Авторизация

ГIолилазул гIадлу хвани, жамагIат чIунтула

ЦIакъго лъикIаб яги квешаб ишалъул бицине бокьараб мехалъ рагIаби гIоларого рукIуна. Гьединаб заманалъ хIалтIизарула нилъерго «БАРКАЛА» яги «НАГIАНА БАТАГИ» къокъал рагIаби. КIудияб баркалаялъе мустахIикъаб, дунялалъеги ахираталъеги пайдаяб хIалтIи гьабулеб буго «Шамил районалъул гIолилал» гIуцIиялъ. Гьезул тIолабго хIаракатчилъи буго  «НАГIАНА БАТАГИ» ян абулеб квешабщиналда данде буссараб, гьелдаса гIолилал хвасарлъиялде рачунеб. ГIемерал сонал рукIана гIолилаз хIадурараб цо магIна-гIин бугеб тадбир бихьичIого. Араб рузман къоялъ  гьеб гIолилазул  гIуцIиялъ  Ругъелда хIадурараб лъикIаб тадбиралда гIахьаллъизе рес щвана диеги. 

  Ругъелда школа-интернаталъул цIалдохъабигун гьезул эбел-эмен, мугIалимзабигун росдал жамагIатчи ракIарун рукIана росдал культураялъул рокъоре.  Багьавудинил МухIамадин абулев Сомодаса васас кутакалда берцинго нухда бачана гьеб тадбир.. РабигIуль аваль моцI баркун, Къуръаналъул аят, нилъер аварагасул с.гI.в. бицунеб мавлид  цIалун байбихьи лъуна къелдерил гIолохъабаз тадбиралъе.

«Шамил районалъул гIолилал» гIуцIиялъул нухмалъулев Суракъат Вагьабиловас тартибалда бицана жидецаго гьабураб ва гьабизе хIисабалде босараб хIалтIул, гьелъ кьолеб хIасилалъул.  Гьеб букIинчIо чIобогояб хабар, Суракъатица бицунелда цадахъ бихьизабуна кинабго гьабуралъул  видеоматериалги: районалъул студентазулгун хIалтIи, зияратазде цадахъ хьвади, гIолилал гъункизари, Россиялъулго даражаялда тIоритIулел къецазда гIахьаллъи, "Мащук"алда бергьенлъи, гьелдаса бугеб цебетIей, чIор биччазе куцай, гьелъул ва чанги батIияб спорталъул къецал, бергьенлъаби. ГурхIел-рахIмуялъул тадбирал, МахIачхъалаялъул къватIал рацIцIи, харабазулгун дандчIваял, хварал ракIалдещвезари..  ХIасилул калам, валлагьги БАРКАЛА гIолохъабазе!!!

 Бегьилаан гьеб районалдагоги росабалъги гьабизе. Кинабго буго цIияб гIел балагьаздаса цIуниялъе, гьезул гIакълу цIубаялъе, сахлъи цIуниялъе ургъараб.

ГIолохъабаз бицана Спайс, Насвай, энергетические напитки-ян абулел жал магIарухъгицин тIиритIун рукIиналъул. Мисалалги рачун бицана гьез черхалда ккезабулел унтабазул, гьез гьабулеб кIудияб заралалъул.

Лъабго сагIаталдасаги цIикIкIун заманалъ халатбахъараб гьеб тадбиралда рукIана лъикIал кIалъаял, насихIатал. Гьел киналго халкъалдаго рагIизе мустахIикъалги рукIана. Гьанир къокъго цо-цо пикраби кьун тела.

Аюб-хIажи, Ругъелда росдал имам: - Гьадинал мажлисал гьаризе рес букIиналъе щукру гьабизе ккола нилъеца. Бергьун кIудияб пайда буго «Шамил районалъул гIолилал» гIуцIиялъ гьабулеб хIалтIул. Бегавуласеги имамасеги буго гьезул хIаракатчилъиялъул кумек. ГIолохъанлъи-гьеб буго жамагIаталъул къуват, нилъер букIинесеб. ГIолилазул гIадлу хвани жамагIат чIунтула. ГIолохъабазул бахIарчилъиялъ, иманалъ цIунула жамагIаталъул парахалъи, магIна. Гьезул магIна хвани жамагIатги биххула.. Сверухъ ругелщинал рекIелгъеязде рикьичIого гIолохъабаз дагьал соназ яхI бахъани гIакълу цIубала. КIудияв чияс малъараб лъикIаб босе, квеш букIунге.

Лъималазул хьвада-чIвадиялда хадуб эбел – инсул бербалагьи цIикIкIинабичIого бегьулареб заман буго гьаб. МугIалимзабаз кьураб гIадлуялдаги эбел-эмен разилъизе ккела.

Кир ругониги исламалда щулаго къвал бай. Светский цIалиги гьабизе ккола. Имам бугев чи щиб хъулухъалда вугониги халкъалъе пайдаяв вуго.

Кутакалда рекIее гIуна къелдерил гIолилазул цевехъан МухIамад  ГIалиевас школлъималаздехун вуссун социалиял гIузрабаздаса цIуниялъе гьабураб малъа-хъваялъулаб кIалъай. Гьес бицана ДРялъул гIолилазул министерствоялъ терроризмалда ва наркоманиялда данде къеркьеялъе гьабулеб хIалтIул, гIолилазул пагьму-гьунар, лъайгун гIакълу цIубаялъе ругел проектазул, гьез кьолел ресазул.

 

«Спайс», «насвай», «отвертка», «адреналин» гIадал рекIеде хIал кколеб, рак унти кколеб, хехго ругьунлъулеб ва тезе кIолареб гьуинаб загьруялъул мухIканаб баян кьуна  

къелдерил больницаялъул бетIерав тохтур НигIматула МухIамадовас.

 

ГIолилазул цевехъан Ругъелдаса Зайнулабидов Шамилица гIолилал ахIана спорталде цIикIкIун кIвар кьезе. ЧIахIияздаги гьарана гьес гIатIидал спорталъул тадбирал тIоритIизе квербакъеян.  Гьединго Шамилица тIадчIей гьабуна шагьаразда цIалулел гIолилал ва росуцоял гъункизариялъул, цоцазулгун бухьен щулагьабиялъул суалалдаги.

РайОНОялъул нухмалъулесул заместитель Ильяс ХIусеновас бицана тарбия-лъаялъул бутIаялда кIвар кьезе ккарал рахъазул. ЛъикIаб къимат кьуна Ругъелда школалъул цIалдохъабаз олимпиадабазда бихьизабулеб хIаракатчилъиялъе. Эбел-эмен ахIана лъималазул тарбия-лъаялде цIикIкIун кIвар кьезе. Баркала кьуна «Молодежь Шамильского района» гIуцIиялъе.

Гьединабго магIнаялъул лъикIал кIалъаял рукIана Ругъелда школалъул директор МухIамад ТIайгибовасул ва мугIалим МухIамад ГъазимухIамадовасул.

«Шамил районалъул гIолилал» гIуцIиялъул интеллектуалиял хIаязул жаваб кьолев МухIамадгIарифил хIаракаталдалъул гьенирго 8,9, 10,11 классазул цIалдохъабазда гьоркьоб тIобитIана брейн-ринг хIай . Исламалъул географиялъул, историялъул суалалаздаса гIуцIараб хIаялъулъ гъираялда гIахьаллъана школлъималги  гьезул эбел-эменги. Залалда гIодорчIаралъуса байбихьул классазул  лъималцин рукIана жаваб кьезе чIоларого. ЦIакъ чIагоял хIаяздаса хадуб тIоцебесеб бакI босана 10абилеб классалъ, кIиабилеб бакI щвана 8-абилеб классалъул цIалдохъабазе.

Гьенибго «Шамил районалъул гIолилал» гIуцIиялъ чIорбутI биччаялъе хIажатабщинаб бугеб комплектги сайгъат гьабуна Ругъелда школалда гIуцIараб кружокалъе. Гьединго гьез баркалаялъул кагъталги сайгъаталги кьуна цIалулъ ва спорталъулъ тIокIлъи бихьизабурал цIалдохъабазе. Районалъул имамасул кодоса гьезул щивасе сайгъатлъун щвана «ЛъикIал тIабигIатазул ах» абураб къиматаб тIехьги.

Имамасул малъиял

Районалъул имам Сиражудин АхIмадовас РаббигIуль аваль моцIги баркун бицана гьелъул хиралъиялъул, киналго ахIана аварагасул гIумру, нух лъазабиялде.

 -Щукру  исламияб диналда, дунялалда бищун парахатго, эркенго дин гьабизе рес бугелъухъ. Баркала буго «Шамил районалъул гIолилал» гIуцIиялъул гIолохъабазе, щибго харж гьечIого гьабулеб гьаб кIудияб хIалтIиялъухъ. Квешлъи гьабурасе лъикIлъи гьабулаан нилъер аварагас. Нилъер гьелъие имамги сабруги гIолеб гьечIо. Квешлъи гьабурасе лъикIаб дугIа гьабе. ГIумруялда жаниб I8 соналъги цIалула светский лъай босулаго, щивав чияс лъабго сонниги кьезе ккола ахираталъе гIоло цIалиялъе. Росулъ рукIаго имам щула гьабе лъималазулъ. Адаб сундулъго букIине ккола. Ясал, кире кканиги сундулъго рукIа  адаб цIунараллъун. ШаргIалда рекъон рукIа балагьаздаса цIуниялъе! Насфай гIадал жал  тIиритIизарула нилъер тушбабаца, тушбабазе бокьухъе рукIунге! Вагьабиялгун дагIбадуге, гьездаса тIуре, гъалбацIалдаса гIадин. БацIцIадаб гIелму лъазабе, гIамал гьабе нилъго цIунизе…

Тадбиралъул ахиралда кIалъалаго къелдерил бегавул ГьитIиномухIамад ГьитIиномухIамадовас баркала кьуна «Шамил районалъул гIолилал» гIуцIиялъе, малъа-хъвай гьабуна цIияб гIелалъе: -  Жакъа нилъеда бихьулеб буго дунялалда бусурбабазда бугеб зулму. Нилъее кIудияб эркенлъи буго бокьухъе нилъерго диналда, магIишаталда рукIине. ЦIар бусурбанчиясул гIамал капурасул бугони нилъедеги рещтIуна долго балагьал. Эбел - эменги лъималазул тIалабалда рукIине ккола даимго.ГIицIго мугIалимзабазде рехун тезе бегьиларо тарбия-лъай кьеялъул хIалтIи.

 Гьединго бегавулас бицана жидерго росабазул гIолилазе санагIалъиялъе гьарурал спорталъул площадкабазул, гьабизе хIисабалде босаралъул.

 


Баяналъул кьучI: Казият "Цолъи". Шамил мухъ

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий
Аллагь разилъаги,гьездаса амма цого жо ч1амун жо кколаро


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook