Авторизация

«Дир цояб бер бахъе, Аллагь...»

ТIупан тIолеб мехалъ, гъанкъичIого йикIине, цо пуланай чIужу гIадан дунялалда бищунго борхатаб магIарде яхун йиго. Гьелъухъ кодоб жиндирго гьитIинаб лъимерги букIун буго. Лъим бахун буго гьеб магIарде тIадеги.  ЦIикIкIунеб, тIаде–тIаде бахунеб букIун буго гьеб. Щун буго чIужугIаданалъул накалде, рачлихъе, бахун буго каранде. ЧIолеб букIун гьечIо лъим. Щокъробе щвараб мехалъ, чIужугIаданалъ, кодоб ккун букIараб лъимер жиндирго хIатIикь лъун буго ва гьелде тIаде яхун йиго. Амма,  лъим дагьабги тIаде бахун буго ва кIиялго гъанкъун руго. ЧIужугIаданалъ, жиндаго гъоркь лъечIого, гьеб лъимер ботIроде тIаде ккун букIарабани, лъим тIад буссун унеб букIун буго...

Гьеб буго гъваридаб магIнаялъул бицен...

I986 соналъ МахIачхъалаялъул пединституталъул общежитиялда, хIажатханалъубе рехун батана лъимер. Лъимерцин гуро, лъимадул бетIер. Гьеб батана унитазалда жаниб къан ва нахъияб къоялъ слесарас нахъе бахъана. ХутIарабщинаб: черх, кверал–хIатIал эбелалъ къотI–къотIун унитазалда жанире риччан руго. БетIер ун гьечIо... Балъго гьабураб лъимер гьедин бахчун буго йикIинисей учительницаялъ. ГьабсагIат гьей кинаб бугониги школалда, лъие бугониги тарбия кьолейги ятила...

Гьаб буго нилъер заманаялъ ккараб хъакъикъат...

Гьеб гуребги, нилъеда лъала, нилъер магIарул росулъ, кирпичалъ бетIеги бухун, ясалъ жиндирго эбел чIвалей йикIараблъи. Лъала, щуабилел–анлъабилел классазда цIалулел жиндирго вацасул ясазе пуланав чияс гьабураб къабихIаб иш. Нилъер гIолохъаби гурищ, ярагъги босун, рукъзабахъе кIанцIулел, херал чагIазецин гIакъуба кьолел ругел? Гьединал мисалал цIакъ гIемерал рехсезе бегьула – рехсечIониги бичIчIулеб батила, нилъ алжаналъуре рачIине гьечIолъи.

Щибха гьанже гьабизе кколеб?

Гьеб суал годекIаниб магIарулазда цебе лъурабго, киназго цадахъ абула гIадлу гьабизе кколилан. Лъие гIадлу гьабизе кколебилан гьикъараб мехалъ абула – цIогьазеги, чIвадарухъабазеги, спекулянтазеги ва гьезулалда релълъараб пишаялда ругел гIадамазеги гьабизе кколилан. «Я, дир вац, лъица гьабилеб дозие гIадлу?» – ян гьикъани, жаваб щоларо. Щвезе ресги гьечIо. Щив гьев гIадлу гьабулев чи? Нилъеда лъала щив кколев милиционерали. Лъала щал хIакимзаби кколелали, рихьана райкомал, горкомал, рескомал ва цебе «и» бугел «сполкомал». ГьечIо  цойгидазе гIадлу гьабизе ихтияр бугев цониги чиниги, идараниги. ХIасил калам, нилъее бокьухъе хьвадулареб заманалда гьабизе кIолеб жоги гьечIо, гIадлу гьабизе мустахIикъав чиги гьечIо. Гьединлъидал, нилъер гIадамаз – дицаги дуцаги – гIумру гьабизе кколеб буго нахъасан нуцIбиги рахан. «Дие мунги кIваричIо, вац, мун дидаги хъваге... Щиб лъалеб дур ракIалда щиб бугебали... Мун цIогьор ватизеги бегьула... ДовегIан чIа...» Гьеб пикруялда хIалтIани гурони, бегьулеб хIал гьечIо нилъер.

Дур кигIан хирияб хъабарча бугониги, гъамас цIураб месед бугониги, лъималазулги лъималазе гIун данде гьабун гьоцIо бугониги, дур гIумру лъикIаб букIунаро нахъасан нуцIа рахазе кколеб бугони. Тукаде чед босизе арай чIужу кида  юссинеяли лъалеб гьечIони, кигIан бечелъаниги щиб? Мун тIаде вачIараб мехалъ, гьудулзабигун «шеш–беш» хIалев ватарав, щуабилеб классалда вугев, дур васас кIалдиса хъалиян нахъе босичIони, кIалтIа чIезабураб дур «Мерседесалъ» щиб кьезе бугеб? ГIодобе биччараб гIумройищ, ракIалъе рахIатищ?

МагIарулас абун рагIула, талихIин рокъо чIужугIаги йигей, жиндего ккараб гIайиб реххизе. Гьединго нилъецаги рехулеб буго гIайиб Горбачевасдеги, заманалдеги, гIадлу гьечIолъиялдеги. Бицунебщинаб чIандаги нахъе рехун, пикру гьабураб мехалъ, заманаялъги, Горбачевасги нилъеда абулеб буго: нуж кколин гIадамал, жинца нуж рухиларин, хIинкъизариларин, бичIчIайин ножеда, нуж гуккулел рукIанин, гьанже нужер ихтияр бугин, законги хвезабичIого, бокьухъин хIалтIизе. Нилъеда кинго гьеб рагIи бичIчIулеб гьечIо. Нилъер русснибе кIалцIи бани, Горбачев лъикIав чи кколев вуго, бачIони – «хабар ГIали» вугилан абулеб буго.

Нилъерго «гьудул» Янаевас Горбачевасде тIаде кIулал рахараб мехалъ, бищунго цIакъ магIарулал рохун ратила. «Доледила танкабиги рачIанила, гьанжедила гIадлу букIинила»... Дунялалда кирниги ратиларо жалго цIалаца рухизе бокьулел гIадамал, нилъ гурони. «Яги квегъедила жал, яги кIалцIи байдила жидее...»

Нилъер халкъалда чIвараб унти, тукадаса жо тIагIинги, мискинлъиги гуро бугеб. Мискинлъиги гьойлъи буго, гьелъулъ дагIбаго гьечIо, амма гьелдаса кутакабги буго унти – жагьиллъи. Гьеб унтуца хвезарулел нилъги руго. ГIажаибаб жо, нусго чиясул рокъове щваниги, цо чиясул рокъоб гурони тIехьцин бихьуларо, эбги берцинлъиялъе къелъ къазабун, цIалулев чи вихьани, гIадада заман чIвалев, гIабдалин абула, лъаялда хадув лъугьарав чи, бетIер сверун бугилан, инжит гьавула, лъаялъ кьолеб жогIаги щиб букIунебилан, кIарун ккун релъула.

Щаяли лъаларо, нилъер халкъалъ гьалгощинал гIакъилзабазул ва хъвадарухъабазул тIахьалги, гьезул каламги, рукIаралщинал аварагзабаз малъарабщинабги, мажгиталги, килисабиги гьадингоял жал ругилан толел руго.

ХIакъикъаталдаги, щиб гьабизе къваригIарал жал кколел тIахьал? Вехьасеги, министрасеги, дояркаялъеги, водолазасеги квинеги бугони, къваригIараб щинабги бугони, бечедгоги ругони щиб гьабизе литература, искусство?

ТIахьалги, культураги, искусствоги, динги, лъайги къваригIуна, къаси сардилъ автоматалги кодор ккун, гIолохъаби рачIинчIого рукIине. Дуца «ворчIами» – йилан абураб мехалъ, духъа гIарацги босичIого, данде цогияс «ворчIами» – ян абизе. ГIадамазда гьоркьоб гьуинлъи бижуларо я бечелъиялъ, я хъулухъалъ. ГьабсагIат нилъ киналго хадур лъугьун руго бечелъиялда яги цо беэнаб хIалтIуда, кидаго гьединги рукIана. Кидаго къваригIана нилъее лъикIаб бакI. ГIарац гьабизе лъалев чи гурони нилъеда гъорлъ хутIичIони, лъил щиб бугебали хал гьабичIого, кодобе щвараб жо тIутIун балел хъурмал лъугьуна нилъер... Лъугьунго руго.

Греказул гIакъил Демокритида гьарун буго пачалихъалъе бищунго данде кколеб закон хъвайилан. Гьес жаваб кьун буго: «Нуж кинаб бугониги законалъ хIебтIуларо» – ян. Законалги хIалтIизе ккани, рекIелъе иманлъиги тIинкIизе ккани, гIадамазда аскIов гIаданлъунги вукIине ккани, дурго къадруги цIунизе бокьун батани, бечелъарав гIоларо. Цо квешаб гIамал гьечIого, чи бечелъуларилан абулеб кици буго нилъер умумузул. «Бечедав вукIа абе, мун, гIодове виччан...» – илан хъван буго Къураналда. Диниял тIахьазда абулеб буго: «РукIкIадул картIинисан вараниялъегIанги бигьалъизе буго бечедав чиясе алжаналъуве ккезе». Дунялалда гIумру кинан гьабизе кколебилан абураб суалалъе, Лев Николаевич Толстояс жаваб кьолеб буго: «Мадугьалихъ рокъоб лъимер холеб мехалъ мун кинан вукIунев ватаниги, гьедин гьабизе ккола гIумру». Бечедав чи гьедин гIодове виччан вукIунаро...

БитIараб буго, инсанасухъа хъантIиги, жахIдаги, ццинги, хутIа–хутIарабги нахъе бахъизе кIвеларо. Аллагьас инсанасда абун буго: «Дуего бокьараб жо гьаре, кьела, амма, дуе кьураб жо, кIиго нухалъ цIикIкIун, кьела дур мадугьаласеги» – ян. Инсан ургъун вуго ва кIалъан вуго гьадинан: «Дир цояб бер бахъе, тIадегIанав Аллагь...» Гьединав вуго инсан...

Инсанасул гьединал гIамалал тIегьала, гьарзалъула я дин гуреб, я сунданиги божи гуреб, халкъго цадахъ жагьиллъараб мехалъ. Нилъ гIадин, лъавукълъараб мехалъ... Нилъеда жакъа къоялдаги бихьулеб буго гьединал гIамалал тIегьалел ругеб куцги. Бищунго гIемер бикъизе щолев чияс гурищ, нилъеда цевесан унеб мехалда, бищунго цIакъ бетIер борхун ккун букIунеб?

Нилъеца I5–20 соналъ цебе литератураялдаги, культураялдаги гьадингояб жо бугилан абуна. Гьанже нилъеда гIумроялъ абулеб буго нуж гIадамалцин гурилан... БитIарабги буго гIумроялъ абулеб рагIи. Гьеле нилъеда чIван бугеб жагьиллъийилан абулеб унти. ЧIалгIаде гуро РСФСРалъул президент Ельциница жиндирго тIоцебесеб указ лъималазеги, гIолохъабазеги лъай кьеялъул хIакъалъулъ бахъараб. Жакъа школалда ругел, ЦIадаса ХIамзат Ашагъасталалдаса кколин абулел, лъималаз цо щуго–анлъго соналдасан тIутIун бала нилъер республика. Нилъ кIигогIан яхI гьечIелги руго, нилъ кIигогIан хъантIаралги руго, гьез гьабизе бугелда данде нилъеца гьабулеб жоги, цаби рикIи ккола. Нилъ кIигогIан жагьилалги руго. ГьабсагIат ругел учительзабаз дарсал кьолел ратани, рукIинарищха...

Дида лъала гьаб макъалаялъ мун кантIизавулареблъи. «Гьасие къваригIараб жогIаги щибдай?» – илан добехун рехила дуца газета. Добехунги рехула, гьебсагIатго гордухъа къватIивеги ваккула, чед босизе арай яс кватIулей йигилан...

Божа, мунго ворчIизе гIоло лъимер хIатIикь лъечIого, гьеб нахъе цIунизе гIоло, ботIроде тIаде ккуни, нилъеде бачIине бугеб балагь нахъ буссуна.

3I.08.9I


Автор: ГъазимухIамад ГъалбацIов

Баяналъул кьучI: Казият "ХIакъикъат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий
Заманаа,замана,унеб бугеб хехго мун(
Киг1ан гъваридго,хъваниги,бич1ч1улеб халкъги гьеч1о(


ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook