Авторизация

СунтI бай иблисалъе бетIер къули гурищ? ( нахъраталидаса)

  • 20.11.2016 22:11
  • Дин
  • 1 502
  • 0

МагIарухъе сапаралъ унаго, цадахъ ккана, нижерго гуреб, батIияб районалъул цо росдал руччаби.

Ле, шофер, чIезабе машина, сунтI босизе кIочон тун бугин,-ан ахIи бана маршруткаялда жаниб гьезул цоялъ, ЧIалда кьодухъ къаде кваназеги рещтIун, нухда рахъиндал. Шагьаралдаса щай босичIебан нижеца кьураб суалалъе гьелъ, гIажаиблъи гьабун, гьадин жаваб гьабуна:- нужеда рагIичIищ, ЧIалда гIадаб сунтI кибго букIунаро, сонтIол къиматги хIалги лъалез гьаниса гурони гьеб «нигIмат» босуларо…

(Гьей гIолохъанлъиялдаса араб ригьалъул чIужугIаданалъул кодор ккун чIумалги рукIана).

РакIалда буго, дун гьитIинаб мехалъ мадугьалихъ бугеб росулъа цо гIаданалъ сунтI бале брагIулин абун чIахIияз кутакалда гIайиб чIван бицунеб букIараб. Гьейги йикIана даран-базаралъ росу-ракь бахун къватIие щолей гIадан.

Сонал анагIан, цогидал квешал гIузрабиго гIадин, сунтI байги тIибитIана халкъалда гьоркьоб. КъватIирги рокъорги хъалиян бухIулев бихьинчиясдего гIадин ругьунлъун руго кодоб сонтIол патрон ккурай чIужугIаданалдеги. Нилъер диналъ хIарам гьабураб, умумуз хIакъираблъун рикIкIараб, «сонтIол унти» щун буго магIаруллъиялдеги.

ХIалтIул къваригIелалъ нижерго районалъул цо росулъе щварай дида цо хIурматияй чIужугIаданалъ бадибчIвай гьабулеб гIадин абуна, щайила нужеца, магIарул газетазул журналистаз, гьаб къавуда гIадин тIибитIулеб бугеб»унтиялда» данде рагъ баларебин абун.- Нижер росулъ киданиги букIараб жо гуро сунтI бай,-ян абуна гьелъ,-гьале гьанже руччабазги, хIатта гIолохъанал ясазгицин, рагьун балеб буго гьеб. Школазда, ясли-ахазда хIалтIулезда гьоркьобги баккун буго гьеб унти. Бегьилищ лъималазда цебе гьеб пиша гьабизе. Дица рикIкIуна сахай, жиндирго къимат, къадру цIунарай чIужугIаданалъ сунтI кодобе босуларин… Гьединаб бугоан дица цIар гьаниб хъвачIей магIарулалъул пикру.

Узухъда, журналистазда тIадаб буго жамгIияталъе, нилъер –гIадат гIамалалда, хасго шаргIалда данде кколарел гIузраби къватIир чIвазаризе. Нижеца цIарал, бакIал рехсечIого, гIаммаб критика гьабула, жеги гьабила, амма тIадехун бицен гьабурай магIарулалъ гIадин, сверухъ ругезги гIайиб чIван, гьеб пиша хIакъираб, хIарамаб букIин бихьизабулеб бугони, сунтI бай гуребги, киналго квешал «гIузраби» дагьлъилаа.

Нилъерин абуни гьелъул гIаксалда кколеб буго иш. Цоялъ чIухIдаего бицунеб буго (гьебги магIарухъ) жинцайила лъабго-ункъгояй ругьун гьаюнила сунтI базеян.

СунтI балеб буго росасда ругезги гьечIезги, росасда лъанги гьесдаса балъгоги. Щиб пайда сонтIоца кьолеб? Дида лъаларо, амма бихьула гьеб базе байбихьун хадуб чIезе кIолеб гьечIолъи, гьеб балездехун бугеб гIаммаб, лъикIаб гьечIеб пикруги.

Дун росас чIвала, сунтI балеб бугеблъи лъани,-ян ракI рагьун бицана цоялъ. Гьев гьечIеб, лъималазда бихьулареб мехалъ бала. Кидаго бахчун тIуялищан лъаларо, амма тезе кIолареблъиялда ракIчIана, чанги нухалъ хIалбихьун букIана тезе…

Цогидаз балеб буго рагьун, сонтIол хIурмат гьабун, гьеб жанибе базе тIалаб гьарулел руго къиматал, месед-гIарцул устарзабаз хIадурарал тIагIелал.

СунтI баялдехун гIадамазул бугеб гIаммаб пикру лъазелъун, дица цIех-рех гьабуна батIи-батIияб гIелалъул гIадамазда гьоркьоб. Гьеб берцин бихьулел, лъикIин абулел дандчIвачIо нагагьги.

Нижер мадугьалалъ бала сунтI,-ан бицана Дагъмедакадемиялъул цо студенткаялъ,-лъикIал гIадамал руго гьел, амма гьезул рокъоб рикъзи кваназе ракI къала дир, хасго гьей гIаданалъ гьабураб квен. Рузман сордоялъ гьезул рокъоса садакъаде бачIараб цIурачед нижеца гIанкIу-хIелекоялъе кьола. Кинха кваналеб сунтIги балаго гьабураб квен, гьелъ щибаб нухалъ кверал чуруларелъул.

СунтI балей чIужугIаданалъул рахъалъ цIакъго кьварараб пикру дандчIвана бихьиназда гьоркьоб:

СунтI балей чIужугIаданалъ хъалиянги бухIила, чIагIа-гIаракъиги гьекъела, гьединазул гIемер борхатаб букIинин кколаро къадру.

Базаралда йичарулей цо ригь арай гIадан йигоан, квачалъ багIарлъарал квералгун сунтI сунтIулей.- Гьаб гьава -бакъалдаса, балеб гIаздадаса регIун, сунтIгIаги щай дуе,-ян дица абидал, гьелъ жаваб кьуна: - Гьалъ гурищ дун хвасар гьаюлей сундасаго. Дир гьудул буго сунтI, гьелде хабар бицунев чи дие вокьуларо,-ян.

Тохтурлъун хIалтIулей гIолохъанчIужуялъеги кьуна гьебго суал: -Эбелалъ ругьун гьаюна дун гьаб пишаялде, къойил гьелда бадибчIвала дица гьанже…

Цо нухалъ нижехъ рещтIун йикIана сунтI балей гIадан. Гьелъие критика гьабун, сонтIол чороклъиялъул, сурукълъиялъул бицун, хабар ккана нижер гьеб сордоялъ. Жинца тIокIалъ балеб жо гуринги абун, гьелъ кIиабилеб тIалаялдаса гъоркье ахикье рехун анна сунтI тIад бухьарал жал. Балагье, гьалъул къуват гIунини рехун тезеян гьелъие хабар гьабурай дидасаго йоххун йикIана гьеб сордоялъ. Нахъияб къоялъ яхъун рогьалилъго ахикь хъирщадулей йигоан гьей, сардилъ гордухъа рехараб сунтI балагьун…

Кин щиб бицаниги, кодоб сонтIол паиронги, кидаго рацIцIулел къалалги, бахчун кIвекIулеб чорокаб тIогьиллъиялъул квербацIги-гьеб кинабго цIакъ чIужугIаданалдаса ракI буссунеб, гьелда ракI къалеб жо гьечIищха. ЦIакъго сурукъго рихьана кIалдибе сунтI балел. Гъоркьияб кIветIалда жаниб, цабзазда тIад бахунеб бихьана гьеб цо-цояз. СунтI цадахъ босизе кIочон бугила, щиб гьабилебан цIакъ рахIатхун лъугьана цо магIарулай, нижехъе ячIарай. Жиндиргун пишацоял сверухълъиялда гьечIолъи лъайдал, гьелъ чIегIераб перец кьейин гьарана. КъунтI цIун босун цабзазда тIад гьелъ перец бахараб мехалъ, гьакIкIан кIалгун хутIана ниж.-Огь, гьай, гьанже мадар кканаха,-ян абуна гьелъ, угьун хIухьелги биччан.

Хириял диналъул яцал, гIемер гъваридго, гIатIидго бицинчIого, дица гьанир рачана цIакъго гIадатиял, къойилго гIумруялда дандчIвалел мисалал. Гьел нужедаги дагьал рихьулел ратиларо. Рехун тезе кIоларинги абун, сунтI бай буго яхI гьечIолъи. Жиндирго нафс квегъизе кIоларей чIужугIадан гурони, гьелъие мукIурлъуларо. Цо-цо руччабаз (цIакъ машгьуразги) сунтI балеб буго халкъалда цебе, чIухIдаего гIадин. Гьеб тIибитIизабулелги бичулелги руччаби руго. Рекъон бугищ чIужугIаданалда квешлъи бекьи, гьелъул бачIин жеги загьруяб, заралияб, хIарамаб букIинги лъалаго?!

Гьеб сунтIулеб буго как балезги кIал кколезги. КигIанго иблисалъе мукIурал чагIи гьел рукIине колел. ГIажаиблъизе бачIуна цояб квералъ чIумал, цогидалъ сонтIол патрон ккурал гьезул лъавукълъиялда, загIиплъиялда.

СунтI даруяб жо бугин, гьелъ черхалъе щибго квешаб асар гьабуларин, данде рагъула гьел тIад хабар бицун рагIи абуниги.

        Цересел номеразда, Мала Насрудиница бачунеб «ЩайтIаби хъами» рубрикаялдаги бицен гьабун букIана тамахьуялъул. Ниже бокьун буго хадубккунги гьаб тема цIалдолезгун цадахъ жеги гIатIидго рагьизе. Бокьилаан гьалда хурхун нужерго пикраби загьир гьарурал кагътал, суалал редакциялде ритIани. Хасго гьелде кIвар буссинабизе бокьила руччабаз. Аллагьас киналго диналъул яцазе тавфикъ кьеги иблисалдаса бергьине. Амин.

                                 ПатIимат ГЬИТIИНОВА.


Баяналъул кьучI: Казият "Ассалам". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook