ГIака бачIинчIо. Радал рехъалъе гъураб гIака маркIачIуда рехъала цадахъ рокъобе тIад буссинчIо. Эбелалъ жиндирго васасда, ГIалибегида гьарана, тIубан рукIкIинегIан чIечIого, гIакдал тIалаб гьабизе къватIиве вахъаян. ГIалибегие бокьинчIо.
– Цадахъ ГIусманги вачун, цо свери бахъизегIаги а... цадахъ нартичирахъги босе... РукIкIунеб буго...
– БитIун дие щиб бугониги жо къваригIараб мехалъ, я гIака тIагIуна, я зоб тIун бачIуна – балагь рещтIуна гьаб дунялалде, – ян мекъдарана ГIалибег. – Киб бугеб чирахъ?
Бащдаб сагIаталдасан кIиго гIолохъанчи, ГIалибегги ГIусманги, росулъа къватIире лъугьана. Дунял тIубан рукIкIун букIинчIо, амма ризаб гIодонакIкI лъун букIана ва лъабго галул манзилалъ рикIкIад бугеб жоги, жужахIалъул гIакъуба бихьун гурони, шибали льазе кIолеб букIинчIо. Нартил чирахъалъги кумекго гьабичIо, гьелъул канлъи, квешезе гIадин, биххун ун, цого бакIалда гIунун чIолеб букIана.
– Гьаб накIкI биххун инчIого, нилъеда гIака батуларо, –ян абуна ГIусманица. Гьев ГIалибегидаса лъабго соналъ кIудияб вукIана, гьединлъидал гъесда лъана гIодобнакIкI инчIого гIака батулареблъи.
– Щибха гьанже гьабизе кколеб?...
– Лъаларо дида, дагьаб мехалъ чIезе ругоха...
– Гьанир бецIлъуда чIунищха рукIинел?
– РачIа цIа бакизе?...
ГIалибегги ГIусманги гьитIинаб къоялдаса нахъе, росу тун къватIире кканщинахъе, жеги тIад руссинчIо яги нохъода, ялъуни цо кинаб бугониги ганчIида гьоркь – санагIалъи ккараб бакIалда цIа бакичIого. Унти букIана гьединаб, киналго магIарухъ гIурал лъималазул гIадаб.
– Гьаб бакIалда цIулги буго...
Гьанжего гьанже тIеренал гIучIазда цIа хурхине лъугьарабго, нахъасанги рачIун зинкIкIараб гIадин, гьункьун вачIун ГIусманица абуна:
– Къаси ГIалихIажияв холев рагIула...
ГIалихIажияв вукIана вехьлъи гьабулев, амма гьале лъабабго къо гьев бусалъа тIаде вахъинчIого – циндаго унтана. ГIалихIажияв унтигун, росдал жамагIаталъ, дандеги бакIарун, хIукму гьабуна боцIуде иргадал ине. Аслияб къагIидаялъ гIака билиялъе гIиллаги гьеб ккана.
– Холев рагIулилан дуца абизе ккани, эв холевлъи лъида лъалеб? – илан гьикъана ГIалибегица.
– Дуда рагIичIебищ?
– Щиб жо?
ГIусман вуцIцIун чIана. Дунял дагьабги бецIлъана. Гъоркье хьубчулги ран, цIадухъ регарал гIолохъабазде гIодобнакIкIалъ гъаракьго биччалеб букIинчIо. ГIицIго цIа букIана гьезда аскIоб чIагояб жо... ХIасил–калам, кIиялго рукIана росдадаса рикIкIад, гьвел хIапицин рагIулареб бакIалда.
– Лъабго къоялъ, гьоркьоса къотIичIого, росулъ бицунеб хабар рагIуларев чи кинав вукIунев? Церекъад, гуро валлагь, цебеккун къоялъ, Рекъа–АхIмадил гIакаги рокъобе бачIинчIого, къаси нилъ гIадин, кIиялго къватIире рахъун руго гьеб балагьизе. ГIалихIажиявги Рекъа–АхIмадги. Жен–жедун руго, жен–жедун руго: рукIкIунеб дунялги, батулареб гIакаги. РакIалде ккун буго тIад руссине. Цеве–цеве ГIалихIажиявги вукIун вуго хаду–хадув Рекъа–АхIмадги. Заманалдасан Рекъа–АхIмад тIагIун вуго. ТIагIин щиб букIинеб, нахъ валагьараб мехалъ, ватун гьечIо Рекъа–АхIмад. ГIалихIажияс гьаракь гьабун буго – жаваб кьун гьечIо. Цойгиги нухалъ ахIдон вуго – гьечIо жаваб. Цосина щибниги кканадаян, кьурун тIад вуссун, жалго рачIине рукIараб нухде валагьун вуго – гьечIо кивниги Рекъа–АхIмад. КигIан валагьаниги, ватун гьечIо. ХIинкъун вуго ГIалихIажияв, хIинкъиларищха.., амма щиб ккарабали лъачIого цадахъ вукIарав чиги рехун тун, росулъе тIад вуссине кIолебги букIун гьечIо. Циндаго асда бихьун буго канлъи. Валагьун чIун вуго – канлъи асда аскIобе бачIине лъугьун буго. АскIобегIан гIагарлъанагIан канлъи загIиплъулеб, лъугIулеб букIун буго. Хадуб лъан буго канлъи гуреблъи, гьей йикIун йиго цо чIужугIадан. ЯчIун йиго гьей чIужугIадан ГIалибегида аскIое, тIу–тIураб ретIелги букIун буго, кодоб ккун лъимерги букIун буго. Гьанже тIубанго хIинкъун вуго ГIалихIажияв – я тIуризе кIун гьечIо гьесда, я кIалъазе кIун гьечIо. Гьей чIужугIаданалъ асда гъикъун буго: «Мун гъаниве лъица вачаравали лъалищ дуда?» – ян. ГIалихIажиясда жаваб кьезецин кIун гьечIо. «А дурго рокъове, лъабго бакъ баккизе буго дуе жегиги», – ян абун буго гьей чIужугIаданалъ. ГIалихIажиявги тIурун вуго рокъове. ТIурулаго нахъ валагьун вуго, дой чIужугIадан йикIараб бакIалда канлъиги бихьун буго. Дуе лъабго бакъ баккизе бугилан абураб рагIул магIна лъабго къо хутIун бугин мун хвезейин абулеб жо рагIула...
ГIусман кIудияб жо жиндицаго гьабураб гIадин, вуцIцIун чIана. Дагьабги цIакъ сверухълъиги сихIкъотIун чIана. ЦIаги загIиплъана.
– Рекъа–АхIмад кивеха ун ватарав?
– Кивениги ун ватичIо. Рекъа–АхIмад тIирун чIун вуго жив ГIалихIажиясда цадахъ гIака балагьизеги ун вукIинчIила, балагьизеги тезеги жиндир гIака билунги букIинчIила. ХIакъикъаталдаги, хал гьабураб мехалъ, гIака бокьоб батун буго...
Дагьабго гьапуллъарав гIадиниги вукIун, циндаго ГIалибег сверухъе валагъахъдизе лъугьана. Гьебго жо ГIусманицаги гьабуна.
– Дуца, ургъун рахъаралщинал жалги рицун, ракI тамах гьабулсб буго – ян, махсароги гьабун, велъизе бокьун букIана ГIалибегие, амма бажаричIо. БакIлъана...
– Дица ургьараб жо гуро аб, ГIалихIажияс бицанилан годекIаниб рагIана...
– БукIунареб, лъугьунареб жо буго, лъица бицараб батаниги. ГIалихIажиясда цебе тIамун батила...
– Лъаларо дида, – ян абуна ГIусманица, цIадабе рехизе цIулги балагьулаго. БатичIо. – ЦIулги лъугIана нилъер...
– Рокъоре рилълъине ругоха...
– Рокъоб батIаго нилъеца щиб гьабизе бугеб? ГьабсагIат дун цIулги босун вачIина...
Гьединаб каламги гьабун, ГIусман, кIанцIун тIадеги вахъун, цIулада хадув ана. Гьев тIаде вахъунеб куцалъухъ хал гьабураб мехалъ, ракIалде ккелаан къотIун къачIан ав вачIинегIан гIодоб лъураб цIул босизе унев чи ватилилан, амма гьединаб цIул букIинчIо, ва ГIусманица гъеб балагьизе кколаан. Гьединлъидал ГIусманица нартичирахъ цадахъ босана.
Сун унеб цIадуда аскIов живго хутIараб мехалъ, ГIалибег хисана. Гьев зама–заманалдасан сверухъе валагъахъдизе лъугьана, зама–заманалдасан гьаркьал рахъунел ругилан кколеб букIана. ГIодонакIкIги, ГIалибегие квешезего гIадин, ризлъулебго ризлъулеб букIана. Гьеб гIодобнакIкIалъ, гъаракь гуребги заманцин ккун чIезабулеб бугилан ракIалде ккана ГIалибегида. ГIалибег хIинкъана. Гьесие къваригIана ГIусман тIад вуссине. Гьесул пикруялда рекъон, ГIусмание тIад вуссине заман цебего щун букIана. ГIалибег, тIадеги вахъун, сверухъе валагьахъдана – гIодонакIкIалъги бецIлъиялъги цадахъ рекъон лъугьун гьесда щибго жо бихьизе толеб бук1инч1о.
– ГIусман, – илан ахIулеб букIана ГIалибегица, амма гьелдаса загIипабги рухIдакъабги гьаракь букIинаро, аскIов чIарав чиясдацин рагIилароан.
Цойгиги нухалъ сверухъ валагьахъдана; цойгиги нухалъ гьаракь гьабуна:
– ГIусман!
Лъицаниги жаваб кьечIо. ГIалибег тIуванго хIинкъана. Босун жиндирго хъабарча ГIусманилалде тIадеги рехун, хъубчулги цоцазде кIутIун, ГIалибег векерана ГIусман араб рахъалдехун. ГьечIо вихьуда щивниги чиго. ГIалибег лъугьана бецIлъиги гIодонакIкIги багъарахъдизабизе, векерахъдизе ва ахIдезе:
– ГIусман! Ва ГIусман!
ГIусман тIагIана. ГIалибегие бокьун букIинчIо ГIусман тIагIине, амма щиб гьабилеб, ГIусман тIагIана. Гьесда бичIчIана жиндаго сверухъ бигъараб, цоцалъа бахъизе кIолареб цо цIакъ рокьукъаб лъугьа–бахъин кколеб букIин, гьабсагIат бищунго лъикIаб жо рокъове тIури букIин. ГIалибег векерана живго вукIараб бакIалде, свараб цIадухъе. ВачIинахъего гьев хурхана жиндирго хъабчида, ва гьеб кодобе босарабго, гIабдал гIадин, гьакIкIан кIалгун, цIорон хутIана. ГIусманил хъабарча батичIо гьениб. Гьединан гьалгъан чIун ГIалибег гIезегIан заманаялъ хутIизе бегьулаан, нахъасан цо гьаракь бахъинчIебани. Кьурун вуссун валагьана. НакIкIилъ бессун бугоан цо канлъи. Канлъи гIагарлъулеб букIана. Гьеб букIана инсанасул лагаялда бащадаб канлъул хIуби. Дагьабги канлъи аскIобегIан гIагарлъараб мехалъ, ГIалибегида бичIчIана жиндаго аскIове цо чи вачIинев вукIин ва, гьев чиясда сверун чIараб нур гIадин, канлъиги букIин. ЦIакъго загIиплъулеб букIана канлъи Г1алибегида аскIобегIан къараб мехалъ. Гьеб канлъи сверана ч1ужуг1аданалде. ГIалибегида аскIое ячIана чIужугIадан. Гьей йикIана гIолохъанай чIужутIадан, лъеберго сон букIун батуларо гьелъул. Сверухъе нур чIарал гIадамазул гIумру саназ борцине гIадаллъиги буго, букIаниги, нилъецаги щибха гъабилеб? Жийго берцинай жоги йикIана гьей. Амма ретIел букIана тIу–тIураб, дал–далараб. ЦIакъго хашаб ретIел тIад букIиналъ, рихьулел рукIана къватIир лъурал хъахIал гьуждул, накаби, цояб корен. Каранде къараб лъимер букIинчIебани, цойгидаб керенги бихьилаан. Лъимерги жемун букIана басрияб чIорто–къоноялъулъ. Гьелъул гьурмал кьер букIана батIияб, гIажаибаб, гвангьун бугилан кколеб. Гьединаб кьер букIана рокъоса къватIире рахъинчIого, кидаго дин гъабулел ругел муъминзабазул. Гьаракьги букIана хIеренаб, хинаб. ЧIужугIаданалъ ГIалибегида абуна:
– Дуда дун щиялигIаги лъалищ? Гьаб лъимер лъилали лъалищ? Мун гьаниве кинан ккаравали лъалищ?
ГIалибегие бокьун букIана гIодизе, тIуризе, ахIдезе, цо щиб бугониги гIантаб жо гьабизе, амма кIолеб букIинчIо килиш багьаризецин.
– А дурго рокъове, а. Амма гьабсагIат рокъове ани дуе лъабго гурони бакъ щоларо...
ГIалибег, щайтIабаца ккурав чи гIадин, чIинкьун гьей гIаданалъ кодоб ккураб лъимадухъ валагьун вукIана. Гьеб багъарулебго букIинчIо.
– Дун ракIалде щварайищ? – илан гъинкъана чIужугIаданалъ.
ГIалибег тIурана. ТIурана, росулъе щвезегIан нахъ валагьичIого. Амма векерун вачIунеб мехалъ, гьесда кколеб букIана жиндихъго букIараб цо жо дой чIужугIаданалъухъ хутIанилан. Щибали лъазе кIолеб букIинчIо хаду–хадубги, чан нухалъ гьаб лъугьа–бахъин ракIалде щваниги, лъазе кIвезеги к1вечIо.
Рокъове жаниве къвалакь къазабун хъабарчагун ГIалибег кIанцIун вачIараб мехалъ, эбел хIинкъана:
– ГIалибег, дуе щиб? Щиб ккараб? Мун кив вукIарав?
– Щибниги ккечIо... ГIака балагьизе ун вукIана...
Эбелалъ гIажаиблъи гьабуна:
– Кинаб гIака?
Дагьабги цIакъ гIажаиблъи ГIалибегицаги гьабуна:
– Дуца гурищ дун витIун вукIарав?
Эбелалда ракIалде ккана жийго гIадаллъулей йигилан ва кIал цебе ккезабуна:
– Мун гIадаллъунищ вугев?
ГIалибег вуцIцIун чIана. Гьев риччалъе ккана, гьесда бичIчIизе кIолеб букIинчIо гьаб ахираб сагIаталда жаниб ккараб лъугьа–бахъин, гьеб бичIчIичIого, эбелалда абизе жоги букIинчIо. Живго киб бакIалде ккаравали лъаларев, гьединаб бакIалде ккараб мехалъ щиб жо гьабизе кколебалиги лъаларев чи вукIунев ватила, ГIалибег гIадин. Хадуй ахIделей эбелги тун, ГIалибег векерана ГIусманида хадув, ГIусманилъуве. ГIусман рокъоса къватIиве лъугьун вачIинев ватана.
– Мун кида рокъове щварав? – илан гьикъана гьесда ГIалибегица бачIинахъего.
Гьесда жиндиего кьураб суал бичIчIичIо:
– Киса?
– Мун дида цадахъ гIака балагьулев гурищ вукIарав?
ГIусманида гьанжеги бичIчIичIо ГIалибегие жиндасанго къваригIараб жо:
– Кинаб гIака? Дуца бицунеб щиб?
ГIалибег тIокIав кIалъачIо. Гьесда мухIканго бичIчIана цойгиги кинаб бугониги суал жиндицаго кьуни, тIуварав гIабдаллъун живго рикIкIунеблъи.
ГIалибегица, вуцIцIун чIун, гIемераб заманги балеб букIун, ГIусман кIалъана:
– Мун вилълъунаревищ?
– Киве? – ян гьикъана ГIалибегица.
– ГIалихIажияв хун рагIула...
2Лъабабго бакъги тIерхьана, (лъабабго къоялъ росулъ рижанщинаб харбалги, ГIалибегица гьаруралщинал пикрабиги нилъеца, хабар чIамучIлъичIого букIине, гьоркьор риччалел руго, цохIо абун тела; расги лъикI букIинчIо ГIалибегил ищ), лъабабго бакъги тIерхьана, ункъабилеб къоялъул маркIачIул гIужалда рокъове жаниве лъугьун вачIунев ГIалибегида, гIатIал цIун квералгун йигей эбелалъ абуна:
– ГIалибег, щаяли лъаларо, нилъер гIака къаси рокъобе бачIинчIо...
– Дица щибха гьабилеб?
БачIинахъего эбелалъул рагIаби рекIелъе риччачIо ГIалибегица, «дица щибха гьабилеб» – ан абулеб рагIиги борчIун араб жо букIана. РекIелъе риччан рукIаралани, бакI–бакIалда гIетIги баккун, гIамал хисун лъугьунаан гъев. Гьесда жеги бичIчIичIо къасиги жив гIака балагьизе ине кколевлъи, къасиги цо санагIалъи гьечIеб жоялъ санагIалъи гьечIеб бакIалде живго цIазехъин вукIин.
– Щибха дуца гьабилеб... гIака балагьизе вахъине ккелаха... ГIусманги ваче цадахъ... нахъа рокъоб, горда лъун чирахъги буго...
Циндаго ГIалибегида цебе бачIана тIу–тIураб ретIелги ретIун кодоб лъимерги ккун доб сордоялъ дандчIвараб жо. Бохьун гIетI бана надалда.
– ХIакъикъаталдаги, бачIун гьечIебищ гIака рокъобе? – ян гьикъана ГIалибегица.
– Дуе махсараби гьарулейищха дун йигей? – илан, эбел ГIалибегихъ ялагьана ва гъелъул гьаракь квачана. – Дуе щиб, ГIалибег?!
ГIалибегица гIажаиблъараб ххвел гьабуна:
– Щиб ккараб?
– Кьер тIун буго дур цIакъ...
– Киб бакIалда бугеб чирахъ?..
– Нахъа рокъоб, горда...
Вас гIамал хисун лъугьин эбелалъе бокьун букIинчIо. Амма гьелда гьабизе кIолеб жо букIинчIо, гьейги цо батIияб къуваталъ тIамулей йикIана вас рокъоса къватIиве витIизе. Нилъеда бичIчIулареб жоялде данде къеркъон щибго кколаро.
Къаси гIодонакIкIги букIинчIо, чирахъалъги жиндихъаго бажарулеб жо гьабулеб букIана. Рокъоса къватIиве лъугьиналде, гьес пикру гьабуна бокьове ваккизе – бугебищ гьениб гIака, гьечIебищ? Бокьоб жаниб гIака батичIо. Дагьабго ракIалъе мадар лъугьана.
«Щиб лъалеб, хIакъикъаталдаги, гIакаги рокъобе бачIун гьечIо гьеб балагьизе дунги къватIиве вахъунев вуго... ургьел чIвазе щибго гьечIелъул...»
Пикраби гьединал рукIаниги, ракI ГIалибегил къватIибе кIанцIизе нух балагьулеб букIана. Гьесул хIукму ккана, цо нухалъ росуги сверун, рокъове тIад вуссине. «ГIусманида хадувги инаро, росдадаса рикIкIадеги инаро, батани гIакаги бачина рокъобе, батичIони батичIиланги абила...».
ГIалибегица ракIалде ккараб къагIидаялъ росу сверана, доб ГIусманида цадахъ цIа бакараб бакIалдехун берги щвезе течIого. Гьеб бакI бихьизе ккани, гьев росдадаса дагьавги рикIкIаде ине кколаан. ГIалибегие гьеб иш гьабизе бокьун букIинчIо. Амма гIажаибго гьеб бакIалде цIалевги вукIана. Дагьаб мехалъ росулъан гьвел хIапи рагIилародаян гIенеккунги чIун, гьес нух босана цIа букIараб бакIалдехун. ХIатIикье кколеб гIисинал чIинхазулги, жиндаго тIад бугеб ратIлилги, цIалеб хIохьлалги гурони сундулниги гьаракь букIинчIо – ургъунго, щиб кколебали лъазе, гIеннеккун чIун букIана тIабигIат. Ц1а бакун бук1араб бакIалде гIагарлъанагIан хьадарлъулел рукIана ГIалибегил галаби, гьениве гIагарлъанагIан бокьун букIана росулъан гьвел хIапи рагIизе. Цо нухалъгIаги гьой хIапун букIарабани, гъелъ ахIарав гIадин, кьурун вуссун росулъе векерун унаан ГIалибег.
Циндаго гьесда нахъасан чIинхъи бахъана. Бортун ана ГIалибегил ургьимес. ГIодобе бортана чирахъ. Амма кигIан хIинкъаниги, гьев нахъ валагьичIого чIелароан, нахъасан бачIараб канлъуца гъесул жиндирго рагIад цебе рехизабичIебани. Жиндаго нахъа канлъи букIиналде пикру гIунтIарабго, махIабалъа рухIги босун, хIинкъиялъул кутакалъ ГIалибег кIусун ана.
– Гьалибег, – илан абуна нахъасан роцIараб бихьинчиясул гьаракьалъ. – ГIалибег, дуе щиб?
Эбелалъул гьаракь рагIаниги нахъ валагьилеб хIал букIинчIо ГIалибегил. КIусун чIун вугев гьесул гьеж ккуна нахъасан.
– ГIалибег, дуе щиб? Ле...
Цин лъикI кIусун чIун вугев ГIалибегги кIовокIун, хадуб цевехунги вачIун гьесул бади–бадибе чирахъги ккун, гIакьуба кьезе лъугьана щивали лъаларев чи.
– Ле, дуе лъугьараб щиб вац?! ХIинкъунищ мун вугевали?... Гьаниве валагье... дихъ валагъе.. Гьале...
Гьев чияс гьанжесала чирахъ жиндирго гьурмада цебе ккуна. Гьаркьиде ругьунлъун ракI гIодоциналъ батила, кьер тIураб, гIазухъахIаб жиндирго гьумер тIаде борхизе Г1алибегида, щив жиндаго цеве вугевали хал гьабизе кIвана. Гьев ватана ГIусман.
– Хвезе вахъана мун, – илан, цIакъ кеп щун, велъана ГIусман.
– Мун щив? – илан гьикъана ГIалибегица гIабдалас гIадин.
ГIусман дагьабги цIакъ кеп щун велъанхъан.
– Мун хIакъикъаталдаги ГIусманищха? – ян гьикъана ГIалибегица.
Цойгиги нухалъ гьелдаго релъараб суал ГIалибегица кьун букIарабани, ГIусман, гIемер велъун, чехьги унтун, гIодов кколаан ва тIокIав тIаде вахъунароан. ТалихIалгь ГIалибег вуцIцIун чIана
Дагьав рукIалиде ккараб мехалъ, абуна ГIусманица:
– Дур эбел ячIун йикIана, мун гIакдада хадув витIун вукIанила, кватIулев вугила, жиндир ракIги лъикI гьечIила. Дур чирахъалъул канлъиги бихьун вилълъун вукIана.
ГIалибег жегиги божулев вуIинчIо жиндаго аскIов ГIусман вукIиналда. Живго киб бакIалде ккаравали лъазе гIадин, гьев сверухъе вадагьахъдана ва цIорон хутIана. Кьурул рагIалдасан бачIинеб бихьана доб сордоялъ гIадаб канлъул хIуби. Канлъийилан абизе канлъиги букIинчIо – гьеб букIана хъахIаб хьухь. ГIалибегица гьеб хьухьалдаса берал нахъего росулел рукIинчIо.
– ГIусман! Балагье цо! Балагье! – ян килищ битIана ГIалибегица аскIобе гIагарлъулеб бугеб хьухьалде.
ГIусманица жавабго кьечIо.
Валагьана ГIалибег – гьечIо ГIусман. Валагьана сверухъе – гьечIо кивниги.
– ГIусман!
ХIинкъуца холаго гьабураб гьаракь кигIан загIипаб букIунеб батаниги, гьединаб загIипаб гьаракь букIана Г1алибегил. Сверухълъиялда «ия» – ян абулев чиги вахъинчIо. Хьухь гIагарлъулеб букIана, боржун бачIунеб жогIанги хехго. Гьединлъидал ГIалибег тIуриялъул кинаб бугониги магIнаго букIинчIо. Хьухь аскIобе щвараб мехалъ, добго тIу–тIураб ретIел–кунги тIад хун, чIартилъ жемараб лъимерги каранде къан, дойго чIужугIадан ятана. Цин лъикI заманаялъ сихIкъотIун ГIалибегида цее эхетун йикIана гьей, хадуб гьимана:
– Мун къаси щайха тIуричIев?
ГIалибегица жаваб кьечIо. ГIалибегица гIажаиблъи гьабуна гьимарабго гьелъул гьумер хисулеб бугеб куцалъул. ЧIужугIаданалдасан цо гIажаибаб хинлъи бачIунеб букIана. Цебего гIадин, аскIов чIарав чиясда хьухь бихьулеб букIинчIо, гьеб тIагIана. АскIов вугесда цогидасда чIараб нур бихьуларо.
– Доб мехалъ дуда тIаса лъугьана дун... Лъабабго бакъ тIерхьана дуца жегиги хIохьел цIалеб буго, чIаго вугилан дица абиларо... Дуда гIайиб гьечIеблъи лъала дида...
ГIалибег гьанжеги кIалъачIо.
– Дида хадув вачIа, – янги абун, чIужугIадан, ГIалибегидехун мугъги рехун, кьурун юссана ва цее–цее ана.
Амма ГIалибег вагъаричIо чIараб бакIалдаса. Гьев хадув вачIунеб гьечIеблъи сунца бицарабали, чIужугIадан лъалхъана ва нахъ ялагъана. ВагьаричIого чIун вукIана ГIалибег. ЧIужугIадан, гьесухъги ялагьун гьимана ва кIалъачIого, кьурун юссун, цее–цее ана. Нахъасан цо жоялъ тункарав гIадин чIараб бакIалдасаги ватIалъун, ГIалибегги ана хаду–хадув.
ГIалибегида кIочана гIакаги, жиндирго росуги, живго ГIалибег вукIинги. Гьанже рагIулеб букIинчIо гьесда хIатикье кколел чIинхазул гьаракь, лъалеб букIинчIо гIемераб заманищ рокъоса вахъаралдаса балеб бугеб яги дагьабищ, хIинкъунищ живго вугев ва ракIалъе бокьунищ чIужугIаданалда цадахъ унев вугевали. Гьес сундулго пикру гьабулеб букIинчIо.
ЧIужугIадан сверана кьуру бугеб рахъалдехун, хадув ГIалибегги сверана. Гьабгощинаб нух таниги, цониги нухалъ нахъ ялагьичIо чIужугIадан. Амма кьурул ракьанде щвараб мехалъ, кьурун ГIалибегидехун юссана ва кIалъана:
– ГIалибег, ма гьаб лъимер ккве, дица гьаб гамачI нахъе гирун бахъинегIан...
ЧIужугIаданалъ бегьун бачIараб лъимер ГIалибегица кодобе босана ва гъебсагIатго гьаракьги гьабуна:
– Алъул бакIлъи щиб?!
– Хвараб лъимер буго гьеб, – илан абуна чIужугIаданалъ.
ГIалибег тIуркIана. ЧIужугIаданалъул жаваб рагIарабго, бичIчIана ГIалибегида суал мекъи кьураблъи, гьесие гьикъизе бокьун букIана алъул цIорой щибилан.
ГIалибегихъ гIинго тIамичIого, чIужугIаданалъ цIакъ бигьаго нахъе гирана кьурул ракьанда букIараб кIудияб гамачI. ГанчIида гъоркь батана нохъо. Кодоб ккун бакIаб лъимергун кIалтIа эхетун ГIалибегги тун, чIужугIадан гьеб нохъоде жание тIерхьун ана.
ГIалибегида цебе бугеб кьуруги, аскIор ругел чIахIиял ганчIалги, херги биччун букIана. Риччун рукIана ГIалибегил хIатIалги. Кидаго гIадин, риидалил заманаялъги, къаси магIарухъ букIунеб квач цIикIкIана. БецIлъиги сихIкъотIиги цоцалъ хурхун, гIаммаб иш гьабулел ругел гIадин, гIунун чIун рукIана.
ЧIужугIадан нохъодоса къватIие ячIуней йикIинчIо. Кодоб ккураб лъимералъ ГIалибегида бичIчIизабулеб букIана гьелъ гIемераб заман балеб бугилан. ГIалибегида гьабизе кIолеб жо букIинчIо – гьев къаси сардилъ, кодоб ккун хвараб лъимергун, эхетизе ккун вуго нохъода цеве. Нохъоде жаниве лъугьине гьев хIинкъана, гьесул бакIалда мун вукIаравани, мунги хIинкъилаан.
ЧIужугIадан нохъодоса къватIие ячIуней йикIинчIо. Нохъода аскIовегIанги къан, ГIалибегица берцинго, чIагояб жо гIадин, лъимер нохъода цебе, биччараб харда тIад лъуна, гъоркье кколеб бук1араб гамачIги добегIан рехун. НахъегIан къан чIана лъимер лъицаниги босун унарищали бихьизе. Вахчун чIун вукIана. Лъимералда хадув чи вачIинчIо. ГIалибег хIинкъизе лъугьана. Гьанже рагIа–ракьанде щун бичIчIана ГIалибегида живго ккараб бакIалъул вахIшилъи.
ГIалибегида ракIалде ккана тIуризе. Гьединан, нохъода цебе рехун лъимерги тун, тIуризе. Амма, жиндирго мугьзада нахъехун лъимер ккарабго, гьев хIинкъулев вукIана, тIад вуссинчIого чIезе кIолеб букIинчIо.
Щиб гъабилебали лъаларого пикрабаз мехтизавуна Гiалибег.
Ахир–къадги гъесул хIукму ккана лъимер, росулъеги босун, мажгиталда цебе лъун тезе. Нахъияб къоялъ гьеб гIадамазда батила ва букIине кколеб къагIидаялъ ракьулъ лъела. Хапун, ракьалда рекIун букIун, нахъе тIолеб бугеб гIадин, лъимерги кодобе босун, ГIалибег, росулъехъун валагьун, тIурана. Векеризе гьесда кIолеб букIинчIо, амма рилълъин хехаб букIана.
Росулье гIагарлъараб мехалъ, рукъзабахъ бакI–бакIалда канлъи бихьараб мехалъ, цIидасан пикрабаз гIакъуба кьуна ГIалибегие. КIолеб букIинчIо гьесда хвараб лъимерги босун росулъе вачIине. «ГьабсагIат босун дицаго ракьулъе рехани? Лъида щиб лъалеб?» Гьеб пикруялъ черхалда гъар–гъар базабуна гьесул. «ТIокIаб рес гьечIо мажгиталда цебе лъезе ккола...».
Мажгиталде цеве щвараб мехалъ, ГIалибег цин сверухъе валагьана. Къаси сардилъ щив гьенив вукIинев – щивниги ватичIо. Гьес цIодорго, гьаракь бахъинаредухъ, лъимер нуцIида цебе бегизабуна. Цойгиги нухалъ сверухъе бералги речIчIизарун, тIурана.
Амма гIемераб бакIалде тIуризе кIвечIо, тIоцебесеб цолоде нахъехун ккегун, чIун хутIана, цо батIияб жо ккараб гIадин, кьурун вусун бецIлъуде валагьана. ГIенеккун чIана – гIодулеб лъимадул гьаракь рагIана. Дагь–дагьккун гьеб гьаракь цIикIкIунеб букIана. Гьабилеб жоги тIагIун, жиндиего кьолеб бугеб гIакъуба тIокIабги хIехьезе кIвеялдаса ун, малъ къосарав ГIалибег къватI бакьулъ гIодов чIана.
СагIаталдасан, кодоб ккун хвараб лъимергун, жиндирго рукъалъул кавудухъ эхетун вукIана ГIалибег. Дунялалъул рогьине хутIараб жо букIинчIо, гьурал рахъине байбихьун букIана. ГIалибегида ракIалде ккана, эбелалда аскIовеги ун, гьелда гьикъизе, гьадинги–гьадинги кканин, щиб гьабилебилан. ГIажаибаб жо буго ЭБЕЛ – хвараб лъимер босунцин ине кIола гьелда аскIоре.
Жиндирго рукъалъул каву рагьарабго, гьений эхетун ятана нохъода жание т1аг1ун ун йикIарай чIужугIадан. Вохиялъ ГIалибегил, пакъирасул, бадиб магIу хулана. ГIалибегихъа лъимерги нахъе босун, чIужугIаданалъ абуна:
– Гьанжеги лъачIейищ дуда дун?
Ч1ужугIадан, кодоб ккун лъимергун, Г1алибегил кавуялда аск1оса нахъе ана ва, тIубанго тIерхьиналде нахъги юссун, кIалъана:
– Лъабго бакъ тIерхьарабго, добго нохъода цеве вачIа...
Эбелалъ рахачIого тун батана нуцIа, ва ГIалибег рокъове жаниве лъугьана. Амма эбел жеги кьижун йикIун гьечIо. Чирахъги босун, гьей данде ячIана ва, ГIалибегида берчIварабго, жIинкъун нахъе кIанцIун чIана. ГIалибег цIакъ рази–ракиго, аваданго вукIана, цо дагьаб–макъабниги бакъан бачине рес букIарабани, ГIалибег кьурдилаан.
– Дуе щиб эбел?!
– Дур... дур бетIер хъахIлъун буго, ГIалибег... Бет1ер хъахIлъун буго...
Дагьаб мехалъ рукъ бакьулъ эхетун, велъанхъилевги вукIун, чвархъан чIарбиде рехун ана ГIалибег. ЧIарбида бетIер кьабулеб гьаракьги бахъана, сурукъаб гьаракь букIана...
3Цойгиги нухалъ рокъоса гIака тIагIине жеги лъабго къо буго, гьединлъидал, кигIан чIамучIлъаниги, чанго рагIи абизе ккола Г1алибегил рокъоб букIараб ахIвал–хIалалъулги. Гьеб гьоркьоб биччани, дуда ракIалде ккела эбелги, гIакаги, ГIусманги гурони гьечIеб росулъ гIумру гьабулев чи вугин ГIалибегилан.
ГIалибег вигьана бусада, тIаде къулун ватана жиндирго эмен, СагIадула, ва лъалеб букIинчIо ГIалибегида чан бакъ тIерхьарабали. СагIадулаца мегежги кIкIван букIинчIо. ГьанжелъагIан нилъер хабаралде гъорлъ СагIадула вукIинчIолъиялъе гIилла буго гьев чи зама–заманалдасан жиндицаго рукъарал тIагьрал ричизе мадугьалихъ ругел росабалъе хьвадулев чи вук1ин. Хасго цо росу букIана гьесул, щиб багьана батунги, жаниве вуссунев; гIадамазда гьоркьоб хабарцин букIана гьесул цойгиги чIужу йигин гьенийилан, амма гьеб дурги дирги иш гуро.
ГIалибегида кканщинаб жо ракIалда букIана. ТIаде къулун эмен ватигун, кIкIвачIеб гьесул мегеж бихьигун, ГIалибегида бичIчIана рокъоб цо багъа–бачари ккун букIин.
– Унтулеб бакI бугебищ? – илан гьикъана инсуца, ГIалибегица берал рагьаралго.
– ГьечIо... Чан къо бугеб дир вегун?
Инсуе бокьичIо гьеб суал. ТIокIаб гьеб суалалъе жаваб кьезе рокъов жанив чиги вукIинчIо. ГIалибегида бичIчIанихъе унтарав живго киназдасаго ватIа–тIун гьоболасул рокъов вегизавун вуго, лъицаниги квал–квал гьабичIого букIине.
– Чан къо букIаниги щиб дуе?
ГIалибег гIенеккун чIана. Добцояб рокъоб гIадамазул гаргар бугоан. ГIалибегица пикру гьабуна гьадал гIадамалги диде раккизе рачIарал гIадамал ругин, киназдаго кинабгоги лъалеб бугин, гьеб ахIи бахъун эменги вачIун вугин, кьура–кьураб суалалъе жаваб кьуни гурони, щиб бугониги балъго гьабиялдаса ишги ун бугилан. Дир хIисабалдаги лъикIаб пикру буго гьеб, битIараб гьабизехъин буго ГIалибегица.
– Лъабго бакъ ине бегьуларо.., – ян абуна ГIалибегица.
– Щиб бегьулароя?...
– Лъабго къо ине беегьуларо, дида дове вачIаян лъазабун букIана.
Инсуда кколеб букIана ГIалибегида щибниги бицине ракIалда гьечIин ва гьесухъа сихIирго суалалги кьун кIвараб жо бахъизе кколилан. Киве ГIалибег ине кколевали, лъица гьесда щибилан лъазабурабалиги рагIизе къваригIун букIана инсуе, амма хIинкъун вукIана гьес щибго бицинарилан.
– Дуца доба къаси щиб гьабизе кколеб? – илан гьикъана инсуца, рекIелъе лъугьунеб гIадаб гьаракьги гьабун.
ГIалибегидаги бичIчIиларищха, гьев гьимана; ГIалибегида бичIчIана инсухъа, цIакъго сихIирлъулаго гьалатI борчIараблъи «къаси» – илан абураб рагIи инсуца абизе бегьулареб букIараблъи.
Гьимулаго абуна ГIалибегица:
– Къасийищ лъабабилеб къо лъугIулеб?...
РазилъичIого СагIадул рес щиб?
– У.
ГIалибегие гIедегIизе бакI букIинчIо. Гьанжего гьанже байбихьулеб букIана къо, гордухъа жанив, нич бахъун, бохуца холаго, бачIун букIана бакъ, тIаде къулулев вукIана эмен.
– ГIодове виччай, – илан абуна инсуца, – дур жеги заман буго... Къаси дунги вилълъина цадахъ...
– Къаси дунгоги инаро, – ян абуна ГIалибегица. ГьебсагIатго пикруги гьабуна: «Къаси дун инчIони, хвезеги хола...».
ГIалибегил инсуда, СагIадулада, эбелалъги гIадамазги бицараб гурони, щибниги лъаларо. Цо сордоялъ ана, вачIана кватIун, гIака балагьулев вукIанилан, кIиабилеб сордоялъ вачIана, гIазухъахIлъун бетIергун, велъанхъана ва рукъ бакьулъ гIодов речIч1ана. Цойгиги лъалаан СагIадулада живго ГIалибегидацин лъаларебги. Велъизеги велъун гIодов ккарабго къоялъ вачун бусада лъун вукIарав ГIалибег кIиго–лъабго сагIаталдасан тIаде вахъана. Гьеб букIана бакъ тIадегIан бахараб заман. Вахъун тIадегун, риччалъ, щивго вихьуларого, лъикI рукъги сверун, гIачIихинарун бералгун, чи хIинкъиледухъ эбелалъухъги валагьун, кваназеги кванан, цIидасан вегана ва тIокIав тIаде вахъинчIо. Гьедин вас лъугьараб мехалъин, эбелалъ росу цIураб ахIи бахъинабураб. ГIадамаз чIванкъотIун абуна щибниги батIияб жо гурила, щайтIабаз ккун вугилан. Падамазе кидаго бигьа букIуна.
– ГIалибег, – илан абуна инсуца, – дица духъ валагьизе цо цIаларав чиги вачун вуго, бичIчIарабищ... Дун дур эменлъидал дир тIокIав васги гьечIо... Гьанже гIемер бицинаро, дуца кинабго кканщинаб жо бице... Бахчун киданиги щибниги тIубаларо...
Эмен, къватIивеги ун, заманго бахъилалде цо чорокабилан кколеб кьералъул мегежги бугев чиги вачун, тIадвуссун вачIана. Гьев вукIана цIаларавилан рикIкIунев чи. Амма гьурмал кьер цIаларасул букIинчIо, бералги, жаниб гъварилъи букIунел гIадал, чIахIиял рукIинчIо, къваридал, сихIирал рукIана.
ГIалибегица бицана кинабго: тIоцебе гIака балагьизе иналъулги, ахиралда кодоб ккун хвараб лъимергун, росдал къватIахъ векерахъдилев вукIиналъулги. Гьеб киналъулго бицун бахъараб мехалъ, СагIадулаги цIаларав чиги цоцахъ ралагьана. Амма цонигиял кIалъачIо. БукIинчIо гьезул цоцазда абизе рагIи.
– ГIалибег, – илан абуна инсуца гьанжсги васасул рекIелъе нухги бахъулаго – гьеб киналдехунго дурго щиб пикру бугеб? Дуда гьеб щибилан кколеб?
ГIалибегие бокьана гьеб суал.
– Дида цо жо бичIчIана. Кодоб ккун хвараб лъимергун хутIараб мехалъ, дида бихьарабщинаб къо бецIана, рокъове щвегун, дица гьабураб релъиялъ. Дида бичIчIана инсан велъизе ккани, гьелъие ихтияр букIине кколеблъи, ихтиярги гьечIого велъулев вугони, бецIун къо бихьизабулеблъи... Релъи цIакъ хирияб жо букIин... Дида гьабсагIат нужеда гьеб рагIабаздалъун бичIчIизабизе кIолеб гьечIо... Дидагоцин мухIканго бичIчIулеб – гьечIо... Рохел, эркенлъи... КIолеб гьечIо бичIчIизабизе.
ГIалибег вуцIцIаравго, СагIадулагь аскIов вугесухъ валагьана:
– Щибилан абилеб?
– Щибилан абилеб... ЩайтIабаца ккун вуго... ЦIализе кколел жал рукIуна, дица кьела духъе...
ГIалибегица гьаб бакIалда хIалихьатаб жо гьабуна. Гьев велъана. Рекъон букIинчIо инсуца ахIун вачIарав кIудияв чиясда тIад велъи. Эменги гьевги, кIанцIун тIадеги рахъун, къватIире ана.
ЯхI гьабизе кIоларого, вукIана ГIалибег, бакъ тIерхьине къваригIун. Гьев рокъоса къватIивеги вахъинчIо, бусалъа гъоркьецин рещтIинчIо, къваригIел тIубазе гурони, кидаго дунял рукIкIинегIан чIун, горда бералги лъун, вукIана. ГIалибегида жеги мухIканго бичIчIун букIинчIо щаяли, амма цIакъ бокьун букIана бакъ тIерхьине, заман щвезе, дой чIужугIаданалде аскIове ине. Дир пикруялда ГIалибегие бокьун букIун батизе ккола, цойги щиб бугониги багьанадуйги бачун, жиндиего гIакъуба кьезе, гIакъуба бецIун рахIатги щвезе. Гьес инсуда абуралъухъ гIенеккараб мехалъ, гьедин кколеб бугоха. Амма гьес пикру гьабулеб гьечIо нагагьлъун гIакъуба хIехьезе кIвечIого, хвани, щиб ккелебали. Дагьабги кIудияб рахIатищ?
Росулъ ГIалибегил хIакъалъулъ чанги чияс чанги жо бицунеб букIана. Киназдаго лъана ГIалибегида дандчIварай гIадан, чанги чиясдаги дандчIван йикIун йиго, амма киналго щайтIабаз ккурал чагIийилан жалго инжит гьаричIого рукIине, руцIцIун чIолел рукIун руго, лъиданиги сундулниги цIарго бахъичIого. Гьанже кинабго ГIалибегиде буссана. Цо–цоязул ракIчIун букIана, гIемер кватIичIого, ГIалибег хвезе вукIиналда. ХIасил–калам, кIалзухъ вахъун вукIана ГIалибег. Гьесде гIадамаз абурабщинаб рагIи бищунго цIакъ унтулеб букIана гIолохъанай яс, Муъминатида, амма гьелъ хIал лъазе толеб букIинчIо.
Муъминат щияли дица цебего бицине кколаан, щайгурелъул Муъминатидаса нилъер хабаралъе кIвар бугев чицин гьечIо, амма, зама–заманалдасан гIачиги рокъоре руссинчIого, дун регIичIо. Гьале гьанжесаги...
4ГIака рокъобе бачIинчIо.
– ГIалибег, – илан абуна эбелалъ, – нилъер гIака бачIун гьечIин ккола къасиги, тIалаб гьабизе вахъине ккела...
ГIакдал цIар бахъарабго, СагIадулагь тIуркIана. ГьанжелъагIан бицунеб рагIарабщинаб жо гьанже гьесда берда бихьизехъин букIана. Бихьунги лъикI – гьев божулев вукIинчIо, киназулго гIадин, гьесулги ракI букIана ГIалибег щайтIабаз ккун вукIиналда. Амма гьес гIажаиблъи гьабулеб букIана жиндирго чIужуялда. ГIалибегни щайтIабаз ккун вуго, риччалъе ккарай гIадин батIаго, гIамал хисун лъугьарай гьай гIабдалалда щиб гьабулеб? СагIадулагь вуцIцIун чIана. ЧIужуялъухъ валагьун вукIана гъев; гъелъулги, я жинда абулеб, я жиндица абулеб бичIчIулеб хIал букIинчIо. Щибдай ГIалибегица гьабилеб? СагIадулагь валагьана ГIалибегихъ. ГIалибег гьира–цIаялда кIанцIун тIаде вахъана.
– Чирахъ киб бугеб?
– Бицинаро, – ян тIаде вахъун вачIана эмен.
– Къаси дун ина гIака балагьизе...
Хадур ралагьун ГIалибегги чIужуги тун, СагIадулагь, босун чирахъгун, гIака балагьизе вахъана. Гьесие цIакъ бокьун букIана ГIалибегида бихьанщинаб жо бихьизе, бичIчIулеб букIинчIо гьесда жиндирго жо кколареблъи. Гьеб бичIчIизе ккани, СагIадулагьида лъазе кколаан Муъминат, ва ГIалибегилги гьелъулги бугсб гьоркьоблъи. Гьеб лъаларо я СагIадулагьида, я дуда, гьединлъидал рачIа хал гьабизе гьабсагIат щиб кколебали.
СагIадулагь гIака, балагьизе инчIо, гьев бачIинахъего векерана бокьове. Бокьоб гIака гьечIоан. Азбаралъув жен–жедана, киса–кивего ваккарана – гьечIо гIака кибниги. Циндаго, гIадалъ жобараб гIадинан, чIун хутIана гьев азбар бакьулъ.. «Унго дир гIантлъи! ГIалибегги рокъов тун, къватIиве кIанцIизе бегьилаанищ? Цо галул манзилалъ аскIоса нахъе ине бегьулароан...». БитIараб буго СагIадулал – ГIалибег къватIиве ун ватула, жиндирго, «гIака балагьизе». Живго тезе бегьулароан СагIадулаца гьев. Гьеб жиндаго СагIадуладаги бичIчIана, амма бичIчIулеб букIинчIо гьеб пикру, къватIиве кIанцIизе пикру кисан бачIарабали, киб букIараб пикру гьебали. Гьесда бичIчIулеб букIинчIо, жиндирго васго гIадин, жиндирго чIужу гIадин, живги цо щибали лъалареб жоялъ кверщаликье вачаравлъи, къосинавуравлъи. Гьеб къосин батаниха.
СагIадулагь тIадвуссун рокъове жаниве кIанцIана:
– Йо! ГIалибег киве арав?!
ЧIужуялъ, СагIадулагьихъги ялагьун, гIажаиблъи гьабуна:
– ГьабсагIат дуда хадув ана... Чирахъ кьолеб букIана, эбги босичIо, духъ бугилан абуна...
Дица абичIищха къватIиве тIурун ун ватулин ГIалибегилан. СагIадулагь васасда хадув векерана, амма, кигIан жен–жеданиги гьесда ГIалибег ватичIо. Кивехун гIака балагьизе вас уневалиги, кивехун «щайтIабаз» гьев вачуневалиги, доб нохъо киб бугебалиги, хварал лъимал кир рукIунелалиги СагIадулагьида лъалеб букIинчIо. Гьес пикру гьабуна росуго тIаде бахъинабизе ва васасда хадув вахъине.
ГIалибег, дове аниве сверичIого, хIалтIуде кватIулев чи гIадин, кьабун доб нохъода аскIове ана. Лъиданиги гьеб нохъо бугеб бакI лъалароан, нохъо бугебищалицин лъалароан, гIодор накабиги чIван чIараб оц гIанасеб гамачI цебе лъун бугеб мехалъ, нохъо букIин лъазе ресги гьечIо.
Бакъ тIерхьаралдаса нахъе гIезегIан заман ун букIана, амма цебе бугеб жо бихьулареб хIалалъ дунял бецIлъун букIинчIо. РоцIараб сордоги бачIине букIана, гьелдаса бохун, моцIги кIвараб къагIидаялъ канлъи кьолеб букIана.
Нохъода аскIове щвезе гIемераб нух букIана, жиндаго хадуб канлъи бачIине букIин Г1алибегида бич1ч1араб мехалда. Дагьабго гIамал хисарав гIадинги лъугьун, ГIалибег лъалхъана. Гьесда хIалалъ бицунеб букIана дойго гIадан хаду–хадуй ячIуней йикIин, ва цIакъ бокьун букIана нахъ валагьизе.
– Нахъ валагьуге, ГIалибег, – план абуна чIужугIаданалъул гьаракьалъ.
ГIалибег чIун хутIана. Гьесие рекIее гIечIо живго нахъ валагьизе течIолъи. Расги ракIалъе рахIат букIунаро бихьулареб жо мугъзада нахъа чIун бугеб мехалъ, хасго гьединаб бакIалда.
– Дуе бокьа–бокьараб жо букIунаро, – ян абуна чIужугIаданалъ.
ГIалибегил махIабалъа рухI босун ана, гьабсагIат гьев, вилълъун унев вукIаравани, гIодов ккезеги бегьулаан. «Къаси щибдайха, Аллагьас дида бихьизабзе бугеб?» – план пикру гьабуна гьес.
– Къаси щибниги бихьизе гьечIо дуда, – ян абуна чIужугIаданалъул гьаракьалъ. – Цеве вилълъа.
ГIалибегица малъараб гьабуна. «Дир ботIролъ бугеб пикруги лъалеб буго...» – ян вукIана ГIалибег лъугIелго гьечIеб жоялда тIад ургъизехъин, амма добго гьаракьалъ гьоркьоб къотIизабуна.
– Дур ботIролъ пикрабиги рукIунаро, дур ботIролъ гIадалнах гурони гьечIо...
ГIалибегица жигар бахъулеб букIана сундулниги пикру гьабичIого вукIине, амма гьесда хехго бичIчIана, сундулниги пикру гъабулареб мехалъ, инсан яги кьижун, яги хун вукIине кколевлъи. Къокъго абуни, гьабсагIат цеве къотIун вачIунев вугев ГIалибегил ботIролъе кинаб пикру бачIаниги, гьеб лъалеб букIана «гъаркьида». ГIалибегида рагIизабизе кIолареб пикру «гьаракьалъ» рагIизабулеб букIана.
«Гьаб гамачIги дида нахъе гиризабилаха алъ» – илан ракIалде ккана ГIалибегида. Гьеб букIана нохъода цере щвараб мех.
– Лъидаха дица гьеб гиризабилеб? – илан абуна хаду–хадуб бачIунеб «канлъиялъ». – ГIодовеги къуле, квегIаб рахъалдасан кваранаб рахъалдехун хъурщизабе, жибго уна...
ГIалибегица малъараб кагIидаялъ гьабуна. ГIалибегица малъараб ганчIицаги гьабуна. ГанчIида гъоркь рарал гьакал рукIараланиги, гьедин бигьаго цебеса нахъе инароан гьеб гамач1.
«Гьанжесала дун витIизехъин вугев лъаларо нохъода жаниве», – ян пикру гьабуна ГIалибегица. ГьебсагIатго «гьаракьалъ» жавабги кьуна:
– Унха...
Нохъода аскIове щвезегIан, ГIалибегил букIараб хIал, кигIан квешаб букIараб батаниги, гьеб кинго данде кквезе бегьуларо, гьакIкIан кIалгун, нохъо жиндихъго балагьун чIараб мехалъ лъугьараб хIалалде. ЛахIчIегIераб гвандиниве валагьун живго хутIараб мехалъ, ГIалибегил черхалла гIетI кIанцIана. Сверухълъи кинабго тIагIанин, цохIо гьаб нохъо тун батIияб жо дунялалдаго гъечIин кколеб букIана гьесда. Живго гьениве жаниве, нохъоде ахIулев вугев гIадин, ГIалибегица цебехун гали босана. Гьесде данде нохъодаса къватIибе угьун хинлъи бачIана ва гьелдаго цадахъ цо батIияб ракI тамах гьабулеб махIги бачIана. БачIанилан абизе лъида лъалеб, гьесда аскIор нилъ рукIинчIелъул, амма ГIалибегида бачIанилан ккана. ГIалибег нохъода жаниве тункана...
ГIадигIан санагIалъи гьечIеб бакIалде ГIалибег ккун вукIаниги, нилъеца гьесул хIакъалъулъ хабар гьоркьоб къотIизабизе ккола – росулъ ккана гIажаибаб лъугьа–бахъин – Муъминатил чагIазул гIака рокъобе буссинчIо.
5ГьанжегIаги бицине ккела Муъминат щияли.
Муъминатидаги ГIалибегидаги жидедаго бичIчIулеб букIинчIо кIияздаго гьоркьоб щиб бугебали. ГIалибегида бихьулеб букIана гьей яс жинда цо батIаго, нечон гурони кIалъаларейлъи, гьелъул жиндехунго цо батIияб бербалагьи букIин. Муъминатидаги лъалаан жидерго рукъалда цебе бугеб годекIаниве бищунго гIемер ГIалибег вачIуневлъи. ГIелъул магIнаги букIана, Муъминатил пикруялда рекъон, хехлъи гьабун лъел цIезе яхъине кколин абураб. ГIалибег годекIаниве вачIараб мехалъ, Муъминат рокъоб бугебщинаб жо чуризе лъугьунейлъиги, ГIалибегие бищунго гьеб годекIан бокьулеблъиги цо–цо чиясда бихьулеб букIана, хасго руччабазда. Гьеб буго нилъер росабазул аслияб хаслъи, гIолохъанав васасдаги гьесда бер лъурай ясалдаги жидедаго лъаларебщинаб росуцояз лъазабула, мухIканлъизабула, ай гьезие кумек гьабула. Хасго руччабаз гьабула мадар. Мисалалъе, цо къоялъ ГIалибегил гьадин ккун букIана. Добго годекIаниса рокъове вачIунаго, гьесда данде ккана Муъминатил гIелалъул яс СагIадат. ГIалибег гьелда кIалъана, данде ккараб мехалъ, кIалъачIого кинха инев? Нечараб хвелги гьабун, СагIадатица ГIалибегида гъикъана:
– Муъминат йигейищ рокъой?
– Йиго, – ян борчIун ана ГIалибегихъа, ва гьебсагIатго живго багIарлъун вахъана. ГIалибегида гIайиб гьечIо, годекIанив к1усун, кидадай дой къватIие яккилаян вукIарав чиясда лъачIого рес гьечIо Муъминат рокъой йикIин, йигилан гьесги абунаха. СагIадат елъанхъана.
ГIалибег вихьулев вукIана жиндирго эбслалдаги. Цо къоялъ гьесухъа рагIи бахъизе бокьун эбелалъ абун букIана:
– Гьаб заманалъ Муъминатго йихьулей гьечIо...
Эбелалъухъа гьеб релълъинчIо, гьедигIанго цIакъ бегьулароан. ГIалибегицаги жаваб кьечIо, рагIичIеб ххвелги гьабун чIана.
ГIалибегил бетIер сверизабурал лъугьа–бахъинал ккелалдеги йихьун йикIана гьесда Муъминат. Гьеб буго нилъеца тIаде кIвар кьезе кколеб лъугьа–бахъин, гьединлъидал дагьабго мухIканго бицинин.
Цо пуланаб къоялъ, ГIалибег рокъов вукIаго, гъезулъуе ячIана Муъминат. Гьеб букIана радалго мех, эбел ун йикIана хурие, бецараб жо бакIаризе, хадув вачIаян ГIалибегги тун. ХIасил–калам, ГIалибег гурони рокъов чи вукIинчIо.
– ВорчIами, – ян абуна Муъминатица жиндаго хадуб нуцIаги къан, рокъое жаниегIанги лъугьун.
ТIоцее жиндирго рокъой Муъминат йихьиялъищ, яги гьей – ячIун йикIиналда божуларогойищ, ялъуни лъиданиги лъалареб цойгидаб асаралъищ – ГIалибег гIамал хисун лъугьана.
– Йо... ЙорчIами...
Муъминат йикIана чIагояй, берцинай яс. Гьейги нечон йикIана, амма ясазда цIакъ лъала жалго нечон рукIин бахчизе, гьез махсаро гьабула цIакъго нечараб мехалъ, ва кинабго тIаса бихьизабула. Яги цо кинаб бугониги гIорхъулъа борчIараб жо гьабула.
– Эбел кие арай?
– Хурие ана...
Муъминатил чIванкъотIараб суалалъе ГIалибегица, гIабдалас, чIвакъотIараб жаваб кьуна. Нилъеени элъул щиб бугеб, жиндирго ракI бухIилаха. Бицине жоги лъугIун, кIиялго цоцахъ ралагьун хутIана.
– Гьа..., – илан абуна Муъминатица, – дун инаха... Эй къваригIун йикIана...
ГIалибегида лъачIо щибилан абилебали. Бокьун букIана гьесие цо щиб бугониги жо ургьизе, цо рагIиги абун... цо щиб бугониги жо...
– ГьечIоха эй, – илан вуго вахъунев.
Муъминатил ццин бахъана. Кьурунги юссун, ГIалибегил гьурмада цебесан бицатаб гъалги хьвагIизабун, нуцIида аскIое ана. ГIалибегида бичIчIана гьабсагIат гьей унейлъи, сверухълъи сунеблъи. Амма щиб гьабилеб? Доле, нуцIа рагьана долъ, доле къватIие лъугьуней йиго. Гьабилеб дарман?
– Муи, – илан абуна ГIалибегица.
Муъминат кьурун юссана ва рокъое жаниехун ячIана.
– Щиб дуе?
Гьа? Гьанже щиб гьабилеб? ЖужахIалъул цIайищ?
– Хурие анаха эбел, гьечIо... – ян абуна ГIалибегица.
Муъминат елъанхъана. Нагагьлъун елъанхъичIого, Муъминат ун йикIарайани, ГIалибегие бигьа букIинаан. Гьесда, киналго васазда гIадин, гьеб релъи бичIчIичIо, гьесда ккана жиндаго елъулей йигилан. Гьесда нечеялъул кутакалъ, елъараб мехалъ Муъминатил берцинлъи паркъезе лъугьараб куццин бихьичIо. Амма Муъминатида бичIчIана кинабго, бичIчIичIебани гьедин рази–ракиго унароан гьей...
Гьединаб бацIцIадаб, тIокIкIараб, цIар лъезе лъалареб гьоркьоблъи букIана. Гьаниб бицине бегьилаан цойгидалги лъугьа–бахъиназул, амма нохъоде рехун ГIалибегги тун, билун Муъминатил чагIазул гIакаги тун, намусалъ къабул гьабизехъин гьечIо.
6ГIака рокъобе бачIинчIеблъи Хъандулалда, Муъминатил эбелалда, лъалеб букIинчIо. Киданиги я гьей, я Муъминат гIачиязда данде рахъине кколароан, гьел жалго рачIунаан, рачIаралго яги яс, яги эбел бечIчIизеги унаан (бечIчIулеб гIака цо гурони букIинчIо гьезул). Амма къаси, гIака рокъобе бачIинчIеб сордоялъ я жийго эбел гIедегIулей йикIинчIо гIака бечIчIизе, я ясалда абулеб букIинчIо аян.
Гьаниб эбелалдаги ясалдаги гьоркьоб ккараб, ккарабцин гуро, кколеб бугеб гьоркьоблъиялъул хIакъалъулъ цо чанго рагIи абичIого кинго рес гьечIо. Хъандулалда бихьулеб букIана жиндирго яс хисулей йикIин, гьелъул гIамал–хасият тIубан батIияб лъугьунеб бук1ин. Росулъ тIибитIараб харбида рекъон, ГIалибег щайтIабаца ккун вуго, ГIалибег щайтIабаца ккун вукIин къватIибе загьирлъарабго, Муъминатил гIамалги хисана. ЦохIо эбелалда гуребги гьеб бихьана росулъ ругелщинал руччабаздаги, ясаздаги. Гьединаб жо хехго бихьула, хасго руччабазда. Руччабаз гьелъул хIакъалъулъ гьоркьоса къотIичIого бицунеб букIана, къотIноб кодоб лъимер ккурай чIужугIадан дандчIварабщинахъе киназдаго ракIалде щолев вукIана ГIалибег. Киназулго ракIчIун букIана гIадан лъалареб, рухIчIаголъи лъалареб, кодоб лъимер ккураб жоялъулгун СагIадулагьил васасул хурхен букIин. Муъминатида хасго квеш букIунеб букIана гьей чIужугIадан йигилан абурабщинахъе. Бищунго захIмалъулеб букIана, ГIалибегица гьей чIужугIадан ячун йигин ва лъабго къоялда жаниб цо нухалъ долъухъе инчIого гьев чIоларилан абурал харбал тIиритIаралго. Гьеб пикруялъ кIвекIулей йикIана Муъминат, Муъминат йихьулей йикIана Хъандулалдаги.
ХIакъикъаталдаги, гьаб ахираб заманалда Муъминатил гъурмал кьер хисана; гьей дагьайго хIалакълъана, дора–гьанир кверал тункун, данде билълъунеб букIинчIо щибниги хIалтIи, кIолеб букIинчIо я рахIаталда кьижизе, я рахIаталда кваназе. ТIадежоялъе Муъминат гьункана; лъидениги сундулниги ургъел бикьулеб букIинчIо гьелъ. ЦIакъ къанагIат гурони, рокъоса къватIиеги яхъунароан, цIакъго хIажалъи ккани гурони, эбелалдаги кIалъалароан. Эмен вукIана гьезул вехь, гьединлъидал къанагIат гурони рокъов вукIунароан, гьал къояздаги гьев магIарда вукIана. Рокъов вукIарав гьитIинав, анцIго сон барав вацасдаги гIолохъанай ясалъ сундул ургъелха бикьилеб?
– Муъминат, квен гьабизе щайха мун лъугьунарей, рукIкIунеб бугин... –илан абуна эбелалъ ясалда.
Щибаб къоялъ бокьарай гIолохъанай ясалда рагIизе бегьулеб, ва щибаб къоялъ жиндаго рагIулеб букIараб гьеб суалалъ Муъминат тIуркIизаюна. Муъминатида гIайибги гьечIо – эбелалъ гьеб суал ургьунго кьун букIана, рукъ бакьулъ эхетун пикрабалъ чIарай ясги йихьун.
Муъминатица жаваб кьечIо.
– ТIаде балагь бачIарай чIужу гIадин, гьоркьоса къотIичIого риччалъ йикIинчIого, ккараб жогIаги щай дуца бицунареб?
– Щибниги гьечIо... Щиб дие ккелеб?.. Щиб квен гьабилеб? – илан гьикъана Муъминатица.
– Щибниги ккечIилангIаги щибизе абулеб, гьелъул магIнагIаги щиб? Дида бихьулеб бугелъул... – илан абулеб мехалъ, Хъандулай рукъ лъухьулей йикIана. Рукъ чорокго букIун гуро гьеб лъухьулеб букIараб, жиндицаго кьолел ругел суалал кIвар гьечIел жал ругилан ккезе, ясалъе жаваб кьезе бигьа букIине. – ДидагIаги щай бицунареб ГIалибегилги дурги щиб букIарабали?
Гьединан чIван–къотIун ГIалибегил хIакъалъулъ гьаб рокъоб киданиги хабар ккеларилан ракIчIун йикIарай Муъминатил, эбелалъ абураб жо рагIарабго, гьаракь кIанцIизе дагьаб хутIана. Амма, Хъандулал талихIкъоси батила, кIанцIичIо.
– Щибниги букIинчIо, – ян абуна ясалъ.
– Дуца гIакагIаги бечIчIарабищ?
– БечIчIичIо... ГьабсагIат бечIчIиларищха...
– Нужеда гьоркьоб щибниги букIинчIеб гIадин, бицунеб гьечIоха гIадамаз... ГIалибег щайтIабаз ккуралдаса нахъе, мун хисанилан абулеб буго... ГIалхуда гIумру гьабулей, кодоб лъимерги ккурай гIадан ячун йигила гьес, мунги рехун тун йигила. Щиб нужер букIараб?
– Щибниги букIинчIо... Щиб нижер букIинеб?
– Муъминат, – илан, хъатикь кковухъе цIилицIгун, йорхун ячIана Хъандулай, – дуда берцинго гьикъулеб мехалъ, берцинго жаваб кьезе ккола... Щибниги жо букIинчIебани, гIадамазда гьоркьоб хабарги бижулароан – гьури чIвачIого гIучIги багьаруларо. Дуда кIалъалейги дур эбел йиго, дуе квешлъи бокьулев чи гуро. ГIадамаздаса киданиги лъиданиги щибниги бахчун бажаричIо... Амма мун гьаюрай эбелалда гIадамаздасан гуро кинабго лъазе кколеб...
– ГIадамазул мацIалда ракьа букIунаро.
– ГIадамазул мацIалда ракьа букIарабаниги, бицинчIого телароан гIадамаз, ГIалибег щайтIабаз ккураб мехалъ, мун хисанилан... Щибха гьабилеб, бицунге дурго... Екере, хIуби гIадин, рукъ бакьулъ эхетун йикIинчIого, гIакаги бечIчIе... Квание гIамалги гьабе, – ян абуна эбелалъ ясалда. Гьелда ракIалда букIун батила, гIакаги бечIчIун бахъараб мехалъ, квананги рахъараб мехалъ, гIодое йиччан, ясалъулгун хабар гьабизе. Амма улбузул мурад киданиги тIубаларо.
Муъминат кIалъачIого рокъоса къватIие лъугьана, амма нуцIида нахъаса рикIкIадего инчIо. Гьелда бичIчIана эбелалдаги бицинчIони жийго кваналеб унтул, тIокIаб бицине чи гьечIолъи, бицине чи щолареблъи. Цо нухалъ гьелда ракIалде ккун букIана ГIалибегил эбелалъе ургьел бикьизе, амма кIун букIинчIо. ГIалибегилгун ургьел бикьизе ракIалдецин ккечIо – ясазда ракIалдс ккола вокьулев васасде ургьел бикьи жидерго къадру холеб жо бугилан. Тарбия буго гьединаб... ХIисаб гьабураб мехалъ гьале, эбелалдехунги ургьел бикьун, кIалъазе кIолсб гьечIо. Жиндаго хадуб нуцIа къараб мехалъ, бичIчIана Муъминатида жиндирго янгъизлъи ва эбел тун батIияв чи жиндирго гьечIевлъи.
– Мун жегиги гьаний чIун щиб гьабулей?! – илан гьикъана Хъандулалъ нуцIида нахъа чIун, гIабдал гIадин, ахцан, жиндирго яс ятараб мехалъ.
Муъминатица гьанжеги жаваб кьечIо.
– Ия?!
Муъминат кьурун юссуна, кодоб ккун букIараб шагIил хъаба гIодобе рехана, эбелалда хурхун ячIана ва циндаго гIодана:
– Баба... Дица щиб гьабилеб? Киданиги цевеса унаро ГIалибег... Баба, дуда киданиги досул кверал рихьаралищ... берал рихьаралищ? Дуда киданиги бихьичIо, дида дандчIвараб мехалъ, ГIалибег нечолеб куц. Дуда лъаларо... Лъаларо дуда, щиб дица бицинеб, дуда лъалареб мехалъ? Дуда досул гьаракьги рагIичIо киданиги. Черхалда бигьун чIун букIуна... Дица щиб гьабилеб... нолъ макьилъ дир гьеж ккуна дос... баба!
ГIодилей ясги каранде къан, юцIцIун чIана эбел. Щибиланха гьелъ абилеб? Амма сордо роцIараб бачIине букIана.
КъватIалги сверун, рукIкIун бугин, гьанжегIаги рокъове вуссун лъикIилан ракIалдеги ккун, тIаде вачIана вас, Муъминатил вац. НуцIида нахъа цоцалъ хурхун чIун ругел жиндирго эбелалъулги яцалъулги пикруго гьабичIого, гьес абуна:
– Къасиги ГIалибег къватIиве тIурун рагIула... доб мехалъ гIадин, гIака бачIун гьечIилан, гьеб балагьизе ун рагIула... гIадамалги руго дозул доре ракIарун. Росуго къватIибе бахъунеб буго гъев валагьизе...
Я эбел, я яс хIухьдулгIанги кIалъачIо.
Дагьабги багъарулареб хIехь гIадин, васги чIана, гIажаиблъи гьабун, гьазухъ валагьун.
– Екере, цин гIака бечIчIун ячIа, – ян абуна эбелалъ заманалдасан Муъминатида, доба гIака гьечIолъиги лъачIого.
Риччалъ гIадин, вацасда бихьиларедухъ бералги рацIцIун, Муъминат, гIодобе рехун букIараб хъабаги босун, бокьое ана. Бокьое анилан абуни гьереси ккезехъин буго, бокь бугеб рахъалдехун анилан абуни гьересиги ккезехъин гьечIо гьей ясалда букIараб хIалги дуда цебе чIезехъин буго.
ЦIакъго хIинкъараб мехалъ гIадамасда тIуризени щиб гурин, гьаракь гьабизецин щиб гурин, хIохьел цIазе кIоларо. ЦIакъго хIинкъарав чиясда гурони, гьеб, кигIан бицаниги, бичIчIизеги бичIчIуларо. Гьаваялъ данде къарав гIадин, гIунун хутIула, кIал–мацI бакъвала, ракI чIола ва махIаби тамахлъун, рухI босун лъугьуна. Гьединан хIинкъана Муъминатги.
Гьелда бокьалъул нуцIа рахан батана. Тункана – бачIинчIо рагьун. МоцIрол канлъухъе ялагьана кIиликI ккезабун бугебишали – гьечIоан. Амма нуцIа рагьизе кIолеб букIинчIо. ЛъикI заманалда нуцIидаги квал–квадун, гьелъукьаги бергьинчIого, ясалда ракIалдс ккана рокъое тIад юссине, амма бажаричIо. БитIун ахирисеб нухалъ нуцIида тункулаго, гьеб нуцIиде рехун бачIана Муъминатил жиндирго рагIад. Муъминатида нахъа букIана сундулали лъалареб загIипаб канлъи. Гьей, кьурун юссун, нахъ ялагьана, ва хIинкъана, дагьаб цебегIан дица бицунеб букIараб къагIидаялъ. Муъминатида нахъа чIун йикIана лъеберилъаги саналги рорчIарай, кодоб лъимерги ккурай ч1ужуг1адан (ч1ужуг1адан гьей ятниха. Эб лъида лъалеб щиб гьебали?) Муъминатида тIоцее йхьулей йикIиналъул, нилъеда гьей гIадан лъала, гьединлъидал хабарги къокълъизе, дур ццин бахъинчIогоги букIине, гьелъул куц–мохъ кинаб букIарабалиги, ретIел–куналъул хIакъалъулъги щибго бицинаро. Амма цее нилъеда йихьун йикIаралдаса нахъе ретIел хисун гьечIоан.
Муъминатида аскIое ячIунеб мехалъ, чIужугIаданалъ кваранаб квералъ каранде къан ккун букIараб лъимер квегIалъухъе кьуна. Нилъеда лъала гьелъул рилълъин кинаб букIарабали – я хIуруда, я хIарщуда лъалкI телареб гIадаб. Гьеб рилълъиналда гIагарлъулей йикIана чIужугIадан Муъминатиде аск1ое. Биххун ун гIакълугун, гIачIихун бералгун, чорхолъа рухIги лъугIун хутIарай Муъминат чIаралъуса ягьарулей йикIинчIо. ЧIужугIадан аскIое ячIана, лъикI заманаялъ Муъминатил бадие ялагьун чIана ва кваранаб квералъ ясалъул квегIаб квер ккуна. Муъминатида гьеб квералъул хинлъиго чIвачIо; нагагь гьеб хинаб букIарабаниги чIвазеги чIвалароан, – гьебги добги лъалеб хIал букIинчIо Муъминатил. Гьанибго бицине ккола – чIужугIаданалъул квералда рухIги букIинчIо. Амма гьелъ хадуй цIан ячунеб мехалъ, Муъминат цIакъ мукIурго, оцода нахъа ян, цIалей йигей гIадин, ана, пикруцин гъабичIо данде чIезе. Ячунейги йикIана чIужугIаданалъ гьей бищунго бецIал, квешал къватIахъан. ГIажаиблъи, данде чиги ккечIо. Росу тараб мехалъ рилълъин хисана, гIедегIичIого гIодоре риччан рилълъана.
Хадуб нахъа, росу рикIкIалъараб мехалъ гурони, бичIчIичIо Муъминатида жийго цо чIужугIаданалъ квер ккун ячуней йикIин. Дагь–дагьккун ботIролъ пикру бижана: «Гьайлъидал дой чIужугIадан, гьалълъидал ГIалибег жиндихъего ахIулев... ЩайтIанги гуро аб...»
Амма чорхолъа хIинкъи унеб букIинчIо, жегиги рагIа–ракьанде щун, хIохьел цIазе кIун букIинчIо, жегиги хъатикь кковухъе букIана бокьобе босараб хъаба. Муъминатида гьеб кодоб букIинцин лъалеб букIинчIо. ЦохIо букIана пакъиралъул рекIеда гьури чIвазе жо: «Гьалъ унаан ГIалибег ахIун» – ин абураб пикру.
– Дуда дун щияли лъаларищ? – илан гьикъана чIужугIаданалъ циндаго, лъалхъизеги лъалхъун, Муъминатихъги ялагьун.
Муъминатица жаваб кьечIо, амма дагьабго бигьалъана чIужугIаданалда аскIоб. Т1убанго гьелдаги божун, гьелъ кинаб бугониги квсшлъи гьабилареблъиялда ракIчIун букIарабани, Муъминат кIалъазеги кIалъалаан, гьей кIалъачIо. КIалъачIониги, Муъминатида бичIчIана гьеб жо щайтIан гуреблъи, лъана хъаба кодоб ккун букIин. РакIалде щвана.
ЦIидасан кIикъого–кIикъоялда анцIго галул манзилалъ Муъминатги цеехун цIан, чIужугIадан гьанжеги чIана ва циндаго, кьурун юссун, ясалъухъ ялагьана: Яс хIинкъана. ЧIужугIадан кIалъана:
– Дун ракIалде щвечIищ жегиги?
Нилъеца цо нухалъ абухъего, сордо букIана роцIараб, амма риидалил заманаялъги магIарухъа камулареб гьогьомиялъ жиндирго хIалтIи гьабичIого толеб букIинчIо. ТIабигIаталъ гьабсагIат щиб жо гьабулеб бугониги – тIупан тIуниги, дунялго бакъваниги – Муъминатида гьеб лъазе букIинчIо. Жиндирго бадибе балагьараб жоялъул куц гурони, дунялалда щибго гьечIилан йикIун ятила гьей.
– Щолей гьечIищ дун ракIалде? – илан гьикъана чIужугIаданалъ, цо тамашаяб гIамал кIудияб гьимиги гьабун. Цойгиги суалги кьуна:
– Гьаб лъимер лъилалиги лъаларищ дуда?
Муъминатица гьеб суалалъеги жаваб кьечIо. Гьелда чIужугIаданалъухъ ялагьизего кIолеб букIинчIо; гьедин хIинкъун тIепун чIарай Муъминат нагагьлъун кIалъан йикIарайани, жийго гьей чIужугIадан хIинкъилаан – гьедигIанги кIолеб букIинчIо Муъминатида кIалъазе.
– Щоларищ ракIалде?
Муъминатил пикру биххун бикIана, жиндаго щиб гьикъулеб бугебалицин лъалеб букIинчIо гьелда, гуребани гьеб хIалалда хIохьел ккун жий кIалъаларин чIелароан.
ЧIужугIаданалда гьеб кинабго чIалгIана. ХIакъикъаталдаги, кидалъагIанха цого жо гьикъулей йикIиней? Гьелъ, ццин бахъараб гIадинги лъугьун, хъачIго, хадуй цIан ячун ана гьанжеги Муъминат.
Сверана гьел доб цо ГIалибег жаниве рехун тараб нохъодехун.
Нохъодул кIалтIе щвараб мехалъ, чIужугIаданалъ Муъминатил квер биччан тана ва гъелъухъе лъимер кьуна.
– Ма цо гьаб ккве, дица гамачI нахъе гирилин...
Муъминатица лъимер кодобе босана.
– Алъул бакIлъи щиб!!! – илан гьаракь борчIана гьелъул.
ЧIужугIаданалъ гьелъул гьаркьихь гIинго тIамичIо:
– Гьа, гьеб хвараб лъимер буго...
Муъминат тIуркIана, амма юцIцIун чIана. Гьелъ, лъимер, жиндирго черхалдаса батIаги гьабун, чорокаб жо гIадин, рикIкIадегIан ккуна.
Нохъода цебе букIараб гамачIги нахъе цун, «дун гьабсагIат ячIина» – ян Муъминатидаги абун, нохъода жание лъугьун ана чIужугIадан.
Гьава–бакъ хисичIо. ЦIваби дагьалги цIикIкIана, букIараб гури–мучцин дагьлъана. БукIине кколареб заманалдаги букIине кколареб бакIалдаги хинлъи бачIине лъиениги бокьуларо.
Нохъода жание арай чIужугIадан къватIие ячIине кватIанагIан бакIлъулеб букIана Муъминатида кодоб бугеб лъимер. Нохъодаса къватIибе щибго бачIунеб букIинчIо. Нилъеда лъалеб буго чIужугIадан, гьелъухъе лъимерги кьун, тIад юссунарейлъи, къаси Муъминатие лъимаца гIемераб гIакъуба кьезе букIин, нилъеда гьеб цо нухалъ бихьана. Амма Муъминатида лъалеб букIинчIо. Гьелда жеги бичIчIулеб букIинчIо жийго гуккарайлъи, хвараб лъимерги кодоб ккун, гIалхуда, къаси сардилъ жийго хутIарайлъи. Муъминатида гIемераб жо бичIчIулеб букIинчIо. Гьелда гIайибги гьсчIо – нилъедагицин бичIулеб гьечIелъул щиб кколсб бугебали.
7ГIалибегида нохъода жаниб накалде бахунеб лъим батана. Гьеб лъим букIаниланги я ГIалибегида, я дида ракIч1ун абизе кIоларо, гьеб дагьабго бакъварабги букIана ва хинабги букIана. Биги гьениб букIун батиларо, гьединлъидал лъим букIанилан тела... Лъамалъи...
Накалде бахараб лъамалъиялъулъ эхетун, кивехун иневалиги лъаларого, щиб гьабизе кколебалиги бичIчIуларого, гIемераб заман бана гьес. Бищунго цебе ГIалибег валагьана живго жаниве вачIараб рахъалдехун тIуризе, къватIиве ворчIизе пикру букIун батила. Щибго бихьичIо – нохъодул кIалтIе дой чIужугIаданалъ гамачI хъущтIизабуна.
Кинго ругьунлъулев вукIинчIо ГIалибег бецIлъуде. Лъазе кIолеб букIинчIо нохъо кIудиябищ бугеб яги гьитIинабго жойищали. Дагь–дагьккун ГIалибегилъ бессана хIинкъараб пикру, бичIчIана тIабигIаталдаса ватIа тIуравлъи, бичIчIана гьабизе кIолеб жо гьечIолъи, кIочана живго гьаниве рехарай чIужугIадан. Кинабго тIагIана, амма ГIалибегие къваригIун букIана ккараб бакIалъа живго хвасарлъизе ва гьесул черхалъул щибаб лага хIадурлъана къватIибе нух балагьизе. Амма кигIан цIакъ гьев щулалъаниги, ГIалибегида гьабизе кIолеб жо букIине ресго гьечIо. Гьес пикру гьабуна, щиб кканиги, кваранаб рахъалдехун бецIлъуде ине – киб бугониги нохъо лъугIизе кколелъул. Гурони кидалъагIанха накалде бахунеб лъамалъиялъулъ, гIер гIадин, эхетун вукIинев?
Жанисан хьиталги цIун, гIодоб хIетIе чIчIарабщинахъе къватIибе бурулеб букIана гьеб хинаб лъамалъи, тIажу бакIлъана, нохъодул чIабар битIараб букIинчIо – хIатIикье кколсл рукIана ганчIал, ратулел рукIана гундул. ГIалибег рачIлихъе щун виччана.
Циндаго ГIалибегил накаби тункана цо кIудияб ганчIида, гьес живгоги тункичIого вукIине цере кверал ритIана, амма кверал сунданиги хъвачIо. ГIодовеги къулун, накаби тункараб бакIалда квер хъвараб мехалъ, гьеб батана цебе цIутIун бачIараб кьурул гIус. Гьеб гIосол кIодолъиги гьитIинлъиги ГIалибегида лъачIо, лъан гьесие къваригIунги букIинчIо – ГIалибегие бокьун букIана лъамалъиялдаса ватIалъизе, гьелъ хIал къазабулеб букIана. ГIосол тIаса рахъин абуни лъамалъиялдаса тIаде борчIараб бакъвараб букIана. Лъамалъиялдаса къватIивеги вахъун, гьелда тIад гIодов чIана ГIалибег. ТIокIав вагъаризсги вагъаричIо. Гьес пикру гьабуна, гьадай чIужугIаданалъе дун гьаниве витIизе къваригIун ватани, гьаниб цо щиб бугониги жо ккезе ккола квараниде дун аниги, квегIиде аниги, дида гьабизе кIолеб жоги гьечIо кивехун аниги, гьеб ккезеги ккола, гIодов чIун вукIани щиб? – илан. БитIарабги гьечIищха – Аллагьас хъваралдаса щивниги ворчIуларевлъидал, кигIан цIакъ щиб жо гьабизе нилъ лъугьаниги щиб.
Т1оцебе нохъода жанивс ккаравго, ГIалибегие бокьун букIана лъамалъиялдаса ворчIизе, тIокIаб къваригIараб жо букIинчIо. Гьанже гьесул пикраби батIияб бакIалде сверана, лъамалъиялдаса къватIиве ворчIарав гIолеб батичIо. Гьаниса къватIивеги вачун, ханлъун тахбакIида вукIинавуниги гIолареб мехалъ, инсанасе ганчIида гIодов чIун вукIин гIелищха?
Живго ккараб бакIалъул пикраби гьарурабгIан, хIинкъулев вукIана ГIалибег; гьесул чорхолъ щибниги хутIичIо: я квачалев вукIинчIо гьев, я вакъун вукIинчIо, я велъизе бокьулеб букIинчIо, я гIодизе – кинабго хисана хIинкъиялъ. Пикраби гьаруралгIан хIинкъи цIикIкIунебги букIана. ХIинкъиялъ къан ккун чIчIезарун рукIана гьесул черхалъул щибаб ччобори.
БецIлъуда заман цIакъ хIинцго гурони унаро, дица абичIониги лъалеб батила, гьединлъидал ГIалибегидаги лъалеб букIинчIо кигIан мехалъ живго ганчIида кIусун вугсвали. Риччалъе ккарав чи гIадин, вагьаризс кIоларого вукIана гьев, гьедин дагьабги мехалъ хутIизеги хутIилаан, циндаго хIатIазда лъамалъи хъвачIебани. ГIалибегида лъана гьанжеги хIатIал лъамалъиялъулъе ккараллъи. ЛъачIо гамачIищ гьорлъе унеб бугеб яги лъамалъийищ тIаде бахунеб бугебали – кинаб кколеб бугониги, батIалъиги букIинчIо, кинаб кканиги ГIалибег гъанкъула. Цин виххун, вагъаризе кIоларого хутIана гьев, хадуб, тIаде бахунеб лъамалъиялъ дагьавги цIакъ хIинкъизавурав чи тири–гъириго кIанцIун тIаде вахъана. Гьеб букIана бищунго гьабизе бегьулареб хIалтIи – асда щиб лъалеб нохъодул борхалъи? ГIалибегил бетIер кьабана яги мокърукь букIа яги цойгидаб кьурул гIосода букIа – бетIер кьабана ганчIида, къунцIизабуна тIом, «ворчIами» – кьезегIан заман гьоркьоб инчIо – дагь–дагьккун биччана рас. Нохъода жаниве лъугьунеб мехалъ, гьесда тIагъур букIана, амма гьанже гьеб киб бугебали лъидаха лъалеб? Амма талихIалъ гьев кIотун ккечIо, кIотун вукIаравани, лъамалъиялъулъе ккун гьанкъулаан, гьеб накабазде бахунеб букIана гьенжеялдего. Дидаги дудаги гуребги, ГIалибегида жиндагоги бичIчIулеб букIана гIодов ккезе бегьулареблъи – жиндирго бетIер кьабараб бакIалда квер чIвана гъес. ГIалибегида кIолеб букIинчIо кивехун бугониги ине, чIараб бакIалдаса вагьаризе – щиб лъалеб киб бакIалде щвараб мехалда лъамалъиялъулъе вортилевали?
Лъамалъи рачлихъе бахана. Щокъробе бахине заман бугониги, гьанжего гъанкъулев вукIана ГIалибег лъамалъиялъ. ТIадеялдаса тIаде захIмалъулеб букIана хIохьел цIазе; бакIаб жоги кодоб ккун векерахъдулеб мехалъги букIинаро гьедигIан захIмат. Нохъода жаниб бахъунеб букIана хIохьел цIалеб гьаракь, аскIоб бугеб цойгидаб жоялъ цIалеб хIохьлал гьаракь бугилан ракIалде ккелаан жиндаго ГIалибегида, гьелъул пикраби гьаризе регIун вукIаравании.
Лъамалъи каранде щвана. Эхеде ритIун «мокърукь» чIван ругел кверал свакана. ГIодоре риччазе бегьилаан, ГIалибегие бокьун букIинчIо лъамалъиялда квер хъвазе. Дагьабги цIакъ захIмалъана хIохьел цIазе. Гьанже ГIалибегил кинаб бугониги щаклъи хутIичIо гьаб бакIалда живго хвезе вукIиналда. Херав чиясда лъала жиндирго гIумру ахиралде щолеб букIин, гьединго ГIалибегидеги, лъим гIадин бахун бачIунеб букIана живго хвезехъин вугилан абураб пикру. Гьесда щибниги гьабизеги кIолеб, гIемер кватIичIого «лъамалъи щокъробе щолеблъиги» лъалеб бук1ана. Я гьавулев мехалда гьикъуларо инсанасда дуе гIумру бокьилебищилан, я холеб мехалъ гьикъуларо. ГIумруялъ вукIуна инсан, чIужугIаданалъ ГIалибег гIадин, бокьа–бокьаралъуве вачунев ва гьабсагIат ГIалибег гIадинан, жиндирго хвелалъухъ балагьун ч1ун. Гьединал пикраби рачIана Г1алибегихъе ва тIубанго гIадаллъарав чи гIадин ахIдезе, батIи–батIиял гьаракьал гьаризе лъугьана. Амма гьесул гьаракь цIакъ загIипаб гьаракь букIана, загIипаб гуреб, гъутIбуздаса тIамах гъинабулеб гьаракь букIарабаниги, гьеб лъиданиги рагIулароан. Холев вугев херав чи кигIан цIакъ ахIданиги щиб...
ГIалибегида ракIалде ккана, щокъробе лъим бахун, гьелъ гъанкъизегIан чIечIого, живго гьорлъе вукъун ине. Пикру кканилан абуниги нилъ кIиялго мекъи ккола: ГIалибег хIинкъана лъамалъиялъукьа, гIадан хIинкъараб мехалъ, гьев живго уна хIинкъиялде данде, кколеб жо ккун тIаса бихьизабизе. ГIалибегица цин кьурул гIосода хурхун чIун рукIарал кверал гIодоре риччана, гьел лъамалъиялъулъ тIерхьаралго гьев гIодана. ГIодана ракI унтун, гIумруялда жаниб бищунго аслияб жо гьабулев вугев гIадин, къанщун бералгун, херав чи гIодулев гIадин.
Лъамалъи чIана. Лъамалъи тIокIаб тIаде бахунеб гьечIолъи бичIчIана ГIалибегидаги. Гьев виххана, амма гьесда вагьаризе кIолеб букIинчIо.
Циндаго нохъоде жанибе бачIана канлъи. Гьеб букIана цIакъ рухI гьечIеб загIипаб канлъи, амма ГIалибегие гьеб букIана бакъ кIигогIан гвангьараб. ГIалибегида аскIое ячIана дойго чIужугIадан. Гьелъухъ кодоб лъимер букIинчIо.
8Таманаб заман бана Муъминатица хвараб лъимерги кодоб ккун, гIалхуда, нохъода цее эхетун. ЧIижугIадан къватIие ячIине бугеб хьулалъ толей йикIинчIо гьей, нагагьлъун таниги, кодоб ккун гьеб лъимергун кие иней? Жиндаго хадуб росулъ ахIи бахъун батулеблъиги лъалеб бугони, накаби рухулей эбел ятулейлъиги лъалеб бугони – щиб гьабилеб? Амма якъинаб жо букIана жийго гьаний рехун тей. Чанго нухалъ нохъоде жание къулана Муъминат, чанго нухалъ чIинхъи бахъунеб бугилан ккун, кьурун юссун, гIенеккун чIана, чанго нухалъ яхчана. Гьаракьцин гьабуна цо–кIиго нухалъ. ЧIужугIадан ячIинчIо. Дунял рогьине къачIана – къачIай щиб букIунеб, гьури цIикIкIана.
Муъминатица лъимер берцинго нохъода цебе лъуна, цойгиги нухалъ сверухъе бералги реччIчIизарун, росулъехун ялагьун нух босана. Амма гIемераб бакIалде тIуризе кIвечIо. Щибаб галул манзилалъ лъимадаса рикIкIалъанагIан, бичIчIулеб букIана гьелда жиндицаго мекъаб иш гьабулеб букIин, цо батIияб рухIаль йиччалей йикIинчIо гьей.
Росдал рагIалде щварайго, Муъминат цIорон хутIана. РоцIараб, бечедаб ва борхатаб гьаракьалъ ахIулеб какил гьаракь чIвана гьелъул каранда; гьеб гьаракьица чIараб бакIалъуйго гIунизаюна яс. Какил гьаракь унеб букIана тIадагьго, ракIчIун гьанжего гьанже хъахIльи рехараб зодобе балагьун, киса–кибего тIибитIизе, киназухъего щвезе. Зобалазда нилъ гIемерал руго ракьалдаса. Какил гьаракьица дагьабги гIатIид гьабун букIана сверухълъи, какил гьаракь зодобги тункун дандерижилъун бачIунеб букIана, доба батарабги гъорлъ бессун, гьебги цадахъ босун. Как ахIун бахъинегIан, росдал рагIалда, йихьулареб бакIалда, эхетарай Муъминат цо шуричIо. Как ахIун бахъарабго, тIад юссана нохъоде. Гьелда бичIчIана гьададинан щибаб цIияб къо бачIунеб мехалъ, зодобе битIулеб гьаракь къуватаб гьаракь букIин, гьеб къуваталде данде, нохъода цебе лъимерги рехун, жийго нахъе ячараб къуват гьадингояб жо букIин, гIадамаз как къуваталъе гурони балареблъи.
Муъминат екерулей йикIана сундухъниги ялагьичIого, кватIулей йигей гIадин, батIияс нахъе босун лъимер инехъин бугеб гIадин. Гьелъул гьумер цебего магIил цIуна, беразда нух бихьулеб букIинчIо. Муъминат екерулей йикIана, тIаса бахъун кодоб ккун кIазгун екерулей йикIана, нухда батулеб щибаб ганчIида хIетIеги тункун екерулей йикIана, гIодой ккун, тIаде яхъун. Гьей тIубан батIияй Муъминат йикIана, гьай Муъминат хIакъикъаталдаги данде ккарав чи хIинкъизавулей, екерун гурони, йилълъине лъаларей, батIияб дунялалдаса ячIарай Муъминат йикIана. Гьай Муъминатие цохIо букIана гьаб ракьалда къваригIараб жо – лъимер нахъе босизе. Амма кIвечIо.
Нохъода цере ракIарун росдал гIадамал ратана гьелда. Гьенир рукIана ГIалибегида хадур рахъаралги, гьенир рукIана Муъминатида хадур рахъаралги. ГIалибегги Муъминатги цого бакIалда ралагьизе кколеблъиялда лъилниги щаклъиги букIун батуларо. Гьезда рикIкIадасанго йихьана, гьурщун биччан расгун, йорта–хъетун ячIуней Муъминат. Гьей аскIое гIагарлъараб мехалъ, киналго хIинкъана гьелъукьа. Муъминатги чIун хутIана гьезухъги ялагьун; гIадамазе къваригIун букIана щиб кколеб бугебали лъазе – гIадамазе кидаго къваригIуна чияр гIумруялда щиб бугебали лъазе, – амма ГIалибегицаги Муъминатицаги бицун гурони, лъазе рес букIинчIо. Кодоб лъимер ккурай чIужугIадан, яги кинаб бугониги щайтIан букIиналда гьел божулел рукIинчIо. ЩайтIабаз ккун ругин абулеб мехалъги, гьелъул магIна букIана лъимал гIадаллъун ругилан абулеб... къокъ гьабун абуни, лъиданиги щибниги лъалеб букIинчIо, гьеб нилъер ишги гуро.
Жибго бахчунги букIун бакъуца зодобе дагъа–макъаб багIарлъи рехун бачIана, къватIибе бачIине ихтияр бугищали лъазе бокьун бук1ана бакъуе. Ихтияр букIана – жакъа къо роцIараб букIине ккола. Муъминат нохъода цеегIан ячIана ва, лъихъниги гIинги тIамичIого, чIарбида цо жо балагьизе лъугьана. ГIадамал дагъалги цIакъ хIинкъана – бетIер сверарав чияс бокьараб жо гьабизе бегьулеблъидалха – гьел нахъе–нахъе гIан къан чIана. Кинав вугониги чияс щиб жо гьабулеб бугебали бичIулеб гьечIони, гьесукьа хIинкъула, Муъминатица балагьулеб букIана лъимер, гIадамазда гьеб лъалеб букIинчIо.
– Лъимер кибе араб? – план гьикъана Муъминатица циндаго.
Киназдаго бичIчIулеб букIана гьабсагIат цояс цевеги кIанцIун, ккун Муъминат рокъое ячине кколеблъи, амма ватулев вукIинчIо цеве кIанцIизегIан гIадалав чи. Киналго гIунун чIун рукIана, аскIове чи виччаларин ч1арал гIадин, сверун ккун Муъминатгун. Кинавго чиясул берал тIад ругелъул, гьел бак1льиялъ батила, Муъминатида цIакъ захIматго гурони ягьаризеги кIолеб букIинчо. Бакъуца рехулеб багIарлъиги батIияб букIана жакъа гьелъие...
Циндаго Муъминат тIуркIун ячIана, гьимана ва кечI ахIизе лъугьана:
– Кьижа, кьижа дир бабал,
кьижа, кьижа дир бабал!
Ва гIасияб релъиги гьабун, чIарайго бакIалда сукI–сукIун гIодой ккана. Муъминатил букIана берцинаб, чIурканаб ва цIакъ бацIцIадаб тIадагьаб черх...
9Нохъода жанире лъугьарал гIадамазда ГIалибег ватана бищунго санагIалъи гьечIеб бакIалда, цо ганчIида, мокърукь гъванщаги цузабун, эхетун чIун. Нохъода жаниб щибниги батичIо. Живго нахъе вачунеб мехалъ, ахIи бана ГIалибегица вагьаризавугейин, гьаб лъамалъиялъулъ жив гьанкъулилан – гIадамазда бичIчIичIо, бичIчIизеги тезеги кинаб бугониги лъамалъи нохъода жаниб букIинчIо. ГIалибегие цIакъ бокьулеб букIинчIо гIодове къулизе, гIодове къулулевщинахъе хIохьел кколеб букIана гьес. Росулъе щвезегIан ахIдана ГIалибег жив гъанкъугейилан. Лъицаниги гIин тIамичIо.
Рокъове щваравго, ГIалибег вегизавуна, вегаравго гьев кьижунги ккана. ВорчIана гьев къаси сардилъ. Бусада аскIой кIусун ятана эбел. Кваналищан гьикъараб мехалъ, ГIалибегица жаваб кьечIо, гьес гьикъана:
– Лъамалъиялъул кьер кинаб букIараб? – илан.
Эбел хIинкьана ва къватIиеги ун, эменги вачун, ячIана, цадахъ гIагарлъиги букIана. Жегиги кватIараб заман букIун батиларо, гурелани, ГIалибег макьидаса вигьинегIан анир чIелароан г1агарлъи.
ГIалибег кванана. Кваназеги цIакъ хъантIун, хасел бакьулъ щвараб пихъ гIадин, кунеб букIана цебе лъура–лъураб. ГIантав чи гурони, гьедин кваналаро. Гьесул щибаб рагъарашариялъ бицунеб букIана жегиги вукIине кколеб къагIидаялъ гьев рукIалиде ккун гьечIолъи.
– Гьаб чанабилеб бакъ? – илан гьикъана гьес.
Гьеб суалалъеги лъицаниги жаваб кьечIо, цоцада тIоцере рихьулел ругел г1адин цоцахъ ралагьичIониги бегьилаан г1адамалги, гьезда жакъа тIоцебе гуро рагIараб лъабго бакъилан абулеб, гьеб буго лъабго къо арабищан гьикъулеб жо, амма гьел ГIалибегикьа хIинкъулел рукIана. ГIалибегги хутIана гьезухъ валагьун.
ВорчIана гьев нахъияб къоялъ радал гIачи рехъалъе гьолеб гIужалъ. БатIияб асар гьабулеб букIана ГIалибегие гьаб ахираб заманалда гIачиязул гьаркьица, щаялиги бичIчIизе захIматаб жо гуро. Гьесда кинго бичIчIизе кIолеб букIинчIо щай дой чIужугIаданалъ, гIакаги билизабун, живго къват1иве вачуневали? Гьелъул магIна щиб? Цебегоялдаса нахъе нилъер умумузул хъизаналъул кьучI гIака букIунищ? Гьелъул магIна лъаларо я ГIалибегида, я дуда, я дида. Лъазеги гьечIо... Пикраби рукIине бегьила батIи–батIиял, амма чIванкъотIун гьадинги гьадинги бугилан лъиданиги абизе кIоларо. КIун гьеб къваригIунги гьечIо. Лъида кIолеб чIванкъотIун щай гIадамаз, цо–цо халкъаз гIака бищунго къиматаб жолъун рикIкIунеб? Лъиданиги лъаларо... Гьеб нилъер ишги гуро...
ВорчIана ГIалибег нахъияб къоялъ радал. Рокъов жанив щивниги ватичIо. Гьаб къоги бачIине букIана роцIараб. Гьесда дагь–дагьккун ракIалде щвана сон–церекъад кканщинаб лъугьа–бахъин, сурат гIадин цебе бачIана нохъо, лъамалъи, чIужугIадан... Унтилеб буго гьванща, хъарсун буго гъеж... ГIалибег рукIалиде кколев вуго.
Унтарав васасда тIаде рачIарал инсулги эбелалъулги хIакъалъулъ хабаралдаса, дир пикруялда, лъикIаб букIина цебеялде дандеккун, ГIалибегилги Муъминатилги гьоркьоблъиялъе щиб ккарабали бицани. Гьезул гьоркьоблъи гьанже кинабго росдадагоги бихьана, гьоркьоблъи бук1ин киназегоги якъинлъана, г1адамазда гьеб якъинлъиялъ батIияб канлъи рехун батизеги ккола гьезул гьоркьоблъиялдеги. Амма Г1алибегилги Муъминателги цоцада рихьичIого, щиб, кин, киб бакIалда ккарабали лъачIого гьоркьоб заман бахъун бук1ана, гьеб нилъеда лъала. Амма лъаларо я Г1алибегида, я Муъминатида. Гьеб кинабго ГIалибегида лъазе рес букIана эбелалдасан, Муъминатидаги гьединго жиндирго эбелалдасан. ГIадамазги цIакъ гIемер бицунеб букIана гьел кIиязулгоги щайтIабазулги. Нохъода жаниб ГIалибег ватиги, тIаде екерун ячIун Муъминат лъимер балагьизе лъугьинги; лъагIалица гьоркьоса къотIичIого бицине гIураб хабар букIана руччабазе. БатIи–батIиял тIахьазда хъварал жалги ракIалде щвезаруна, руччабаз рицунел харбаздаги рекъечIого, гьебго хабар бицнеб бук1ана бихьиназги. Цин ГIалибегиде ваккизе вачIун, хадуб гьевго гIадин бусада лъун йигей Муъминатихъги валагьун, хал–шалги гьабун, цIаларав чияс чIванкъотIун лъазабуна – ГIалибегица Муъминат ячине кколилан. Гьеб хабар рагIарабго Муъминатил эбелалъ росасда хадур магIарде жиндирго вац витIана, ясалъул эмен рокъов гьечIого жинда щибниги гьабизе кIоларилан. Гьебги цIодорлъи гьечIищха... щайтIабаз ккурав васасе яс кьезе ккани бигьаяб жойищ бугеб? Жиндирго ясалъул щайтIаби цониги эбелалда рихьуларо. Рос магIардаса вачIинги бигьаяб жо буго, гьеб суал хехлъи гьабун тIубазе кколеб букIана, щайгурелъул ургъун яхъун Муъминатица эбелалда лъазабун бук1ана:
– Баба, дун лъабго къоялдасан... лъабго къоялдасан дун тIагIуна баба...
Гьединал гIадалал жал гIемер рагIун ругьунлъарай эбелалъ кIудияб гIажаиблъиго гьабичIо, амма щиб кинали цIехечIогоги гьейги йикIинищха:
– Дуда щиб лъалеб лъабго къоялдасан щиб ккезе бугебали?
Муъминатицаги ракIбацIцIадго бицун бук1ана:
– Дида гьаналъ бицунеб буго, баба... Цо къо ана... Дида кIоларо. Дие ГIалибег вихьизе бокьун буго... Дихъа бажаруларо. Дида хIехьезе кIоларо...
Гьединан бицунеб букIун буго, амма рагIа–ракьанде щвезабизе гьелдаги кIун гьечIо, щайтIабаз ккурай алъухъ эбелги гIенеккилищха.
Росулъ лъилниги щаклъи букIинчIо кIиялго цоцазде данде кколел, кIиялго рокьи сабаблъун гIадаллъарал чагIи рукIиналда. Гьезде данде чIарав чиги вукIинчIо, гIицIго къваригIун букIана Муъминатил эмен магIардаса вачIине – тIокIаб къваригIараб жо букIинчIо. Цойгиги хабар баккана, кодоб лъимерги ккурай цо чIужугIаданалъ данде гьарун ругила ал кIиялгоян. Лъабго къоялдасан нуж данде гьаризе ячIинин абурабила гьей чIужугIаданалъ. Доб цебе бицунеб букIараб, ГIалибегица щияли лъаларей гIаданги ячун йигин, гъелъие гьабураб лъимерги бугин, гьеб квеш букIун лъугьун Муъминатги йигин абураб хабар гьоркьоб къотIана.
Гьел киналго харбал щолел рукIана ГIалибегихъеги. ГIалибегиеги бокьун букIана Мухъминатида берчIвазе. Бокьун букIанилан абураб рагIиялъ борцунеб батаниха гIолохъанчиясулъ бессараб шавкъ. Гьеб асар къватIибе кьезе ккани, гьелъул бицине ккани, ГIалибегихъ ралагьизе ккола, гьеб пикрабалъ вугеб мехалъги, вегулеб мехалъги, вахъунеб мехалъги, кваналеб мехалъги. Щибав чияс щибаб къоялъ гьабулебщинаб жо гьабула живго хвечIого вукIине, жиндирго гIумру дагьабги лъикIаб букIине, амма ГIалибегил бакIалда вугев чияс щибаб килщил рагъа–рашари гьабула Муъминатил бакIалда йигей ясалъе. Гьабулебщинаб жоялда жаниб цойгиги магIна лъола. Угьун биччани – хIохьел долъухъе щвезе, берал къанщани дой йихьизе, бер кIал чурулел ругони – долда вихьизе... Гьал къоязда нусго нухалъ цебе бачIана гьелъул гьумер, гIумруялда жаниб цохIо нухалъ бихьараб гьелъул гьал, рагIараб гьаракь. Зама–заманалдасан кIанцIун тIаде вахъана гьей ячIине йигилан ккун. Рукьбалъ бессун букIана гьей елъулеб мехалъ, доб къоялъ бахъун букIараб гьаракь, лъикI валагьун чIараб мехалъ, цебе бугеб гьаваги данде къан, гъункун ун, лъугьунаан гьелъул чIурканаб черх. ГьабсагIат ГIалибегида лъица бугониги абуни, Муъминат дур пикрабазда йигилан гьесул ракI чIелаан. Доб сордоялъ Муъминатил кканщинаб ГIалибегида гIадамаз бицун рагIун гурони, лъалеб букIинчIо, ва чан нухалъ гьес жиндиего гIакъуба кьураб: цосина дида хадуй ячIун йикIанадай? ТIокIаб щибниги къваригIараб жо букIинчIо – лъазе къваригIун букIана жиндаго хадуй ячIун йикIин. Нагагьлъун пикрабалъ ГIалибегица Муъминатиде квер битIани, нагагьлъун гьелъул квералда квер хъвани... ГIалибегида кIолеб букIинчIо рокъоса къватIиве вахъине; цо рахъалъ гьев виччалев вукIинчIо, цойгидаб рахъалъ гьабгощинаб лъугьа–бахъиналдаса хадуб бокьун букIинчIо живго гIадамазда вихьизе. Гьеб гуребги, ГIалибегида гьаб росулъ гIумру гьабизе ракIалда букIинчIо. РакIалда букIана, ячун Муъминатгун, къан ккун гьелъул квергун, цо рахъалдехун валагъун ине ва, санагIалъи ккараб бакIалда рукъги гьабун, гьенив чIезе. Муъминат гурони, тIокIаб гIумрудул батIияб магIнаго букIинчIо киб бакIалда вугониги. Чан нухалъ пикрабалъ гьес жалго гIумру гьабун рукIине ругеб бакIалъул сурат бахъараб, бакьулъ кидаго Муъминатги чIезаюн. Чан нухалъ...
– Мун щай дир вас кваналарев?
– Хиялго гьечIо…
БукIинищ гьудулха...
Эбелалдаги бихьулеб букIана васасда бугеб хIал. Цо къоялъ ургъунго эбелалъ абуна:
– Дун цо Муъминатиде яккизе ун ячIинин... – илан.
ГьабсагIат дица бицинаан ГIалибегие гьел рагIабаз гьабураб асар, бажарулеб букIарабани, бажарулаго, амма гьес абураб жо гьале:
– Хехлъи гьабун ячIа...
Эбел тIад юссинегIан, ГIалибег рокъов жанив гьунарого вукIана. Эсул гIайиб гуро гьеб – ракI букIана каранда жаниб гьунарого, гьелъ тIамулев вукIана рукъ сверизе. Горда аскIове – нахъе, горда аскIове – нахъе, свакана гIемер хьвадун. ЧIалгIана ва горда аскIовго чIана.
– Щиб ккараб? – илан данде кIанцIана ГIалибег эбелалде.
– Щиб ккелеб... Дица долъул эбелалъулгун бицен гьабун букIана цебего... Долъул кинаб бугониги данде чIараб жо гьечIо... Гьабгощинаб гIадамазги бицунеб буго, цIаларал гIадамазги абулеб буго... Гъолъ абулеб буго рос вачIинчIого щибдила дица гьабилеб...
– Муъминат йихьарайищ? – илан гьикъана ГIалибегица. Кьер тIун букIана гьесул.
– Йихьана, йихьиларищха... Дида аскIой гIодой чIун йикIана, – янги абун эбелалъ жиндаго хьибилалда квер чIвана. Векерун ун эбелалъ квер чIвараб бакIалда ГIалибег гIодов чIана... ва багIарлъун вахъана. Гьесда жиндаго бичIчIана цIакъго–цIакъ тамахлъаравлъи. Амма гьеб хIалалда багIарлъизе кколаро, гьудул... бигьаяб жо. Эбелалда цеве гурони нечезе ккогеги...
Эбелалда, пакъиралда магIу кквезе кIвечIо...
I0– Муъминат, – илан ахIана эбелалъ ясалде рагъидасан, – къасиги нилъер гIакайищ рокъобе бачIун гьечIебали...
Муъминатида ракIалде ккун букIана жиндаго хадуй чIужугIаданги нохъода жание лъугьинилан. ЧIужугIадан хадуй киса гурин ячIуней, гьелъ Муъминатиде тIаде гамачIцин хъущтIизабуна; нохъодул кIалтIе гамачI хъущтIун бачIингун, бичIчIана ясалда жийго ккараб бакI, хадув чи вачIунаревлъи ва тIокIай гьаб нохъодаса къватIие йорчIуларейлъи. Бищунго цIакъ Муъминат хIинкъизаюна нохъода жаниб батараб лъамалъияльги, гьениб букIараб бакIаб ва хинаб бец1гьиялъги.
Муъминатидаги лъана гъеб лъим гуреблъи, гьединлъидал батила биччичIого букIине гурдел ахалъи кодобе босана, амма тIаждал гIагал риччана. Гурдел ахалъиги биччичIого хутIичIо.
Цояб квералъ гурдел квенчIелги ккун, цояб квералъ сверухълъиялда бецIлъуда квер базе бакI балагьулей йикIана Муъминат. БатичIо квер базе бакI. Яс дагьайги цIакъ хIинкъана. Жаний лъугъарайго, хIинкъун йикIана гьей, амма гьелда бичIчIун букIинчIо сункьа хIинкъун йигеяли, хIинкъиялъул даража лъалеб букIинчIо... Циндаго носоца квер къотIараб мехалъ, гьоркьоб заман бахъула би бачIине, гьан кIотун букIуна гъваридго къотIараб мехалъ, гьединанго бичIчIуларого букIана Муъминатидаги, «би» бачIунарого букIана. Гьей ахIдезе чIичIчIидизе лъугьине бегьилаан, екерахъдизе, нохъодул кIалтIе ун гамачI нахъе цузе лъугьине бегьилаан, цо щиб бугониги жо гьабизе бегьилаан – ахцан йикIана. Гьанже «би» баккараб мехалъ тамахлъун ана черхго. Лъамалъи накалде бахана. Муъминатица гурде тIадегIан цIана – гьанжеги толеб букIинчIо гурде биччизе.
Муъминатида жиндаго бичIчIулеб букIинчIо гьаб хIалалда гурде щай лъамалъиялдаса цIунулеб бугебали. ЦIакъ цIунулеб букIана. Цо–цо чиясул щибаб къойил букIуна, цойгидасул гьадинаб бакIалде ккараб мехалъ баккун бачIуна гIажаибаб гIамал: гIиси–бикъинаб жоялде кIвар кьола, гьелде пикруги буссун, аслияб гьоркьоб биччала. Мисалалъе, чIвазе вачун унев чияс бащдаб сагIат бала матIуялда цевеги эхетун тIагъур рекъезабулеб. Заман цIазабулев гуро гьев вукIунев, гьесие, хIакъикъаталдаги, бокьуларо гIадамазда сурун къватIиве вахъине. Гьединаб бакIалда бичIчIулеб батила инсанасда жиндицаго щибаб къойил гьарулел ишал, гIемер гьабизе ккун, чIалгIараб хIалтIи гIумруялдаса нахъе унеб мехалъ хиралъулеб куц.
ЧIвазе къотIарав чиясул тIаргъил бицунел нилъ рукIаго, лъамалъи дагьабги тIаде бахана ва рачлихъе щвана. Муъминатица гурде дагьабги тIадегIан, каранде щвезегIан цIана. Лъамалъиялъе бокьана гурде каранде тIаде цIазе – лъамалъиялда цебе лъуна гIажаибаб бацIцIалъиялъул, жеги эбелалда гурони бихьичIеб ясалъул черх. Лъамалъи дагьабги эхеде гьункьана гьелда хъвазе гIоло. Муъминатин абуни гьанжеги гъанкъулей йигей гIадин лъугьана: гьури хъваниги, ругъун лъелеб гIадаб тIомода хъвана щибали лъалареб лъамалъи, гьеб гуребги щокъроб къалеб букIана къватIибе бачIине кколеб магIу.
Лъамалъи дагьабги тIаде гьункьун бячIана ва, ясалъул каранда кверги лъун, чIана. Муъминатица кинабго жоялъул пикруги тун, гурде тIаса бахъана ва реччел хъваларсб къагIидаялъ ботIроде тIаде ккуна. ГIажаибаб жо, ясалъул черх цебе лъураб мехалъ, нохъо гвангъичIо... берцинлъи бихьизеги берал къваригIунелгIаги ратила. Амма лъамалъи нечана, гьеб берцинлъиялда хъварабго жибго недегьлъана, яс данде къазе кIолеб букIинчIо гьелда, гьеб гIажаибго тамахлъана. Недегьлъараб, берцинлъиялда цебе жибго гIодобегIанлъараблъи бичIчIигун лъамалъиялъ пикру гьабуна тIубанго черх бахчизе ва, цойгиги нухалъ гьулчунги бачIун, ясалъул керен жанибе бачун ана. Гурде эхеде кковухъе букIана. Муъминатица пикруго гьабичIо, гьелъул къасдго ккечIо кинаб бугониги борхалъи балагьизе, гьанкъичIого йикIине щиб бугониги жо ургъизе. Щаяли лъаларо.
Хвезе чанго лахIзат хутIараб мехалъ, гIадалнах лъикI хIалтIулеб рагIула. Гьелъ батила Муъминатица пикру гьабуна лъамалъиялъулъ юкъун ине. Щай чIалгIаде эхеде квералги ккун ч1елей? Амма юкъун иналде гьей кIалъана. Лъида гьеб рагIилеб? Лъиданиги рагIуларо, амма кIалъана:
– Г1алибег, дир гурде биччичIо...
Ва рагьухъего бералги тун, Муъминат лъамалъиялъулъе лъугьун ана, юкъана. Цин гьелда ракIалде ккана жиндирго берал рухIизарулел ругилан, хадуб ругьунлъана. Гьединго тIоцебесеб лахIзаталда пикру бачIана, балагье дир черх тIадагьлъанилан, хадуб беразда цересан кида рукIаралали ва кир рукIаралали лъаларел суратал паркъана ва сверухълъи циндаго гвангъана. ХIухьел цIазе кIоларого гьей хутIичIо, ва жийго гьанкъулей йигилан абураб пикру бачIинего бачIинчIо.
11ГIалибег ворчIана къаси сардилъ, гьесда лъачIо сунца живго ворчIизавуравали. Берал ратана рухIилел. Рокъоб жаниб букIана сихIкъотIи, бецIлъулъан рихьулел рукIана мокърукъ лъурал гьетI–гьетIерал гIурдулги, гIурдузда разарун лъурал къаналги.
ГIемераб заман бана гьес мокърукье валагьун, берал щай рухIизарулел ругелали лъаларого.
ТIаде вахъине, рокъоса къватIиве лъугьине бокьун букIана, амма цо гIажаибаб асаралъ толев вукIинчIо – гьединаб асар букIуна кIвар бугеб, тIубараб гIумруго хисизабизе кколеб лъугьа–бахъин ккелалда цебе. Цо жо ккезехъин бугилан гьаналъ бицунеб мехалъ. Гьеб гуребги ГIалибегида кколеб букIана живго вегун вугеб рокъов цойги чи вугилан. Чорхолъ бессун бугеб гьеб асар биххун инчIого букIине, гьеб билизе теларин жиндицайин абураб гIадин, ГIалибег вагьаричIого чIун вукIана.
– ГIалибег, – илан бахъана гIажаибаб гьаракь.
Гьеб гьаракь бахъинчIо, гьеб ГIалибегил рекIелъ жибго жиндасанго лъугьун бачIана, гIундуз гуро гьеб къабул гьабураб, тIолабго черхалда гьорлъ бессана, черхго ахIулеб букIана цо бакIалде. Рокъоб жаниб гIунун чIун бугеб бецIаб гьаваялъ недегьго щурана «ГIалибег» – илан. Амма щайха гьаваялъул гьаракь Муъминатилалда релълъараб бугеб?! Щайха гьеб гьаркьица ГIалибег хIинкъизавулеб, щай гьеб гьаракьида ГIалибег божулев гьечIев?
– ГIалибег, – илан абуна гьанжеги гьаваялъ.
ГIалибегида нахъа, рукъалъул букIнида чIун йикIана Муъминат. ТIоцебе гьелда берчIварабго, васасул черхалда сири бана, хадуб бичIчIана цебе тIамулеб сурат букIин. Гьедин къачIа–кIатIай Муъминат лъиданиги киданиги йихьун йикIун ятиларо, берцинго, надалдасан хIучч цIараб гIадин, къан букIана чIегIераб чохтIо. ЧIегIераб чохтIогун гаргадилел рукIана гьелда гьорлъ хIучч цIан гьарурал кьунсрул. Жанисан гвангъулеб гьурмада кверщеллъи гъабун букIана чIахIиял бераз. Черхго берцин гьабун букIана хъахIаб халатаб габуралъ. ГьедигIан берцинаб сурат цебе чIечIебани ГIалибег гьадигIан цIакъ хIинкъилароан. Рукъалъул букIнида эхетараб сурат Муъминатил букIинчIебани... ГIалибегица берал къанщана ва цIидасан рагьана. Муъминатил сурат тIагIана. Гьес цойгиги нухалъ къанщана берал ва цIидасан рагьана – ячIинчIо Муъминат. ГIалибегил бетIер бортун ана ва гьанжеги мокърукь ругел гьетI–гьетIарал гIурдухъги тIад разарурал къаназухъги валагьун хутIана. ЦIакъго кIудияб гьира Муъминатида бер чIвазе букIиналъиш суратал цере тIамулел ругел, яги Муъминатил рухIалъ кивениги ахIулевищ вугев? «Яги дун гIадаллъулевищ вугев?». ГIалибегица пикру гьабуна тIаде вахъине ва гьаб рокъоса къватIиве тIуризе. Амма сордо рогьиналде ккараб мехалъ, рокъов кинавго чи кьижараб заманалда киве инев? «Дун къватIиве араб мехалъ, цойгиги нухалъ Муъминат ячIани?». ГIалибегие бокьун букIана Муъминат ячIине, амма гьеб сураталъукьа хIинкъулевги вукIана. Бокьун букIана гьелъул кверал рихьизе, бокьун букIана цойгиги нухалъ гьелъул гьаракь рагIизе, гъалалда берчIвазе... ГIалибег тамахлъулев вукIана.
– ГIалибег, – илан шурана гьанжеги гьаваялъ.
Добго букIниве валагьана – щивниги гьечIо. Рукъалъул цойгидаб бокIний, нуцIида нахъа гьаваялъ недегьго кодой йосун чIезаюн йикIана Муъминат. Гьеб сурат гIодоб хъвазе ресги букIинчIо – гIодоб хъвалеб сурат букIинчIо гьеб.
– ГIалибег, – илан абуна сураталъ ва гьаваялдасан гьимулаго вас вегараб бусада аскIое ячIана.
ГIалибег хIинкъана ва къел ракьандегIан къана. Валагьарав чиясда ккезе бегьилаан гьес Муъминатие жинда аскIоб бакI кьолеб бугилан, амма нагагьлъун гьей аскIой кIусани, ГIалибег кIал–мацI ккун хутIилаан. Гьединаб пикруцин кIвелароан ГIалибегил ракIалда хIехьезе.
Муъминат аскIое ячIана ва, берцинаб махIги ГIалибегида тIад бигъун, бусадул рагIалда гIодой кIусана.
– ГIалибег, – илан гьанжеги щурана Муъминатица ва гьесул квер, бусадасаги босун, жиндирго кIаркьеналда тIад лъуна.
ГIалибегида лъачIо я кверзул недегьлъи, я кIаркьеналъул бухIи, гьесда бичIчIулеб букIана кинабго цебе тIамулеб букIин гьабсагIат жиндирго кверги щибниги гьечIеб бакIалде гъаваялде битIун букIин, амма щибго гьабизе кIолеб жо букIинчIо. Гьеб лахIзат ГIалибегида киданиги кIоченаро.
– ГIалибег, дун нохъода йиго... ВачIа... Рогьараб мехалъ, цоцазул квералги ккун, баккулеб бакъуде данде рилълъина... ВачIа,.. – ян абуна Муъминатица.
Ясалъул гъаркьикьа бецIлъи къуна, гьеб букIана гIажаибаб берцинаб, тIадагьаб гьаракь, къватIибеги бачIунеб букIана гъелъул кIутIбуздаги лъурун гьезул бацIцIалъиги цадахъ босун.
Гьеб гъаркьица вигьинавурав гIадин лъугьана ГIалибег. Муъминат тIаде яхъана, гьелъ ГIалибегил квер нахъе кьуна ва гьаваялъ йосун жийгоги нуцIида аскIое ана.
– ВачIа, – ян абуна гьелъ ва тIагIана.
ГIалибег рокъоса къватIиве лъугьана, лъиданиги щибниги лъалареб къагIидаялъ, кету гIадин. Гуро, гьабсагIат Муъминат гIадин. Дунял рогьун букIана; бакъуца жибго бачIине букIин лъазе дагьа–макъаб багIарлъицин цебе битIун букIана. ГIалибегида щибниги бихьулеб букIинчIо; гьесда лъалеб букIана нохъода Муъминат йикIинги жив гьелъие къваригIун вукIинги. ГIалибег Муъминатица ахIулев вукIана. Гьаб хабаралъеги цебего заман щвана гьел к1иялго данделъизаризе.
Росдадаса рикIкIалъаравго, ГIалибег лъалхъана ва гIенеккун чIана. Цо жоялъ рахIат хвезабуна гьесул циндаго, ракIалъ абуна сверухъе валагъеян. Щибниги жо бихьичIо: кIиябго хъарахъги букIана, ГIусманицаги асги цIа бакун букIараб бакIги буго, аскIоб добго гамачIги буго. Гьеб ганчIида аскIовегIан щварабго, цо чвархъи бахъана. Гьеб ГIалибегида якъинго рагIана. Гьев лъалхъана. ГIалибегил кинаб бугониги щаклъи букIинчIо, дойго чIужугIаданалъ бахъинабураб гьаракь гьеб букIиналда, гьесда лъалеб букIана чIужугIаданалъ живго Муъминатихъе вачине кколевлъи. Жиндаго нахъа эхетарав чи вукIин лъалеб бугониги, ГIалибег нахъ валагьичIо. Гьесие бокьун букIинчIо щибниги хисизе, живго сунца вугониги нухда чIезавизе. ЧIужугIаданалда гурони, ГIалибегида лъаларебиш нохъоде нух? Циндаго тункараб жоялъ ГIалибег цевехун гьартизавуна ва гьесул мугъ квешго бухIизабуна. Гьоркьоб заман бахъараб мехалъ гурони бичIчIичIо ГIалибегида жиндаго нус къазабураблъи: гьеб пикруялъ ахцазавуна ва унти къатIинабуна. ГIалибег нахъ валагьана. Нус къазабурав чиясги носол тIагъи биччан тана; гьев чи хIинкъана, ГIалибег жиндидехунго вуссун вачIараб мехалъ. ГIалибег гьимана, амма цIакъ сурукъго – кIутIби тIеркIелел рукIана, гIодизе къачIарав чиясул гIадин. ГьимичIевани расги букIинароан. Гьесул гъумер хъахIлъун бачIана, накабазде вортун ана, хадуб тIаде вахъана ва нахъехун рехун ана. Мугъзада къазабураб носол тIагъи битIун ккун букIарабани, мугъ гIодоб тункарабго, нус дагьабги жанибегIан инаан, амма гьеб дагъабго тIиркъун, гIебса къазабун букIана, гьединлъидал ругъун унтана ва, гьаракьги гьабун, ГIалибег кIалагъоркьехун сверун вачIана. ГIалибегие бокьун букIана цо жо абизе, амма бажарулеб букIинчIо – ганчIиде т1ад ч1ван букIана кIал. Бакъ баккана ва къо жакъаги роцIараб букIинехъин букIана.
ТIаде къулун чIун вукIана гьев Г1алибег ч1варав чи, щиб ГIалибегица абулеб бугебали рагIизе – жо ккечIо. Г1алибегил гьодилъго къан жиндирго нусги тун, гьев чи ана.
Гьев вукIана Муъминатил эмен.
I2Муъминат йорчIана рагьараб мехалъ, гьелда жийго ятана толохIочго кIалагьоркье ккун. ТIаде яхъиналде цебе гьелъ ракIалде щвезабуна сонги нолъги кканщинаб жо, жийго кий йигей ва щиб гьабулей йигеяли. ЧIабаралъ тункарай гIадин кIанцIун тIаде яхъана Муъминат ва гьедин гIунун хутIана. Муъминатил мугъ цIорораб жоялъ бухIизабуна. Гьей нахъ ялагьана, амма щивниги чи ватичIо.
– ГьабсагIат ГIалибег, гьабсагIат – илан абуна гьелъ жиндирго гурдеги тIад ретIунаго... – ГьебсагIат рилълъина...
Нохъодаса къватIие яхунаго, гьелъул чарухъал хъещтIана. Гьелъ рахъун рехана гьел, къваригIунарел жал гIадин. ХIатIал унтилсл рукIинчIо. ХIатIал ругелиланцин кколел рукIинчIо.
Нохъодаса къватIие яхарайго, гьелъул берал рухIизаруна бакъуца. Бадир квералги чIван, нохъода цее эхетун йикIана гьей, хадуб, тириго харана дагьайги тIаде кьурулъан ва тIогьие яхун, баккун бачIунеб бакъухъ ялагьана.
Гьей йихьана жиндирго инсуда. Амма лъачIо щияли. ГанчIида нахъасан валагьун чIана гьев – бокьун букIинчIо живго лъиданиги вихьизе, гьесда лъалеб букIана гъабсагIат росулъ ахIи бахъунеблъи ва живго росулъа гIебеде вукIин лъазе тезе бегьулареблъи.
ГохIда чIун йигей Муъминат сверухъе ялагьана ва гIедегIичIого бакъуда данде ана. Бакъ гьелдаса разилъана. Гьеб дагь–дагьккун гвангъулеб ва тIаде, данде бахъун бачIунеб букIана. Муъминатида хIатIал унтулел рукIинчIо.
Муъминатил инсуда ракIалдего ккечIо жиндирго яс гьей ятилин. Гьей тIадеялдаса тIаде рикIкIалъулей йикIана.
Росулъанги йихьана Муъминат. БоцIи рехъалъе гьезе къватIире рахъарал руччаби хадур ралагьун рукIана – рикIкIадасан вихьулев вукIана бакъуде данде валагьун унев чи. ГIажаиблъи гьабизе гьаниб щибго букIинчIо, гIадамалги гьедин ралагьун чIелароан, цоялъ абуна долейин дой кодоб лъимерги ккурай чIужу уней йиглан. Гьеб мехалъ киналго гIунун чIана, гьелъухъ ралагьун.
– ЦIакъ берцинаб чIухIараб рилълъин буго, – ян абуна цоялъ.
– ГIодойго хъвалей гьечIо дой... – илан тIаде жубана цойгидалъ. Муъминатил хIатIал чIухI–чIухIун бидул цIун рукIана...
13ГIака бачIинчIо. Радал, батIиязулалда цадахъ рохьдолъе араб гIака маркIачIуде рокъобе тIад буссинчIо. Эбелалъ жиндирго васасда Каримулагьида гьарана, тIубанго рукIкIинегIан чIечIого, гIакдал тIалаб гьабизе вахъаян. Каримулагьие гьеб рагIи бокьичIо.
– Кидаго, дие щиб бугониги жо къваригIараб мехалъ, цо балагь бачIинчIого хутIуларо; яги гIака билула, яги зоб тIун бачIуна... – ян мекъдарана Каримулагь.
– Мун кигIан цIакъ мекъдараниги, гIака билизе тезе бегьулароха... – ян абуна эбелалъ. Гьелъ бицунеб жо битIарабги буго: щибизеха гIака билизе телеб? – Дибирги ваче цадахъ, цо свери бахъизе а... рикIкIаде ун батиларо, кIвахIаллъуге...
Дибир ккола мадугьал, бесдалав, ункъо–щуго соналъ Каримулагьидаса кIудияв вас. Гьес кидаго малъа–малъараб гьабулаан, жиндихъе вачIарав чиясул къваригIел тIубалаан, киналго бесдалал гIадин мукIурав, чорхолъ чIухIи гьечIев чи вукIана. Гьединлъидал эбелалъул кинаб бугониги щаклъи букIинчIо Каримулагьица, гьесда гьарани, кумек щвеялда.
– Нилъер гуребги, Пирдагьил чагIазулги буссун рагIуларо къаси гIака... – ян тIаде жубана эбелалъ, цохIо жидеде гуребги батIияздеги балагь бачIун букIин бичIчIизе гIадин. Гьеб кIиябго рагIи эбелалъ абун букIинчIебани, Каримулагь тIирун чIезе бегьулаан цо хIетIе чIеларилан. Щаялиги бицина.
Пирдагьин абулев чиясул рукъ букIана росу бакьулъ ва гьеб рукъалда цебе букIана годекIан. ЦIакъ бокьулаан Каримулагьие гьеб годекIан; Каримулагь къваригIарав чи бачIинехъе годекIаниве унаан. Гьеб годекIанисан бихьулаан Пирдагьил рагъи, ва гьенисан зама–заманалдасан яккулаан Пирдагъил яс, ПатIимат. ПатIиматидаги цIакъ лъикI лъалаан гьеб годекIан Каримулагьил рухI–дарман букIин. «Пирдагьил чагIазулги къаси гIака бачIун батичIони, – ян пикру гьабуна Каримулагьица, – ПатIиматги эбелги рахъуна гьеб балагьизе... Пирдагь живго рокъов гьечIо...» Гьеб пикруялъ Каримулагь тIаде вахъинавуна. «БачIун рагIуларо» – ян аби гурони, мухIканго лъалебги букIинчIо, хIакъикъаталдаги, бачIун гьечIебищ гьеб балканали.
ХIасил–калам, кIиявго чи, Каримулагьги Дибирги дунял рукIкIунеб заманалъ росулъа къватIире лъугьана. Хаслихъе заман букIиналъ батила, гьеб къо кьерхараб къо букIана, радалалдаса нахъе бецIцIарилеб чIечIо: гьабсагIатги хIухьел цIазе кIолареб къагIидаялъ гьункараб гIодонакIкI букIана. Квачанги букIана. ГIодонакIкI букIинчIебани кигIан цIакъдай кIиявго чи квачалаан.
– Гьаб гIодонакIкI биххун инчIого, нилъеда гьеб бати цIакъ щакаб жо бугоха, – ян абуна Дибирица. Гьев кIудияв вугелъул, гьесда лъаларищха...
– Щибха гьабилеб?
Щиб гьабизе кколебали цонигиязда лъачIо. Дибирие бокьун букIинчIо, мадугьалалъул, Каримулагьил эбелалъул мурадги тIубачIого тIад вуссине, кин бугониги божилъи гьабун бугелъул. Каримулагьиеги бокьун букIинчIо тIад вуссине – Пирдагьил гIака рокъобе буссинчIилан абулеб бугелъул. Гьединлъидал кIиялго, жидедагоцин лъачIого, дагь–дагьккун росдадаса рикIкIалъана. ТIадеялдаса тIаде ризлъулеб букIана гIодонакIкIги. Унаго Дибирица хъалияналда цIаги лъуна.
– РачIа цIаги бакун рукIине... гIодонакIкIги инехъин гIадин бугин... – илан абуна Каримулагьица.
МагIарухъ гIодобнакIкI кьучI гьечIеб, цо хIалалда чIолареб букIуна – мекъаб пикру букIинчIо Каримулагьил, – гIодобнакIкI гьабсагIат батIияб рахъалдехун чвахун инеги бегьула.
Цо кIудияб ганчIида аскIоре щвараб мехалъ, Каримулагьица абуна:
– Гьале гьаб бакI буго санагIатаб бакI...
– Гьениб бегьуларо, – ян чIванкъотIун лъазабуна Дибирица.
– Щай? – илан гIажаиблъи гьабуна Каримулагьица. Гьабиларищха. Щай бегьулареб санагIатаб бакIалда цIа бакизе? Гьеб суалалъе Дибирица жаваб кьечIо. Жаваб кьезени бокьун букIана гьесие, битIараб бицани, амма цо щиб пикру бачIарабали, вуцIцIун чIана, ва хаду–хадув Каримулагьги гьавун, дагьавги цеве ана.
Амма кинго чIечIо гьел цIа бакизе бакI балагьичIого, ахир–къадги тIаде ккана цебе батарабго гIадаб санагIалъи бугеб бакIалде, цо хъархъида гьоркье.
Киса–кибего тIибитIун букIана бецIлъи ва сихIкъотIи. КIиявго гIолохъанчияс бакараб гьитIинабго цIадуда кIолеб букIинчIо я бецIлъиялъе, я квачалъе щибниги гьабизе. Жо кколеб букIинчIо гьелъул. РикIкIадасан ралагьараб мехалъ, гьез баккараб цIа букIана сардида лъураб гьитIинаб ругьун гIадин.
Доб ганчIида аскIоб цIа бакизе течIелдаса нахъе, Каримулагьил рахIат хвана; цIа бакизе бегьунгутIиялъулцин гуро ургъел букIараб, гьебни бокьараб бакIалда бакиларищ, бокьулеб букIинчIо Дибирил вуцIцIухIун чIей. Щай гьес бицине бегьулареб цIа бакизе щай течIебали?
– Дибир, доба щай дуца цIа бакизе течIеб?
Дибирица гIедегIичIого цIадулъ цо тIилил жо рекъезабуна. ЦIа гьелдаса кутакалда бохана.
– Бицине бегьулареб жойищ бугеб?
– ГьечIо...
Амма Дибирица бицунеб букIинчIо. ЦIаги чIана гIенеккун.
– Бицеха...
– Чи чIвараб бакI буго доб... ЩайтIаналъ. Цебе заманаялъ гьитIинаб росу букIун буго нилъер, кули гIадаб бакI букIун буго. Гьав МуртазагIалил рукъзал ругеб бакI гьечIищ?
– Гьа...
– Гьадаб бакI букIун буго росдал рагIал. ГьитIинаб бакI букIун буго. Нилъер росулъ вукIун вуто ГIалибегилан абурав нилъер гIелалъул берцинав васги. ЙикIун йиго Муъминатилан абулей, гьев васасул рокьи ккарай, бадиве чи валагьизе нечараб берцинлъиялъул ясги. Умумузго бицунеб батараб жоха дица бицунеб бугеб... Цо сордоялъ ГIалибегил чагIазул, къаси нужер гIадин, гIака бачIун гьечIо рокъобе. Доб заманалъги вехь щоларого вугеб мехалъ, гIадамал, боцIи бугел чагIаз, ирга гьабулеб букIун буго, гьанже нилъеца гIадин. БачIун гъечIо гIака... Гьелда хадув вахъун вуго дов ГIалибегилан абурав вас, цадахъ росулъ бищунго къуватавилан рикIкIунев гьудулги вачун вуго. Щиб ккананигиха... ЦIакъ гIемерал хъачагъал рукIунел рукIун руго доб заманаялъ. Гьадин, нилъго гIадин, цIаги бакун, рукIаго тIагIун вуго дов къуватав чи. ХIинкъун вуго ГIалибег. Валагьун вуго гьес жиндирго гьудул, валагьун вуго – ватун гьечIо.
– АскIов гIодов чIарав чи кин тIагIунев?..
– Кинха тIагIинев... довехунги вуссун анивехун вуссиналде тIагIун ватун вуго... Живго хутIун вуго ГIалибегин абулев. Циндаго ячIун йиго хвараб лъимерги кодоб ккурай чIужугIадан, чIужугIаданалъул гьумер–куцги бугей щайтIанха. Гьеб щайтIаналъ гьикъун буго ГIалибегида гьаб лъимер лъилилан. ГIалибегида щибха лъалеб гьаб лъимер лъилали. Жаваб кьун гьечIо, ГIалибегица. Цинги щайтIаналъ абун буго лъаб–лъаб къоялдаса жинда хадув вачIинчIони, жиндица мун чIвалилан. Гьединго лъазабун буго ГIалибегие йокьулей йикIарай ясалдаги. Гьединан щибаб лъаб–лъаб къоялдасан тIагIунел рукIун руго ГIалибегги Муъминатги. ГIемер гьедин хьвадизарун кIиялго гIадаллъун руго. Амма цо къоялъ ГIалибег кватIун вуго щайтIаналъ ахIараб бакIалде вачIине. Гьеб мехалъ щайтIаналъ чIванги вуго гьев. Нилъеца цIа бакизехъин букIараб бакI гьечIищ?
– Гьа...
– Гьадаб бакIалда...
– Муъминат?
– Муъминат кие араяли лъиданиги лъалеб гьечIо. Нохъода гьелъул чарухъал ратун руго... доб Муъминатил нохъо лъалебищ дуда?
– Лъала.
– Дора. Гьанжеги ругила дораго... жанирегIан араб мехалъ ратулел руго...
– ГIалибег чIвараб бакI букIунищха дуца доба цIа бакизе течIеб?
– У. Дойго чIужугIадан ячIани щиб гьабилеб?
– Мун божулевищ гьелда?
– Божула.
– Ургьун рахъарал гьерсал руго, – ян абуна Каримулагьица, заманалдасан. Хабаралъ асар гьабураб куц буго, гъаракьги хисун бугоан, абулеб къагIидаги лъикIаб букIинчIо.
– Бокьани гурони божуге... Бицен буго гъединаб... ЦIа ссунеб буго гури нилъер...
Дибир, кIанцIун тIадеги вахъун, цIулада хадув ана. Квер бегьун цIул босулеб бакI сверухълъиялда кибниги букIинчIо. БакъварабгIадаб хъарахъ жо балагьун, гьелдаса бекун, яги бакI–бакIалъа бищун балагьани гурони щолароан. Гьединан балагьизе вахъунев вукIана Дибирги.
ЦIа пашманлъана ва гьитIинлъана. Каримулагьие цIакъ бокьичIо гьеб биценалда жив божулин Дибирица абураб рагIи. Мунго гIадин живги божуларин гьелдаян абун букIарабани, гIемер бигьалъизе букIана гьесие. Гьединго Каримулагьие бокьулеб букIинчIо цIулада хадув арав Дибир кватIулев вуIинги. Гьесул рахIат хвана ва яхIго гьабизе кIвечIого, тIаде вахъана ва Дибир араб рахъалдехун бецIлъулъе ва гIодонакIкIулъе лъугьун ана.
– Дибир!
Дибирица жаваб кьечIо. Каримулагьил дагьабги цIакъ рахIат хвана. Гьев бецIлъулъги накIкIулъги векерахъдизе лъугьана.
– Дибир! Ва! Дибир!
Дибир тIагIана. Каримулагьие бокьун букIана рокъове тIуризе, амма тIурилалде цеве цин ракIалде ккана цIадухъе ине. Дицаги гьеб пикруяллъул рахъ ккола, щиб лъалеб Дибир цIадухъе, т1ад вуссун вачIун ватизе бегьула? ГьабсагIат Каримулагь цIадудаса рикIкIалъунги вуго, асул гьаракь цIадухъеги щолеб батиларо... Каримулагьида батана цIадуда аскIоб букIараб хъарахъ, ратана жалго гIодор чIун рукIарал ганчIал, амма кибниги гьечIо цIа. Рохъоцин гьечIо. ЦIа бакун букIараб бакIго батичIо. Гьанже тIуризе ккола росулъе, тIокIав нахъ валагьичIого. ТIокIаб рес щиб? Лъида кIолеб бичIчIизабизе щиб кколеб бугебали? ТIуризе къачIарав Каримулагьил берчIвана рикIкIадасан бачIунеб канлъул хIубиялда. Гьеб рикIкIада букIинчIо – гIодонакIкIалъ ккезабулеб букIана рикIкIада бугилан. ХIуби гIагарлъулеб букIана. Каримулагьида тIуризе щиб гурин, чIараб бакIалдаса вагьаризе кIвечIо. КIал–мацI, ургьимес бакъвана. Канлъи аскIобе гIагарлъулеб ва загIиплъулеб букIана. Дагьабги аскIобе гIагарлъараб мехалъ бичIчIана Каримулагьида жиндаго аскIове цо чи вачIунев вукIин. Гьединго бичIчIана бихьулеб букIараб канлъи гьев чиясда тIад чIараб нур гIадаб жо букIинги ва аскIове щвараб мехалъ гьеб нур тIагIунеб букIинги. Каримулагьида аскIое ячIана гIолохъанай чIужугIадан. Гьей йикIана гвангъараб, берцинаб гьумералъул гIадан. Гьелъ тIад ретIун букIана, ретIун букIаниланцин абизе бегьуларо, гьелда тIад бигъун букIана чIорто–къоно. Бихъараб бакIалъан гIазухъахIаб цояб гъеж букIана цебе лъун, накаби рукIана цере лъун – гьелъул бахчараб жого букIарабищали... ХIатIалги рукIана гIицIго. Каранде къан щулаго ккун букIана лъимер. Лъимада жемараб жоялъулги тIад ретIун бугелдаса батIалъи букIинчIо – гьебго чIорто–къоно. БотIродаги букIинчIо щибго; халатаб рас бук1ана гьелъул гъуждузде гьурщун биччан.
Каримуллагьиде аск1оег1анги яч1ун, гьесул бадиеги ялагьун ч1ужуг1аданалъ недегьго гьикъана:
– Дун щияли лъалебищ дуда? Мун гьаниве кинан, сунца вачун ккаравли лъалебищ дуда? Гьаб лъимер лъилали лъалебищ дуда?
Х1инкъиялул кутакалъ Каримуллагьида щибиланниги абизе к1олеб бук1инч1о, ч1ужуг1аданалъ бицунеб жо бич1ч1улеб х1ал бук1инч1о гьесул. Гьесда лъалеб бук1инч1о гьаб бак1алде живго кин ккарав чияли, лъалеб бук1инч1о ч1ужуг1аданалъухъ бугеб лъимер лъилали, лъалеб бук1инч1о гьей ч1ужуг1адан щияли…
Каримуллагьида цее ч1ун йик1ана Муъминат…
Автор: ГъазимухIамад ГъалбацIов