийилан цояв, яхъарайищилан цойгияй, ма гьаб кофе гьекъейилан лъабабилей, дуе кьолареб жо кIваричIила, долларазул цIурал машинаби, меседилъ ччун рахъарал рукъзал, дунялалда ругелщинал нигIматазул гохI, хIохьлачинаго гургуралъул бох… хадубги гIемеееераб гвала-рахас… камураб жо батуларо чвантинибе ккун, нагагь цо гьаб виртуалияб гуреб, дунялалъулгун гIумруялъул тIалабазде щуго минуталъ машгъуллъани.

Цо-цо чиги кIалъан, гьес битIараб жоги цIалун рукIаралани, цо жо букIана. Гьанже рукка-руккалаби ккун тIаделъана ал нилъеде. «Однослассникалила», «однокурсникалила», «мадугьал-къонойила»,  «тухум-кьибилила», «яцгIалзабийила», «нилъергоялила», «чияралги дунгийила», «рокьучкабийила», «гьогьмашкабийила», «цо гамитIа рукIаралила», «ассоциациялгун ассамблеялила», «тиятир бокьулелила», «хIукумат бахъинабулелила», «жамагIатила», «жамгIиятила», «жумхIуриятила» ва гьел гурел цойгидалги, гьезда релъаралги группабаз цIцIан ххинабуна нилъеда. Цо пикру байбихьудаса ахиралде щвезегIан, нусиялда кIикъоялда анцIила микьго нухалъ кIвар батIияб жоялде буссинабун, квал-квал гьабун, гIатIхала бетIер.

Гьаб, телефонилан цIар букIаниги, тIубараб дуниялго жаниб бугеб жоялде тIаде къулун унеб бугеб щинаб заман, нилъеца дунялалъеги ахираталъеги пайдаяб жо гьабулаго инабулеб букIарабани, гьалеха, вац, дун гIадада вукIинчIо дунялалда, гьабги гьабги гьабги пайдаяб жо гьабуна дицаян, цебе лъезе жогIаги букIинаан. Гьанже гьабулеб бугеб жоялъул я кодоб кквезе гIоркь гуро, я гIодоб лъезе тIину гуро. НацIица къо гуккун, къвалуца бо гуккун, къваригIинеб лъалареб, къваригIинареб лъалареб информациялъул асирлъуда.

Цойги рахъ босани, гьелго вацапаздасанги, жамгIиял гьиназдасанги, лъикIалдаго цадахъ, чан гIадалаб, гIантаб, мекъаб, тIекъаб жоха тIибитIизабулеб бугеб. Цо бетIер жагъалав чияс битIизе бегьила гIантаб жо цойгидасухъе… Пикру гьабеха, ле, щиб мурадгун, кинаб пайдаялъе гIоло тIибитIизабулеб жо гьебали, цойгиясухъе рехилалде цебе. Щибго гуреб жо батани, гьеб бакIалдаго, тIад хIетIеги чIун, чIчIинтIун лъе. Дуего кириги батила.

Цо кибалиго щибалиго кканилан бачIуна рехун, къиямасеб къо гьениб чIаниги ургъел гьечIел чагIазул кисинибе. ЦIодорал чагIаз,  жидехъаго гьабун бажарулеб жо гьечIони, Аллагь гурхIагихайилан, дугIа-алхIамги гьабун тола. ГIабдалазабазул тIел багъарула, щибила-кинилан, нусго гьереси тIад лъун, азарго жидедаго цере тIамурал жал тIаде журан, гьанибе рехун, добе хьвагIун, ц1ех-рех гьабизе. Азие аб щай? ТIокIаб ургъел гьабизе жойищ дурго азбар-къоноялда гьечIеб? ГьедигIан лъикI Аллагьас хьихьун ватани, щукрудал какал ралелгIаги рукIине ккеларищ, къватIул харбазул мониторингалда рукIинчIого.

Гьанже кигIан гьитIинабги ккараб жо бугони, цIадулъе нах тIолел чагIи гурони, маслигIаталъе кIал кIалъалел чагIиги къанагIалъун руго. Жалго тун рукIаралани, некIого рекъолел рукIарал чагIи, хадубкваял жамгIиял гьиналги кумекалъе рачун, гьорозарун, понцIозарун, биччизабун, бигъинабун ругъунгун, гIумруялъ гьумер битIуларел тушманзабилъун гьарула. МунагьазукьагIагийищ хIинкъуларел.

Гьабни гьадин бицун бахъунеб тема гуро. Жакъа гIела. Баркала цIаларалъухъ. Бичас биччани, хадубги хъвала)).



Автор: Баху Мух1идинова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +3
  • Нравится
Оставить комментарий
Гьеб интернет хӏакъикъаталда цоязе загьру цогидазе,дару гӏадаб жо буго,амма тӏоцебесеб цӏикӏунеб буго.


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook