Авторизация

Ясли-ахикь кидаго аваданго букIуна

Хунзахъ районалда цIикIкIараб кIвар кьолеб буго лъай кьеялъул даража борхизабиялде. ЦIиял ралел ва капиталиял ремонтал гьарун къачIалел руго лъай кьеялъул гIуцIаби, квер чIвалеб буго цIалуе гьунар бугел лъималазда. Гьедин, гьал къоязда КIахъ ва ЦIелмес росабалъ капиталияб ремонталдаса хадуб хIалтIизе кьуна цIи гьарун къачIарал лъималазул ахал.

КIахъ ясли-ах рагьиялъул тадбиралда гIахьаллъана районалъул бетIер СагIид Юсупов, гьесул заместитель Шамил ГIаммаев, лъай кьеялъул отделалъул начальник Залимхан ГIумаров, администрациялъул лъай кьеялъул ва гIуцIабазул вакилзаби ва росдал жамагIат. Жиндирго кIалъаялда районалъул нухмалъулес баркала кьуна ясли-ах къачIарал хIалтIухъабазе ва бицана районалда лъай кьеялъул бутIаялде кидаго цIикIкIараб кIвар кьезе бугилан. Гьеб ясли-ахалда буго 20 лъимералъе бакI. Хисун руго нуцIби ва чIабар, лъун руго пластикалъул стеклопакетал, ай гьаб заманалда рекъарал шартIал гIуцIун руго.

Гьенисан районалъул нухмалъи щвана  гьединго цIигьабун къачIараб ЦIелмеселъуб ясли-ах рагьулеб тадбиралдеги.


Баяналъул кьучI: Казият "Росдал захIматчи". Хунзахъ мухъ

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий
Баракатал ратаги!


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook