Авторизация

Огь, пакъир, магIарул мацI!

ЦеберагIи

Дида кколаан цо данделъиялда хIукмудай гьабураб гьал хIакимзабаз рокъогицин  гIурусалъ гурони кIалъачIого рукIинеян. МагIарул мацI лъазего лъаларого батизеги рес гьечIоха, гIемерисел нилъедаго цадахъ гIурал чагIилъидал. Гьаб ГIадбулмажид Хачаловасул хабар цIаларабго бичIчIана, гьеб халатбахъараб, цебегоялдаса нахъе инеб бугеб, рахьдал мацI тIагIинабизе гьабулеб хIалтIи букIин.

БукIун буго замана хIакимзабаз жалго гIадатияб халкъалдаса цIодорал, тIадегIанал, церетIурал, культура борхатал чагIи ругин ккезе, жидерго кIалъаялъулъ гIурус рагIаби хIалтIизарулеб. Гьез гьабулеб жоялъул заралияб рахъги бичIчIун, нуж гIадамал гIадин рукIаян абулел чагIиги рукIун руго доб мехалъго. Гьезухъ гIин тIамун гьечIоха. Гьездаги абун батила, гьанже нижедаго абулеб гIадин, нуж нужеего щолеб харжие гIоло кIалъалел чагIи ругин, руцIцIаян. Жакъа бихьулеб буго гьелъул хIасил.

30-40 соналъ цебе магIарул районазда хIакимзабазул мацI могьолъе тIураб борщ гIадаб жо букIараб батани, гьанже гьеб буго бацIцIадаб болъонил мохмох. Гьанжеги бицунеб добго маргьуги буго… кибего тIагIунарила магIарул мацI, жидеего гьелда тIад гIарац гьабулел чагIи ругила эб тIагIунеб бугилан ахIи балел.

Валлагьгиха, гьудулзаби, цо чIухIараб тукада гIодойги йикIун, къойида жаниб жаниве ваккарав лъабго чиясе идрастIийилан гьимун, цIакъаб импуртний тавар бугилан беццун, рекIее гIечIесе ваш размер нетуйилан тIаса-гъоркьан ялагьун къо инабуниги, жакъа дие щолелдаса кIигогIан цIикIкIун харжха дие щолеб букIараб. Эркенаб заманалда макъала хъваниги, кечI хъваниги, тIехь хъваниги, диссертация хъваниги, хъвачIого таниги тIасан кIалъалев чиги вукIунароан. 

Сон цо документал ракъезаризе кумек гьабиларищилан цIехезе «юристазул кумекилан» хъвараб бакIалде жание лъугьун йикIана. Къоазарго гъурущ кьунани СалихIица жергъен гIадин рекъезарилила жинца гьелилан абуна цо гIаданалъ. Гьебгощинаб гIарац гIадамазе щолеб жойищ букIунеб, анцIгоялдегIаги гьабе, мун эбелалъе тадилан дица абидал, тIубараб лъабго къо унила жиндир гьел дур кагътазде юссун, гьабиларилан абуна гьелъ дида. РагIарабищ нужеда? Лъабго къоялъул багьа къоазарго гъурущ! Дунилан абуни тIубараб моцIги анцIила лъабазаралъухъ кьун, дунялалда рукIаралщинал ХIажи-ГIисаязул хъулхъалги тIаде росун, гIадамазда малъарилей. ГIантлъи бихьуларищ? Валллагь цIодорлъизе заман щун буго диеги некIого.

РикIкIадасан ралагьани, ругизеги цодагьал гIемерисел гIадамазда релълъинчIел, гIадалалищ цIодоралищали цIар лъезе лъаларел чагIи рукIунел руго нилъер заманалда мацIила, миллатила, рухIияб бечелъийила, тарбияйилан, гIарцул агьлуялда бичIчIуларел жал рицунел чагIи.

Нилъеца бицун жо эхебе унедухъ «зодил агьлу» гьечIеблъи некIого бичIчIана, мунагьал чураяв ГIабдулмажидихъгIаги гIенеккилародай?  

Баху МухIидинова  



ГIабдулмажид Хачалов

 

Огь, пакъир, магIарул мацI!


Дагьабго гьимиги цадахъ магIуги


Росулъ хабар тIибитIана колхозалъе байрахъ кьезе МахIачхъалаялдаса цо хIаким вачIунев вугилан. Хадуб гьеб рагIизабуна нижерго радиоялъги. Киданиги дида бихьичIеб ахIи-xlyp, рекерахъди букIана гьеб къоялда росулъ. Машинаялда щиб, чуязда рекIун щиб, лъелго щиб кулабахъе, фермабазде унел рукIана къасисеб данделъиялде гIадамал ахIизе чапарзаби. Гьезие буюрухъ букIана, гIи-боцIуда аскIов цо-цо хъаравулги тун, киналго гIадамал росулъе ракIаризе. Бищунго шавкъалда амру гьабулев чи вукIана колхозалъул председатель. Гьесул xlaракаталдалъун щун букIиндалха байрахъ!

Къалъуде гIадамазда лъана МахIачхъалаялдаса вачIарав хIаким агропромалда хIалтIулев нижерго росулъа МухIамадбег вукIин. Гьев ккола дир мадугьалги, гьитIинаб мехалъ школалда цадахъ цIаларав кьерилавги. ВихьичIого гьоркьор соналги ун ругелъул, дир гъира букIана МухIамадбеггун дандчIвазе, накъиталъе гIодор чIезе.

Бакъанида клубалде данделъана жамаг!ат. ГIадамал лъикI ретIа-къан, рази-ракиго ругоан. РукIинарищха гьезул хIалтIуе тIадегIанаб къимат кьун бугелъул. Къокъаб кIалъайги гьабун, данделъи рагьана парторг Камалица. Цинги гьес paгIи кьуна МухIамадбегие. ЖамагIатчагIаз кутакалда хъат кьабуна. МухIамадбег цеве вахъана. Цо хъегIизеги хъегIун, гьес абуна:

"Дун кутакалда вохарав вуго, хириял землякал, нужер успехаздаса. Араб соналда нуж битIахъе бахIарчилъиялда хIалтIана. Хозяйствоялъул киналго бутIабазда тIадегIанал показателал рихьизаруна. Хасго жигар бахъана нужер лебалал гIухьбузги полеводазги. Гьезул успехаз рес кьуна государствоялъе гьанги чедги бичиялъул планал перевиполнить гьаризе. Гьеб бергьенлъи кIодо гьабун, республикаялъул правительствоялъ хIукму гьабуна нужее переходящий багIараб байрахъ кьезе. Дун цIакъ вохарав вуго гьеб приятный поручение тIубазабизе дие рес швеялдаса..."

МухIамадбегица колхозалъул председателасухъе байрахъ кьуна. ГIадамаз хъат чIвана. Гьеб рохалида цадахъго, цо бицине лъалареб цIоройги жубалеб букIана гIодор чIаразул ракIазулъе. МухIамадбег нахъеги эхетана добго трибунаялда нахъа.

"Амма, товарищал, успехаз нилъ парахалъизаризе бегьула. Жигар бахъизе ккола жеги лъикI хIалтIизе, недостаткаби лъугIизаризе. Нилъерго хIалтIулъ ралагьизе ккола критикияб бералдалъун. КIвар кьезе ккарал отрасляби жеги г[емер руго. Масала, босизин молочний ферма. Нужер дояркабазул удоял мадугьалзабазулалдаса низ­кий руго. Рахь бичиялъул планал колхозчагIазухъа собрать гьабурабги тIаде жубан гурони виполнить гьарун гьечIо. Гьелъие, узухъда, цо опреде­лений причинаби руго. ГIолеб гьечIо корма, ай саломаги малълъун тIубазабун буго харил план. ГIачиязе кколеб уход гьабулеб гьечIо. Биччалеб буго дояркабазул текучесть. Гьелъ отрицатель­ный асар гьабулеб буго удоязе..."

Доклад лъугIана. МухIамадбег гIодов чIана. КIалъазе рагIи кьуна РАПОялъул председатель Къурбание. Гьес, цин графинги гьетIизабун, стакан цIураб лъим гьекъана. Цинги кIал бичIана:

"Хириял гьалмагьзаби! Дунги присоединить гьавуна гьанир гьалмагъ МухIамадбегица абурал рагIабазде. Жакъа, перестройкаялъул заманалда, нилъ дагьалги ответственнияб къагIидаялда хIалтIизе ккола. Нилъер щивасда тIадаб буго жиндирго энергия удвоит гьабизе, передовой опит хIалтIизабизе, резерваби ралагьизе, хозяй­ство цIияб механизмалда рекъон бачине. Дида ракIалде ккола гьаб нужее кьураб переходящий байрахъалъе нужеца достойный жаваб кьелилан ва нужеде гьабураб доверия оправдать гьабилилан..."

Рахъ-рахъалде валагьулев, чIаралъувго заназдилев вукIана дида аскIов гIодов чIарав херав ХIасан. Гьесда гIайиб шиб, дагь-дагьккун хIенсезе лъугьана дирги гъоркьгоги унтараб ракI. Щаяли, мугъзадасан цIунцIраби харулеб гIадаб асар лъугьана. Дие бокьун букIана цо кIудияб гьаракь гьабизе. Амма кIалдиса къватIибе сас бачIинчIо, шокьроб ракьа къараб гIадин хутIана. Унго, макьилъдай дида гьаб кинабго бихьулеб абун паркъана цо хиялияб пикру. Амма херай до­ярка Хамиз кIалъазе яхъарабго лъана дун макьилъ вукIинчIевлъи.

"Хириял вацалги яцалги, - ян байбихьана гьелъ жиндирго калам. - Дирго лъавукълъиялъ, колотIа гIурай гIадан йикIиналъ батила, дида гьаниб МухIамадбегицаги Къурбаницаги бицараб жо бащдабги бичIчIичIо. Амма, яцалги вацал­ги, дояркабазда гIайиб чIвазе дун рази гьечIейха. ГIачи гьезе хинаб бокьги, чури гьабизе гIатIги, руснахъе базе лъикIаб херги кьун букIарабани, рахь бечIчIизе ниж лъидасаго къелароан. Гьале живго пирсидатель. Гьикъеха, яцалги вацалги, гьасда чан къоялъ ниж гIачиязда цебе базе наккуцин гьечIого хутIаралилан. Дир лъугIана".

Хамизие хъат кьабуна тIадеги рахъун. Щаялиго, дир судулеб букIараб ракIалъеги дагьаб бигьалъи ккана. Кьерхараб зоб цойидасанго роцIцIун араб гIадаб хIал лъугьана. Колхозалъул председателасул жавабалъулаб каламалдаса хадуб, данделъи лъугIанилан лъазабуна.

ГIадамал рокьо-рокъоре ана. Дун МухIамадбегида аскIов эхетана. Бокьун букIана гьев дилъувего ахIизе, гьитIинаб мех ракIалде швезабизе, лъугьа-бахъиназул бицине. Амма битIккечIо. Парторг Камалица абуна мачIчIадалъе хьихьараб гIакаги хъун бугила, квен гьабизе руччабиги ритIун ругила, къаси МухIамадбегги, гьесул хъи- занги, Къурбанги жинца гьоболлъухъ ахIун ругилан. "КIвахIаллъичIони, мунги вачIа нижехъе. ЛъикIаб чIагIаги буго, кечI ахIизе ясалги руго", - ян лъугIизабуна Камалица, дидехунги вуссун.

Дун кIудияб гьираго гьечIого ана росутIарада бугеб Камалил рокъове. КечI-бакъан хирияв чи вугониги, чохьол устарзабазулгун кIудияб гьудуллъи дир букIунаро. Кин бугониги, кIал тарун букIаго таргьа кквеян абухъе, ахIаралъуве ана. Хьул букIана цевегосев мадугьаласулгун ракI биччан хабар бицине. Амма жакъаги керен бухъулев вуго, щай дун дове араван. Жакъаги унтулеб буго дир жагъалаб ракI. Дунго дилъго вагъулев вуго, гIундузда килщалги чIван, щай нахъе инчIеван. Гьениб дида рагIанщинаб бицине хIалкIвеларо. Цо-цо хIужаби ракIалде щвезарун тела.

Камалил хъизаналъ столалда квен лъуна, гьуд-гIучI рекъезабуна. Узухъда, бисмила лъицаго бахъичIо. Къоялъ къадал устарасе палгьалъуда рукIарал гIадин, киналго хъантIун кваниде тIаделъана. Дицаги кIалдиб лъуна цо гьанал кесек. Амма къулчIун инчIо.

- Аня, ворея гьаб кусок кквея! Гьалдаса вкус­ный гьан тIокIаб букIунаро, - ян МухIамадбегица лъадухъе кьуна гьанал цо къотIел.

- Дуда лъалагури, Миша, дица жирный жо кунареблъи. Гьелъ дир апетит хвезабула. Дихъе гьениса цо сиралъул кусок кье, - ян абун, Анисатица гьан гIодоб лъуна. Цинги надалдаса гIетI бацIцIана. - Бихъун унеб буго жакъаги бетIер...

- БетIер унтулебищ бугеб? Кинаб дару дуе рекъолеб, Анисат? Гьединги абун, цо кагътил къвачIа цебе босун бачIана Камалил чIужуялъ.

- Постоянно давлениялъ мучать гьаюлей йиго Аня, - ян гьелъие гIоло жаваб кьуна МухIамадбегица. Гьай ячинчIеб курортги течIо, кколеб толкги гьечIо...

- Гьаб погодаги бихьуларищха бугеб каприз­ный. Гьаб сиросталъ сахалги унтизарила, - ян абун, хIакимасул каламалда квартIа Къурбани­цаги кIутIана.

- Миша, цо гьеб дир сумкаялъубе квер бегье. Гьениб буго дие данде кколеб лекарство, - ян Анисат тIаде яхъана. - Дун цодагьалъ свежий воздухалде инин...

ГIемераб жо лъана гьеб сордоялъ дида МухIамадбегидасан. Лъана гьезул лъимал Сашаги Соняги "на отлично" цIалулел рукIин. Лъана "импортный капелги рекъон, кухняялъе ре­монт" гьабун букIин. Лъана шагьаралдаса бегьун квер гIунтIулеб бакIалда "дачный домик" букIин, гьеб базе босараб "кредит погашать гьа­бун" лъугIи. Лъана "щибаб выходноялда цадахъ загараться гьаризе гьел пляжалде" унеблъи ва гь.ц. Амма лъазе кIвечIо щиб хъулухъалда МухIамадбег вугевали, гьес сундулниги жавабго кьезе кколишали. БукIа абе, кидал лъанги гьеб лъала дидаги росуцояздаги...

Сашалги Сонялги гIемер бицине МухIамадбег лъугьиндал, Камалил лъадуца намусго гlaдин гьикъана:

- Васасда дур эмен АхIмадил, ясалда жиндир кIудияй эбел Написатил цIар лъунилан йикIана Анисат. Дида мекъийищ доб бичIчIараб?

МухIамадбег цодагьалъ бадиве багIарлъанилан ккана дида. Амма щиб лъалеб, гьеб чIагIдал иш букIун батизеги бегьула. "Соседазул лъималаз абулеб жоялде ругьунлъун ратила нижги. Городалда батIияб возможность гьечIелъул", - абун жаваб кьуна гьес Камалил чIужуялъе...

Сордо лъикIги гьабун, дун нахъе ана. Амма рогьинегIан макьу щвечIо. Дир ботIролъ гъугъалел рукIана магIарул мацIалъул, умумуз тараб ирсалъул, адабияталъул пикраби. Огь, пакьир, магIарул мацI! Лъицадай гьеб хIалалда гъура- чункараб, эбелалъул рахьдада цадахъ нижехъе бачIараб мун? Кир цIаларал, кир гIурал гьал эбелалъул мацI кIочарал гIакъилзаби - хIакимзаби?

МухIамадбегил Миша лъугьун вуго, Анисат Аняде сверун йиго. Хисун руго лъималазда ахIун рукIарал магIарул цIаралги. Жидер лъимал гьадинал "гIакъилал" гIадамаллъун рахъараблъи лъалебани, къаналги рорхун, хабалъан ралагьилаан гьазул умумул. ЛъачIого лъикI гьезда гьеб. Риччанте "ахираталъул рокъорниги" парахат рукIине гьезул рукьби. Цойги ахIмакъаб пикру бачIана ботIролъе. Нусго соналъул гIумру кьеги МухIамадбегие. Кин бугониги, абадиялъ вукIинаро гьевги дунялалда. Хвела, вукъила. Кинаб цIардай хъвала гьесул къаданиб эхетараб зонода?

Гьединал пикрабаца рахIат толеб гьечIо унтараб ракIалъе. Гьоркьо-гьоркьоб, дидаго лъачIого, бадиб магIугицин хулула.

БитIахъе ракI гурхIула гьединал гIадамазда. Гьел пашманал лахIзатазда ракIалде щола Авар театралъул сценаялдаса Заза-бикал роль хIалей цо артисталъ абурал рагIаби: «Нужеца дун жийго те! Нужер хабалъ нуж рукIина, дир хабалъ дун йикIина. Чияр милат гьабизе лъугьин, гьеб ккола чияр мунагь тIаде боси».

Гьеб битIарабги батила. Дир хабалъ Myxlамадбег лъеларо. Амма гьев дие чияр чи гуро, рукъ рекIарав мадугьал вуго. Нагагь нужерги ратани гьединал мадугьалзаби?

ТIаса лъугьа, гьудулзаби, дир халатаб хабаралда. Абула, нилъер къвачIица кквечIеб, чияр цIалкIицаги кколарилан. Кквезе, жаниб хIебтIизе кIвечIо дидаги гьеб балъголъи. ЦIакъ "унтун" буго магIарул мацI Щиб нилъеца гьабилеб? Лъиде рехилеб гьелъул гIайиб? Добго чIунхутIиялъул заманалдейищ? Бегьила гьелдеги, ки­налго мунагьал хIехьараб гьелъ, гьаб гIайибги хIехье абе. Амма кирха рукIарал нилъ?

Гьединал пикрабазда вукIарав дир рекIеде цIам бана, мал кьабун нуцIаги рагьун жаниве вачIарав, херав ХIасаница. Я салам кьечIого, я ворчIами абичIого, гьев битIахъе дида цеве эхетана.

- Ле, мадугьал,  -  ан абуна гьес, дир бадивеги валагьун. - Кинаб къимат дуца кьураб нолъ клубалда букIараб мажлисалъе?

Кидаго букIунеб гIадинаб мажлис букIанаха, ХIасан. Щиб къиматха дица кьелеб?

Кидаго гуро, гьудул, гьедин букIараб! Щиб дуда бичIчIараб МухIамадбегилги Къурбанилги кIалъаяздаса? Лъил мацI бицунел дол рукIарал? Нужее киназего цIакъ бокьула "лъимал - метерисеб къо кколаян" гаргадизе. Эбел-инсул мацIги, яхIги, гIадатги кIочарабищ нилъер метерисеб къо букIинеб? Батани, гьеб хIажатцин гьечIо!

ХIасан, вачIаравго гIадин, инеги ана. Я гIодов чIечIо, я къо-лъикI гьабичIо. Дида цIакъ битIун бихьана ХIасанил рагIи. ХIажат бугищ гьединаб метерисеб къо? Кин нужеда ракIалде кколеб?


Автор: ГIабдулмажид Хачалов

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook