Авторизация

МагIарул вакилзабазул дандеруссиналда кIалъай

ХIурматияб жамагIат!

Авар мацIалъул мугIалимзабазул цолъиялъул рахъалдасан рахъалдасан ракI-ракIалъ баркула нужеда Халкъазда гьоркьосеб рахьдал мацIалъул къо. Бищунго жакъа рохизе ккараб жо буго, нилъеда нилъер мацIалъул кIвар бичIчIизехъин букIин. Гуронани, гьавгощинав чи жакъа гьаниве вакIарилароан.

Кинха нилъ ругел магIарулал? Кин бугеб магIарул мацI? Нилъер кIудияв шагIирасул цо кочIолъ буго:

…Кин ругел нуж бихьинал?

ЧIужу лъикIал лъикI руго,

ЧIужу квешал квеш руго – ян.

Гьединабго ахIвал-хIал буго нилъер магIарул мацIалъулги. ХIакимзаби, лъикIал, ай,  мацIалъулги миллаталъулги бичIчIи бугел, ВатIан бокьулел чагIи ругони, лъикI буго, гьечIони – квеш буго.

Гьеле гьеб хIужаялъ тIамуна дун гьадинаб пикруялде. ХIукуматалъул кьури гьечIеб политика гьеб букIарабани, киса-кибего квеш букIинаан. ХIукуматалъ нужее бокьани цIунеха нужерго мацIан, ихтияр нилъехъего кьун буго, нилъер гIемерисел хIакимзаби, лъие къваригIараб жо гьеб мацIилан, магIарул росабалъги рукIун лазаталда гIурус мацI бицунел руго.  Россиялъул ва Дагъистаналъул Аслияб законалда хъван буго нилъер ихтияр бугила, нилъее бокьани, нилъерго мацI цIунизеги, лъазабизеги, лъималазда малъизеги, школазда киналго дарсал нилъерго мацIалда рачинегицин.

Амма, гьаб дунялалда цохIо нилъерго мацIги лъазабун тIубалареблъиги бичIчIун, доб ЕГЭ кьечIони, росу тун къватIирехун рахъун пайда гьечIеблъиги бичIчIун, нилъеца кIвараб гьабулеб буго, лъидасаниги нахъе ккечIеб лъай-гIакълуялъул лъимал къватIире риччазе.

Нилъерго мацIги кIочон тун гуроха. Нилъерго мацIги кIочани, миллатги билани, жив щив, киса вачIарав, ва киве унев чивалиги лъалеб гьечIони, кепкил мупагIат гьечIо гьесул лъаялъулги, лъарал мацIазулги. ГIакълу гьечIев чиясухъ лъай буго, чIвадарухъанасухъ ярагъ гIадаб жо. ГIакълу бугев чияс киданиги кIочене биччаларо жиндир умумузул мацIги, цIарги, тарихги, адабиятги, маданиятги. Гьеб гьесда цадахъ букIуна кидаго. Лъималазда гьеб бичIчIуларо, амма кIудияз малъун бугони, къваригIараб мехалъ нахърател гIадин батула. КIудияздаги гIакълу гьечIони щиб гьабилебилан бугоха суал.

КигIан захIматаб суал цебе лъун бугониги, гьелъул жавабияв щивалиги лъалеб бугони, лъидаса хIасил тIалаб гьабилебалиги лъалеб бугони, гьеб суал рагIалде бахъинабизе бигьалъула.

ГьабсагIат нилъер Дагъистаналъул миллатазул ва мацIазул къисмат кодосел чагIи руго бакIазул администрациялъул бутIрул (школазул учредителал хIисабалда), лъайкьеялъул отделазул нухмалъулел ва директорзаби. Гьезухъ буго кверщелги, гьезда тIад буго жавабчилъиги.

Нилъее къваригIун буго школазда гьабсагIат бугеб даражаялданиги рахьдал мацIалъул дарсал цIунизе. ГьабсагIат росдал школазда 5 сагIат, шагьаразул школазда 3 сагIат кьун буго анкьие рахьдал мацIалъе ва адабияталъе. Росдал школайин абураб жоги хутIунго гьечIин абизе бегьула. Киналниги бацIцIадаб магIарулазул районаздаги школал шагьаразул школазда гIадин, тIоцебесеб классалдасаго гIурус мацIалда киналго дарсал кьолеб къагIидаялде рачун руго. МагIарул мацI буго цохIо предмет хIисабалда. Гьединги гьеб теларин лъугьаралги руго.

Гьанже федералияб пачалихъияб стандарталда рекъон, цIалул план тIаса бищизеги ихтияр кьун буго лъайкьеялъул идарабазул (образовательные организации) директорзабазухъе. Рахьдал мацIалъул мугIалимзабазда абулеб буго, директорасул ихтияралда цIалул план бугони, нужер хьул лъезе бакI гьечIин, хIалтIи балагьейилан. Гьелдалъун лъугIанаха миллаталъул иш. ГIадада абулеб жо гуро гьеб. Рихьунха директорзабиги, гьезул рахьдал мацIалде бугеб бербалагьиги. Дида килщазда рикIкIине кIола нилъер мацIалъул тIалабги гьабулел, мугIалимзабазе шартIалги чIезарулел, жидеда кIванщинаб лъималазда авар мацI малъизеги гьабулел директорзаби.

Бищунго бичIчIизе кIолареб жо буго, щай рахьдал мацIалде данде нилъго рагъулелали. Нилъерго букIунищ? МагIарулазул гIажаибаб хасият: нилъго нилъедаго данде рагъулел, нилъго тIад кIусараб гIаркьел хъухъалеб, нилъерабго рихун чияр бокьулеб…

 Умумуз малъизе кколин лъималазда рахьдал мацI, гьез малъейин тезеги бегьилаан. Гьезулги киназулго гьечIелъул гьеб щай къваригIунебали бичIчIизе гIураб гIакълу. Гьездаги бичIчIулеб гьечIелъул щай миллатги мацIги къваригIунебалиги, щай мацI цIунизе кколебалиги. Гьезулгунги гьабизе ккола кIудияб бичIчIикьеялъул хIалтIи.

Гъоб ФГОСила, гьабила, добила жалги рицун, тIахьал лъималазда кодоса рахъиги, тIахьалго гьечIел дарсалги кьечIониги бегьилин, яризареян абизе кумекалъе ургъараб жо буго нилъер нухмалъулез. БукIинчIебани, ракI унтарал чагIи рукIаралани, доб Татарстаналда гIадин, республикаялъул БетIерги, депутаталги рахъинаан, жидер гьел гурони тIахьалги гьечIин, ФГОСилан хъвараздаги хъвачIездаги хисараб жоги гьечIин, цIиял тIахьал тIаде щвезегIан квер хъвагейин жидер тIахьаздайилан абизе. АбичIо. КIудияб баркала буго, рагIичIеб ххвел гьабун гьеб хабарги тарал бихьичIеб ххвел гьабун тIасан рачIунел кагъталги тарал районазул лъайкьеялъул нухмалъулезе ва директорзабазе. Гьединалги руго нилъер, дагьал ругониги.

Амма, гIемерисез, доб Совет хIукуматалъул заманаялъ гIараб тIахьал гIадин, ракIарун ана тIахьал лъималазухъа (рухIун ратичIони, гьелъухъги баркала). Законалде данде кколел тIахьал гьечIолъи цIалдохъабазул гIайибищ, мугIалимзабазул гIайибищ? Щай гьезие тамихI гьабураб?

Гьеб буго гьелъулги долъулги тIалабги ургъелги гьабизе тарал республикаялъул хIакимзабазул гIайиб. Щугоги анцIгоги соналдасан щиб къваригIине бугебали ва сундул ургъел жиндир заманалда гьабизе кколебали лъазе ккелароанищ гьезда. Гьанже прокуратураялъ Федералияб сияхIалда гьечIел тIахьал школазда тогеян абурабгойищ азда ракIалде щвараб тIахьал рахъизе кколеллъи?

Рахьдал мацIазул тIахьал хутIизегIан, цойгидал предметазул тIахьал руго федералияб переченалде жанире аралги инчIелги анцI-анцI батIиял. Цоял нахъе росани дол хисизе цогиял кигIанги руго. Нилъер гьечIо цохIо гурони тIехь. Гьелги некIого басралъарал, цо-кIиго жо гурони классалда гьечIел. Гьелеха нилъер республикаялда данде рагъ гьабизе батараб бакI. Гьеле Закон хвезабун батараб бакI. Гьебги, классалъул журналалда рахьдал мацIалда хъвай-хъвагIай гьабигIанги кIудияб такъсир гьечIо нилъер республикаялда.

  

ГIурус мацIалъул учитель вукIа, математикаялъул вукIа, фикизаялъул вукIа, авар мацIалъул вукIа, гьез цIалдохъабазе кьезе кколеб лъаялъул  тIалабал цого руго. ТIаде ралагьизе рачIараз цого тIадегIанал хIасилалги руго тIалаб гьабулел. Рахьдал мацIалъул учителасухъ цойгидалъул бицинчIони, цIалул тIехьгицин гьечIо кодоб. Нужер бетIерчIахъаял тIадчагIи, хIасил тIалаб гьабизе ккани, кинал шартIал нужеца чIезарун ругел рахьдал мацIалъул мугIалимасе хIалтIизе? ХIасилаплги нилъер кигIанги лъикIал гуро. Школазе рейтингал рахинарулел чагIиги рахьдал мацIалъул мугIалимзаби, бакIал колел чагIиги гьел, бергьенлъабиги гьезухъ. ТIокIаб жо бицинчIони, нилъер руго Россиялдаго бищун лъикIав учитель конкурсалда бергьенлъи босарал лъабго магIарул мугIалим: Гулишат ГIабдусаламова, Сарат МухIумаева ва Зарият Базаева.

Лъайкьеялъул процессалда жанив вуго кIиго аслияв чи– цIалдохъан ва мугIалим. Лъабабилеб аслияб шартI – цIалул тIехь. МугIалимасеги цIалдохъанасеги шартIал чIезаригIан кIудияб жавабияб хIалтIи я завучасул, я директорасул, я лъайкьеялъул начальникасул, я министрасул гьечIо. Гьел руго цIалдохъанасулги, мугIалимасулги хIалтIуе кумекчагIи. Бугищха кумек?

Нилъер гIадинаб гIемерал миллатал ракIарараб республикаялда лъайкьеялъул Министерствоялда жаниб Методикияб центр букIине кколаан, добайин абуни цониги рахьдал мацIазда ракI унтарав чицин гьечIо.

ГьабсагIат кинаб хIалтIуде хIаким тIамулев вугониги бищун цебе букIине ккола ВатIан бокьулев чи вугищ гьечIищ суал. Гьединав чияс киданиги жиндирго халкъ бакIарараб бакIалда чияр мацI бицунаро, киданиги жиндир миллаталъе ва ВатIаналъе зарал кколеб хIукмуги гьабуларо. 

БачIунеб сентябралъ нилъер школазда рахьдал мацIазул бугеб ахIвал-хIалалъухъ ралагьун бичIчIила нилъеда кинаб районалда, шагьаралда, росулъ гьел патриотал ругелали. 

Дир суал буго магIарул миллаталъул вакилзабазул дандеруссиналъе. Гьале нилъеда цере руго хIакимзаби лъай кьеялъул отделазул нухмалъулел, районазул, шагьаразул бутIрул. Учредителал хIисабалда гьезухъ руго школазул ихтиярал. Щиб гьабизе кIолеб гьаб жамагIаталда гьез буюрухъ кьунани рахьдал мацIазул дарсал дагьлъизаризе, хIата тIагIинаризегицин? Щиб гьабизе кIолеб директорзабаз цIалул планалдаса авар мацI нахъе рехани? (Гьезни гьеб педсоветалъулги, эбел-инсул комитеталъулги хIукмабиги кьочIое росун гурони гьабизе бегьуларо. Гьелги цIакъ хIакимзабазул кIалдире ралагьарал чагIи рукIуна). Нилъер цохIо хьул буго гьезул ВатIаналде бугеб рокьиялде ва бичIчIиялде ва Дагъистаналъул лъайкьеялъул хIакъалъулъ Законалда бугеб, рахьдал мацIалъул ва адабияталъул дарсал чара гьечIого кьезе кколезда гъорлъе унилан хъвараб статьяялде.  

Бищунго авар мацIалъул къисматалда ракI унтараб лахIзаталда нилъер Сарат МухIумаевалъ хъвана:

Расул, доб таманча гьанже дихъе кье!,

Кьурда тIаде яхун кьвагьизе дица - йилан.

ТалихI кьеял магIарулал, бахъизабуге руччабазда ярагъ къватIибе!

Баркала.


Автор: Баху МухIидинова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +3
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook