Авторизация

Заралияб сабру

Балеб цIадги, цIер тIурал нухалги, авар мацIалъул мугIалимзабазухъе гIедегIун, рогьиналде яхъун Гъизилюрталде нухда дунги… Уъ, гьаб цо тилипунги. ЛъидагIагидай радал вахъун дун ракIалде щварай?...  ПатIиматилая...

- Йооо, Бахууу, кигIан кIудияб такъсирха, яц, дица гьабун бугеб? 

- ЩибгIаги ккараб жо?

- Щибха, яц, ккелеб, ругел шартIаздаса пайдаги босун, магIарул мацIго лъаларел лъималазда дагьаб-макъаб букIаниги мацI лъалародаян, гьел гаргазарун, гьитIинал сочинениял хъвазарун, рагIаби ракIалда чIезе жал ургъун, предложениял гIуцIцIун кIалъазе тIамун, кIвараб хIалалъ дарсал кьолей, мацIалдеги, миллаталдеги, нилъерго умумуз нахъе тараб маданияталде, адабияталде ва тарихалде лъималазул рокьи базабизеян кIараб яхI бахъун хIалтIилей дун щиб… ЩвартIан жание кIанцIун ячIана завуч. Дур планазда рекъонила жакъа дуца лъималазда жубараб нахъбилълъараб предложение малъизе кколаанила, дуцайилан абуни адабияталъул дарс кьолеб бугила... Жинца гьеб гьединан толарила, гьеб такъсирги гьабун мун нижер ошколалъ хIехьоларила, дуе бокьа-бокьараб гьабулеб бакI гурила аб, жинца директорасдаги абун, тIон гIанасеб вигавор кьезабилила дуе… Нахъе рехичIого тани – эбги дуе кIудияб талихIила… ЛахIги цIаги лъугьинабуна, яц, гьей гIаданалъ жакъа дида тIаде…

- Дуца щибиланха абураб?

- Щибиланха дица абилеб… дица абуна, авар мацI лъаларел лъималазда жубараб букIаниги, жубазего жубачIеб букIаниги нахъбилълъараб предложение кин, яц, бичIчIизабулеб, цин азда цодагьабгIаги мацI лъан букIине кколарищилан. - Гьезда бичIчIаниги бичIчIичIониги дур иш щиб? Дур планалда хъван бугищ жубараб нахъбилълъараб предложениейилан, малъе лъималазда жубараб нахъбилълъараб предложение! Вассалам! Лъица ихтиярги кьун мун аний дуего бокьа-бокьараб лъималазда малъулей йигейилан, дагьайги цIакъ ахIтIана гьей диде.

- Дуца абун батиларищха, нужеца чIезарурал шартIазда рекъон хIалтIилей йигоха, бетIерчIахъадилан. Шагьаразул школазда ругел рахьдал мацI лъаларел лъималазе кин рахьдал мацI кьелебали хъвараб методикайищ нужеца дие чIезабун бугеб, цIалдохъабазухъ ФГОСалда рекъон хъварал киналалиго федералиял сияхIазде росарал цIалул тIахьалищ ругел, гьел тIахьазде данде кколел программабийищ ругел? Цин дидаса программаялда рекъон дарс кьей тIалаб гьабилалде цебе, нужеца дие чIузарун ругел шартIазул щай дуца хIисаб гьабуларебиланищ дуца долда гьикъараб? 

- Вуйгь, мун гIадаллъун йигейищ, йооо, гьедин кIалъазе бегьилищха хIакималда? Долъ директорасдаги бицун, хьуртIизайила гури дун хIалтIудаса.

- ХIакимилая? Завучищ хIаким? Лъайкьеялъул системаялда жанив кIиго гурони хIаким гьечIо, йооо. Гьелги руго мугIалимги, цIалдохъанги… Гьезие чара гьечIого чIезабизе кколеб цIалул тIехьги. Гьеле гьел руго хIакимзаби. Ошколалда аслиял чагIи руго мугIалимги, цIалдохъанги! Цойги нухалъ такрар гьабулеб буго дуда ракIалда чIезе! Цойгидал щинал чагIи руго гьезие шартIал чIезаризе, гьезие лъай ва тарбия кьеялъул иш букIине кколеб даражаялда нухда бачине шартIал чIезаризе кколел чагIи.  Гьезул кинаб букIаниги ихтиярги гьечIо учителасде ахIдезе яги гьесие хIинкъаби кьезе. Гьел, гьедин адаб тун, жиндир рагьда хIалтIулев чиясде гIадин мугIалимасда кIалъай буго, живго мугIалимасул гIайиб. Гьабу-гьабурабги хIехьон, хIухьдул гIадин чIун рукIун нуж!

- Дуе бигьалъун бугоха… нахъе рехани, цойги хIалтIи киса щвелеб?

- КигIан гIемераб жо, яц, дуе эниса щолеб?

- АнцIила кIиазарго щола.

- Гьеб жоялъе гIолойищха гьеб зулму хIехьон бугеб? Мун гурищ шагьаралдаго бищун лъикIалилан рикIкIунел учительзабазул цояй. Дур хIалтIул хIасилалда нужер школалъе щун руго конкурсазда чанго цересел бакIал, анцIгоялде гIагарун грамотаби, бахун буго рейтинг. Мунги нахъе рехун щиб гьабизехъин аб школа бугеб? Школалъе цIар гьабулей йигей мехалъ цIехечIо гури эл «хIакимзабаз» нахъбилълъараб предложение малъунищ дуца ал тIоцебесел бакIал росулел ругел, цебе билълъараб предложение малъунищилан. Нахъе рехиялдаса хIинкъизе бегьула жиндирго хIалтIиги лъаларев, бакъ аги къо аги, къоло щуабилеб май хехго щвагийилан вугев мугIалим. Мун гIадинал мугIалимзабазул бадире ралагьун кIалъазе нечезе ккола гьел жидецаго жалго хIакимзабилъунги тIамун мугIалимзабазда михир бачунел ругел «хIакимзаби». Дуцаго гьабулареб дур къимат, лъица гьабилеб? Гьале гьаб дица малъухъе абе цойги нухалъ гьаракь борхун дуда кIалъани, хIинкъуца холей йикIинчIого. Уйила, аб сум-сараялда ран ругел миллатазулги мацIазулги ургъелги тIаде босун, рухI кьун хIалтIарал гIечIого, «хIакимзабазул» чIучIуги букIанила къваригIун… жо бицине рахъун…

- Баху, сабру гьабеха, йооо, сабруялъул тIиналда гурищ доб гьоцIо батулеб? 

- Щибжойилая? Сабру гьабейила? Сабру гьабизе кколеб бакIги букIуна, кколареб бакIги букIуна. Нужецаги, сабруялда рукIинчIого, бачIинахъего гъотIоркIабазда жидерго гIаркьел бихьизабун букIарабани, гьанже нужер ботIрузда кIетIолароан дол. Эб ботIрода гьодори лъугьани, гьадин бугилан зигардизе ячIунге. 

- ЩвезегIаги щвечIищ, яц, мун Гъизилюрталде?...

 



Автор: Баху МухIидинова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook