Авторизация

Гьан махIцани, цIам бала, цIамги махIцани, щибдай балеб?


ЦIалдолезул пикраби


Гьан махIцани, цIам бала, цIамги махIцани, щибдай балеб?


Судазулгун банказул бада-гъудур


ХIурматиял редакциялъул хIалтIухъаби ва газета цIалулел! Нужецаго кье къимат гьаб макъалаялда бицунеб бугеб «гIадлу-низамалъе». ХъахIав пачаясул хъулухъчагIазул зулму къватIиб чIвазабулаан советияб заманалда, гьеб ритIухълъи гьечIолъи тIегьалеб букIанин гьаб лозунгалда гъоркь: «Закон – дие бокьанщинаб, зар – дир полиция» («Закон - мое желание, кулак – моя полиция»). Гьединабго гIала-гъважа буго гьанжеги Россиялда.


Сундалъунха тIолабго пачалихъалдаги, гьединго районаздаги росабалъги гьаб гIадлу гьечIолъи бижараб? Закон чучлъиялъ. Гьелъ цIикIкIунел руго гIадамаз жидецаго диванал къотIиялъул хIужабиги (самосуд).


Ахирал соназда Россиялда судазул хIалтIулъ хиса-басиял гьаруна. Бижун буго кIиго батIияб суд: федералиябги мировойги. Судазул хIалтIуда хадуб хъаравуллъи кквезе, гьелъул халгьабизе лъилниги ихтияр гьечIо, жалго судазул гурони. Масала, мировой судалда тIасан гIарза гьебго гIуцIиялде хъвазе ккола.


М. Ю. Айрапетянил кквезе гIоркь гьечIел «гIиллаби»


1978 соналда нижер райцентр БежтIа ЦСК № 7888 кассаялда лъураб гIарац букIана дир. БежтIа хIалтIулевги вукIун, гьенибго тун букIана гьеб магIишат.1991 соналъул 12 августалда райцентралдаса дирго Мокъокъ росулъе хIалтIизе вачIиндал, цIияб счетги рагьун, гьениб бугеб филиалалде рехана гIарац. 1978 соналъ кьураб сберкнижка нахъеги босун (отчеталда лъезе), дихъе кьуна «переводная бланка», гьелда рекъон гьеб филиалалда дие цIияб сберкнижка хъвазе. Гьеб цIияб книжкаялдайин абуни, «внесено» гуреб, «зачислено»  абун хъван батана. Гьелда бихьизабураб гIарцул къадарги  - 6200 гъурущ. Гьеб буголъи тIалаб гьабун, гьелда хадув лъугьун микьго сон ана, гIарац кьечIого, гьеб кквезе кIолеб щибго гIиллаги гьечIого, кквезе гIоркь гьечIел «гIиллабиги» цере ран. Гьеб цIацIа-рахъаялъе гIайибиязул цояв ккола 8590-абилеб ОСБялъул (отделение Сберегательного банка) нухмалъулев М. Ю. Айрапетян.


ТIину тIураб чирмакъалийищ Сбербанк?


Гьаб макъала хъвазе дун тIамуна Сбербанкалъул ва гьелъул хIалтIухъабазул хъантIиялъ, яхI-намус гьечIолъиялъ тату хвезабун. Цебесеб гIарац цIунулеб сберкасса букIана цIакъго гIадамазе санагIатаб гIуцIи. Гьанже гьаз Сбербанкилан лъун буго жидедего цIар, амма тIину тIураб сбербочкаян, чирмакъалиян лъуни, рекъарабги битIарабги букIинаан.


Банказдехун бухьен гьабизе, гьениб гIарац цIунизе кIудияб ресги дир букIинчIо, лъимал-хъизан хьихьизе кколаан. Мокъокъ росулъ тукенги рагьилин, 1978 соналда райпоялъе мина бичана дица. Гьелъухъ Дагъпотребсоюзалъ дир цIаралда битIараб гIарац № 7888 центрсберкассаялда БежтIа букIана 1991 соналде щвезегIан. Цебеккун бицухъе, росулъе вахъиндал, гьеб буголъи Мокъокъиб бугеб филиалалде рехизабуна.


1995 соналъул анцIабилеб маялда Россиялъул ХIукуматалъул №73 хIукму бачIана, 1991 соналде щвезегIан кассабахъ букIараб гIарац бецIизе, гьелъухъ компенсация кьезе бихьизабураб. «Приватизациядай» гьеб сберкассаялъулги гьабураб? ГIарцул бетIергьабаздаги (вкладчиказда) цIехечIого, балъго къана Дагъистаналъул мугIрузул районазда гьел сберкассаби. ИчIго районалъе Сбербанкалъул цо филиалалги рагьун, Хьаргабире рехун руго нижер гъурщал.


ГIарац босизеян 2002 соналъул 13 маялда сапар бухьана Хьаргабибе. Пасатаб ва пашманаб сипат-сурат бугоан гьениб.  Рагьда ратана скамейкабаздаги харда регунги рахъунги гIарац босизе рачIарал мугIрузул районаздаса хараби – бихьиналги руччабиги. Сбербанкалъул минаялда жаниве ана: нуцIихъе щвезегIан иргаялда чIарал гIадамазул читIир бугоан. Гордухъги ваккун, абуна МахIачхъалаялде унев дихъ балагьун цIураб маршрутка бугилан. Банкалъул хIалтIухъабаз ирга бихьизабуна. Цо хералда гьикъана киса, кида гьание ячIарайилан. ЛъаратIаса йигила, иргаялда чIун лъабабилеб къоги бугила. Хабар тун нахъе ана дун.


Риларал сберкнижкаби, тIадбуссинабичIеб гIарац


2003 соналъул лъабабилеб марталда ана Сбербанкалъул МахIачхъалаялда бугеб офисалде. Хьаргабиса МахIачхъалаялде гIарац рехизеян кьуна кIиго сберкнижка. БежтIаса Мокъокъибе рехулеб гIарац дица лъун букIана «хехаб вклад» гьабун, доб заманалда ахIи букIана лъабго соналъ гьедин «хехаб вклад» гьабуразе лъагIалие анцIго процент тIаде кьезе бугилан. Гьеб хабарги гьересияб батана. № 079173 сберкнижкаялде гIарац рехиялъе аслияб гIилла гьел процентал щвезе хьул букIана. КIиабилеб №494 сберкнижкаялда гIадатиял вкладал рукIана – кIинусго гъурущ. Кинабго гIарац МахIачхъалаялде рехеян кIиябго сберкнижка гьенибе кьуна.


Щуго сон ун хадуб кодоре щвана книжкаби, Хьаргабиса МахIачхъалаялде гIарац бачIун батичIо, гьеб рехичIолъиялъе гIиллаги лъачIо. КигIан хъвадараниги, гIарзахъданиги, жавабги бачIинчIо. ОСБялъул нухмалъулесул заместитель Къурбановас 2008 соналда ралагьана дир гьел книжкаби. Сбербанкалдаса гIарац тIалаб гьабуна дица. Гьелъул хIалтIухъабаз инкар гьабулеб буго, дир басрияб сберкнижка гьечIила, компенсация кьеялъул хIукму 1991 соналъул анцIабилеб маялда къабул гьабунила, дур гIарац гьелдаса хадуб лъураб бугилан. 1978 соналдаго БежтIа сберкассаялда лъураб гIарац 1991 соналъул 20 июналда Мокъокъибе дица рехизабунилан, щибго кьучI гьечIеб багьанаги «кьолон», гIарац тIадбуссинабулеб гьечIо Сбербанкалъ.


ГIадамазул вкладал (гIарац) думалъго тIагIинабизе, гьезухъе кьунгутIизе анищ букIун буго Сбербанкалъул кверги ишги мекъал цо-цо хIалтIухъабазул. Гьезда тIасан гIарзал хъварал кагътал ритIун гIезегIан магIишатги хвана дир, гьеб хIаракатги гIадада букIун буго. ГIадан божуларел «далилалги» рехсон, дир гIарац тIадбуссинабизе инкар гьабурал жавабал ритIун рачIана дихъе.


Диванбегал абула…


Гьанже бицинин судазулгун букIараб бада-гъудуралъул ва гьезда данде гьабизе ккараб  хIасил кьечIеб къеркьеялъул. ДиваналдасангIаги ритIухълъи бергьинабизе бажаруларищали 2008 соналъул марталда МахIачхъалаялъул Советский мировой судалде ана гIарзаги босун. Судья Р. СултIановас абухъе, цIияб гIарза хъвана (гIарац щвеялъул гуреб, «утверждение факта перевода вклада»).  ГIарза хисиялда бан, мировой судьяясул ихтияр батичIо гьеб делоялъул халгьабизе. 2008 соналъул анцIабилеб июналда Советский федералияб судалде битIана гIарза. Гьениб халгьабидал, гьеб №33-2488 дело ЦIунтIа федералияб судалде балагьизабуна. Доваги дун бергьана.


Цинги 2009 соналъул марталда щвана гIарац босилин абун Сбербанкалде. Гьез испольнительнияб тIамач тIалаб гьабуна, дица судалъул хIукму гурони цадахъ босун букIинчIо. Гьениб къотIи ккана мировой судиясухъе ине. Амма дие гъураб къор букIун буго гьеб. Дун гьесухъе щвелелде гьение ячIун ятана Сбербанкалъул юрист Мурадалиева.  Гьелъ «хIадур гьавурав» мировой судияс хIукму гьабулеб буго «дир делоялъул 2009 соналъул анлъабилеб маялда халгьабизе». Тамашалъун хутIана дун: лъагIелалъ цебего федералияб судалъ хIукмуги гьабун буго, гьанже дица гIарзаго хъвачIого кин цIидасанги диван къотIулеб? Гьединаб «хIикмат» тIатана гьев диванбегасдаса. № 2-75/2009 делоги рагьун, дир кинабгIаги гIарац (вклад) букIинчIилан хIукму гьабуна. Архивалдаги хъирщардун, 2008 соналъ бегьичIеб дир тIоцебесеб гIарза босун буго дело гьабиялъе кьочIое.


 Федералияб судалъул хIукму кодоб бугелъул, кIварго кьечIого тун букIана. Гьеб хIукмуялъул испольнительнияб тIамачгун щвана Сбербанкалде, кьоларо гIарац, мировой судалъул хIукмуялда хъван бугила дур мулк гьаниб гьечIилан абун. 1978 соналда сберкассаялда гIарац лъолелъул рукIарал документал рихьизаруна. МукIурлъуларо. Гьеб 1978 соналда кьураб сберкнижка архивалда балагьеян абуна. Я жидецаго балагьуларо, я дие изну кьоларо. ТIубанго данде чIана. ДРялъул МВДялъул УБОПалъги Сбербанкалъул хъулухъчагIазе бокьухъе гьабуна. Гьелдаса хадуб ункъго-щуго нухалъ гIарз бахъана, киналго судияз дун къезавуна, Сбербанкалъул рахъккуна: судиял А.В. Магадовалъ (2009 соналъул щуабилеб октябралда гьабураб хIукму), И. А. Гончаровас (2010 сон, 30 декабрь), Н. К. Гомленкоца (2011 сон, анлъабилеб май), ГIалимирзаевас (2012 сон, 28 август). Хадуб ДРялъул Верхсудалъги дун къезавуна. Квалификационияб судалъул нухмалъулев  И. З. Гьаруновасги ритIухъаб куцалда халгьабичIо дир делоялъул.


Банкиразги судиязги гIадамазда тIад михир бачунеб буго


13 лъабго моцI араб, заман араб дир гIарзаги архивалдаса балагьун, федералияб судалда тIад суд гьабизе бегьулеб буго мировой судияс, кIицIулго законги хвезабун! Чияр гъин дие хIажат гьечIо! Дир гIарац дихъе нахъе кье! Вкладчиказда михир бачунел руго банкиралги судиялги. СССРалъул бюджет гIуцIулез бихьизабулаан: цо гъурущ банкалда лъуни, лъагIалида жаниб гьоркьохъеб щуго гъурщил хайир щолилан. Советияб гIарцул миллионалдаса цIикIкIун гъурущ хайир кьун буго пачалихъалъе дир вкладалъ.


Сберкассабахъ гIарац лъураздаса (вкладчиказдаса) балъго гьел къазе гьукъун буго законалъ. Гьединаб иш гьабулеб бугони, гIарцул бетIергьабазда лъабго моцIалъ цебе лъазабизе ккола. Дагъистаналъул мугIрузул районаздайин абуни, «банкротилан» цIарги лъун, балъго-гIатIго къана гьел.


Нилъеда киназдаго тIаде гIунтIизе буго Къиямасеб къо, киналго ине руго ахираталде. Амма цо-цоязда гьеб кинабго кIочон тун буго. ХъантIун, яхI-намус тун, дунял хачалел руго.


Къурбан ГIабдулаев, ЦIунтIа район, Мокъокъ росу


«Миллаталъул» хадубрагIи 


Гьаб макъалаялъул автор Къурбан ГIабдулаевас борхулеб буго цIакъ кIвар цIикIкIараб суал. Советияб заманалда гIемерал гIадамаз сберкассабахъ лъун букIана анцI-анцI соналъ гIетI тIун данде гьабураб гIарац. Пачалихъ биххидал, улкаялъ гьел гуккана. Нилъер классик ЦIадаса ХIамзатица 1928 соналдаго хъвараб «Аманат касса» абураб кочIолъ магIарулал ахIулел рукIана сберкассаялъул рахъкквезе: «Сберкасса кинаб жояли лъазе Жаваб бокьаразе кьезин къокъ гьабун… ЦIогьорасул жинде квер гIунтIулареб Банкалда лъе гIарац, гIакъил ватани. ГIонкIкIол кIал хъвалареб, хъат рекIунареб, Кассаялде рехе хутIарал кепкал. Дуй хIажатаб къоялъ къванкIан ричIулеб, РачIа, хурхен гьабе хазинаялде. Хадуб тIинчIги гьабун, нахъе буссунеб Сагаялде рехе дурго хIораб цIцIе».


 Заманаялъ бихьизабуна гьеб кассаялдаги банкалдаги, гIункIкIали щиб гурин, борохьцин хехго балеблъи; ЦIадаса ХIамзатица рехсолел цIцIаниги, къинлъаризеги гьарун, банкираз жидеего толеблъи. Кин бугониги, квешлъиялда данде къеркьечIого бегьиларо. Дунял бецIлъун бугин чIечIого, цогIаги чирахъ бакизе ккела. Гьединлъидал «Миллаталъ» нужеде, цIалдолезде, хитIаб гьабулеб буго гьаб макъалаялда тIасан пикраби загьир гьареян, нуже-нужер къварилъабазул бицеян. Сабаб камураб жо гIажалин абулелъул, цо сабаб камиларин гьаб гIузруялъеги.

Макъалаялъул автор Къурбан ГIабдулаев ккола 75 сонил ригьалде вахарав, хIалхьиялда вугев чи. Амма ритIухълъи гьечIолъиялъ хIалхьи толеб гьечIо гьесие. 46 соналъ хIалтIана гьев ЦIунтIа районалъул батIи-батIиял жавабиял хъулухъазда, вукIана райкомалъулги ревкомалъулги членлъун, райсобраниялъул депутатлъун, жамгIияб судалъул нухмалъулевлъун. ГIанди гIорда маххул кьо бана, Шаури-Эчеда нух бахъана, магIарухъги хъутабаздаги ток бачана, МахIач ДахIадаевасул цIар кьураб магIишаталда 40 соналъ хIалтIана. Амма гьесие «ЗахIматалъул ветеран» абураб цIарцин кьун гьечIо.


Хьул буго ГIабдулаевас «Миллаталдасан» цебе бахъараб гьаб масъалаялъе критикаялъул адресатазги жаваб гьабилилан.


Автор: Къурбан ГIабдулаев, ЦIунтIа район, Мокъокъ росу

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +82
  • Нравится
Оставить комментарий
Ц1алана,бит1ун бицани гурх1ана гьав чиясда,Россиялъул кидагосеб унти буго гьеб(.
eldar suguri,

«Инсанасул гьумер бугеб» жамгIият гIуцIулелан рукIана пачалихъалда. ГIуцIунго бахъунеб гьечIо гьеб.

Гьумерго гьеч1еб жамг1ияталда релъун буго гьаб,кинаб жамг1ияб г1уц1и бач1аниги аслияб жо буго къанун,гьеб бихьулеб гьеч1о!
Чиясул къимат гьабулареб пачалихъалъул жиндиргоги къимат хола.


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook