Авторизация

Урхъараб гьоболги рекIее сабруги

 

Пикру

 

Урхъараб гьоболги рекIее сабруги

 

Паризаяб тIоцебесеб кIал дица ккуна цIакъго кватIун, астагъфируллагь. Гьереси щай, кIалдибе лъим босизабун, черхалъе бугеб «зарал» чIезабун, какал раялдаса, кIалал кквеялдаса, мажгитаздаго гIураллъун жакъа жалго рихьизарулел светиял хIаракатчагIаз тархъизариялда ана диргун гIелбащадазул лъимерлъи. Жакъайин абуни дуй йохарай йиго тIад лъураб гуреб, суннатабцин кIал кквезе щвараб ресалдаса, хъвалисун балагьулезул берда цеесан яхча-хьвараб ретIа-къаялда данделъабаздегун бюрократиял гIодорчIеязде ине дидаго кIвеялдаса. АлхIамдулиллагь.


РагIулеб буго цо-цоязул багIарараб риидалил моцIалъ кин кIал кквезе кIвелебилан ургъалаби рикьи. Кинха, диналъул яцалгун вацал, кIал биччазе рокъоб чадил мицIирцин гьечIого, дол нилъер анкьумумузда кIвараб гIадин! КIалги какги гьоркьоб биччачIого, рагъулъги рукIун, исламияб дин тIибитIизабизабулаго, асхIабзабаз хIаракат бахъараб гIадин! Цо-цоязул тIубараб къого унин абуни мекъи ккеларо, кIал биччаялде гьабизесеб кванил бицунеб. Ялъуни тукабаздаса батIиял-тIокIал нигIматал росулел. РечIчIа-гедан, сихIкъотIун, зулмуялда ругел кинигин, рукIуна 700 нухалъ жинда жаниб гьабураб лъикIаб гIаламалъухъ кири цIикIкIунеб рамазан лъугIизегIанги.


Цогидал, гьелъул гIаксалда, лъида тIад речIчIилелали лъаларого, семи-рагъиялда. Иманалъул ункъил бутIа гьабун, цо бутIа бугилан абула кIал кквеялде. Рецц БетIергьанасе буго, исанаги кIал кквезе нилъ чIаго таралъухъ.Чан чи вугев араб соналъ нилъеда цадахъ, ихтилат-кепалда вукIарав, амма исана ракьул чохьонив лъун вугев? Чан гIолохъанчиясул рукIарал лъикIалде нигатал, херлъидал тIуралин нахъе тIамун тарал диниял ахIкамал?!


Рагьдухъ рещтIун буго дун урхъараб гьобол, жакъа буго шагIбаналъул ахирисеб къо. РекIелъе лъугьун буго цо лазатаб парахалъи, кканщинаб тIекъаб битIизабизе къасд, Аллагь тIаса лъугьиналде хьул. Бокьула дие гьаб тIаде щвараб моцI.


Бокьула: «Алжаналда жаниб, Райян цIар бугеб, жиндасан кIал ккурав чи гурого лъугьунареб, рагьу», - букIиналъ. Бокьула, Аллагьас щибаб гьаб моцIрол сардилъ малаикзабазда: «Вугищ мунагьал чуризе бокьарав чи, Дица гьесул мунагьал чуризе руго. Вугищ дугIа гьабулев чи, Дица гьесул дугIаялъе жаваб гьабизе буго», - ян гьикъулеб букIиналъ. Бокьула, бокIо-бокIоналда дагьа-дагьаб жо хIеккинабулелги, намуслъун, рахчун чIеялъ. Бокьула, чалухал ясазде сабру рещтIиналъ. «Бокьула», «бокьула», жеги гIемер нух «бокьула»!


Щибха гьабилеб, СагIудиялъ гIадин, ичIгоялдаса къад кIигоялде щвезегIан гурого хIалтIул къо чIезабичIого (тIубараб хIалтIул къоялъул мухьги цIунун), гIадатаб магIарухъ гIумруялда: хур-хералда, лъугIи гьечIеб хIукуматалъул хIалтIуда гьеб ине букIунилан. ЗахIмат бихьун гьабурабгIан, къо бихьанагIан гурищ доб кири цIикIкIун букIунеб? Щвараб кири мацIал гьариялдалъун, гьерсал рициналдалъун хвезабулареллъун рукIине дугIа буго дир нужее, газета цIалулел. Гьаб каримаб моцIги ахираталъе ва дунялалъе хайиралда, тIадегIанав Аллагьасе реццалда, тIобитIизе къуватги жанги кьеги киназего. Амин.


Автор: Фатима МухIамадова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий
Баркула киназдаго Шагьру-Рамазан,баракатаб ,киназего пайдаяб моц1 ккаги,ккурал ,ва гьабизисеб г1ибадат Аллагьас ,къабул гьабеги!


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook