Авторизация

Гъваридаб кIкIалахъе кIиго иццул лъим

Чан нухалъ гьоркьоб лъезеян лъугьаниги, дамдамаяб Думаялъ нахъчIвалеб буго цIикIкIун доход щолезухъа цIикIкIун магъалоги кквезе кквеялъул суал. ХIакъикъаталдаги, «Законалда цере гIицIго цо суалалъулъ-I3 % подоходнияб налог кквеялъулъ ращадал ругин мискиналги бечедалги»ян халкъалда гьоркьоб тIибитIараб абундач тIадчIун  улъизабулеб буго  360азарго гъурущ моцIрол харж жидее бугел депутатаз .Батила гьелъулъги цо «балъголъи». ЦеретIурал Дания(щвараб жоялдаса 57-75 процент), Германия, Великобритания(45%) гIадал хIукуматазда гьелъул гIаксалда-цIикIкIун щварас цIикIкIун кьолебги буго ватIаналъул нахъраталие. Франциялдайин абуни  тIубанго ханлъи гьабулеб буго ритIухълъиялъ- харж дагьазда цониги магъало тIалъулебго гьечIо. 


Гьа, доба дида нилъер гьаниб гIадин бечедаздаги мискиназдаги гьоркьоб гъваридаб кIкIалгиха бихьулареб. Цоял щварал кепкал кваниеги рукIа-рахъиналъеги кин гIезарилелали ургъалилъ,цойгидал-миллионал жеги цIикIкIун гIарац тIаде щолелъуб кир лъелелали лъаларого-гьеле дир улка!Цоял хасалил моцIаз хинлъиялъухъ дагьаб шагьи-пара инеян кIарсу гIадаб цо рокъоре хъизамго руссун, цойгидал-гIазу бацIцIад гьабизе ккечIого букIинеян азбаралъубцин хинаб чIабарги гьабун! Гьабги дир Рас-с-е-я!(Есенинихъего).Лъабабилел анькумумулъанго батараб къватIирго киналго шартIалгун минаялъур, цойгидал-хIажат тIубалеб суркIацин меседалъулги гьабун! Цоял (ЖамгIияб цIех-рехалъул фондалъул баяназда рекъон)-50азаргогIаги моцIие хъизамалъего щолебани жалго талихIаллъун рикIкIинаанин абулел, цойгидал-63 миллион гъурущ моцIроеги щун(«Роснефталъул бетIер И.Сечин)талихIалъул анкьзобалазда! Мусруги жемун хабалалъе хъурщиялде сахлъулареб унтуца чара къосиналъ ккаралги, чанго батIияб гIумру,лазат,къадру,  багьаялъухъ балагьичIого, бичун босизе кIолелги! Цого чарухъалги ретIун дуниял сверизе бажарулелги, хьитазда хIур хъвачIого букIине кIудиял кIалгIабахъа къватIире рахъунарелги! КIиго батIияб дунялалдаса гIадамал,цо улкаялда жанир.Бегьулеб буIинчIищха доб налогазул суалалъулъгIаги гIадатал гIадамазул ракIал гIодоре риччаялъегIаги бечедазухъа цIикIкIун босизе? ЦIакъ бегьулаан. Амма, «КъачIеб харибакIалда хер бижуларин»ва «маялъ чи бечелъуларин абухъе»къанун ургъулезул, жидеегоги жидедаго релълъаразеги цIодорлъи гьабизе, гIакълу гIун буго.Дозда дов Березовскиясул агъаз гьабичIого рехун тараб,къищниялъул цIураб хоб бихьанадай?


Автор: Хунзахъа Камилилай

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook