Авторизация

РачIа ликбезал рагьизе

 

Дида кIудиял чагIаз бицунеб рагIун букIана, доб хIуригат бахъун хадубила, Совет хIукуматалда цIализе хъвазе лъаларел чагIи рукIине бегьуларилан, чIахIиял чагIи ликбезалдейилан ликпунктазде хьвадулаанила, кодоб кагъат-къаламги ккун. Гьедин чанги жиндирго цIарцин хъвазе лъаларел чагIазда хъвай-цIали малъанилан.

Нусго соналда жаниб тирулеб сверулеб жо букIун буго аб дунял. Гьале гьанже нилъ добго бакIалде щвана. Гьанжеги чара гьечIого къваригIун руго нилъее дол ликбезал. Гуро, хъвай-цIали малъизе гуро. Тарбия кьезе.

Цо-кIиго гIел борчIун ун буго нилъехъа тарбия кьезе ракIалде щвечIого. Гьанже гьеб гIелалъул лъимал руго школазда цIалулел. Эбел-инсул тарбия гьечIолъиялъ, лъималазда гIемераб гIакъуба бихьулеб буго, жалгоги тарбия щвечIел, гьереси бицине, хIалихьалъи гьабизе, рищват босизе, бикъизе нахъе къаларел лъугьунел руго. Эбел-инсуца гьабулеб батараб гурони, лъималаз щибха гьабилеб.

Кинавго чиясул гьечIин тарбияйин абизеги бегьиларо. Руго жидедаса мисал босизеселги чанги. Амма… Эбел-инсуца хвезарулел руго лъимал.

Гьале цо мисал

Гьал къояз нилъер лъимал рукIана ЕГЭ кьолел.

Саламатал эбел-инсуца, Бичас биччани, ЕГЭ кьезе витIулев вуго вас… лъабго телефонги кодобе кьун. 

– Ма, дир вас, дурго бахъани дирабгIаги хутIизе, гьаб дир телефонги босе, - йилан абулеб буго эбелалъ. – Вореха, камераялда вихьулареб гIадаб бакI балагье гIодов чIезе… Дол чагIи тохлъаралго интернеталдасан хъван баче, - йилан малъа-хъваялги гьарулел руго. 

- Ма, щиб кканиги, дир гьаб айфонги босе, интернеталдаса бокьараб жо балагьизе цIакъаб бугин дир аб, - илан инсуцаги бегьулеб буго жиндирго телефон. – КIвараб хIаракат бахъе, дир вас, щиб хIилла гьабунги гьел баллал цIикIкIун щвезе, хадуб нилъеца цо щиб букIаниги ургъилин, - илан ракI-макIги гьабун витIулев вуго вас экзаменалде.

Киналго ракI унтун школалде ракIарарал тухумалъул чагIазги, боркьараб рагъде вас тIовитIулел ругел гIадал гьурмалги гьарун, витIула вас жаниве.

Гьанже ав пакъир, ворчIиладай чIваладайилан щола доб бегьулареб жо цадахъ бугони ахIтIолеб жоялде аскIове. ТIамула гали… бииип! Бахъун чвантинисагун кьола цо телефон пилициялъуласухъе. Цойги нухалъ витIула добго жоялда жанисан ине.  ЯхI гьечIищила нужер, нич гьечIищила, цого бакIалдасан кIиго нухалъ лъимер билълъинабизейилан ахIи-хIур бахъуна эбелалъул… ТIамула гали – биииип! Бахъун бачIуна къватIибе кIиабилеб телефон. ВитIула цойги горсверуде. Гьанже хIехьезего кIоларого лъугьуна эмен ва кинабго тухум-кьибил, щайила лъималазе гIакъуба кьолеб, сверабиги рахъизарун, бетIер сверизабулеб бугила васасул, гьанже кинабгоги нужеца кIочон тезабун, кинилан эс экзамен кьолеб, хвезабунила жидер васасул гIумру...!!!! ТIамула гали – биииииип!

Гьале цойги мисал

ВачIинев вуго цойги эбелалъул маулхIаят ЕГЭ кьезе, черх бациледухъ тIад шпаргалкабиги рухьун. Гьел тIад рухьунаго гьесда малъун буго кин вилълъине кколев, кин гIодов чIезе кколев, кин къулизе ва ворхизе кколев, чан минуталдасан хIажатханаялде ине кколев, кинаб суалалъе жаваб кинаб логода бухьун бугеб, кин гьеб бахъилеб ва хъвалеб…. ГIадан хадув гIунтIулареб гIемееераб халааатаб инструкцияги кьун витIун вачIинев вуго ав лачен экзамен кьезе. АнцIила цо соналда жаниб школалда малъун лъан букIарабали щиб гурин, жиндирго цIар кIочон тун буго ав пакъирасда, гьеб жинда тIад бугеб бакIаб ва захIматаб жавабчилъиялъ. ЦIалдохъанасул хIинкъадго рахъ-рахъалде речIчIулел бераздалъун, тIеркIолеб кIалалдалъун ва сородулеб тIилгIараб черхалдалъун бокьарав чиясда бичIчIулеб буго лъикIаб гуреб жоялъе ав ургъулев вукIин.

ВукIаниги, цIалдохъанасда квер хъвазе ихтиярги гьечIелъул, берцинго гIодов чIола ав столалалда нахъа. ЦIцIараб заманалдасан вахъуна нилъер бахIарчи хIажатханалдейилан… бала лъабго сагIат, кверал тIуртIудун суал цIалун бажаруларого ва кинаб логода жаваб бухьун бугебали ракIалде щоларого. КIвараб-лъараб жоги хъван, ракI рекIеде бачIунарого, кивехун унев вугевали лъаларого къватIиве вачIинев вугев цIалдохъанасде полициялъулас «Ле!» - илан гьаракь гьабула ва гьев чвархъан гIодов ккола. Лъималазул нервабиги чармил рукIунарелъулха.

Гьеле. Щиб дарсха кIудияз гьел лъималазе кьураб?

РачIа ликбезал рагьизе…


Автор: Баху Мух1идинова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий
Валлагь цо-цо кӀудиязеги эб рагьани лъикӏ


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook