Авторизация

Мадугьалихъ гьуин, бац1 г1адин, вук1а …

«Мадугьалзаби»ян абулеб раг1идал, жакъа бищун цере рак1алде рач1уна кванан-гьекъон ц1ани маг1арде рахиндал, дур каваби гъурулел, г1арац кьун  босараб бак1алда жидеца бокьараб гьабилилан дур минаялъул къадал жидеего х1ажатхаби гьарулел, ялъуни къайи-ц1а  хвезабизе т1аса гъоркье лъим т1амулел чаг1и. Цойги, нахъасан гаргадулел, дуца нуц1а къиридал бадиреги гьимун, мугъ рехарабго, цо тамахаб бак1алда мал лъолел чаг1и. Х1акъикъаталдаги, ганч1ил г1асруялдаса бахъарабго бугин инсанасулъ «гьаб дир, гьаб чияр»ан бикьиги, жалго жидеего г1ун  ч1ейгиян рик1к1унеб буго г1алимзабаз. Бихьин кутул-гьабзазгицин жидерго бак1алда  г1уж лъолелъул, лъиеха бокьилеб цо киналалиго «понаехалияз», ялъуни жал рач1инег1ан рохада щиб къанун бук1арабалицин лъаларез гъоркь ратарал г1одорег1ан гьаризе.

Абу Гьурайратидасан бач1араб х1адисалда Аварагас (жинда Аллагьасул свалат-салам лъеяв) абулеб буго: «Алжаналде ине гьеч1о жиндасан мадугьаласе киг1ан дагьабниги зарал бугев чи» ян.

Ц1адаса Х1амзатица ах1ана мадугьалихъ гьуин рук1ине. Амма, щаяли, жакъа къоялда г1емерт1алаязулаб минаялда г1умру  гьабун ругелали щай гурин, цо этажалда ругелцин цоцазда лъалел ратуларо. Дваргъан босун маххул нуц1аги къан, «дидаги хъвагеги, хъухьиги лъуг1угеги»ян жанире к1анц1ун ч1ола х1атта цо росулъацин  жал ратулел мадугьалзаби шагьаралда.Росулъин абуни, цоцазул бихьараб тохаб къват1иб бицун, ялъуни долцоязул буголъиялъулъ х1усудалда рук1уна г1емерисел. Нилъер хирияв Аварагасул (сваляллагьу таг1ала г1алайгьим вассалам) мадугьалихъ йик1ун йиго, жинца Мух1амад к1алт1асан унелъул щибаб къойил  гьесде гордухъан хъублъи балей цо ягьудияй. Цо къоялъ гьеб «гьайбатаб» иш такрарлъич1елъул, аварагасде ургъел рещт1ун буго, гьелъие щибдай ккарабилан ва жиндирго асх1абзаби (Аллагь разилъаял) рит1ун руго х1ал-х1укму ц1ехон. Унтун босной лъун гьей  ятанин гьез бициндал,бищун лъик1ал дарабиги  росун т1алаб-агъаз гьабеян т1адкъан буго нилъер Х1абибас гьалмагъзабазда. Дов вуго Дов. Инсанияталъего мисал, бищун Аллагьасе вокьулев лагъ. Нилъер иман гьесулалде г1арадаялъул манзилалдецин г1агарлъиларо. «Къед цурал» мадугьалзабаз гьабураб х1алихьалъиялде данде жеги к1удияб  «гьунаргун», рагъи-семиялде данде ц1об гьеч1еб рагъгун руссунел ратула заг1ипал нилъ, т1адег1анаб диваналъухъе «Аллагьас рекъезабеги»ян гьел кьунги теч1ого. Нилъеца гьудуллъи ккола нилъеего данде кколел чаг1игун, тушбаби ралагьула нилъерго г1айибаздалъун, амма мадугьалзаби Аллагьас кьурал гурого росун бажаруларо. Ва амма ингилисаз гьелъиеги ургъун бугебха сабаб. Ц1арги гьелда «Забор борхалъанаг1ан мадугьалзаби лъик1лъула» ян буго. Къед цурал тушманзаби, вай гуро, мадугьалзаби цоцазде ккеч1ого рук1иналъе бищун лъик1аб буго жани-къват1иялъул «вай, дида  т1ад налъидай асие кьезе бугебан» кколедухъ, гажал рихьизарун  г1иц1го «рорч1ами»  кьеялда гьоркьорлъаби лъуг1изе тей. Амма нахъаса къот1ич1ого г1адат1а ц1ул бич1улеб г1адаб ах1и-х1урги, ц1ех-рехго гьабич1ого, жидер бак1 бугилан ралел сисибок1налги, къишни-къулалъул ц1езабун батулеб к1алт1у-къоноги  бугони, щивасул рух1ияб ихтияр буго «х1инцго унеб бугеб ч1амуч1аб шизофрениялъул» бет1ерлъуде лъугьун, ц1уралъухъ ц1ун кьезе ва киналъего г1орхъаби ч1вазе. Сабруялъеги раг1аллъидалха бук1унеб?!

Гьаниб, Аллагьасулги, Градостроительнияб ва Граждан кодексазулги квербакъи  нужее, мадугьалзаби щварал талих1 къосарал! Абухъего, диргиха гьел ругел. К1иц1ул рак1 бихъарай эбелалда, г1аммаб к1алт1уялъул г1унгут1аби рихьизарунилан, хъач1го к1алъан ятана рохаде гьанжег1агар яч1арай цо гьайбат, жал ругила гьанир бажараралги г1олохъаналги чаг1и, нужеца г1асру гьаниб т1амунигийилан. Щибха долда гьабилеб, бугес бугеблъидал бикьулеб. Хъач1лъиги рак1хъублъиги жиделъ бугез-гьеб, гьей мадамалъ г1умру гьабун бугеб минаялъур цебе г1умру гьабун рук1арал бет1ергьабаз-панкъал, т1арамагъадисеб чед, гьуинлъи-гьудуллъи (гьаб жакъа къоялдаги жидер рокъоб щиб рохел бугониги к1очонаро гьезда басрияб рохадул мадугьалзаби ах1изе).

Дирго рахъалдасан абила, нагагьлъун Камилилалъ рукъзал ричулел ругин раг1ани,ч1ван ч1орого кьолел ругониги, росизе г1едег1угеян.  Ургъич1ого дир ригьалъе даран гьабизе бегьулаан къого соналъ цебе: рохадул к1удиязда кор боркьизе рак1алде ккедал,«Ясал, ролъ буце-я, нужеего чадал режизе!» - ян ах1иги раг1улеб бук1араб, минаялъул к1улалги «т1аде-гъоркьеги ракке, г1акаги беч1ч1ун рахьги нужеего те» ян  бокьарасда кодоре кьезеги бегьулеб бук1араб заманалда. Жакъа гьедин гьеч1о.

Хвалил рокъоб лъабго къоялъ мадугьаллъиялъ т1аса босейин къварилъи ккаралъуб рекъеч1еб тепси рекъезабиян малъулеб буго рух1анияз. Бит1араб буго. Амма лъаларо, гьумер бит1ун к1алъазе, ялъуни балеб-толелъ нужее г1унгут1и ккеладаян ц1ехезе ч1ух1иялъ биччаларез щиб къо борхулебали. Бук1араб лъик1аб авалха дир инсул! Ц1иял рукъзабахъе, «Хъах1аб» росулъе гочун, къайицадахъазул хут1арав чиго гьеч1о гьанже. Амма къварилъиги цадахъ къулч1улел, рохелги г1ахьал гьабулел рек1елъги дуг1адулъги ц1унун руго дир. Х1ал алжаналъуб батаги киналго лъик1ал мадугьалзабазул. Амин.

Хунзахъа Камилилай.

 


Автор: Ф.МухIамадова

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий
Рикӏкӏадасеб гӏагарлъиялдасаго ,мадугьалго лъикӏин абулаан,амма жакъа гьеб бихьулеб гьечӏо.


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook