Авторизация

Цогицин щвечIев МахIмудие кIиго Муи

 

Валлагь бегьанаха… Лъабго премьера бихьизабуна Авартеатралъ «МахIмуд ва Муи» спектаклялъул… ЦогIаги чияс жиндирго пикру хъвалародаян чIана гIенекун… чIана… чIана… ТIокIалъ кIолароха чIезе, гIайиб гьабуге.

БитIараб бицани, дида кIиго гурони бихьичIо. Гьадаб шигIрияб театралда букIараб премьераялде дун инчIо. ГIункIкI бекерани наку чIвалеб гIанасеб сценаялда бихьизабураб жо кинаб жойин букIинебин, тIадежоялъе дунги эний ани,  гьениб бакIго гIеларин, рокъойго чIана. 

Цо пуланаб сордоялъ Авартеатралъул сценаялда бихьизабуна «МахIмуд ва Муи» спектакль. Залги цIун букIанин абизе бегьула. Щиб бицаниги, рокьула нилъее нилъерго шагIирзаби. ГIабасил МухIамадил «МахIмуд ва Муи» бихьаралдаса таманабго заманги ун букIаралъул, ракI щун рукIинарищха.

Кьоге, гьудулзаби, гьеб санагIалъи гьечIеб суал дие… аб лъилхайилан. Дида щиб лъалеб? ЦIарал хъварал чагIи цо, пьеса хъварал цойги, пьесаялъул сценаялда лъун бажарулеб жо лъугьинабурал лъабабилел, лъурал ункъабилел, тIад квер бахъарал щуабилел… ХIасил калам, гIаммаб вацлъиялъулаб хIалтIи. Бищунго къо бихьарал, гьелдаса хадув больницаялдецин ккарав бетIерав режисер ГIалисултан Батыровасе, НурмухIамад НурмухIамадовасе ва гьезие кумекалъе хьолбохъ чIаразе миллаталъул рахъалдасан кIудияб баркала, чIагоял гIадин рихьана МахIмудги Муиги.

Я вац ГIалисултан, гьедигIан захIматаб жойищ букIунеб эб спектакль лъейилан гьикъарабго, гьес абуна, рухьун квералгун ва хIатIалгун, цебе рехун газагун, гьалеха, ГIалисултан, гьаб бакIалдаса бахъараб добееее щвезегIан гьаб рахъ бухъейилан тIамунила жив, кIиго моцIги кьун. Щивниги божулевги вукIинчIила жинца доб бухъиялда… Амма, жинца бухъанилаха, гьанже кин бухъарабали Аллагьасда лъалила.

ТIоцебе спектакль бихьарабго дида ккана, рухьун квералгун хIатIалгун гьадинан спектакль лъун бажарулеб бугони, гьел ричун рукIаралани, роржун иналдаги хIинкъи букIанилан.

Режисерасул хIатIалги квералги щай рухьине кколелилан абураб суалги бугоха бухъардилеб. ГIасиго гIемерал суалал ругеб, амма жавабал гьечIеб бакI батана дида гьеб театр. Цо-цо суалал кьезего бегьулел ратичIо. Хваниги кьечIого чIолареб суалалъе нуцIаги къан, шурун абулеб къагIида батана. Гьа, тана...

 

МахIмуд

ТIоцебсеб дида бихьараб спектаклялда цо гьедигIан кIудияб тIасан кIалъазе жал рукIинчIо, ругониги, гьел бадибе кIанцIулелги рукIинчIо. Актераз божиледухъ ролал хIалел рукIиналъ батизеги бегьула. У, гьениб лъугьунеб бугеб лъугьа-бахъиналдасаги, МахIмудил кучIдузухъ гIащикълъун йикIиналъ батила, гьабгощинаб чIанда бицинчIого кечI щайдай МахIмудица ахIулареб… кечI ахIе, МахIмуууд… кечI ахIежуха МахIмууудилан инагьдилеб букIана ракI. Гьанжесел махIмудоведаца эс кечIго ахIулароанила, гьаракьги букIинчIила, пандурги хъвазе лъалароанилан чIезе гьабулеб букIаниги, кинго кIоларо кечI ахIуларев МахIмуд цеве чIезавизе. КечIго ахIуларев чияс пандургIаги щайха кодоб кколеб букIарабилан цIехейгун, кечI рикIкIунеб мехалъ кIутIизейилан щвана жаваб. Жергъен щвезего щолареб жогIаги букIун батилаха доб заманаялъ. Гьанже, битIараб Аллагьасда лъала, амма магIарулазухъа лазаталда пандрида унго-унгояб кечI ахIулев МахIмуд вахъизе лъилго ихтияр гьечIо.

Музыкалиябгун драматикияб театриланги бугелъул, дида кколаха спектаклялда гьеб кIиябго жуба-гъубан букIине кколилан. МухIканго лъалеб жо буго драма батIаго бихьизабун, концертал батIаго кьейилан абулеб жо эб гуреблъи…

Баркала буго парахат Кьохъ жиндирго хIалтIуда вукIарав Аминтазаев МухIамадие, вачIун анивегун нилъее, кутакалда релъинабун, МахIмудил роль хIаралъухъ. ТIаде ралагьун чIагояв МахIмуд цеве чIун вугеб хIисаб букIана. Цо-цо ралагьаразул рагIана зурзур МахIмуд тамахав вугилан. МахIмуд къвакIарав вукIине ресго букIинчIо. ГIумруялъ росабалъа росабалъе хьвадун рокьул кучIдул ахIулев, живгоги рокьуца вухIулев вукIарав МахIмуд, мугIрузул ГIали гIадинав чилъунищ азда цеве чIолев вукIаравали дида лъалароха… Дидани ккола, Аминтазаевас бихьизабураб МахIмудил образ букIанин бищун гьесде гIагарабилан. БитIараб буго, рокьуца вухIулев вугев чиясул гIадаб цIа гьесул хIаялъулъ букIинчIо. Махщел кутакав актерасеги захIматаб жо батула, жиндирго чорхолъ гьечIеб рокьул цIа гIадамазда бихьизабизе. Аминтазаев МухIамад вуго гIадатияв магIарулав ва гьев гIадатияв магIарулас гIадатиябго гуреб МахIмудил ролги цIакъ лъикI хIана. Кутакалда лъикI букIинаан МахIмудил Муихъ гIадаб рокьи ккарав чи гьеб роль хIазе гьениве вачине вукIаравани… Амма кисаха эв вахъилев… нилъер заманаялъ.

Муи

Гьеб спектаклялда Муи йикIанин абизе бегьула тIад кIалъазе бакI гьечIей Муи. Гьелъул гьурмада букIине кколеб бакIалда рохелги букIана, пашманлъиги букIана, рокьиги букIана, унтиги букIана, рекIел бухIи ралагьаразе асар гьабиледухъ къватIибе кьолебги букIана. Рес бугел чагIазул букIунеб сси, пахрулъи, ретIа-къай, къачIа-кIатIайги, кинабго букIана Муилъ. Муица абулел рагIабиги гIенеккаразухъе кодо-кодоре кьолел рукIана ва гьезда жаниб рагIабазде данде кколеб асарги лъолеб букIана. Муил рекIел хIал ралагьаразда бичIчIулеб букIана, гьелда цадахъ рохулел рукIана, гIодулел рукIана. БитIун бицани, Муида божана. Гьедин ралагьаразул рекIелъе лъугьунедухъ Муил роль хIарай Дибирова Разиятие азарабго баркала. Абизе бегьула Авартеатралда бищунго махщел бугел актераздаса цояй йигин Разиятилан.

Амма гьаб бакIалда дида жеги бичIчIулеб букIинчIо, Муил хIаялда бараб жо кинабниги спектакль букIин.

БожичIел бакIал

Цо гьедигIан ракI рекъечIел, кигIан хIаракат бахъаниги божизе кIвечIел бакIалги рукIана спектаклялда. Бицинаринги йикIана… йикIаниги…

Масала: МахIмуд вачIанаха Муи хъамизе. Муица абуна, мун кивгIаги вукIарав гьаб гIадамазул цIураб магъилъе, МахIмууууд, чIвала гури гьанже ниииилъилан. Гьаб киназдаго цере ругеб бакI гурони, дуда дихъе вачIине бакIгойищила батичIебилан зурзудула Муи ва рахIатхун дое ание ялагьахъдизе лъугьуна. ГьебсагIат хирияйилан МахIмудица Муил кверал къакъала, кинабго жоги кIочон тун Муица байбихьула кутакалда гIодобе биччараб бакъаналда кечI ахIизе.

Гьелъул бакIалда дун йикIарайани, дица гьениса тIуризе, гIадамазул берзукьа хьвазе гIамал гьабилаан. АхIичIого бегьулеб гьечIони гьеб, къулгьудехъуд, кечIги, рекерун тIурун унаго нухда ахIилаан, хехаб бакъанги бачун цо-кIиго куплетги гьоркьоб биччан.

Гьеб бакIалдайин абуни, Муиги МахIмудги, лъавудаса арал чагIи гIадин, ралагьун магъилъ бугеб щинаб росдал жамагIатгун, кечI ахIулел рукIана. Залалъур гIодор чIчIарал, вабаааабай, чIвалаха гьанже ал дозилан, рахIатхун, азул кечI лъугIизегIан чIезе кIоларого рукIана… Алилан абуни, ахIулел абулел, жалго моцIрода ругел гIадин.

Цойги. Вуссана МахIмуд рагъдаса ва векерун вачIана хвалил бусада лъун йигей Муихъе. Гьанжеги долго кверал… къвалал… Доб заманаялъ кин гьеб букIарабали дида лъаларо, гьанже заманалъул магIарулалцин рахIатхун кьуркьудизе лъугьунел рукIана, гьеб бихьарабго. КигIан цIакъ гIащикълъун цоцахъе рекераниги, аскIоре щвейгун сабруги гьабун, ссиги цIунун цоцазда хъвачIого чIезе кIун букIарабани, гьел гIащикъазул даража дагьабги борхилаанин ккола. Циндаго индиязул киноялде ккараб хIисаб лъугьунеб букIанаха… тIасаги лъугьа.

Ахиралдаги, кигIан божизе бокьаниги, букIинчIоха МахIмудидаги Магьдил МухIамадидаги гьоркьоб чIвай-хъвей ккелеб гIанасеб дагIба. Дагьабги цебе ккараб, нилъеда лъалареб, гIиллаги букIун, багьана батун, жиндихъегоги ахIун, Магьдилас чIвачIев ватани МахIмуд, гьадаб дагIбаялъе гIоло чи чIваялда божичIо.

 

МахIмудие цойги Муи

Цо нухалъ бихьараб жоялъул щибин букIинебилан, ячун эбелгун, гьудул-гьалмагъзабигун щвана кIиабизеги, дицаго беццараб, «МахIмуд ва Муи» спектаклялде. Щаялиго байбихьудасаго нур букIинчIо спектаклялда. Бертинги букIана гIодоб чIвараб, кеп гьечIеб. БахIаралъул хIамилцин гIундул далун рукIана. 

Берталъе Муи ячIарайго бичIчIана, гьай дой Муи гурейлъи. Муиги хисун ятун, гьелде гьечIеб рокьи бугилан нилъ гуккун бажаруларого, риччалъе ккун МахIмудги вугоан. Гьесда чIвараб ургъел киналго актераздегийищ бахарабали, гIодоб кIал чIвараб спектакль букIана гьеб сордоялъ. ЦIияй Муил гьурмада я рохел, я пашманлъи, я рокьи, я кьал, щибго букIинчIо. Бицунеб жоги бащдаб бичIчIулеб жо букIинчIо. МахIмудида хурхун кечI ахIулагоги, хвалил бусадаги цого гьумер, цого гьаракь, цого асар. КигIан цIцIацIцIазарун бералгун ялагьаниги, лъазе кIвечIо, гьей чIагояй гIаданищ, механизмищали. Кинабго спектаклялъул иш Муил махщалида бараб жо букIин гьанже бичIчIана.

Гьаб щиб чIандайилан, рахъун унел чагIиги камичIо. Лъабго соналъ тIадги хIалтIун дицаго гьабураб хIалтIи гIадада хварабгIанги ракIги бакъван, аскIор рукIаразда гьикъана, дойцояй Муил хабар жого лъаларищин, щиб гIиллаялдалъунин гьай цIороясикIо гьание цее яхъарайилан. КIиго чиги тун доехун йигелъ, добаааса бахъараб цIцIазабун габургун, гIинде шурана, гьеб бугила тиятиралъул жанисеб пАлитика.

Гьеб пАлитикаялдаса къваригIел гьечIеб жого дандчIвачIо. Гьале гьанжеги кIалагъоркье чIвазабуна гьабунщинаб хIалтIи. ТIокIал рачIинарила, рачIунездаги унгейилан абилилан хIинкъабиги кьолаго ана гIемерисел рокъой.

Я гIодичIо, я елъичIо, лъугьунареб, релълъунареб актеразул хIалтIи эхеде цIцIалаго свакан, тату хун, гамачI гIадин щвана дунги рокъое.

Нужее талихI кьегийин, гьаруге нужехъ ралагьизе рачIаразул ганчIал. ХIалеб батани хIай гамачIгицин биинеб хIалалъ. ХIалареб батани, бихьинаб къагIидялъ, «валлагь, вац, гьаб жо дихъа бажаруларо!» - йиланги абун, рокъоре а.

Рекъон хIалтIи

Кинабго рахъалъан щвалде щвараб спектакль лъугьине ккани, гьелда гъорлъ гIахьаллъулел щинал рекъон, цо чи гIадин, цо мурадалъе гIоло хIалтIизе ккола. Гурони гьеб искусстволъулаб асар лъугьунаро. Гьеб буго театралъул хаслъи - цо чияс гьабулеб жо гуреблъи. «ГIаммаб творчествоялъе къваригIуна рекъон хIалтIи ва рекъон хIалтIуларел чагIаз такъсир гьабула цадахъ хIалтIулездехун гуребги, жидецаго хъулухъ гьабулеб исскусствоялъеги» - ян абуна С.Станиславскияс.

ГIемерав чи цадахъ рекъон гьабулеб хIалтIи букIин гуребги, театр буго гIемерал махщалаби (искусства) журан лъугьараб цолъи (синтез). Гьезда гъорлъе уна адабият, суратал рахъи, бакънал рачи, кечI ахIи, кьурди ва гь.ц. Гьел махщалабазда гъорлъ буго цо театр бетIергьанаб махщел – актерасул махщел. Театр гьечIони актерги вукIунаро – актер гьечIони театрги букIунаро. Актер вуго гьадаб театралъул хаслъи жиндилъ бугев ва гьеб нилъехъе босун вачIунев чи. Драматургасеги, режисерасеги, бакъан хъвалев чиясеги, декорациял хIадурулев чиясеги, ретIел-тIех рекъезабулев чиясеги нилъеда абизе бокьун бугеб жо нилъехъе щвезабулев чи вуго актер. Гьезие нилъеда абизе бокьараб жоялда сценаялда актераз рухI лъечIони, гьеб нилъехъе щоларо ва нилъее асар гьабуларо.

Кинаб букIаниги махщалил тIагIел гIуцIизе ккани материал къваригIуна. Адабияталъе - рагIи, сураталъе - кьер хIучч, бакъаналъе - гьаракь, актерасул махщалие – рагъа-рачари. Рагъа-рачариги букIине ккола балагьарал божулеб ва гьелги рагъа-рачаризе тIамулеб.

Цониги режисерасухъа щибниги гьабун бажаруларо, кинабго театралъул коллектив ракI унтун хIалтIичIони пьесаялда тIад. Директорасдаса байбихьун хIур-кIуч бацIуней гIаданалде щвезегIан. Драматургасеги цIакъ захIматаб жо буго жиндица пьесаялда жаниб лъураб магIна ралагьаразухъе кьун бажарулел актераз спектакль хIалеб гьечIони. Дида чанги рагIана ГъалбацIовас абулеб, цо пьеса бугила ботIролъ женжелеб, амма доб хIазе ругел актералги, гьезул гьечIеб гъираги гьунарги цебе чIчIун, ракI билълъунеб гьечIилан. Амма, доб гъоркь бачIараб «Миллат» казияталда дица хъван букIараб ишляпаби рукъулеб пабрикадул хIалтIухъаби гIадин хIалтIизарулел ратани, актераздаги щибго гIайиб гьечIо.

ЗахIматаб суал

Щолеб жоялъул ургъалида вугев актерги актерищха? ЗахIматаб суал буго нилъеца борхун.

Алъухъ нижее щолеб жо щибилан, бажаризеги бажарун, хIаларого нуж ругел ратани, дица бицина щиб гьабизе кколебали. (Вореха нужеца лъиданиги бицине гурин. ГIазанАллагьха дир цIарги бахъизе…)

Цин нужеца бихьизабе нужехъа бажарулеб куц, зрителалали щай гурин, живго театралъул директорцин биччан гьаракгун гIодулев ва кIариялда велъулев хIалалъ. Гьедин хIай цо кIиго-лъабго ункъго-щуго нухалъ… Ругьун гьаре ниж, нуж гьечIони кепкил пайда аб театиралъул гьечIолъиялде…. Цинги а директорасухъе ва актерасулаб махщелги хIалтIизабун, кутакалда хIалимаб хIеренаб гьимиялдалъун цIехе директорасда, мун разияв вугищ, бетIерчIахъад, нижер махщалидасайилан.

Гьанже дос нужее бицине буго жиндир нухмалъиялда гъоркь нилъер тиятиралъ гьабураб кутакаб хIалтIул ва нилъ ахIулел ругелщинал гастролябазул, планазул, нилъехъ балагьун бугеб гIаламалъул, нилъее дунялалъго рагьун ругел кавабазул…………….. Гьеб бакIалда, кIиго лъабго нухалъ хъегIизеги хъегIун, нужеца абе (киназгоха цадахъ), нижее гьедигIан кутакаб махщалилаб хIалтIухъ щолеб харж кIиго-лъабго (цIакъго хIаладаса инеги бегьилищха, бусургьанчагIилъидал) нухалъ цIикIинчIони, тIокIаб гьаб тиятир бихьулеб бакIалде къазе нижер нигат гьечIилан.

Амма, гьадаб ралъдал рагIалде гьава цIазе вачIарав чиясда гьарани, досгицин нужедаса лъикI хIалеб хIалалъ ролал нужеца хIалел ругони, гьеб щолеб харжгицин хIалалаб букIунищали цIехезе дибирасухъе аниги беццараб букIинаан.

Абунги букIана дица кIалъазаюгейин дунилан. Ма! Босун рахъа.



Автор: Баху Мух1идинова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook