Авторизация

Кьурун вуссун, халкъалъе хъулухъалде лъугьана


Къалам, дуца щуре…


Кьурун вуссун, халкъалъе хъулухъалде лъугьана


«Миллаталъул» «Адабияталъул сагIаталда»  –  ЦIадаса ХIамзат


2017 соналъул 29 августалда «Миллат» басмаялъул редакциялда, «Адабияталъул сагIат» проекталда рекъон, тIобитIана иргадулаб гургинаб стол. Гьоркьор лъуна Дагъистаналъул адабияталъул классик, халкъияв шагIир ЦIадаса ХIамзатил асаралги гIумруги.


Цереккун «Миллаталъ» щибаб моцIалъ гIуцIарал телеочерказда гъорлъ руго Игьалиса Чупаласул, ГIахьалчIиса МуртазагIали-хIажиясул, Инхоса ГIали-хIажиясул рухIияб ирсалда тIасан гьарурал гара-чIвариял. Гьел передачаби руго «Ютуб» видеохостингалда гьаб адресалда : https://www.youtube.com/channel/UCYry9AanrFtw7JR4qV0_m_A


Хадубккун магIарул хъвадарухъабазул хIакъалъулъ гьарурал телеочерказул хасал дискал хIадуризе хIисабалде босун буго.


Исана ЦIадаса ХIамзатица 140 сон тIубала. «Адабияталъул сагIаталда» шагIирасул асаразул хаслъабазул бицана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул нухмалъулев, халкъияв шагIир МухIамад АхIмадовас, «Гьудуллъи» журналалъул редактор, Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб республикаялъулаб премиялъул лауреат МухIмад ПатахIовас ва Россиялъул ГIелмабазул академиялъул Дагъистаналъул гIелмияб централъул МацIазул, адабияталъул ва искусствоялъул институталъул директор, филологиял гIелмабазул доктор Ибрагьимил МухIамадица.


Дирни къалмил ракIалъе рокьиго къабуллъичIо,

Кьурун вуссун, халкъалъе хъулухъалде лъугьана.

Хасал кочIохъабазул мисал босун, хIалтIичIо,

Басриял гIадаталгун гара-чIварун хутIана, – гьадин хъвана ЦIадаса ХIамзатица.


ЦIадаса ХIамзат вукIана кIудияб, гIемерал рахъал ва кьерал ругеб, камилаб, унго-унгояб гьунаралъул инсан. Гьев ккола поэт, прозаик, сатирик, таржамачи, драматург, гIалимчи-гIарабист, философ.


Нилъер халкъалда рекIехъе лъала гьесул асарал, хIакълъунго халкъияв шагIир вуго ЦIадаса ХIамзат. Кьолораб чу жиндихъ кьолеб букIараб  «Ашбазалде гьабураб» абураб кочIолъ руго гьадинал мухъал:


ГьедигIан инжитго данде гьабураб

Дунялалъул боцIи бакьанго гуро.

Мискинзаби гуккун, кодобе щвараб

Шагьи-параялъухъ дун урхъуларо.


ХIамзатил сатира букIана кутакалда бегIераб, щвалде щвараб. Гьединлъидалин гьесде хъвадарухъан Николай Тихоновас абураб: «МагIаруллъиялъул бищун бегIераб гIакълу», –  йилан.


Дида ХъахIабросдал нусго гIечIеб рукъ

Тахшагьарин ккола, мун жанив гIураб,  –  ХъахIабросулъа МахIмудил хIакъалъулъ ХIамзатица хъвараб асаралда гьадинал мухъалги руго. ХIамзатги, Расулги, ХIажиявги жанир гIураб ЦIада росуги ккола Кавказалъулго рухIияб, литературияб тахшагьар. ЦIадаса ХIамзатица ва гьесул хъизаналъ дунялалда рагIизабуна Дагъистан. Къин гьечIеб рухIияб ицц буго ЦIада беролеб.


…Гьанже ХIамзат чIван хадуб,

ЛъагIел данде щвелалде,

Дагъистаналъул шарип

Шамил имамлъун тола.

Шамилица жиндирго

Аслияб мурадалда

Дагъистаналъул агьлу

Эркенлъиялде цIала.

…ВатIан эркен гьабизе

Кинабго рес рехула,

Мискин халкъалъе гIоло

Хвалчен къватIиб бахъула.

Ханлъи-лагълъиялдалъун

ЛъалкIахараб Дагъистан

Дугъ битIизе гьабизе

БетIералде босула.


ЦIадаса ХIамзатил «Шамил» абураб поэмаялдаса мухъал ккола гьал. «Марксица къимат кьурав кьалул цевехъанасде кьучI билараб пероялъ гьагал чIорал рехана», –  абун дол захIматал соназда Шамил имамасда бугьтанал лъолеб букIараб къапилаялъе мустахIикъаб жаваб кьуна ХIамзатица. Нилъее тавпикъ кьеги магIарул гIалимзабазул, шагIирзабазул, гIакъилзабазул адабияб ирс лъазе, цIунизе, магIарулаллъунги бусурбабилъунги рукIине. Амин.


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +80
  • Нравится
Оставить комментарий
ЦIадаса ХIамзатил кIодолъи жеги тIубанго бичIчIичIо чангиязда.


Пикру гьабун, гъорлъе раккун, цIализе ккола ЦIадаса ХIамзатил асарал.

Hamzatavari,Рази вуго


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook