Авторизация

ХIалихьалъиялда данде вагъулев


 

«Миллаталъул» проект


ХIалихьалъиялда данде вагъулев


«Адабияталъул сагIат»: ХIамзатил Расул


2017 соналъул 14 сентябралда «Миллат» басмаялъул редакциялда тIобитIараб «Адабияталъул сагIаталда» темалъун босун букIана ХIамзатил Расулил литературияб хазина. Дагъистаналъул ва магIаруллъиялъул гьумерлъун лъугьарав кIудияв шагIирасул гIакъилаб каламги къисматги ракIалде щвезаруна цоги нухалда. Расул ХIамзатовасул асараз инсаният лъикIлъиялде, канлъиялде, рокьиялде, ракълиде ахIулеб буго. Инсан инсанлъун вукIин ккола гьесул рухIияб нахъратералъул аслияб магIнаги.


«Миллат» басмаялъ щибаб моцIалда гьабулеб «Адабияталъул сагIат» абураб гургинаб столалда гьаб нухалда данделъана «Дагъистан» журналалъул бетIерав редактор, ХIамзатил Расулил адабияб хазина лъикI лъалев литератияв критик, публицист МухIамад БисавгIалиев, Россиялъул ГIелмабазул академиялъул Дагъистаналъул ГIелмияб централъул МацIазул, адабияталъул ва искусствоялъул институталъул директор, филологиял гIелмабазул доктор Ибрагьимил МухIамад ва гьебго институталъул цIех-рехазул отделалъул нухмалъулев, филологиял гIелмабазул кандидат ГIабдулкъадирил МухIамад.


ХIамзатил Расулилгун жидер рукIарал дандчIваязулги, шагIирас адабияталда тараб бутIаялъулги, гьесул асаразул бищун жидер ракIазулъ росарал мухъазулги бицана «Миллаталъул» «Адабияталъул сагIаталъул» гIахьалчагIаз. МухIамад БисавгIалиевасе бищунго гIагарал ва рекIее къабулал руго шагIирас, араб гIасруялъул 90-абилел соназдаса байбихьун, къадар щвезегIан хъварал асарал - «Киниги гъанситоги» абураб тIехь, «Нухалги мехалги» цикл, «ЧIегIераб ящик» поэма ва цогидалги. ГIурус литератураялдаса ХIамзатил Расулица гьарурал таржамабиги шагIирасул асаралги рикIкIун, ракIалде щвезаруна гьес.


Ибрагьимил МухIамадица бицана РАНалъул ДНЦялъул ИЯЛИялъ, ХIамзатил Расулил киналго томал данде гьарун, академикияб куцалда гьесул адабияб ирс басмаялде бахъизе бугилан. «Авар мацI» абураб Расул ХIамзатовасул кечIалъ Россиялда миллиял мацIал цIуниялъе гьабураб кIудияб кумекалъул, шагIирасул гIумруялъул ва шигIрияталъул цо-цо лъаларел рахъазул хIакъалъулъ баянал кьуна ГIабдулкъадирил МухIамадица.


Цебеккун «Адабияталъул сагIат» проекталда нижеца къватIире кьуна Инхоса ГIали-хIажиясул, Игьалиса Чупаласул, ГIахьалчIиса МуртазагIали-хIажиясул, ЦIадаса ХIамзатил адабияб хазина гьоркьоб лъурал телеочеркал. Гьел документалиял фильмал лъун руго «Миллат» басмаялъул аккаунталда «Ютуб» видеохостингалда гьаб адресалда:


https://www.youtube.com/channel/UCYry9AanrFtw7JR4qV0_m_A


ХIамзатил Расул вукIана чIагояб хасияталъул, бергьун гъваридаб пикруялъул, бегIераб рагIиялъул инсан. ГIолохъанаб заманалда ккарал жиндирго гъалатIазда ракI бухIун, гIумруялъго тавбуги гьабуна гьес. ГъалатIал камурал гIадамал, аварагзаби гурони, рукIунареблъиги якъинаб хIужа буго. Расул ХIамзатовас гIуцIараб шамилиана буго цIакъ камилаб, щвалде щвараб, гьес хъварал тарихиял поэмабаз ва биценаз цебе чIезабула КIудияб Кавказалъул рагъги, гьелъул бахIарзалги, цоги гIахьалчагIиги. Советияб заманалда гьеб тема кьолозе бажарулев чи цIакъ къанагIат вукIана. ХIамзатил Расулица доб заманалдаго хъвана гьадинал рагIаби:


Щибизе вахарав борхатаб Гъунив,

ГъалбацI асирлъараб ссанда бер чIвазе,

ХъахIав пачаясул чукъа, фельдмаршал

ЧIухIун гIодов чIараб гамачI бихьизе», - абун.


«Кавказалъул гьалдолел къоязул къиса» абураб тарихияб поэмаялда руго гьадинал мухъал:

Цо нухалъ Шамилица

Ведено шагьаралде

Щибаб рахъ-рахъалдасан

АхIана наибзаби.

АхIана Шамилица

ХъахIлъарал гIакъилзаби,

ГIедегIарал муридаз

БакIарана жамагIат…

…ЦIадал чвахулел руго,

Иххал хъудулел руго, -

Имамас гIоралда кьо

Бихханилан абуна.

Цинги гIорхъи бахунев

ХIажимурад  кIалъана:

КIиялго ниж цоцазда

Цолъараб квар тIун анин...

…Амма руссине щвечIо,

Рокъобе нух къосана.

Къаси хIарщулъе ккана

ХIажимурадил барти.

Хадуб къо хисарабго,

Цо хулжал рагьарабго,

Халгьабуна, батана

ХIажимурадил бетIер.

Жегиги бидулъ буго,

Гьанже-гьанже къотIараб,

Къаркъала хутIун буго

Нухаязул хьуцIазулъ.

Амма хIинкъи лъачIеб ракI

Гьас лъиениги кьечIо,

Кьуна Дагъистаналъе,

Даим васият гьабун.

Гьедин лъабго бакIалда –

РакIги, черхги, бетIерги.

Гьедин бикь-бикьун араб

Рокьиги, гучги, лъайги.

Гьедин щущарал нухал,

Гьедин риххарал мехал,

Гьедин пашманаб къисмат

Дур васасул, Дагъистан!

Гьелъул бицун, мугIрузда

ГIорал хъудараб мехалъ,

ГIассиял гьаркьал гьарун,

ЦIумал роржараб мехалъ,

Шамил, букIараб кIочон,

МугIрул тIогьив вахана,

Гьес тIолго Кавказалъе

Гьесул рахъалъ как бана.

Имамас амру гьабун,

Киналго михIмаразда,

БахIарчияв гъов рехсон,

ДугIа, вагIза гьабуна,

Аллагьги Дагъистанги

Гъосда тIаса лъугьанин, -

ТIалъи релълъун букIана

КIудияб кверкьовуда.

1976 соналда хъвараб асар ккола гьеб.


ХIамзатил Расулилги буго «Памятник» абураб кечI. Жиндирго  къисматалъул  хIакъалъулъ хъварал ритIухъал рагIаби ккола гьел:


Дицаги гьабуна памятник дийго -

Гьеб борхатаб гьечIо, дир кочIол зани.

Амма, букIаниги, гьаб тIалъиялде

Дун хехго тIагIине вачIарав гьечIо.

Чанги гьурал пуйла, чанги цIал бала,

Дир цIар къотIиларо, дир цIа свинаро,

Гьелда тIасан ина гIемерал сонал,

ГIурул ханидасан хехаб лъар гIадин.

Дун вукIана чанги батIи-батIияв,

ХутIила ракIазулъ цохIо хIажатав;

Цогиял нусгояз хисизе гьечIев,

Дицаго бакараб дирго чирахъгун.

Доба севералда чIухIарал финаз

АхIиларо дир цIар, рехселаро дун,

Амма нус-нус соназ бухьараб сапар

Бихьила хIасратал дир наслабазда.

Гьез къимат гьабила, къадараб букIа,

Гьаб кватIун бачIараб дир бичIчIиялъул,

Мискинаб росдайги дунялалъеги

Дир чIвабзаз тIамурал гIищкъул бакъназул.

Дун дирго векалъул хIикмат вукIина,

ХIалихьалъиялда данде вагъулев,

ХIайранал кучIдузул картаялда тIад

ТIадмагIаруласги тела чIинкIиллъи.


Расул ХIамзатовасул буго гIемерал рахъал, гIемерал бокIнал ругеб, бечедаб, цIубараб, камилаб, гIадамазул ракIал хIеккинарулеб, дунялалъул адабияталъулъ мустахIикъаб бакI кколеб рухIияб ирс. Гьеб ккола магIарулазулги Дагъистаналъулги кIудияб талихI. Баркала ХIамзатил Расулие. Аллагьас ахират лъикIаб кьун батаги гьесие. Амин.


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +64
  • Нравится
Оставить комментарий
Цебего заман щун букӏана,Расулил киналго асарал,гьес хъвалеб мацӏалда рахъизе,шагьар тираниги,магӏарул мацӏалда,Расулил цӏи бахъараб тӏехь гьечӏо,гмагӏарулалъ хъварал Расулил тӏахьал ратизе рес буго,цохӏо паркалдаи рукӏунел букинистика ричулел чагӏазухъ,цоги бакьинан бахъулеб Расулил антология,саламатаб букӏине,лъикӏаб кагътил,берцинаб мужалаталъул,ва гь.ц. blush 


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook