Авторизация

МухIуца хъат чIван букIарабани?

2009 соналъ хъван бук1араб пикру. (Мух1у Г1алиев Дагъистаналъул Президентлъун вугев мех).

Ахираб анкьалъ Дагъистаналда риччалел гIемерисел газетазул гьурмазда  букIана МахIачхъалаялъул гIурус театралда цо нухалъги бихьизабун, «Все в твоих руках» («Кинабго дуда кодоб буго») абураб пьеса тIокIаб бихьизабичIого теялда сверухъ ккараб хабар.

Къокъго абуни, тIоцебесеб сордоялъ премьераялде ахIарав Дагъистаналъул Президент МухIу ГIалиевас  гьеб пьесаялдаса жиндирго разилъи гьечIолъи загьир гьабун буго ва ахиралда артистазе хъатги чIван гьечIо. Нахъисеб къоялде абуни пьеса тIокIаб бихьизабизе гьукъун батана,  батIи-батIиял гIиллабиги ургъун. МухIуцани нахъа лъазабуна жинца пьеса гьукъичIин, гIицIго абунин гьединаб пьеса Дагъистаналда лъезего кколароанин.  (Гьеб буго Москваялда 200- абилеб соналъ «Норд-Ост» абулеб театралда жанире кIанцIун, боевиказ гьабураб зулму лъикIаб ишлъун, гьунарлъун бихьизабулеб Англиялдаса драматург Наталья Пелевайница хъвараб пьеса, Россиялъул гIемерал театраздаги лъечIого, МахIачхъалаялда лъураб).

Дол  газетазул гIемерисез хъвалеб бугоан творчествоялъе ихтиярал къалел ругилан. Дир пикруялдани, МухIуца, тIоцебесеб иргаялда, дагъистаниясда тIадаб рагIи абун буго, кIиабилеб иргаялда, Президентасда тIадаб жо гьабун буго. Москваялдаги Бесланалдаги бихьизабизе биччалареб спектакль бихьизабизе ккани, дагъистаниязул ракIалдещвеязулъ дол терактал хутIундай гьечIо. Гьаб ахирисеб анцIго соналда чан пашманаб иш ккараб гьаниб.  Дой  культураялъул министралдаги режиссерасдаги кIочондай бугеб гьеб. Яги гьедигIанго ццулъунищ гьел ругел, театрги министерствоги халкъалъул налогазда хьихьараб бугеблъи кIочене. Дидани кколеб буго, МухIу Гьиматович, дур министрзабиги чиновникалги халкъалдаса ратIа тIун ругилан. Гьелдасаги кIудияб асар гьабилаан гьал соназда чIваралщиназул гIицIго цIаралги  чан сон щивасе букIарабалиги рехсарабани. Жеги ругъназдаса ракIал сахлъичIел улбузеги бесдаллъиялъул кьер бадиб бетарал лъималазеги террористал лъикIал гIадамал ругин абураб асар гъорлъ бессараб пьеса лъелалде, цин ургъизе ккеларищ, щиб жидеца гьабулеб бугебалиян.

ТIадежоялъе, дой драматургалъ лъазабулеб буго жинца МухIу судалде кьезе вугин, гьес жий къабихI гьаюнин абун. Гьелдаса хадубги бичIчIиларищха пьеса Дагъистаналде бачIиналъул мурадго: гьаниб гьеб биччазе гьечIеблъи – цо ва гьелда сверухъ ахIи-хIур бахъинаби – кIиго. Кин гьабунги, жиндиего цIар гьабизе къватIие яхъарай щияли Пелевайн дандчIван йиго гьалгощинал соназ «хун» букIун,  МухIуца, вачIинеги вачIун, квер чIван «чIаго» гьабураб театралъул бетIерав режиссер, добго цIар балагьулев  щивали  Тулпаровасда. Гьеб буго нилъеда бачIинахъего бихьулеб жо. Нилъеда лъалареб, гIицIго щаклъун рукIиналъ абичIого толеб, чан балъголъидай нахъа бугеб? ХIатта, МухIуда театразул устав ракIалде щвезабун, журналистал ахIдезе ругеблъицин хIисабалде босун гьабураб иш букIинги бичIчIулеб буго. Гьебни гьедин тела.

Дица кьолеб буго цоги суал. МухIу Гьиматович, жого абичIого, хъатги чIван, нахъе ун вукIаравани, щибаб сордоялъ гIадамазе  гьеб пьеса бихьизабилаангури? Гьелъ заралдай цIикIкIун кьелаан, хайирдай? Дидани ккола гIаммаб халкъалъул рекIелъе чIвадарухъабазе лъикIаб къимат кьезе кколин абураб пикру бугIизе хIалтIулел ругин цIакъ кIуди-кIудиял къуватал абун. Пьеса гуро гьукъараб МухIуца (гьес гьукъун батаниха), гьес гьукъана гъачагълъи кIодо гьабизе ва гьегьал  къватIиса пачалихъалъул ритIунчагIазе нилъеда демократия малъизе ва заманги бакIги батIа бахъизе лъалареб хIалалда гIамал кIодолъарал  нилъерго ракьцоязда дагьал цере балагьизе кколеблъиги бихьизабуна.  КигIанги кутакаб пьеса гьеб батаниги, дие бокьилароан гьенив хъат чIвазе кколевлъун дунго вукIине. Аллагьас * лъикIаб хъван батаги.


Автор: МухIамадрасул ГIумаров

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +3
  • Нравится
Оставить комментарий


ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook