Авторизация

Бихьизе бачIа, гIондокь!

Гьал къоязда РИАйилан абураб дагъистаналъул информациялъулаб алаталъ хъвалеб буго дагъистналдайила рахьдал мацIазул учительзаби гIолел гьечIилан. Жакъа къоялде хIажат вугила 43 рахьдал мацIазул учитель. Бищунго гIемер, 12 учитель къваригIун вугилал Кизляралъе.

Гьаб буго, хIурматиял, байбихьи. Ахиралъул байбихьи. Нилъер мацIазулги, нилъер миллатазулги, нилъер Дагъистаналъулги ахиралъул байбихьи.

Гьенибго РИАялъ ракIалде щвезабулеб буго, ФГОСалда рекъон рахьдал мацIал цIалул планалда чара гьечIого кьезе кколел предметазде гъорлъе унеллъи ва «Дагъистаналда лъайкьеялъул хIакъалъулъ» законалда рекъон киналниги лъайкьеялъул идарабазда кьезе кколелъи ва гьезие шартIал чIезаризе кколелъи.

ЧIезарулел ругищха шартIал? ХIалтIизе учительзаби щоларел чагIаз, школазда кинал шартIал чIезарулел? Щибха гьабулеб бугеб гьеб закон хвезабулел ругел хIакимзабазда? Чан чи тамихIалде цIарав?

Гьебго РИА: кинавалиго чияс бицаралда рекъонила, нилъер республикаялда цIалул ва методикиял тIахьалги, учительзабиги гIолел гьечIила. ВахI. ГIажаиблъи? Киндай гьеб гьединан ккараб, гьадигIан «лъикIаб ва берцинаб» бербалагьи ал тIадчагIазул рахьдал мацIаздеги бугеб мехалъ?

Ургъун гьабизе кколеб жо букIунеб батула аб политика. Хасго мацIаздаги миллатаздаги хурхараб. АнцIгоги, къогоги, кIикъоялда анцIгоги соналдасан щибдай букIинеб, дица жакъа гьаб хIукму къотIаниян пикруги гьабун гурони, лъезе бегьулеб жо батуларо доб гъулбас. Гьалеха хIасил. Жакъа бугеб политикаялъухъ гIенеккани, къо бахъанагIан хун гурони, бахъине жоги гьечIо.

Дагъистаналъул лъайкьеялъул министертсвоялда ракIалда бугила вузал лъугIарал гIолохъанал учительзаби гьеб хIалтIуде росизеян абураб бакI цIаларабго, цIакъ кIудияб кеп щвана. Ал гьанжелъагIан росуларогойищ рукIарал рачIунел рукIаралани? РачIинчIогоян гIайибги бугищ гьезда?

Жакъа институтги лъугIун школалде вачIарав гIолохъанав рахьдал мацIалъул учителасе кинал шартIал ругел чIезарун добго министерствоялъ, школазул учредителаз, директорзабаз? Кабинетищ бугеб жаниб интерактивияб доскаги бугеб? Рахьдад мацIалъул учителилан къадру-къиматищ бугеб? КинабгIаги кумекищ бугеб? Харжищ бугеб, гIумрудал нухде гали лъолев гIолохъанав учителасе гIураб?

Гьелъул гIаксалда, жиб-жиб къойил, цониги шартIги жидецаго чIезабичIого, лъугIиго гьечIел проверкаби, мониторингал, отчетал, олимпиадаби, конкурсал… Гьениб бакI кквечIони, школалъул рейтинг гIодобегIан ккезабулеб бугилан бадирчIваял… Цо-цо цIакъго хIаладаса арал, жалги хвезе рижарал чагIи рукIин кIочон тарал директорзабазул: - сентябралдаса нахъе дица яризаризе руго гьал рахьдал мацIал, лъие къваригIарал жал гьал, нужеего батIияб хIалтIи балагьизе гIамал гьабе, - йилан буюрухъал.

Жакъа къоялда жаниб щиб берцин бихьун,  цодагьабниги гIаданиб нах бугев чи, рахьдал мацIазул учительлъун школалде вачIинев? Министерствоялъ ахIулев вугиланищ?

Гьенир гьабсагIат хIалтIилел ругелги руго гIорхъолъа ун кIудияб ватIаналдеги, миллдаталдеги, мацIалдеги бугеб рокьиялъ хIалтIулел чагIи. Гьел руго гьезулги умумуз жидер бидулъе тIун батараб гьеб асаралъ гьенир ккун ругел чагIи. Гьел руго ракI-ракIалъ рахьдал мацIалдеги, гьелдаго цадахъ нилъер тарихалдеги, адабияталдеги, маданияталдеги рокьи нилъер лъималазул рекIелъ бекьулел ругел чагIи. Нилъер заманаялъ гьеб буго кIудияб бахIарчилъи.

Гьеб гьез бекьараб мугь тIирщарал, гьелъул асар чорхолъ бессарал лъимал унго-унгоял гIадамалъунги рахъине руго. Цойгидал щал рукIине ругел ва щал гьел ругел жакъа къоялда жанибалиги нужедаго бихьулеб буго. Лъай бугел чагIи гIемер руго, яхI бугел руго къанагIалъун. Бищун квеш ккараб жо буго, гьеб ватIаналде рокьиялъул мугь жиделъ бекьичIел, бекьаниги тIирщичIел хIакимлъиялдеги, халкъалъе хIукмаби къотIулел бакIаздеги ккей.

Гьанжеги тIад руссинин добго РИАялъул харбиде.  Гьениб хъвалеб буго, тIадеги жубанила Министерствоялъ, нилъер республикаялъул лъайкьеялъул системаялда цере чIарал масъалабазул даражаялъул тIадегIанлъи бараб бугила жидер нухмалъиялда ругел Дагъистаналъул лъайкьей цебетIезабиялъул институталда (ДИРО) ва Дагъистаналъул гIелмиябгин цIех-реххалъул педагогикияб  институталда (ДНИИП им. А.А. Тахо-Годи)

ДИРОялъул иш лъаларо, лъала хIалтIулел рукIин ва авар мацIалъул мугIалимзаби Гьеб институталда гьезие кьолел курсаздаса цIакъ рази рукIин. Гьениве вачIарав мугIалимасда цIияб жо лъай ва гIолохъанал мугIалимзабазе хIалбихьи бугез кьолел дарсал ва къиматал малъа-хъваял, гьеле аслияб жо. Баркала буго ДИРОялъе.

ДНИИПалъул бицани. Гьаб институт букIинчIебани, щиб бицунебдай, кинан жаваб кьолебдай, лъиде гIайиб реххулебдай букIинаан министерствойилан ккола цо-цо мехалъ ракIалде. Гьал кIиялго руго министертсвоялъул нухмалъиялда гъоркь ругел институтал. Ай, гьез малъараб, гьез абураб ва гьез кьураб планалда рекъон хIалтIулел ва гьелъухъ харж щолел институтал. Гьел институтазде кинаб букIаниги гIайиб тIами буго,  чияда цебе инсуца васасде гIайиб тIами гIадаб жо.

ЦIалул тIахьал гьечIолъиялъул, гьел ФГОСалда данде кколел гьечIолъиялъул, гьел федералияб переченалда гъорлъе унгутIиялъул ва цойгидалъул ДНИИПалда цо гьитIинабгIаги гIайиб гьечIо. ЦIалул тIахьал рукIине ккани гьел республикаялъ ва министерствоялъ заказ гьаризе ккола, договор хъвазе ккола, гьеб договоралда рекъон гьаб заманалда жаниб гьаб хIалтIухъ гьадигIан жо кьолеб бугоха бетIерчIахъад дуейилан, босун цебе харж лъезе ккола. ГIелмияв хIалтIухъанасул ва гьеб тIехьлда тIад хIалтIулел хIалбихьи бугел учительзабазул, чед-хинкIалда хадур батIияб бакIалде рахъине кколареб ва гьеб тIохьода тIад ургъизе бажарулеб хIалалда, бетIер роцIцIун букIунедухъ лъун букIине ккола хIалтIи.

Методикиял хIалтIабазул бицаниги, министертсвоялъ кьолеб буго тема методикияб хIалтIи хъвазе. Гьеб школалда хIажат бугищ гьечIищилан гьикъулев чиги гьечIо. Гьикъунги щай, хъвай гурони къватибе бахъизе ва учительзабазухъе щвезабизе ракIалдаго гьечIеб хIалтIи. Хъванищ. Хъвана. Ана хIурул цIураб архивалде. 70 соналдасан бухIизеги бегьула. - Вааай, гьениб лъезейищ дица аб хъвараб, бахъе учительзабазухъе щезе, - ян абуни… - ГьечIо гIарац! ГIарац гьечIо!.. - Дицаго бахъилаха, эдин батани,  учительзабазе ричунгIаги дирго гIарац тIад буссунедухъ, - илан абуни… Мун гIадаллъунищ вугев? Гьеб дур буголъи гуро гьанже. Нижеца дуе харж кьуна гури, дуца эб хъвалебгIан заманаялъ. Гьанже гьаб буго нижер бечелъи. Нижер хIурул цIураб архивалъул бечелъи. Цо кверги хъваге.

Гьале нилъер ал зодил хIурулгIинзабилъун хIалел хIакимзабиги, азул хIалтIиги. Гьедин буго анцIгоги къогоги лъебергоги соналъ. Хадуселъулали щиб гурин, метер букIинеселъулгицин ургъелги гьечIо, жидерго санагIатаб кресло кIванагIан халатаб заманаялъ цIунизе кIолеб бугони.

Институт лъугIарабго гIолилал школалде росизехъин ал. «РачIчI гурони бихьичIо, бихьизе бачIа, гIондокь»)). Хадур рекераниги щоларо нужехъе гьанже гьел кквезе. Исана 43 учитель гIолев ватичIони, тIадеялъул I43 гIезе гьечIо, хариялъул – 243…

50 соналдасан: вай дир пакъир, Дагъистан – мацIазул Гъамсукь.


Автор: Баху МухIидинова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook