Авторизация

Нилъер умумуца, кьураби гIанлъун, МагIаруллъиялъе рагьараб гордо


ЖамагIаталъул газа


Нилъер умумуца, кьураби гIанлъун,

МагIаруллъиялъе рагьараб гордо


Бузна: «гIумрудул нухдаса» сапаралъул очерк


Араб анкьалъул ахиралда Дагъистаналъул къалмил устарзабазда, жамгIиял хIаракатчагIазда ва ишалъулал гIадамазда цадахъ «Миллат» басмаялъул вакиласги сапар бухьана умумузго бахъараб Бузнасан нух цIигьабулеб бакIалде. Гьеб машгьураб тарихияб нух чIаго гьабизе байбихьана 2014 соналда. ЧIикIаса Авар ва ГIанди гIорал журалеб бакIалде щвезегIан бугеб 30 километралъул 17 гьабун лъугIун бугилан бицана нухда хIалтIулез. Дагъистаниязе цIакъ хIажатаб гьеб нух лъугIи бараб буго гIадамазул сахавалъиялда, кьолеб садакъаялда. Ваамма, Бузна нух бахъи ва гьениб хъил тIей пачалихъалъ тIаде босулеб букIарабани, гьеб ккелаан халкъалъул ургъел гьабилъун ва Дагъистан цебетIезабиялъе квербакъулеб  ишлъун, хIужалъун.


Свераби дагьаб, къокъаб…


Нухал рахъи ккола бокьараб улка-ракь цебетIеялъе чара гьечIеб жо. НекIсияб Рималъул къуват, шавкат бергьана, саламатал ва гIатIидал, гIурулханаз ва ганчIаз рокъарал нухал рукIиналдалъунги.


Бузна нух цIигьабизе лъугьарал хIаракатчагIазда гьоркьов бищунго жигарав ккола Болъихъ росулъа бакIал ралев чи, жамагIатчи МухIамадкамил Дибиров (нухлуе квербакъизе бокьарал гIадамал гьесухъе кIалъазе бегьула гьаб номералда: 8928-595-29-76). Гьесул бижана тIоцебе пикру АхIулгохIда гъоркьан нух бахъиялъулги. Араб гIасруялъул ахиралдаго гьеб суал гьес дандбан букIун буго диниял церехъабазда, Кьохъа СултIанмухIамад-хIажиясда ва цоги гIалимзабазда. Гьезул изнуялдалъун, байбихьана къокъаб, санагIатаб нух АхIулгохIда гъоркьан гьабизе, гIешдерил рохьаздасан ругел халатал ва авариял гIемерал сверабаздасан хьвадизе ккечIо бащдаб миллионгIан магIарулал. Чанги гIумру хвасарлъана, нухда холеб цIатари ва заман дагьлъана, республикаялъул экономикаялъе кIудияб пайда ккана.


Гьединабго кIудияб кIваралъул хIалтIи ккола Бузнасан нух цIигьабиги. Гьеб нухлул 30 километр бахъулеб буго чIикIасезул, ахакьезул, хъаранисезул ва гендерил ракьалдасан. Цебе нух Ишкартисан Темир-Хан-Шурабе (гьанжесеб Буйнакск) унеб букIараб батани, гьанже, эхедерегIелал ккечIого рукIине, битIахъе ЧIикIабе бахъулеб буго. ЧIикIаб ГЭСалъул ралъдал рагIал чIван, гьабулеб буго гьеб нух. Дибировас абуна, квешал свераби гьечIого, кIудиял эхедерегIелал течIого, бигьаго транспорт хьвадулеб куцалда шагьра гьаби бугин жидер мурадилан.


Нухал гьари ккола пачалихъияб кIваралъул иш. Байкалалъулгун Амуралъул нух (БАМ) бахъана, тIубараб улкаго хIалтIун. ГIемерал сонал уна, гьединал чIахIиял проектал гIумруялде рахъинарулаго. Халатаб манзил гьечIониги, захIматаб буго Бузнасан нух цIигьабулеб бакI. Гьенир руго мугIрул, согIал кьураби, гIорал… Щибаб метр гьаниб цIакъ хираго чIола. Бульдозерал, экскаваторал, грейдерал, КамАЗал ва цоги техника къойил хIалтIизе ккани, хIажалъула гIемерал тоннаби соляркаялъул, цIатариялъул. Гьелда тIадеги, хIалтIухъабазе кьезе ккола харж, квен, гIуцIизе ккола мадарал шартIал. Гьеб кинабго хIаракаталъул гьир баччулеб буго щуябго соналъ гIадатиял гIадамаз, нилъеца садакъаде кьурал гъурщаз. Цебесеб нухалда гьанире щведал, «Миллат» ва «Гумбет» басмабазул вакилзабазда Дибировас абун букIана гIемерисеб техника «ЧиркейГЭСстрой» гIуцIиялъул бетIерлъун вукIарав, бакълъулазул мухъалъул ЦIиликьа МухIидин МухIидиновас кьунилан. Гьединал рес бугел гIадамазда кIвелаан жеги цIикIкIун кверчIвай гьабизе гьаб баракатаб иш цебетIеялъе.


«Билълъунеб садакъа»


ГIалимзабаз, дибирзабаз нилъее баян гьабула нух бахъиялъул бугеб кIудияб даража, Аллагьасда цебе гьеб хIалтIухъ букIунеб тIадегIанлъи ва кири. Инсан хун хадубги гьесие пайдаялъе батулеб «билълъунеб садакъалъун» («садакъатул жарият») ккола нухда гьабураб хIалтIи, гьеб ишалъе риччарал сурсатал, гьабураб кверчIай. Гьединлъидалин Дагъистаналъул Муфтияталъ бачIинахъего Бузнасан нух цIигьабун рагьиялъул рахъккураб ва гьеб хIаракаталъе кидагосеб кверчIвай гьабулеб бугеб. Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад Апандиясул хитIабалъухъ гIинтIамун, гIемерал гIадамаз садакъа кьуна Бузна нух къачIаялъе. Шагьаразул, мухъазул ва росабазул имамзабаз вагIзаби гьаруна, гьеб баракатаб ишалъе хIалкIвараб кумек гьабеян. Нухлуе квербакъиялъулъ хасго кIудияб гIахьаллъи гьабуна магIарулаз гIумру гьабулеб 15 районалъ. Гьанже, хIалтIул 70 процент рагIалде бахъиндал, байбихьараб иш лъугIизабизеги тавпикь кьеги нилъее. Амин.

ГIадада гуро нилъер халкъалъул аби бугеб жамагIаталъул газа кьурдаги рекIунилан. Нилъер умумузул газа Бузна кьурда рекIун буго, гьездасан мисал босун, гьезул нух ккун, нилъги унел руго.


 «Гендерил тоннель бахъизе биччараб гIарцухъ дица Гьарадирихъе маххул нух лъелаан»


ГIетI тIун гьабураб хIалтIул хIасил бихьизе бокьула гIадамазе. Амма дунялалда чанги иш гIадада ккана, щибго пайда босичIого, заманалъул хIурги тIад щущан. ЦIадаса ХIамзатица хъвана гIурдада тIад лъураб кьоялъул, цIулал гьабураб гIарадаялъул ва цоги чIалгIаде ккарал ишазул, проектазул хIакъалъулъ. Мунагьал чураяв Сугъралъа ХIамзат ХIамзатовас цIакъ гIемерал пайдаял, нахъе хутIулел ишал гьаруна. Амма гьесул хIаракаталдалъун бахъараб ТIаса Жунгут – ГIаймаки нухалдаса гIадамаз пайда босулеб гьечIо. Гьенисан цониги нухалъ арав чи ватани, нижехъе кIалъазе бокьилаан. Гьал мухъазул автор ун вукIана гьенисан цо нухалда. ГIатIидаб шагьра буго, амма эхедерегIелал гIемер ругоан. Божарав вуго Бузнасан нух бахъун рагIалде щведал (иншааллагь), гьеб киданиги чIобого хутIиларилан. Пайда щиб, доб нухде рехарал сурсатал гьанир хIалтIизаризе рукIаралани, цебего бигьаяб ва квегIенаб шагьра букIинаан МагIарухъе.


МухIамадкамил Дибировасулгун гьединго хабар ккана Гендерил тоннелалда нилъер пачалихъалъ хвезабурабщинаб гIарцулги. Бахъун лъугIараб тоннель къачIазецин 10 миллиард гъурущ биччана хIукуматалъ. Гьединаб бюджет букIарабани, кин ва кигIан заманалде дуца Бузнасан нух лъугIизабилаанилан абураб суалалъе Дибировас гьадинаб жаваб кьуна: «Гендерил тоннелалъе биччараб гIанасеб гIарцухъ дица МахIачхъалаялдаса Гьарадирихъ росулъе маххул нух лъолаан», – илан. ХIакъикъаталдаги хIукумат буго гIемераз бечIчIулеб ва захIматго гурони шура-хъуризе бажарулареб жо. Бузнасан нухалъул цохIо проект бахъаралъухъ унаан миллионал. Гьел киналго харжалги гьаричIого, жинцаго мухьцин босичIого, гьеб умумузул нух цIигьабулев вуго Дибиров. Гьесие хIалае чIун вуго Дагъистаналъул ХIукуматалъул нухмалъулесул тIоцевесев заместительлъун хIалтIарав, вацIцIалъиялъул рахъалъ гIадамазда лъалев Гьонодаса Набиюла МухIамадовги цоги хIаракатчагIиги.


Щобал кIкIалабахъе цун…


Бузнасан нух бахъиялъул хIакъалъулъ къасидат хъвана XX къарнуялъул авалалда шагIир, гIалим, философ Игьалиса Чупалас. Гьеб нух буго магIарулазул тарихалъулъе ва адабияталъулъе араб шагьра. РакIалда буго лъимерлъуда кIудаинсуца ва кIудаэбелалъ гьеб нухлул къисаби рицунел рукIараб куц. Къалмиде босизе мустахIикъаб гIемер бице-кицен буго гьеб шагьраялда сверухъ.


Исанасеб 2018 соналъул хасалихъе, октябрь моцIалъул бакьулъ Бузна нух цIигьабулеб бакIалде щвана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул цолъиялъул нухмалъулев, халкъияв шагIир МухIамад АхIмадов, жамгIияв хIаракатчи, Шамил имамасул хIакъалъулъ хъварал ва цоги анцI-анцI тIахьазул автор, Дагъистаналъул халкъияв шагIир МухIамад ХIамзаев, Дагъистаналъул мустахIикъав артист ХирамухIамад ХирамухIамадов ва цогидалги. Нухда гьабулеб бугеб хIалтIул бицине гьеб къоялъ гьенире щвана жамгIиял хIаракатчагIи МухIамадкамил Дибиров ва Набиюла МухIамадов.


Бузнасан бахъулеб бугеб нухлул бакьулъ кIудиял хIалтIаби гьарун руго. 8-12 метралъул гIеблъиялъул шагьра бахъун буго. ГIанди ва Авар гIорал журалеб бакIалде щвезе 4-5 километр хутIун бугилан бицана Дибировас. Гьенир руго чIахIиял, согIал кьураби. Гьел кьвагьизариялъул хIалтIабиги жеги цере руго.


Нухлул рагIалда буго цересел соназ щалали лъазе кIвечIел чагIаз бухIараб кIудияб экскаваторалъул хутIелги. Микьго миллион гъурщил багьаяб техника букIун буго гьеб. Кумекни гьабиларин, зарал гьабулелги камулел гьечIо цо-цо.


Гьанже аслияб къуват рехун буго ЧIикIаса Бузна колоде щвезегIан нух бахъиялде. Гьенир руго гьоркьохъел кIкIалал ва щобал. Бульдозераз ва экскаватораз щобал кIкIалабазда жанире цун, битIараб шагьра гьабулеб буго гьениб.


Бузнасан нух бахъун лъугIидал, гьеб пачалихъалъ къайимлъиялде, балансалде босиялда ракIчIун бугоан МухIамадкамил Дибировасул. Нухде хъил тIей гIемераб гIарац биччалеб ва гьеб иш гьабулезе хайираб жо бугилан абуна. Авар гIоралдасан жидеца кьо лъезе бугилан рагIи кьурал гIадамалги руго. Гьанже хутIун буго жамагIаталъул газа жеги таваккалалда ва къуваталда кьурабалъ кьабизе… Цинги нилъее щвела битIараб, къокъаб, гIазу-цIер гIемер чIолареб, санагIатаб, умумузулго букIараб бакIалдасан бахъараб, тарихияб Бузнасан нух. Тавпикъ кьеги, квер рекIаги, баракат лъеги!


Бузна нухде щведал, тIирщарал дагьалго мухъалги кьолел руго макъалаялъул ахиралда.


Дица Бузна нухда гали тIамуна…


Дица Бузна нухда гали тIамуна –

Нилъер тарихалде нуцIа къирана.

ЦIумал роржанхъулел кьураби хъвалхьун,

МагIарухъе каву ричIана гьаниб.


Дунялго хIайранаб Сулахъалъул кIкIал,

Хъудулел гIораца рорлъарал мугIрул…

Нилъер умумуца, кьураби гIанлъун,

МагIаруллъиялъе рагьараб гордо.


Гьанисан къокъана аза-азар чи,

Чуязда, оцазда къайигун гьакал.

МагIаруллъиялъул рекIелъе би кьун,

ХIалтIулеб букIана нух бидурихьлъун.


Гьанисан унаго, цере паркъула

КъваркIарал, лебалал нилъер умумул.

Сардилъ богол къватIлъун кьурул сиртазда

Бузнасан нух буго цебе тIибитIун.


НекIсиял нухлулаз хIалхьи гьабизе

Рорхарал минаби – чIвадназде сверун.

Гьезул чIунтелазда тIаде къулидал,

Цебесеб чIаголъи бачIуна цебе.


Бузна – умумузул къеркьеялъул нугI,

Бузна – гьунаралъе эхетараб си,

РекIкIарал ганчIазул гьарурал къадал

Жакъаги рихьула нухлул рагIалда.


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +28
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook