Авторизация

«Кавказалъул робинзоналги» цIиял магIарулалги

ГIасиго кополаб, осетиязул драматург Асахмет Айларовас хъвараб, «Кавказалъул робинзонал» спектакль бихьизабуна гьал къояз ЦIадаса ХIамзатил цIаралда бугеб аваразул музыкалиябгун драматикияб театралъ. Гьеб пьеса хъвалаго  драматургасе бокьун букIун буго кавказалъул гIадамазе ВатIан бокьулеб куц ва кире кканиги дозулаб босичIого, нилъерабго добаги билълъанхъизабизе лъугьунеб гIамал нилъер букIин бихьизабизе. Гьеб цIакъ лъикI бихьизабунги буго.  Амма, авторгицин хадув гIунтIичIеб, жакъа къоялде цIакъ кIвар бугеб суал борхизе бажарун буго спестаклялъул режисер ГIалисултан Батировасда, спектакль Авартеатралда лъолаго.  

РикIкIадаб Аляскаялде фольклорияб фестивалалдейилан къватIире рахъарал цо лъабгоял… ригьуна гьелегьараб Африкаялъул чIинкIиллъиялда. Къвалакь ккун пальмабиги, сверун ралъадги, салул цIун кIалалги, лъазего лъалареб бакIги, унтилеб бетIерги… чара хвараб бакIалде ккун ратула нилъер гIолохъаби.

Гьениб гьезда батула гIалхул гIадамазул къавм. ТIоцебе гьез чIвазеги чIван квиналда хIинкъи букIун батани, лъагIел сверилалде нилъеразул махщел гIола гьел жидедего руссинаризе. ГIадамазул гьан квин гIадинал гIадамазда рекъечIел гIамалалги тезарун, саламатал магIарулазда релълъарал чагIи лъугьинарула Бобол къавмалъулал нилъер гIолохъабаз.

Артистазул хIаялъги, байбихьаралдаса лъугIизегIан сценаялда гьелчолеб ралъдацаги,  цIакъ кIудияб асар гьабуна  спектаклялъухъ ралагьаразе.  

Спектакль байбихьаралдаса, гIолохъабаз бицунеб гIурус рагIабигун жубараб магIарул мацIалъухъ гIенеккун, дир щаклъиго букIинчIо гьел шагьаралда гIурал ва гьенисан фестивалалде ритIарал васал рукIиналда. Щибха гьабилеб, шагьаразда адин бугоха аб мацIалъул иш, кутакалда лъикI гьабун буго режисерас гьеб ахIвал-хIалалде кIвар кьейилан тун букIана… Цодагьаб заманалдасан бичIчIана хурулги, хIамилги, бакIаричIого хутIараб тIорщелалъулги ургъел гьабулел, корохъ эбелги цее тIамулел унго-унгоял магIарул росулъа васал гьел рукIин ва гьеб мацIалъул проблема шагьарги тун некIого росабалъе щун букIин нилъеда бихьизабулеб букIин.

Гьанже магIарухъги магIарул чIвараб, гIурус чIвараб, гьолочIвараб гIатI гIадаб мацI бицунеб буго, кигIан квеш букIаниги. Гьабилеб дарманги лъаларо. Лъалезеги ургъелцин гьечIо.

Гьебго жуба-гъубараб мацI малъана ал нилъер гIолохъабаз гIалхул къавмалдаги. Дол пакъирзабини жидеда бацIцIадаб магIарул мацI лъанин рохун ратиларищха, амма нилъеда лъалаха бацIцIадаб магIарул мацIалъул берцинлъиги гугьарги... Жибго кополаб, рекIелгъеялъе балагьилеб гIадаб спектаклялда жаниб режисерас борхун буго кIвар бугеб суал.

КигIан санагIат гьечIеб бакIалде гьав лъабавго гIоркьилав чанцIулго кканиги, ахиралде кинабго лъикI ккана. Дол аборигеназда магIарул мацIалда релълъараб жоги лъана, магIарул кьурди-кечIги малъана, гIадамазул гьан квине бегьулареблъиги бичIчIизабуна, дозул ханасда гурхIун рухIгIан лъабасего йокьун йикьарай Пиятницалдасацин инкар гьабуна хIалчIахъадаз. ЛъагIалидасан, талихIалъ, гамаги бачIун, рокъоре инецин рес щвана. Амма, ресги букIаралъул, гьадав Бобол къавмалда бацIцIадаб магIарул мацI малъун букIарабаниян ракI хун бугоха хадуб.

Щиб лъалеб, анир ругезда тIубан мацI къочон тейгун, нилъер фестивалалде рачIарал африкаялъул вакилзабаз цIидасан малъизеги бегьулаан нилъеда нилъерго мацI. Щиб лъалеб…


Автор: Баху Мух1идинова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий
smile  smile 


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook