Авторизация

ЩайтIабигун лъалареб, гIадамалгун лъалареб дандчIвай



Цебесеб нухалъ инсуца бицун букIана цеве хъачагълъудаги вукIун вагIзачилъун лъугьарав цо кинавалиго ТIохотIаса ХIаваласул хIакъалъулъ.  Хадуб гьелдасаги тамашаяб лъугьа-бахъиналъул бицана инсуца.


- Хадусеб нухалда ХIавалавгун дун ватIалъана тIохотIисезул лъарахъ ва росулъехун валагьун ана. Эхевераялъ кьаналазул  ва тIомуразул гIорал журалеб бакIалде щваравго, лъикIаланго рукIкIун букIана сверухълъи, - йилан бицине байбихьана инсуца доб лъугьа-бахъиналъул хадусеб.


– Чу букIана дида гъоркь лъикIаб, цо таричIого шагьранух гIадин бахана гIор ва щибго хIал хисичIого свакачIого бахунеб букIана эхеде раялъ ЧIурмутIалъул рахъалде. Кьубурда абураб бакIалде ниж рахаралго ва битIараб нухдасан унаго дир гIинда чIвана гIадамазул гьаркьал ва некIсияб бакъаналда ахIулеб гIадаб кочIол сас. Нусго галул манзилалъ добегIан гIадин рагIулеб букIана гьеб дида. Дие рекIее гIуна гьеб аваданаб къукъа ва бугеб рухIалъ битIараб нухдасан биччана чу. Чу боржунеб букIана накIкIал къотIун боржунеб аэроплан гIадин. МоцIроца гвангъизабураб хаслихълъиялъул сордо, ганчIаздасан бекерулеб чол тIукъбузул гьаракь, лъарал чили ва кисаналиго рагIулеб кечI – гIажаибаб тIабигIияб симфония букIана гIинда чIвалеб.



Кьубурда  абураб бакI тарабго, дуда лъазе ккола доб бакI, цо кIудиял гьечIел свералаби руго дора, 50-I00 метралдасан такрарлъулел. Гьеле гьел свералабаздасан дир чуги гIагарлъулеб букIана дол кечI ахIулел рукIарал гIадамазде аскIобе. Щибаб свериялда нахъасан цIидасан чIвалеб букIана кочIол сас. Биччан чугун дица ахирисеб свери босарабго гIадамазул гьаркьалги доб кочIол сасги, букIинего букIинчIеб гIадин, тIагIана. Сардил сихIкъотIи  ва дир, хIохьел гIоларого свералаби рахъулеб бугеб чол хIалуцун босулеб хIухьлал гьаракь букIана гIинда багъулеб. Чуги чIезабун дун гъоркье рештIана. Кисанха букIине рес букIараб гьадаб кечI-бакъанилан пикруги гьабун, гIенеккун чIана.   Циндаго цо-кIиго минуталъ цебе дица тараб бакIалдаса рагIана добго кочIол гьаракь. Гьелъ дир кара биххизабуна ва квешго хIинкъана дун. Гьениб чIедераб нухги, сверун рорхатал кьурабиги гурони гьечIо. Кинго рес букIинчIо гьеб бакIалда нухда тIадехун яги гъоркьехун гIадамал рукIине. Ратани гьел рукIине кколаан битIун нухда. Нухда рукIаралани дида рихьичIого рукIинеги рес букIинчIо, нух чIедераб букIиналъ ва тIокIаб батIияб нух гьениб гьечIолъиялъ.


КочIол гьаракьги гIадамазул гаргарги тIадеялдаса тIаде цIикIкIунеб букIана. Цо кинабали бицун бажарулареб хIинкъиялъ дугъдан ккуна дун. Гьале дол щайтIабазулги  жундузулги дунял, гIадамаз рукIунин бицарабго дун тIад велъулеб букIараб.  Дун хантIан чоде вахана ва ва биччана гьеб бугеб гьечIеб рухIалъ.  Жеги 50 метраялъул манзилалъги дида рагIулеб букIана кIочIол сас ва щалали лъаларел гIадамазул гаргар. Гьаб дунялалдаса батIалъараб бакIалда, гIалхулал мугIрузда сардилъ кечI-бакъан киса букIине бегьулебали дида бичIчIизабизе бажарулев чиги ватичIо.


ЦIакъ дагьал чагIазда гурони дица бицинеги бицинчIо гьеб лъугьа-бахъиналъул. Дунго гIабдалилан ккелилан. Бицарал чагIазги цо кIудияб гIинго тIамичIо, щайтIабазулилан бицен бугел бакIал ругин гьеб мухъалдайиланги абун тана. Цо-кIиго къоялъги вукIана дун гьеб лъугьа-бахъиналъе магIна балагьулев, щибго дун хадув гIунтIулеб жоги батичIого, хIукму ккана кIочон тезе.

КIочана. Ва дирго ТIохьотIа росдал школалъул директорасул хIалтIуде жувана. ТIаде щвана хасел. КIанцIана цIорой. Дир чIей букIана дирго гьобол ГIабдулагьил хъизамалда. ГIабдулагь вукIана цIакъ гIодове виччарав, яхIалъул хIуби гIадав чи. Жиндирго васасде гIадаб бербалагьи дидеххунги букIана.  Киналго тIохотIиселги дир гьудулзабилъун лъугьана.  Цо хасалил гIодоркъояз хIукму ккана дирго росулъе Салде сапар бухьине.  ХIалтIул къо лъугIигун, гьоболасулгун къо-мех лъикIги гьабун, вахъана нухда.


Декабралъул къо. Бакъанида вахъана ТIохьотIаса ва маркIачIул бер рукIкIунаго кьанадисезул гIорги бахун щвана Кьубурдаян абулеб бакIалде, дол хаслихъе дие щайтIабаз концерт кьурал свералабахъе гIагарлъана. ТIоцебе ракIалдецин щвечIо доб лъугьа-бахъинги, доб кочIол сас дидаго чIвараб бакIалде щвезегIан. Гьеб ракIалде щварабго рекIелъе цо кинабалиго рахIатхвей лъугьана.  Валагьана дицаго тезе кколеб нухалъухъ… ГIажаиблъи… Гьадаб щайтIабаца дие концерт кьураб бакIалда цо киналалиго цIаял руго рекIун. Дир черхалда сири бана.  Нух бакьулъги чIун ургъана, киса хасалил сардилъ, цониги росуцин аскIоса гIебеде гьечIеб бакIалда рукIине рес бугел гьал цIаялищ, фонаралищ, канлъийищ, щибали бичIчIуларел гвангъарал жал. ЛъикI валагьани, гьел рагъарулел ругиланги кколеб буго. ХIасил калам, цо бакIалда чIун гьечIо гьел. Гьел тIагIинегIан гьанив нухда чIун вукIиналъулги магIна гьечIо. ТIадвуссун ТIохьотIеги кин инев? Нухда цIаял ратанилан тIадги вуссун росуго тIад белъанхъиялдаса, хунго лъикI. ХIасилул калам, хIукму гьабуна букIа-бахъайилан битIун щайтIабазул цIаязде тIаде ине. РакIги букIана къватIибе кIанцIиледухъ кьабулеб. Гьел гIагарлъанагIан хIинкъиги букIана цIикIкIунеб. Гьале кIикъоялда анцIго, лъеберго, анцIго метраялъул манзилалда рагъаричIого руго цIаял. ГIагарлъана квер битIун гIунтIулеб бакIалде, цояб тIагIана, цояб рекIун буго. ТIадги гъоркьги кьураби, парсал, гьоркьосан чIедерабго нух, тIокIаб батIияб нухги гьечIо. Гьедин щвана аскIове. БецIлъукь дир беразда цере нухлул рагIалда кIусарав кIиго чиясул сипат пархана. Дидагоцин щиб гьабулеб бугебали бичIчIичIого дица гьаракь гьабуна:


- Леее!!!

- Я ле валлагь!!!, - илан цояс жаваб кьуна ва кIиялго тIаде рахъана. Дун цо бакIалда чIун хутIана ва черхалда цIидасан сири бана хIинкъиялъ. Гьеб бакIалда цояс цIалеб букIараб хъалиманги гIодобе рехун дир квер босана. Гьеб мехалъ рекIеде вачIарав дида бичIчIана кинал цIаял дир берда цере паркъелел рукIаралали ва цояб щай сварабали.

- Мун  Салдаса  ИсмагIил гурищ? Нижер лъебелазул директор…  Дуе ккараб щиб? – илан гьикъана бецIлъукьан цояс. - Гьеб мехалъ дида лъана СанигIортIаса цевего лъалев вукIарав чи. Киралиго ТIомурда хIалтIилел рукIарал гьал кIиялго рукIун руго рокъоре рачIинел. ХIухьбахъиялъе нухлул рагIалда гIодорги чIун хъалиман бухIулел.  Хаслихъе щайтIаби ратарал бакIалда дандчIвазе бегьилищ дидаги дол? Цойги нухалъ ракIалдецин ккелароан нухлул рагIалда хъалиман бухIулел чагIазукьа хIинкъизе ккелилан ва  гьел щайтIаби рукIине бегьилилан. Цо дагьаб хваш-башги гьабун ниж ратIалъана. Гьезда хаслихъе дида гьанир ратаразул бицине дун цо дагьав къана, тIубанго щайтIабийищ гьел гIадамалищали божиги букIинчIо. Долго кучIдул ахIизе жураниян, ракIги лъикI букIинчIо. Ахиралдаги божана гьел гIамал рукIиналдаги, гьелдасаги кутакалда вохана ва вилълъана дирго росулъе валагьун.


Гьале нужее кIиябго лъугьа-бахъин. ТIоцебеселъе гIилла ва баян дида батичIо, щал гьел рукIаралали хутIана балъголъилъун. КIиабилебги гьелдаго релълъараб бугониги, нухда хIухьбахъизе чIарал гIадамал ратана, - янги абун эмен велъана жиндирго лъугьа-бахъиназда тIад.    


Автор: МухIамад БисавгIалиев

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook