Авторизация

ЩайтIабаца кквеяб ЖамгIияб совет (Рахьдал мацIазда сверун щайтIангьури)

Вай, дир хирияб магIарул халкъ, гьадинан ургъел гьечIого чIани, киредай нилъ рачинел гьаб щайтIангьуриялъ? ЩайтIангьуригиха дол унго-унгоял щайтIабаца багъаризабураб. Дир щаклъи бугоха гьаб нилъер дагъистаналъул миллатаздеги, маданияталдеги, адабияталдеги, миллиял мацIаздеги, тарихалдеги данде рагъулел нилъерго миллатазул чагIи щайтIабигун рекъарал гурел ратиялда. 

Лъайкьеялъул идарабазул иш-пишаялда хадувги рекIа-ворчун Бичацин гъоларо. Школазда цин кьун рахьдал мацIал, хадур нахъе рахъун, щибдай аз абилаян, нилъер хIалал рихьун… ЦIакъго хъуй бахъани, вай, лъачIого кканила, тIаса лъугьайилан, цIидасан кьун… Цо-кIиго гIакълу мукъсанал улбуз, къваригIун гьечIила жидее рахьдал мацI, роц гьечIеб ххер гIадин, гьури пура-пуралъуве росун унел рукIине тейила жидер лъималилан абуни, киналго улбуз абулеб бугила рахьдал мацI къваригIун гьечIиланилан бицун… бица-бицаралда божун… божунгIаги рукIинчIеланийилан ккун…

БичIчIизе кIоларо, гьабгощинаб гIакъуба жидеегоги нилъееги кьечIого, Россиялъулги, Дагъистаналъулги Аслиял Законал цIализе ва гьезулго «лъайкьеялъул хIакъалъулъ» Законал цIализе бегьуларищ? ЦIале, гьудулзаби, Россиялъул Аслияб Законалъул 68 статья, Россиялъул «лъайкьеялъул хIакъалъулъ» Законалъул 14 статья, Дагъистаналъул Аслияб Законалъул 11 ва 26 статья, Дагъистаналъул «лъайкьеялъул хIакъалъулъ» Законалъул 10 статья…  Гьениб буго гури киналъего жаваб.

Гьебги добги добцоябги лъаларел чагIи щиб берцин бихьун нилъеца хIукуматалъул хъулухъалда тун ругел, нилъеегоцин гьечIеб гIарцудаса хIалхьезегIан харжги кьун? Халкъалъул хъулухъ тIубазе тарал чагIаз халкъалъе зарал гьабулеб бихьулеб мехалъ сихIтун чIараб халкъ мустахIикъаб гьечIищ гьединаб хъулухъалъе?

Валлагь кIоларо бичIчIизе… аб дуниял кIалагъоркье чIванищ бугебали. Дол хIакимзабийилан нилъее хъулухъ гьабизе тарал чагIазда нилъ рагIичIого рукIинеги бегьулилан гурищ (дол цIакъго борхалъуде рахунелъулха), бищунго сахаватал рищун жамгIиял хIаркатчагIаздасан нилъеца (нилъеда гьикъулебгийищха эб букIараб?) гIуцIараб ЖамгIияб Совет. Гьал къояз гьеб Советалъул хIурматияв жамагIатчи, нилъер киналниги рагъул гIахьалчагIазул кIудияв, гIакъилавила цIодоравилан дагъистаниязги рикIкIунев Магарам Алиджановас зани бегизабуна. Анкьида жаниб лъабго дарс рахьдал мацIалъул гIемер бугила нилъер лъималазе, цо дарс кьуниги гIунги тIокI бугила. Жиндиеги рахьдал мацIалъул цо дарс гурони кьолароанила школалда, гьалейила гIантав лъугьинчIила…

Гьел рагIабаздаса хадуб гьеб хIужаялда щаклъизецин бачIана. ЛъабгогIаги дарс рахьдал мацIалъулги щун букIарабани, гьел дарсазда мацIалда цадахъ миллаталдеги ВатIаналдеги рокьиги бижун букIарабани, гьел рагIаби абизе гьев чи нечелаан. Жакъа рахьдал мацIалдаса инкар гьабизе ахIараз, метер нилъ эбелалдасаги ВатIаналдасаги инкар гьабизеги ахIила. Аллагьас цIунаги нилъ бетIер сверарал хIакимзабаздасаги жамгIиял хIаракатчагIаздасаги.

Гьевни цо гурони рахьдал мацIалъул дарс щвечIев жагьилав чийилан тIаса лъугьун тезе бегьилаан. Ал цойгидал хIаракатчагIи магIазищ бакIазда кьабун рукIарал, ниж гьеб дур пикруялда рази гьечIилан абизе тIаде рахъине кIоларел? Яги азулги добго пикрудай бугеб?

Гьеле нилъее – гIемермиллатазулаб Дагъистаналъул мугъ чIвалеб хIуби – ЖамгIияб совет!

Гьеле нилъее – халкъалъул кумекчи – ЖамгIияб совет!

Аллагь гурхIаги! 


Автор: Баху МухIидинова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook