Авторизация

Гьерсиказул агьлуйищ яги мекъи ккаралищ?

 

БитIараб жо бицани, киданиги мекъи кколарилан вукIунаан мунагьал чураяв ГъалбацIов. БитIарабги буго.

Гьерсаз буго кинабго хвезабун. Кидал нилъ гьадинал гьерсикал лъугьарал?

БитIараб ахIвал-хIал лъалеб бугони, кигIан рекIелъ рекъолареб гIадаб гьеб бугониги, кин гьеб битIизабилебали нух балагьизегIаги бегьула. Цо гьересиялда тIад цойги гьереси лъун, гьелдаги тIад цойги рекIинабун, гьеб гьерсил гохIалтIе дагьабги тIаде жубан, тIад кIусиялъул щиб хIасил ккелилан ва кьелилан нилъ ругел? 

Нужеда дов толохIочарав хан ракIалда вугищ?

Дов пакъир ханни, гьерсал рицунел чагIи рукIунеллъицин лъаларев, Аллагьасул вали вукIун вуго. Эдинав вукIин лъан махсародеги ккун вуго. Ал нилъер «ханзаби» «валабиги» гуро, цониги нилъеца бицараб жоялдаги божуларо… Щайха гьерсал рицунел? Яги, битIарабги бицун, бугеб ахIвал-хIалги лъан, ракI кьвагьун ал хвелиланги хIинкъун, кири батулел гьерсал рицунелищ нилъ?

Гьанир рукIун шуршудун, дорехун рилълъун хьимхьидун рукIинчIого, щай бегьулареб битIараб бицине? Нилъер мурад щиб? Нилъ берцин рихьийищ, гьабулеб ишалъул хIасил ккейищ? (Гьаб бакIалда ракI бацIцIадго жаваб кьезе кколаха нилъецаго нилъеего).

Абеха, ле, бихьинчияс гIадин, валлагь, бетIерчIахъад, гьеб хIалтIи нижеца гьабизеги гьабичIо, гьабизе ракIалдаги гьечIо, ракIалде кканиги гьабунги бажаруларо, щибго гьабун бажарулел хIалтIухъабиги гьечIо нилъер, киналго гIарцухъ росарал руго… Мун тIасаги лъугьа, хIалчIахъад, дур ракI бакъвазабунилан, аммарагIи, гьедин бугоха аб магIладерил колхозалъул ишилан.

Абуларо. Канищнайила, дур кIалдиса къватIибе иналдего тIубазабунила, гьебги гьабунила, добги гьабунила, добцоябги гьабунила… цойги анцIго тIадкъай кьуниги, алхIам цIалилалде эб кинабгоги тIубазабулила….

Гьеб гьерсил гохI гIуна, цохIо гIарац щвей гурони тIокIаб мурад гьечIел чагIи нилъ лъугьаралдаса нахъе. Гьеб унтиялда цIарги буго жагьиллъи. Жагьилчиясул лъугьуна чIухIухъан, чIухIухъанасул – веццарухъан…

Чан чияс я букIинеселъул, я хадусел гIелазул гIумруялъул, я цебе букIаралъул, я хадуб букIине бугелъул пикру гьабулеб? Жакъа чехьги цIун бугони, чвантиниб гIарацги бугони, шагьар бакьулъ гьундулги ругони, гъоркь рекIун чIухIараб машинаги бугони, лъанги лъачIогоги бицунеб гIурус чIван ингилис чIван мацIги бугони, цо-цо диниял чагIазда жидерго чийин ккезе, гьоркьор речIчIизаризе гIараб рагIабиги лъалел ругони, къиямасеб къо чIчIаниги ургъел щибха бугеб букIинеселъул. Гьеб санагIалъабазул зона цIунизелъун рицине кколел руго дол гьерсалги.

Дунялалъул батIияб бакIалда гьединаб ахIвал-хIал бугониги, сунца ккунха эб эдин букIинаребилан абун тезе бегьилаан. Дагъистаниял гурищ кинавго чиясда диналда рекъон кин хьвада-чIвадизе кколебалиги лъалеб, киназдаго малълъаризеги лъалеб, киналго как-кIалалъеги цIакъал, АхIулгохIтIе каки чури гьечIого ине бегьулареблъиги лъалел, гьенир гIурусазул суратал рукIине бегьулареблъиги лъалел, гьеб гуреб цойгидаб, гIисси-бикъинабги шаргIалде данде кколареб жоги хIехьоларел гIадамал? Аб дир хIалтIухъ дие щолеб гIарац хIалалаб бугодайилан щайха пикру гьабулареб? Унго-унгоги вугодайха дунги дир гьав васги инвалидалилан щай суал кьолареб? ХIалалго-бацIцIадго щварал кепказухъ гIумру гьабун чан чи вугев нилъер?

ГьабичIеб хIалтIи гьабунилан абун, борхьил мацI бицун, ришват кьун, хIелхIедун щвараб магIишатги, шапакъаталги, рарал рукъзалги, рекIарал машинабиги бегьулел руго. РекIетIаса ун гьабулеб бертин хIалалаб гIарцухъищ, хIарамаб гIарцухъищали цIехоларо, амма эниб умумулъанго батараб кечI ахIани, яги ихтилат-кеп гьабуни, хванаха иш. ХIарам!

У, гьаб хIарам! Гьереси – хIалал! Ришват – хIалал! ХIелхIелчилъи ва хIалихьалъи – хIалал! Гьебгощинаб «шаргIалда данде кколеб» щинаб жоги гьабун щвараб магIишатги, магIишаталъул бетIергьанги – кутакав чи. Гьесие къулила, гьимила, нуцIа рагьизе векерила, бажарулеб бугони, хIежалтIе витIизецин квербакъила… щиб лъалеб пайда букIинеги бегьулелъул.

ГIадамазе, росу-ракьалъе, ВатIаналъе, хIукуматалъе, дунялалъе пайда бугел, киданиги кIочонареб лъалкI дунялалдаги толел, ахиратги кIочон толарел гIадамалги нилъеда гIемер лъала. Аллагьас кIодо гьареги! Гьездаса мисал босизе нилъееги къуват кьеги. Амма, гIадамазе пайда гьабизейищ дун вижун вугев, дир диего буго пайдайилан, дунял хачалел кьохорхабиги кигIанги лъала нилъеда.

БацIцIун хIарам кунел ругел чагIазул кинаб разилъунгутIи букIине кколеб гьаб сверухъ бугеб ахIвал-хIалалдаса. ГIайибиял щал?

Щиб бицаниги малаикзаби нилъ гуро. ЛъикIал чагIиги квешаздаса гIемерал руго. РачIа цо, гьерсалги рицинчIого, ракIбацIцадго хIалтIиги гьабун, хIалалаб боцIиги кун цо лъагIел тIамизе КИНАЗГО… КIалагъоркье чIвараб аб жамгIият тIаже бахъунеб куц бихьизе. (Байбихьи тIадчагIаз гьабизе кколаха, кинабго тIасанлъидал байбихьулеб).

Намусалъул лагълъун ва напсалъул ханлъун вукIине тавпикъ кьегиха щивав бусурманчиясе!


17.02.2017



Автор: Баху МухIидинова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +4
  • Нравится
Оставить комментарий
Г1адада къацандана,г1адада гьедарана,хъвана Расулица цо коч1олъ!


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook